Авторизация

ХIаригабурлъухъ ичIго нухлулав хвасар гьавуна



Рорхатал мугIрузда руго гIадамал


ХIаригабурлъухъ ичIго нухлулав хвасар гьавуна


ГIазул асирал эркен гьаруна, сордоялъ нухги бацIцIун, рогьалилъ


2018 соналъул кIиабилеб январалда къаси ХIаригабурлъухъ гIазул пуй-чIваялъулъ къан хутIана Хасавюрталдаса Болъихъ мухъалъул Гъагъалъ росулъе сапар бухьарал нухлулал. Гьел хвасар гьаризе къватIире рахъана Бакълъулазул мухъалъул низам цIунулел ва нухал къачIалел идарабазул хIалтIухъаби. Сордоялъ гIазул гIансалги рорлъун, лъабабилеб январалъул рогьалилъ кIвана гьезда къварилъи ккарал гIадамал нахъе рачине.


ХIаригабурлъи буго ралъдал гьумералдаса кIиазаргоялдасаги цIикIкIун метралъул манзилалъ борхалъуда бугеб, риидалцин цIакъго цIорораб, кьварараб гьава-бакъалъул ва тIабигIаталъул ракь. Тарихиял тIахьазда хъван буго, Дагъистаналде чабхъен гьабурав Рекъав Тамерланил боял гIунанин 1396 соналда гьеб магIардайилан.


Низам цIунулезул вакилзабаз «Миллат» басмаялда лъазабуна 2 январалъул сагIат 22.00 тIубараб заманалда нижеде ахIи щванин ХIаригабурлъухъ гIазул пуй-чIваялъул гъоркьлъалида гIадамал хутIун ругилан. Гьелдаса хадур нухлулазе кумек гьабизе къватIиве вахъана низам цIунулезул ункъо хIалтIухъан. Гьезда цадахъ, бульдозералгун, къварилъиялде ккарал хвасар гьаризе къватIире рахъана Бакълъулазул мухъалъул нухал къачIалеб идараялъул хIалтIухъабиги.


Щуго-анлъо сагIаталъ халат бахъараб, захIматаб хIалтIул хIасилалда 3 январалъул радакье мехалде, сагIат 04.00 тIубараб гIужалде, нухда хутIарал гIадамазда тIаде щвана низам цIунулел ва нухал къачIалел хIалтIухъаби. Гьез гIазул асирал эркен гьаруна.

Гъагъалъ росдал жамагIаталъул вакилзабаз баркала загьир гьабуна нухда хутIарал жидер росуцоял хвасар гьаруралъухъ.


Цересел соназдаги чанцIулго ХIаригабурлъухъ гIазулъ къан хутIун рукIана нухлулал. Масала, 2013 соналъул 3-4 декабралда МичIчIикIкIал абулеб ракьалде щолеб бакIалда, нухги гIазул пуй-чIваялъ бацун, нухда хутIана кIиго машина цIурав анцI-анцI чи: МелъелтIаса, Ингишоса, ЦIиликьа гIадамал. Гьел нухлулал гIазул гъоркьлъаликьа эркен гьариялъе цадахъаб хIаракат бахъана НахъбакIазул ва Бакълъулазул мухъазул нухазулгун полициялъул хIалтIухъабаз.


2002 соналда ХIаригабурлъухъ къан хутIарал гIадамал нахъе рачана, улкаялъул гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ министерствоялъул вертолетазул кумекалдалъун.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +26
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook