Авторизация

ХIажимурад МухIамадов – Бакълъул районалъул бетIерасул ишал тIуразарулев


 

Дагъистан – «Миллаталъул» бераз


ХIажимурад МухIамадов – Бакълъул районалъул бетIерасул ишал тIуразарулев


Бакълъул мухъ жеги цебетIезабизе бугилан бицана цIияв нухмалъулес


   Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат, Россиялъул эркенаб гугариялъул рахъалъ тIаса бищараб командаялъул кIудияв тренер, дунялалъул ва Олимпиялъул хIаязул чемпион ХIажимурад МухIамадов тана Гумбет районалъул бетIерасул ишал тIуразарулевлъун.


    2017 соналъул 13 июлалда Гумбет районалъул бетIерасул ишал тIуразарулевлъун тана машгьурав спортсмен, жамгIияв хIаракатчи ХIажимурад МухIамадов. 12 июлалда, «Гумбет район» муниципалияб районалъул депутатазул Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул лъабабилеб заседаниялда, МугIрузул территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул бетIерасул вакил МухIамад Камиловасул, Дагъистаналъул бетIерасул ва ДРялъул хIукуматалъул жанисеб политикаялъул рахъалъ управлениялъул консультант ГIабдула ГIабдулмутIалимовасул гIахьаллъигун, гьоркьоб лъуна ««Гумбет район» муниципалияб районалъул бетIерасул хъулухъалде конкурсалъул хIакъалъулъ» ва «Контракталъул болжал лъугIиялда бан, «Гумбет район» муниципалияб районалъул бетIерасул ва бакIалъулаб администрациялъул ишал ГIабдулахIажи ГIабдулкъадировас тIуразари гьоркьоб къотIизабиялъул хIакъалъулъ» суалал. Депутатаз гьеб данделъиялда районалъул бетIерасул ишал тIуразаризе тIадкъана районалъул бетIерасул заместитель ХIайбула ГIабдурахIмановасда.


   2017 соналъул 13 июлалда ХIайбула ГIабдурахIмановас жиндирго ихтиярал кьуна, муниципалитеталъул бетIерасул заместителасул хъулухъалде восун вукIарав, ХIажимурад МухIамадовасухъе. «Гумбет» газеталъул гьанжесеб номералда бахъулеб буго ««Гумбет район» муниципалияб районалъул депутатазул Собраниялъул «Гумбет район» муниципалияб районалъул бетIерасул хъулухъалде конкурсалъул хIакъалъулъ» хIукму, дандрекъон кколел приложениялгун. Районалъул бетIер вищизе вуго гьаб соналъул августалда.


    ХIажимурад МухIамадовас Гумбет районалъе нухмалъи гьабулеб буго Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасги рахъккун. Муниципалитеталъул цIияв нухмалъулев хIисабалда, районалъул хIалтIухъабазда цеве кIалъалаго, ХIажимурад МухIамадовас тIоцебесеб иргаялда республикаялъул бетIерасе баркала загьир гьабуна жинде гьабураб божилъиялъухъ, абуна Гумбет районалъул гIадамазул гIумру цебетIезелъун ва гIагараб ракь тIегьазелъун хIалтIи свак лъачIого гьабизе бугилан.


    ХIажимурад МухIамадовгун Гумбет районалде рачIана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат Нариман Темуркаев, МахIачхъала шагьаралъул рукIа-рахъиналъул политикаялъул рахъалъ управлениялъул нухмалъулев Арсен ИбнухIажаров, Дагъистаналъул бетIерасул администрациялъул ва ДРялъул хIукуматалъул жанисеб политикаялъул рахъалъ управлениялъул консультант ГIабдула ГIабдулмутIалимов, предприниматель Дайтбек Сайпов ва цогидалги.


   Гумбет районалъул бетIерасул ишал тIуразарулев ХIажимурад МухIамадов щвана районалъул администрациялъул минаялде, Россиялъул халкъазул гIадатияб маданияталъул Гумбеталъул централде, Инхоса ГIали-хIажиясул цIаралда бугеб централияб библиотекаялде, информациялъул «Гумбет» отделалде ва муниципалитеталъул цогидалги идарабазде.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +42
  • Нравится
Оставить комментарий
Бит1 ккеги!
Амин!
МагIарулазул мухъазда къуватал, жидерго рагIи бугел, ритIухъал бутIрул ругони, МагIаруллъи хадубккунги цебетIезе букIиналда щаклъи гьечIо.
 –  Ицц бетIералдасан тIокIкIуна, –  авар аби.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook