Авторизация

БачIунеб - гIагарда, унеб - рикIкIада ...

Лъидаха ракIалда ккун букIараб араб анкьил казият цIалулаго, Дагъистаналда цIияв вачIарав бетIерасда Владимир абураб цIар букIинин. Гьеб гIечIого инсул цIарги бусурбабаздаса, амма жеги цониги дагъистаниясда рагIичIеб ГIабдугIалиевич букIинин. ВачIана гьединав чи витIунгьесда цIарги буго Владимир ГIабдугIалиевич ВасильевРоссиялъул парламанталъул спикерасул заместитель, цевехун МВДялъул структурабазда вукIарав чи рагIула.


Гьеб нужер киназдаго цебего ватцапалъ абун букIун батула. Дица нужее гьаниб бицине кIиго рахъалъул. ТIоцебесеб, щиб гIиллаялъ Р.ГIабдулатIипов нахъе витIаравали дир пикруялда. КIиабилеб, щибгун вачIарав Васильев Дагъистаналде ва щиб гьесул вачIиналъ кьелеб?

ГIабдулатIипов хъулухъалдаса витIизе кинабгIаги гIилла букIинчIо, дагьаб цебегIан полковник МухIамад ГIумаров абурав чи жанив тIами гурони. Гьев жавабияв МВДялъул хIалтIухъан Р.ГIабдулатIиповасул гIагарав чи вугин кьун рагIула цо-цо кремлежуликIаз В.Путинихъе баян. Гьебги хIисабалде босун витIанин ГIабдулатIипов нахъе, батIияб гIилла букIинчIин абулеб буго политикияб кухня лъалел чагIаца. Гьелда бан бетIерлъиялде хьул лъурал финансовиял ва политикиял къуватаца жидер кандидат президентасул столалде ккезавун къеркьолаго ГIабдулатIиповас гьабуна гIажаибаб политикияб ход. Нахъе унев вугин гIарзаги кьун, анкьица тIамуна Дагъистанги Кремльги щив толевали лъалареб рагъа-рачариялда. Лъугьа-бахъарабщиналъул анализги гьабун В.Путиница хIукму гьабуна гьел къуватазда нахъ инчIого лъиданиги вачIев гIурус чи гьаниве витIизе. ВитIана. ВитIунги лъикI. ГIабдулатIипов бегьулев ватичIони иргадал олигархазул таращ гIадин рахъ-рахъалде цIалев витIун чиясдаса Дагъистаналъе Владимирги бегьила, Иванги бегьила, хIатта, Тимофейцин данде ккела. Гьеб буго нилъергун Кремлиялъул жуликIаз улкаялъул президентасухъе ккезабураб гьерсазулги, цояб цогидалда данде кколареб информациялъулги хIасилалда бачIараб кандидатура. Щиб кьелеб гьесул нухмалъиялъ Дагъистаналъе абураб суалалъе жаваб заманаялъ кьела.


Хамиз къоялъул къадеялдаса ХъахIаб рукъалъул жанахIал кьабгIун цIун рукIана. Районазулгун шагьаразул бутIрул, министрал ва депутатал, журналистал, жамагIатчагIи ва гIемерал цогидалги.


Халкъияб Собраниялъул кIудияб залалда гIодор чIезе бакI батуларого рукIана цо-цоял. АнцIго минуталдасаги заман букIана цIияв ва басрияв республикаялъул бетIерги, гьелгун вачIарав Москваялъул хIаким вачIине балагьун чIун. ТIоцебесеб кьер ккуна пачалихъалъул думаялъул депутатаз ва хIукуматалъулгун парламенталъул бутIруца. Президиумалде вачIана Шималияб Кавказалда вугев президентасул вакил Олег Белованцев, Рамазан ГIабдулатIипов ва Владимир Васильев. Данделъиги рагьун Белавенцевас гIемераб рецц гьабуна ГIабдулатIиповасе. ХIалбихьи бугев политик, гIакъилав инсан, Дагъистан хвасар гьабизе профессионалияб лъайги, хIажаталъуб бахIарчилъиги бихьизабурав цевехъан. Мун ва дур нухмалъи жеги Дагъистаналъеги улкаялъеги хIажат бугин, гьеб дуца жеги бихьизабилин. Хадубго рагIи кьуна Рамазан ГIабдулатIиповасе. Амма ГIабдулатIипов ГIабдулатIиповлъун вукIинароан кинабго жо протоколалдаса кьуричIого гьабуни. Жиндаса цеве рагIи бицине Васильев витIеян чIана. Цо дагьал щурщудун хадур вахъана цеве: "Дие гьобол хIисабалда Владимир ГIабдугIалиевич цеве виччазе бокьун букIана, аз дун витIана. Гьаб дир кIалъай букIина нужее гъоркь букIаралдаса къокъаб, гьалбадерие цIакъго халатаб. ТIоцебесеб иргаялда нужер киназего баркала загьир гьабулеб буго цадахъаб хIалтIухъ. Лъиениги балъголъи гуро кинаб ахIвал-хIалалда дица къабул гьабураб Дагъистан ва кинаб бугеб гьеб жакъа. Владимир ГIабдулгIалиевич, (абун цIияв вриоясде вуссун) дун Дагъистаналде вачIараб мехалда рекIараб самолеталъул жанисеб салон букIана далун ботIроде бортун бачIунеб хIалалъ. Аэропортгун нухал рукIана рихьизе хIинкъулеб хIалалда, нилъ жанир ругеб гьаб ХъахIаб рукъги аслияб майданги букIана рагъул фронталъул линия гIадин маххул заборазда ва бетоналъул блоказда нахъа. Дагъистаналъул къватIазда унеб букIана граждан рагъин абизе бегьула. Рохьилазулги, рохьилал гурелги бандитазул флешкабазда гъоркь букIана республика. Жакъа мун вачIана гьаниве лъикIаб даражаялъул самолетазда, аэропорт ва нухал, гьаб минагун площадь дуда бихьана. Дун вачIинегIан цояв Севералда, цояв Югалда, лъабабилев МахIачхъалаялда рукIарал кьураралги, гьезул гъоркьлъалида букIараб республикаги дица хвасар гьабуна. Жакъа республикаялъул тIалъиялъухъ гIенеккуларев чи течIо. Дида цебе лъураб масъала букIана биялтIей чIезаби ва кьвагьиял къотIизари. Гьеб масъала тIубана дица, хутIараб дуда ва цIияб командаялда цебе буго. Промышленносталъулгун экономикаялъул бицине дун лъугьинаро. Щай гурелъул, лъиениги балъголъи промышленияб цебетIеялъул темпазул рахъалъ Дагъистан Россиялда тIоцебесеб бакIалда буго, щай гурелъул республика бортараб кIкIал цIакъго гъваридаб букIана, дагьал хIасилалги гьел баяназе гIемераллъун лъугьунел руго. Экономика? Лъие доба Москваялда Дагъистаналъул экономика хIажатгIаги бугеб. Дагъистан буго экономикаяб рахъалъ загIипаб, нахъе ккараб республика, дида Россиялъул экономикаялъул министрас цониги нухалда гьикъичIо щиб кумек нужее гьабулебин. Добаса кIолеб гьечIо хIажатаб даражаялда нухмалъи гIуцIизе. Дица кIвараб жо гьабуна, гъалатIал ратани дида тIаса лъугьа киналго. Баркала буго В.Путиние гIумруялъул рагIалде щварабго дие ватIаналъе хъулухъ гьабизе кьураб ресалъухъ. Владимир Васильев дида лъалелдаса буго 25 сон. Гьев вуго лъайги бугев, хIалбихьиги бугев лъикIав нухмалъулев. Гьаб сагIаталда гьесдаса рекъарав чи гьечIо Дагъистаналъе нухмалъиялъе. Нужеца гьикъила 3 миллион чи вугеб Дагъистаналда вукIинчIищ гьединав чиян. ВукIана. Пайда щиб, ахираб 10 соналда жанир дагъистаниял ругьунлъун цоцадаса мацIал гьарун, гьеб мацIихъанлъиялъ унев вуго дунги заман щвелелдего, гьел мацIихъабаздаса свакан витIарав вуго Владимир Васильевги Путиница нухмалъуде. Киназего гьарула икъбал, хIалтIизе руго Дагъистан цебе бачиналда тIад" - ин лъугIизабуна ГIабдулатIиповас калам. КIалъай букIана мухIканаб, пасихIаб, щивав гIенеккарасухъе рагIи-рагIи ккун кьураб. ГIабдулатIиповасда кIвана зал асир гьабизе, хIатта живго вокьуларелцин. ГIодор чIараз варххиялда хъат чIвана гьев жиндир бакIалде гIодов чIезе щвезегIан. Гьениве щваралдасаги кинабго залалъ рахъун чIун чIвана. Ахир Москваялъул гьалбалги, живгоги тIадеги рахъун баркала кьун гIодор чIезаруна. Хадусеб рагIи кьуна цIияв тарав бетIер Васильевасе. Гьесул калам хIалица кквезе щолеб букIана. Живго интеллигент, цIодорав чилъун вихьуна. Амма гьеб Рамазанихъе бугеб харизма абураб жо ва зал кверде босулеб гьунар гьечIин ккола. Гьеб хIажатги батиларо гьесие, ишаздалъун бихьизабила. Гьесул каламалъул аслияб пикру букIана жинца гъоркь рукIарал министралгун хIукумат нахъе битIизе гьечIин, щивавгун дандчIван, кастинг гьабун рищизе ругила нухмалъулел. Гьелъул магIна ккола Москваядаса пуланав чи тIаме спикерлъун яги премьерлъун абураб тIадкъай гьесие гьечIо. Гьеб буго хъулухъчагIи роххараб, гьезул бакI кквезе бокьарал риххараб цIияб хабар. Гьеб лъикIищ квешищали заманаялъ бихьизабила. Хабарал лъикIал рагIаги.


Автор: Мух1амад Бисавг1алиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook