Авторизация

Имам Шамилил вас (Туркиялъул армиялъул генерал) ГъазимухIамадица жиндирго вац (Россиялъул армиялъул генерал) МухIамадшафигIихъе хъвараб кагъат

ЦеберагIи


Гьаб гъоркьехун кьолеб кагъат ккола шагIир МухIамад ХIамзаевас данде гьарурал Шамил имамасул лъималазул кагътаздасан цояб. Гьедин гьез цоцахъе хъвараб нусидаса цIикIкIараб кагъат жанибе бачараб цо тIехь бахъизе ракIалда буго ХIамзаевасда. Чияр ракьалда ва батIи-батIияб рахъалда рукIаниги, цIакъ цоцазулгун бухьен бугел васал рукIун ругин гьелилан абуна МухIамадица. 



Жакъа нижеца бахъулеб кагъат ХIамзаевас цIалун букIана дагьалъ цебе МахIачхъалаялъул Миллияб библиотекаялда, Туркиялъул армиялъул генерал, ЧIохъа Давудил МухIамад-Пазил-пашал бицунеб данделъиялда. Щайин абуни гьаб кагътида рехсолеб буго, Туркиялда рукIаго, гьев МухIамад-Пазилидаги Шамилил вас ГъазимухIамадидаги сверухъ черкесазул мугьажираз гьарурал хIалихьатал ишазул. Гьезда квеш букIунаанила Туркиялъул султанас гьев кIиявго машгьурав магIарулав жидедасаги цеве гьавулев вукIин. Гьединлъидал гьез мацIги гьабун, турказ гьел кIиялго – ГъазимухIамадги МухIамад-Пазилги - хвезегIан дандчIвазе гьукъун буго. Ахирги цояв Мадинаялда, цогидав Багъдадалда хунги вуго.  

ГъазимухIамадил лъади ХIабибат кколаан МухIамад-Пазилил яцги.  


ТарихчIужу ПатIимат ТахIнаевалъ хъвалеб буго Шималияб Кавказалъул вакилги гъорлъе вачун гIуцIараб жамгIияб комиссия букIанила доб мехалда. Цинги Султан ГIабдулхIамид КIиабилесде мацI гьабун бугила дуе къор гъолеб бугин гьелъул вакилзабаз абун. Гьедин гьеб комиссиялдаса щивав чи рахъ-рахъалде витIун вуго Султанас: ГъазимухIамад – Мадинаялде, МухIамад-Пазил – Сириялъул ХIалебалде. Амма къватIиве витIаниги, МухIамад-Пазилие генераласул цIарги кьола, щуазарго меседил гъурущги кьола (гьес гьеб садакъадуй бикьула). ХIалебалде витIарав МухIамад-Пазил Багъдадалъул армиялъул нухмалъулевлъун тIамула. 


МухIамад-Пазилица кутакалда гьарулеб букIуна жив хIежалде виччаян. Амма дова гьев ГъазимухIамадгун цолъилилан ккун, изну кьолеб букIунаро турказ. Гьедин уна I7 сон… Цинги ГъазимухIамад Мадинаялда хванин, гьесдаго хадуй лъабго моцIидасан ХIабибатги хванилан рагIидал гурони изну щоларо МухIамад-Пазилие. Амма гьанже жиндие гьениве ун хIажат гьечIилан жаваб кьола гьес.     



ГъазимухIамадги МухIамад-Пазилги цIакъ цоцазе хириял гьудулзаби рукIуна. Гьединго вацасухъ чIалгIун йикIуна ГъазимухIамадил яц ХIабибатги. Мун вихьичIого хвелин хIинкъараб хIинкъи бугин хъвала гьелъ вацасде. 

МухIамад-Пазилица кутакалда гьарулеб букIуна жив хIежалде виччаян. Амма дова гьев ГъазимухIамадгун цолъилилан ккун, изну кьолеб букIунаро турказ. Гьедин уна I7 сон… Цинги ГъазимухIамад Мадинаялда хванин, гьесдаго хадуй лъабго моцIидасан ХIабибатги хванилан рагIидал гурони изну щоларо МухIамад-Пазилие. Амма гьанже жиндие гьениве ун хIажат гьечIилан жаваб кьола гьес.     

 

Имам Шамилил вас (Туркиялъул армиялъул генерал) ГъазимухIамадица жиндирго вац (Россиялъул армиялъул генерал) МухIамадшафигIихъе хъвараб кагъат.

       

Хирияв вацасде, МухIаммадшафигIиде, ассалам гIалайкум, цинги дур кIиго кагъатги бачIана, нужер гьениб бугеб хIал хIукму хъван. Гьенирги гIемерал бунтал рагъарун рукIанин букIана дур кагъаталда. Эниб бугеб мухтасар буго гьаниб бугелде данде ккун, мингьаж гьаниб буго элъул бетIерги дун вуго, Аллагьас нахъа лъикIаб гьабеги, аминь.

       

Гьанже дудаго бицинин дагьаб, дудаго гIемер бичIчIа, гьаб мухIаррам моцIалъул ичIабилеб талат сордоялъ Фуад-паша вачIана нижер дове сагIат ункъоялда, цинги эс дида кIалъай гьабуна. Гьаб нилъер давлат хола бугила, гьаб гьадин тезе бегьуларила нилъецайилан абуна эс. Эс абуна нижеца гьабулеб бугеб жоялъе тадарик (план) къачIан бугила. Щиб эб нужер тадарикилан гьикъана дица эсда. Цинги эс щибаб жо баян гьабун бицана, дида гьав кIудиявги (ай ГIабдулхIамид) султIан ГIабдулгIазизие гьабураб жоги гьабун досда хадув витIилила. Асул бакIалдаги ав тезегIан вукIарав гIадалав вац (Мурад) телила, гьанже эв лъикIлъун вугевила. ГIемерал вазирзабиги рекъон ругила, кинабго агьалиги рекъон ругила, рекъечIел вазирзабиги чIвалила. Рекъарал вазирзабиги бицана, чIвалел вазирзабиги цIар-цIар ккун бицана. Эб жо гьабизе къачIараб аскарги жодеца Йилдизалде гьужум гьабулеб куцги бицана, цинги нижер дудаса (ай дидаса) мурадила Дагъистан полкалъ жодеде гьужум гьабизе биччагейила. МухIаммад-пашаги рекъезе гьавейила, лъабабилеб къоялде жодеца алъул къваригIел лъугIизе гьабилила. Метер МухIаммад-пашаясул жаваб лъазе гьабейила жиндайилан абун ана эв. Эс дие цIакъ кIудияб къотIиги гьабуна жодеца эб гьабун хадуб дидаса кIудияв чи вукIинаревила пачаясда аскIовилан абун, ана эв рокъове сагIат анкьгоялда.

      

Цинги дун радал вахъун ана МухIаммад-пашаясухъе дица эв хункарасухъе витIана Фуад-пашаяс бицанщинаб жоги баян гьабун, цинги хункарас МухIаммад-паша эсухъе витIана эсул хIал бихьизе. Эсда тIадеги цIакъ бицун бачIана эс. Нахъияб къоялъ Сафар-бегги витIана хункарас Фуад пашаясухъе, эсда тIадеги цIакъ нижеда бицинчIебги гIемераб жо бицун бачIана эс. Цинги хункарас эв ахIизе витIана хункарасул жиндирго ХIарамлихалдеги рачун, цо-цо ккун кIалъазе гьаруна ниж эсдасан. Дий эс инкар ккуна гьереси бугилан абун, цинги нижее Шайхуль Исламги ахIун гьабуна нижеца бицараб жо битIараб бугилан абун, ай эсул кIалдисан нижеда рагIанилан абун дидаги Фуад-пашаясдаги анир сараялда чIайилан абуна. Цинги лъабабилеб къоялъ нилъер Дагъистан полк рокъобе битIана (биххизабуна), цинги нахъойги дагьаб мехалдаса анире рачIиниланги абун. Чи рикIкIун къо-къо меседги кьуна, хъизанал анир рукIаразе кIикъоялда анцIила щу-щу меседги кьун ритIун ана. ЗабитIзабиги (офицерзаби) анир руго, дунги анив вуго. ГьанжелъегIан Нафисатги Ханумги элги анире рачун дида аскIор руго. Нижееги щиб гьабилебали лъаларо, Фуад-пашаги рокъове виччан вугилан абуна нижедаго тIаде ккараб жо, ай нижерго ритIи нижеца бихьизе гьабуна. Азги жодерго хияналъи нижеда тIаде рехизе къасд гьабулеб буго. Аллагьас лъикIаб хъван батаги. Ниж Сараялда чIезе гьарун руго, тIаде къватIиса чиги виччаларо, гIолохъаби къватIире ритIараб къоялдаса нахъе бухьун къайгун МухIаммад-пашаги чIун вуго, ретIун ретIелгун нижги чIун руго. Дунги кидадай туснахъалде айилан амру бачIинилан балагьун вуго. Аллагьас лъикIаб хъван батаги.


Дица аб хабар бицун битIараб мехалъ цIакъ хункар разилъун вугилан вачIана паша хункарас витIун. Жиндир эмен вугин дун, вацасдаса эмен хирияв вукIунин, дицаги жив эменлъун гьавунилан абун бачIун букIана эс дида. ГIолохъаби къватIире ритIизегIан цебесеб сордоялъ шунусго меседги битIун бачIана дие бахшишилан абун. Гьанжеялдаса нахъе нусго меседги жиндирго рахъалдаса ужра хъваниланги бачIана. Гьанжеялдаса нахъе, жинда гурони, лъидаго дир къваригIел абугейиланги абун бачIана хункарас. МухIаммад-паша дихъе витIун вачIана азаралда лъабнусго месед хIавалаги букIана дир, ай дир росичIого хутIарал ужрабиги, элги гьаб сагIаталъ кьезе гьабилилан абун бачIун букIана, гьанже щибдай лъугьинаяли лъаларо. Гьабулеб жоялъухъ балагьидал, рагIи дагьаб гIаксалде ккараб гIадин буго. Щибаб жо нижеда тIаде рехулеб буго, Аллагьас витIарав бергьине гьавеги, тIекъав къезе гьавеги.

     

Нагагь  ниж туснахъалде ритIани, гьебмехалъ хъвала аз гIемерал харбал. Дирги жакъа моцI гIуна Йилдизалда чIаралдаса, ахир щибда аз гьабилаяли лъаларо, Аллагьас лъикIаб хъван батаги. Нилъеда гIурусазул туснахъги бихьидал, цо азул туснахъ бихьиялъулги зарар букIинаро, кинабдай лъикIаб бугеяли лъазе.


Дуда нижер ургъел ккоге. Аллагьас хъвараб гурони, нижеде бачIинаребин, щиб аз гьабуниги, аниб лъугьараб жоялда ниж рази ругел. Гьенир, гIурусалъ, гьечIелъул. Мунгоги аниве хекко вачIине тIалаб гьабе, нижеда бихьараб дудаги бихьизе, гьениб бихьараб лъикIлъиялдаса гьаниб бихьараб квешлъиялда ниж разиял, мунги Аллагьас нижер гIадин ракIги гьабун, гьаниве хекко вачаги, дудаго Исламалъул лаззат лъазе бихьизе. Гьениса гIурус казиятал рачIуна Сафар-бегасухъе, эзда Фуад-пашалги нижерги дагьа-дагьал хабаралги хъван руго. Эв сундуе гIоло истинтIакъ гьавулев вугевалиги лъаларин букIана эзул казиятазда. Гьазул казиятазда хъвазе биччаларо, гьанжелъагIан щибго жо хъвачIо, кидадал хъвазе лъугьинаяли лъаларо. Нагагь  ниж туснахъалде ритIани, гьебмехалъ хъвала аз гIемерал харбал. Дирги жакъа моцI гIуна Йилдизалда чIаралдаса, ахир щибда аз гьабилаяли лъаларо, Аллагьас лъикIаб хъван батаги. Нилъеда гIурусазул туснахъги бихьидал, цо азул туснахъ бихьиялъулги зарар букIинаро, кинабдай лъикIаб бугеяли лъазе. МухIаммад-пашаясги Сапар-бегасги истифгIалги лъуна хункарасухъе, ай жал аскаралдаса рахъун Анадулалде ритIейилан абун, жеги жаваб бачIинчIо эзие.

       

Гьаб гIела дуе хабар гьанже гьаниве яварлъун (адъютантлъун) лъугьиналъул кIудияб зарарго бахъинчIелъул жиндиейилан вуго МухIаммад паша. Ункъазарго месед бахшишги щванила айлихъалдаса батIа, пашалъиги щванила, нишаналги шванила. Гьанже гьаниса кивениги витIизе ккани, бищун дагьаб лъабазарго месед гIаги кьечIого жив хункарас витIиларилан вуго эв. дунги дийго кьураб щунусго месед бахъичIого витIаниги рази вуго дун. КъватIиса рачIунел казиятал цин хункарасда рихьичIого нижехъе кьоларо. Амма нижее кинилан абуни, жиндирго хункарасул матIбахалда гьабун бачIуна. Эб квен бачIанщинахъе нижеда мун ракIалде щола, амма мун вугев анишилан абун аб кваназе. Хункарасул сараялда туснахълъи цIакъаб лаззат бугеб жо букIун буго, амма ахир кинаб букIунаяли.

     

Загьидги (МухIамадшафигIил вас) лъикI цIалделев вугилан абуна. Ниж рокъор гьечIелъул мактабалдаса рокъовеги вачIинчIого вуго. Эв Мансурги эсул замирлъиги квешаб жо гьабун гуро киналго гIадамазе живго вокьизе гьави буго. Вихьаравщинав чиясда нижеца эсухъе гьафталихъги босун жив витIун вукIана. Гьанже нижер  тIолго элде регIараб хIал гьечIо. Киназулго салам буго дуде, хасго Нафисатилги буго. Кагъаталда ругел жал дуца лъидаго рицунге. ЦIакъ балъго бугеб жойин эб хабар. Ниж туснахъалде анилан рагIизегIан, гьебмехалъ дуего бокьараб гьабе.

      

Вассалам, сапар моцIалъул 9 къо, хамискъо. 1886 соналъул 9 декабрь.

      

Дунги пакъирав, янгъизго хутIарав ГъазимухIаммад.


Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Цояв Г1усманияб империялда,цогидав Россиялда вук1аниги,ваццал ваццалъун хут1ана,к1иязулго мунагьал рахчаги!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook