Авторизация

Рихьуниб ГЭСалъул «пайда» – 9 районалъул кьишни бакIаризе щвараб рес




Рорхатал мугIрузда руго гIадамал


Рихьуниб ГЭСалъул «пайда»  – 9 районалъул кьишни бакIаризе щвараб рес


Унсоколо мухъалъул бетIерасул кумекчи МухIамад ХIажиевасулгун гара-чIвари


 2017 соналъул 6 декабралда «Миллат» басмаялъул вакилзабаз хIалтIулаб сапар бухьана дунялалдаго машгьураб тарихалъул Унсоколо мухъалде. Гьеб сапаралъул, иргадулаб пресс-туралъул хIасилалда къватIибе бахъулеб буго Унсоколо районалъул бетIерасул кумекчи МухIамад ХIажиевасулгун гьабураб аналитикияб гара-чIвари.


МагIаруллъиялде рагьараб каву


 - МухIамад, исана гIемерал кIвар бугел лъугьа-бахъинал рукIана Унсоколо районалда. Республикаялъул ва Северияб Кавказалъулго даражаялда кIодо гьабуна Шамил имамас 220 сон тIубай. Гьединго исана 135 сон тIубала пачалихъияв хIаракатчи, Шамил имамасул вас МухIамад-шапил дурц, Дагъистаналъул тахшагьаралде ва цоги бакIазде жиндир цIар кьурав революционер МахIач ДахIадаев гьавуралдаса. Гьел машгьурал гIадамазул цIаралда хурхун рагIалде щолеб бугеб 2017 соналда Унсоколо мухъалъул администрациялъ гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ бицани бокьилаан.


- БитIараб буго, Унсоколо районалъул машгьурал хIаракатчагIазул гIумруги гьез нахъе тарал дарсалги ракIалде щвезаризе, гIезегIан тадбирал гьаруна исана нижер мухъалда. Районалъул бетIерлъун ГIиса НурмухIамадов вачIаралдаса ва районалъул центр Шамилхъалаялде бахъаралдаса, Унсоколо мухъалда гьабулеб хIалтIи цIикIкIана, цебетIей загьирлъана.  Шамил имам, МахIач ДахIадаев, ХъахIабросулъа МахIмуд ва цоги цIар арал районалъул вакилзаби кIодо гьарун, батIи-батIиял тадбирал, мажлисал, дандеруссинал тIоритIана. Дагъистаналъул гIемерал районаздаса ва шагьараздаса делегациял гIахьаллъарал фестивалал ва цоги хIалтIаби гIуцIана. Киналго гьел тадбиразул сияхI рехсезе ккани, гIемер заман бахъила. ВГТРКялъул Северияб Кавказалда ругел филиалазул нухмалъулелги ракIарун рукIана Шамилхъалаялда. ГIаммго абуни, киназдаго лъала Шамилхъала ва Унсоколо мухъ  МагIаруллъиялде рагьараб каву букIин. Шамилхъалаялда.


Генуб ва Балахьуниб  - хасаб низам


- Унсоколо мухъалда 2013 соналде щвезегIан терроризмалъул ва экстремизмалъул ахIвал-хIал гIемер лъикI букIинчIо. Гьанив чIвана кIиго полициялъул отделалъул начальник, лъабго районалъул бетIер, цоги гражданал. Ахирал соназда ахIвал-хIал гIодобиччан буго. Бокьиллан гьеб рахъалъ районалъул нухмалъулез ва жамагIаталъ гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ баянал щвезе.


-Цебе букIараб квешаб цIар нахъе ана районалдаса. Унсоколо мухъалъул бетIер ГIиса НурмухIамадовасул цебехъанлъиялда гъоркь нижеца щибаб къойилаб хIалтIи гьабулеб буго парахатаб, ракълилаб гIумру букIинабиялъе ва хIал-зулмуялъул нухде тIадруссунгутIизе. Терроризмалда данде къеркьолел руго цадахъ лъугьун, низам цIунулел идарабазда цадахъ гъеж гурараб хIаракат гьабун. Изну гьечIого яргъид гIуцIарав Ильяс Шарипов Унсоколо районалъул рохьаздаса гIебеде вугилан абизе кIоларо дида. Рохьор ярагъгун чIарал изну гьечIого яргъид хьезарурал чагIи гьабсагIат нижер мухъалда гьечIилан баян кьолеб буго жавабиял идарабаз. Жеги мухIканго гьеб рахъалъ информация терроралда данде чIараб комиссиялъул нухмалъулев, Унсоколо районалъул бетIерасул заместитель МухIамад ХIамзатовас ва гьеб  гIуцIиялъул хIалтIухъабаз бицина дуе.


-АхIвал-хIал гIодобе биччан батани, Генуб росдал рагIалда лъураб постги гIадамазул гьабулеб даимаб халгьабиги кинаб мурадалда билълъанхъизабулеб политика? Яги халкъалъе ва гIадамазул гIумруялъе хIинкъи кьолел террористал камунищ гьечIел?


- Гьел суалазе чIванкъотIараб жаваб кьезе кIоларо дида. Федералиял хасал хъулухъазул хIалтIухъаби районалъул хIакимзабазе хIисаб кьолел чагIи гуро. Амма хIакъикъаталдаги гIадамаздаги чIалгIун буго гьеб кидагосеб халгьабиялъул ва чIухьал раялъул къагIида. Гьединаб низамалдаса инкар гьабизеги бегьилаан. Гьелгощинал хIалтIухъаби, къуваталъул гIуцIабазул хъулухъчагIи Генурги Балахьунирги хьихьичIого, суал тIубазе рес батизеги бегьилаан. Амма гьеб хIалтIи буго хасгьабун дида дандбалареб жо. Батила гьеб ишалъулъ жидерго мурадал, хасал программаби ва цоги гIиллаби. ГIаммго босани, цебе букIараб гIадаб захIматаб хIал гьечIо гьеб рахъалъ гьанже районалда.


Къого гектаралда – цIиял ахал


- Росдал магIишаталъул, ЖКХялъул суалал дуда тIаде кколин абуна дуца. Кинаб бугеб гIадамазул гIумру-яшав, хIалтIулел, ахихъанлъиялда, хурухъанлъиялда, гIияхъанлъиялда, боцIухъанлъиялда ругел районцоязе квербакъи гьабун бажарулеб бугищ, гьединал хIаракатал чагIазе шартIал чIезаризе рес букIунарищ?


-ЦIиял рагьарал магIишатал руго, кIвахI гьечIого хIалтIулел предпринимателал, хIаракатчагIи руго. Масала, ГьаракIуниб росулъ фермер ТагIалил МухIамадица бан буго 220 чIегIерхIайван жаниб хьихьулеб кIудияб ферма, рагьун буго крестьяназулгун фермеразул магIишат. Жеги хIукуматалъул рахъалдасан гьесие щвараб кумекги гьечIо, жиндирго гIарцудалъун гIуцIун буго гьеб кинабго магIишат, я субсидия, я къарз, я кредит босичIого, я грант балагьичIого.


Районалда цебетIун унеб буго теплицабазул магIишатал гIезариялъул хIалтIи. ГIадамаз помидор, охцер ва цоги продукция гIезабулеб ва бичулеб буго. Масала, Майданское росулъ гектаргIанасеб ракьалда руго тепличниял магIишатазул хурзал, бахчаби, пастIанал. ГьедигIанго къадар ракьалъул гьелго нигIматал гIезариялъе хIалтIизабулеб буго ГьаракIунибги.


Араб соналда 20 гектаралда цIиял ахал чIана Унсоколо, ГIашилтIа, ГьаракIуни ва цогидалги росабазул ракьазда.  Дагъистаналъул росдал магIишаталъул ва нигIматазул министрествоялъул квербакъиги щвана, гьел гъутIби чIолелъул.

Гьединго исана хасалиде лъабазарогIан тонна харил бецана районалъул магIишатаз.


-Чан хъутан бугеб Унсоколо мухъалъул росабазул, ижара кьеялъул ва цоги суалал тIуралелъул, захIмалъаби дандчIвалищ магIишатазда?


- Унсоколо мухъалъул росабазул 12 хъутан буго Дагъистаналъул Бабаюрт, Хасавюрт ва цоги районазда. ЛъикIаб магIишат буго «Зирани» ГУПалъул, Кочубеялъул мухъалда буго гьезул хъутанги. ЧIегIербоцIи ва гIиял хьихьула гьез, нусгогIун чIегIерхIайван ва азарго бетIер гIисинаб боцIул буго гьеб магIишаталда. ГьерекIдерил «Араканский» МУПги буго хIаракатаб хIалтIи гьабулеб гIуцIи, комбайнал, тракторал ва цоги техника буго гьезул. Хасавюрталъул мухъалда буго гьеб МУП.


Рихьуни ГЭС банилан, бигьалъаби щвечIо


-Ахихъанлъиялъул рахъалъ машгьураб ракь буго Унсоколо район. Консервабазул завод яги цоги предприятие рагьизе рес букIунарищ?


- Зираниб цо цех буго, консервал риччалеб, гьелго зиранисезул СПКялъ 7-8 батIияб тайпаялъул ччугIаги гIезабула.


- Гьаб кIудияб хIоралъул, Рихьуни ГЭСалъул водохранилищеялъул, пайдаго букIунарищ нужее?


- Гьеб кIудияб хIоралъул нижее буго цо «пайда» - ичIго районалдаса эхебе бачIараб кьищни. Гьеле гьеб жо бакIариялъул ахIи букIуна. Цоги нижее гьеб ГЭСалдасан ва хIоралдасан щвараб бигьалъи, льгота, хайир абизе кIоларо, бищун лъикIал ракьал ва ахал тIагIин гурони. Электроэнергияги учуз гьечIо, цоги бигьалъабиги гьечIо.


ХадурагIи


Гьаб гара-чIвариялъул ахир ва Унсоколо мухъалдеги Бузнаб нух бахъулеб бакIалдеги бухьараб сапаралъул хIасилалда данде гьарурал макъалаби, накъитал, очеркал рахъизе руго «Миллаталъул» хадусел номераздаги, иншааллагь.



Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +33
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook