Авторизация

РикIкIен дагьлъаниги, гьунар гIемерал, гIурда тIегь бижизе чорхол би тIолел


ЛъагIалил хIасилал


РикIкIен дагьлъаниги, гьунар гIемерал,

ГIурда тIегь бижизе чорхол би тIолел


2017 соналда «Миллатги» миллатцоялги


ХIурматиял магIарулал, рагIалде бахъана 2017 сон. Кинаб букIараб гьаб сон Дагъистаналъе, магIарулазе? Официалияб статистика кьела хасал министерствабаз ва идарабаз. «Миллаталъ» кIвар буссинабулеб буго цо-цо хIужабазде ва лъугьа-бахъиназде. 2017 соналъул аслиял ишазул цояблъун ккола магIарухъе хъил тIурал нухал рахъи, гьеб рахъалъ гьабураб хIалтIи. 


Гьеб ккола 2013-2017 соназда Дагъистаналъе бетIерлъи гьабурав Рамазан ГIабдулатIиповасул хIаракаталъул хIасил. РукIана ГIабдулатIиповасул гIоларел рахъалги. Амма гьесул бетIерлъиялда гъоркь Дагъистан лъикIго цебетIуна. 2017 соналъул сентябралда гьес жив хъулухъалдаса нахъе унев вугилан лъазабуна.


Миллиял фестивалал, пресс-турал, хитIабал …


Гьаб макъалаялда  цIакъго гъорлъе лъугьун экономикаялъул ва цоги рахъазул бицунеб гьечIо. «Миллат» басмаялъ нилъер халкъалъул ургъалида гьабураб хIалтIул дагьабго хIасил гьабизе ракIалде ккана. 2017 соналда ккарал аслиял лъугьа-бахъиназул ва «Миллат» газеталъул пикру ва хасаб нух щокъроб къаразулги гьаб нилъер басма бокьулел унго-унгоял магIарулазулги хIакъалъулъ МухIамад БисавгIалиевасги хъван буго гьаб номералда. ХIакъикъаталдаги, Москваялде гIунтIун, «Миллат» газеталда тIасан хъвадаричIев нилъер халкъ рихарав чи хутIун ватиларин абизе бегьула. Гьеб тайпаялъул рахъалъ ЦIадаса Расулица «Дир мацIихъаби» кочIолъ мухIканго хъванги букIана. Аллагьасул цIоб камугеги нилъее, гьел мацIихъабазеги камугеги.


Амма «Миллат» басмаялда 2017 соналдаги кIвана аваразул жамгIияб гIумруялда бакьулъ къеркьезе, темабакьа хIинкъичIого, сапараздаса нахъе къачIого, халкъалда гъорлъ жубан, лъадарун, масъалаби ва суалал рорхун, жигаралда хIалтIизе.

Баркала буго щивав газеталъул гьудуласе, гьаб нилъер басма цIалулезе, пикру бугел миллатцоязе. Ниж хIалтIулел руго Аллагьасе ва халкъалъе, нужее, гIоло.


«Миллат» басмаялъул хIаракаталдалъун 2017 соналъул риидал Гъуниб магIарда тIобитIана МагIарул мацIалъул мугIалимзабазул данделъи, гьединго Бакълъулазул мухъалда ноябралда гьабуна МагIарул мацIалъул, адабияталъул ва маданияталъул фестиваль. МагIарул басмабазул цолъиялъ сапарал, пресс-турал гIуцIана, Шамил имамас 220 сон тIубаялда ва цоги лъугьа-бахъиназда хурхинарун. Гьеб ассоциациялъ 2016 соналда рагьараб «МагIарухъ» ( Аварпресса.ру, avarpressa.ru) портал чIагояб куцалда хIалтIулеб буго. МагIарул мацIалъул мугIалимзабазул ассоциациялъ ва Авар басмабазул цолъиялъ миллияб мацIги тарихги цIуниялъе, церетIезариялъе, гьоркьоб къотIизе течIого, хIалтIи гьабулеб буго. «Миллаталъул» номеразде цIидасанги ралагьани, гьеб хIаракат нужеда бихьила газеталъул гьурмаздасан.


«Миллаталъул» проектал: «Тарихалда лъалкI тарал магIарулал», «МагIарул росаби», «Адабияталъул сагIат», «МагIарухъе нухал, «МагIарул махщелчилъи»…


2017 соналда «Миллаталъ» чанго проекталъе кьучI тIамуна, магIарулаз гьел лъикI къабулги гьаруна. Маялдаса бахъараб «Миллат» газеталъ редакциялда тIоритIулел руго, «Адабияталъул сагIат» абураб проекталда рекъон, гургинал столал, дандеруссинал. Гьелъул хIасилалда гIуцIарал телеочеркал лъун руго басмаялъул хасаб гьумералда «Ютуб» видеохостингалда. 2017 соналда нижеца передачаби гьаруна Игьалиса Чупаласул, Инхоса ГIали-хIажиясул, ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажиясул, ЦIадаса ХIамзатил, Расул ХIамзатовасул, Муса МухIамадовасул, Фазу ГIалиевалъул, Машидат Гъайирбеговалъул ва ГIабасил МухIамадил хIакъалъулъ. Гьединго передачаби рахъана Бузнаб нух гьабиялъул ва Унсоколо росдал цIулал тIагIелал гьарулел махщелчагIазул, «МагIарухъе нухал» ва «МагIарул махщелчилъи» проектазда рекъон. 


Гьел передачаби нужеда ратила «Ютуб» видеохостингалда «”Миллат”» газета» абураб гьумералда гьаб адресалда:

https://www.youtube.com/channel/UCYry9AanrFtw7JR4qV0_m_A/videos?sort=dd&view=0&shelf_id=0


Аллагьас хъван батани, 2018 соналдаги нилъ гIемер дандчIвана, нилъер халкъалъул масъалаби рорхила, миллаталъул милат гьабила. Жеги чанги хъвачIел пикраби руго, щвечIел росаби, кулаби ва щобал руго, рихьичIел миллатцоял руго…


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +61
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook