Авторизация

Дун гIодичIо, амма йохизеги бачIинчIо…

27 сентябралъул радалисаго багъа-башари лъугьана интернеталда болжал лъугIилалдего Дагъистаналъул БетIер Рамазан ГIабдулатIипов хъулухъалдаса нахъе витIулев вугин ва гьесул бакIалда Росгвардиялъул нухмалъулесул заместитель Сергей Меликов, жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадов, цевеги республикаялъул тIалъуда вукIун нахъе вахъун вукIарав Дадал вас МухIамадсалам… (сияхI къасиялдехун жеги халалъана) -гьазул цояв тIамулев вугилан. Нухмалъулел рахъулелги, кида-къадги хъулухъалдаса нахъе унелги гIадат. Амма бичIчIуларо «цо хIарччинисанги квананги», жакъа унесе сон хъат чIванги рукIарал, гьев хъулухъалда вукIаго мекъса балагьизе кIолел рукIинчIел циндаго гIунгутIаби къватIире гьурщизе лъугьинги, тахшагьаралъул 160 сон тIубай баркун къватIазда чIварал ГIабдулатIиповасул портретгун баннерал сардидаго нахъе рахъиги, хасго магIарулал бугебщинаб ццим къватIибе лагIизе журайги. РичIчIизе бегьилаан гьел кIигьумерилал дида, гьезда якъинго унесдаса цIакъавги, тIокIавги, хабар къокъавги вачIуневлъи лъалеб букIарабани. ГIабдулатIипов Дагъистаналъе хIажат вукIана. ХIажат вукIана жиндирго политикияб лъайгун, дипломатияб бажаригун, «росдалаб гIадатлъигун». Гьебщинаб цIайи букIиналъ гьесде халкъалъул кIудияб хьулги букIана. Амма гIадатал гIадамазул хьулал ритIухъ гьарулеб гIамал хIакимзабазулъ батуларо. Пашманлъиялъе, батичIо гьеб ХIажимурадовичасулъги. Гьеб рикIкIине бегьила гьесул бищун хъачIаб, дагьазул цояб гъалатIлъунги. ХIалтIийин абуни, Рамазаница гьабуна. Гьабуна тIубанго живго тархъизегIанги, релъаралилан бадир чIвалел рукIарал расал цо хутичIого хъахIлъизегIанги. Баркала кьезе лъалеллъун рукIине ккола, федералиял программабаздасан букIине биччанте, гIарцулаб сурсат, чунтбузухъе цIа-цIачIого, жиб бихьизабураб мурадалде щвезе таралъухъгIаги. Рагьана школал, ясли-ахал, сахлъи цIуниялъул объектал, узухъда, цIикIкIунисезе къабуллъичIониги гьес цадахъ росунги унарел, думалъеги хутIулел тарихиял бакIал, музеял. Амма гьабураб нусго лъикIаб машгьур гьаби гуро анцIгьумерилал чукъбузул, сверун сентIолел хъантIалабазул хIалтIи букIараб.Хадуб-цебе рагIи бухьун, пагьмуялда кIалъазе лъаялъ БетIерасул рорчIулел цо-цо чIимигIал рагIабиги «гIочIода чIван» абундачаллъун тIиритIизари, базар хIай букIана гьезул мухь щолеб хъулухъ. РакI лъикIлъи, аваданлъи-гIантлъиялде, жив цIаличIеб динияб гIелмуялда борчIараб мухIканлъи гьечIолъи-капурчилъиялде буссинабулел сихIручагIи гIемерлъана Рамазанида сверухъ. Гьединал гьабсагIатги къахIан жидерго тахбакIалги ккун, доб машгьураб спектаклялда Сидрат Мажидова гIадин, «ХадуЩев!» илан ахIигун реццалъул ралъдалъ цIивачIарав чвердезавизе хIадурун чIун руго. Кандидатлъун рехсаразул социалиял гьиназда ругел хасал страницабазда гъоркь ракIал рахъизе, гIебеде ритIарал килщал (лайкал) лъезе жураралила республикаялъул хIакимзаби сордо-къоялда жанир циндаго. Учузаб къавм. Гьединал лъугIизаричIого, «меседил гIадалнах гIарцул гвангвара бугев» вачIаниги, хисизе жоги гьечIо. ВачIун вукIана Дагъистаналъе БетIер. ГIакъилав, цIаларав, политика лъалев. Ва гьесги, узухъда, тарихалда тана гIицIго заманалдасан гурого лъазе гьечIеб лъалкI. Гьанже гьев хъулухъалдаса хъван гIарзагун нахъе ана. Дун, гьедин ккунилан, гIодичIо. Амма,щаяли, йохизеги бачIунеб гьечIо. ХIабургъарал пикраби, асарал руго ботIролъги рекIелъги. БукIинесеб лъалеб гьечIолъиялъул хIабургъинха аб. Кашмулъи кодоб «бугелин» абуни, садакъадениги кьечIого, зодоре салютал кьвагьизе, рестораналда банкетал кьезе журана. Лъимадулал ракIал. Бихьизесеб цебейин жеги бугеб.Аллагьас цIунаги Дагъистанги нилъги.

Хунзахъа Камилилай


Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +6
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook