Авторизация

Гьалдолеб август

Лъугьа-бахъинал, цIех-рехал

Гьалдолеб август


Камиялги бергьенлъабиги


Араб анкьалдаги дунял бакъалда сверун тирана, нилъер гIумруялъулъ хиса-басиял ккана. Дагъистаналъул, магIарул халкъалъул къисматалда хъинтIулел ишал рукIана. «Дун лъилъун бахъараб хур гIадин вуго»,– ян хъван букIана цо гIакъилас. Гьединго буго нилъер республикаги. Дагъистаналда хIалтIулел руго цIех-рехчагIи, гьез рагьулел руго гIемерал такъсирал. Улкаялдаго гьечIеб бацIцIалъи гьаниб букIинабилилан лъугьун руго цо-цоял. Республикаялъул вице-премьерлъун вукIарав Билал ГIумаровасда тIад диван гьабизе байбихьулеб буго. 11 миллион гъурущалъ улкаялъе зарал гьабунилан гIайиб гIунтIизабулеб буго гьесде. Гьединал халгьабиял ва ишал анцI-анцI, нус-нус руго.


Августалъул бухIи


20 соналъ цеве 21-абилеб августалда зулмучагIазул квералдасан къадаралде щвана Дагъистаналъул муфти СаййидмухIаммад-хIажи Абубакаров. Гьесул эмен, машгьурав динияв хIаракатчи, тохтур, профессор ХасмухIаммад-хIажи Абубакаровас гьал мухъазул авторасулгун букIараб гара-чIвариялда абун букIана вас чIваялда нахъа тIадчагIи ругилан… Анлъго соналъ цеве 28 августалда камуна машгьурав динияв хIаракатчи ЧIикIаса СагIид-апанди.


179 соналъ цебе августалда Шамил имамас рехун тезе ккана АхIулгохI. 159 соналъ цебе 25 августалда Гъуниб магIарда Кавказалъул халкъаз эркенлъиялъе гIоло гьабулеб къеркьеялъе ахир лъуна.


19 соналъ цебе августалда Дагъистаналде гьужумал гьаруна халкъазда гьоркьосел террористаз. Гьанжеги лъугIун гьечIо гьеб рагъ багъарарал хъачагъазул ишазул цIех-рехал гьарун ва кьун гьечIо гьезие къануниябгун инсанияталъулаб къимат. Жеги халатрахъунел руго гьел террористазул такъсирал къватIир чIвазариялъул хIалтIаби. Гьал къоязда цIех-рех гьабун бахъана 1999 соналда Дагъистаналде тIаде кIанцIарал Марат Даутовасул, Дамир Мухатдиновасул, Руслан Аджибрагимовасул ва Батырбек Бакиевасул ишалъул. «Коммерсантъ» басмаялъ хъвалеб буго Басаевасул ва Хаттабил хъачагъазда гьоркьоб букIараб «Нугъаязул батальоналъул» террористал кколин гьелилан. 1999 соналда Болъихъ ва ЦIумада районазда тIаде кIанцIарал хъачагъазул 71 террорист туснахъалда тIамун вуго, 28 чабхъадулав жеги валагьулев вуго. «Нугъаязул батальоналдаса» 60 хъачагъ хасал операциязда тIагIинавун вуго. 1999 соналъул 7-24 августалда Болъихъ ва ЦIумада районазде азаридаса цIикIкIун хъачагъ тIаде кIанцIанин ва гьеб рагъда 33 аскарияв чIванилан баянал кьолел руго низам цIунулел идарабаз ва цIех-рехалъул гIуцIабаз.


АнцIго соналъ цебе августалда Кавказалда цIидасанги рагъ багъарана – Югалъулаб Осетиялда тIаде кIанцIана Михаил Саакашвилица нухмалъи гьабулеб Грузия ва байбихьана «Щуго къоялъул рагъ».


Трампил Путинихъе кагъат, пенсиязул суал – референдумалде, мекъи ккараб НАТОялъул ракета…


Россиялда ахIвал-хIал кутакалда лъикI бугилан абуни, гьереси букIина. Пачалихъалда цере чIун руго чIахIи-чIахIиял суалал ва цIияб заманалъул кIалгьикъиял, тIурачIого рес гьечIел гIузраби. БакътIерхьул улкабаздаса, НАТОялдаса рагъулаб рахъалъ нахъеккезе чIеларилан, цIидасанги «цIвабзазул къеркьей» ва ярагъ гьабиялъул рахъалъ къец руго сиясаталъул цебесеб кьерде рачIун. СШАялъул Конгрессалъ ва тIалъиялъ нахъаса къотIичIого Россиялъул экономикаялда зарал щущезарулел руго, цIи-цIиял санкциялги рахъун. Гьеб киналъулго хIасилалда микьабилеб августалда гъурущ учузлъана, 2016 соналда букIараб даражаялде ккана, долларалъухъ – 65 ва евроялъухъ 76 гъурущ буго гьал къояз.


Россиялъулги СШАялъулги гьоркьорлъаби лъикIлъизаризе кколилан абураб кагъат битIун буго Дональд Трампица Владимир Путинихъе. Телефоналъ кIалъан тIубалеб масъала букIинчIеб куц буго гьеб. Кагътидаса хадур жеги цIикIкIуна санкциял.


Россиялда пенсиязул ригь борхизабиялъул суалъул рахъалъ референдум тIобитIизе бугин абулеб буго. Улкаялъул ЦИКалъ гьелъие ихтиярги кьуна. Эстониялъул зодоб гвангъун буго Испаниялъул рагъулаб ракета. Гьеб мекъи ккун кьвагьун араб жо бугилан руго НАТОялъулал. Россиялъул гIорхъода гьединал ишал ккеялъ рахIатхвезабуралги руго. Ракета билулеб НАТО, рагъде иш ккани, пайдаго гьечIеб гIуцIи батилилан релъа-рохун баянал кьолел Россиялъул МИДалъул вакилзабиги руго. Улкаялъул Северияб флоталъул рагъулал гуми Ла-Манш къотIун лъодолел руго.


Анкьго школа, коррупция, нухмалъулел рищи…


2018-2019 цIалул соналде хIадурлъулеб буго Дагъистан. Республикаялъул премьер Артем Здуновас гьеб суал гьоркьоб лъураб хасаб данделъиги тIобитIана. ГIемерал соназ бан лъугIинчIого букIараб анкьго школалъ тIоцебесеб сентябралда нуцIби рагьизе ругилан баян кьолеб буго. Гьединго, Дагъистаналъул гьанжесеб тIалъиялъ халкъалде хитIаб гьабуна, такъсирчилъи, ришватчилъи, коррупция къезаризе цадахъ рекъон хIалтIизе рачIаян. Гьеб мурадалда гIуцIараб хасаб планги буго.


Июль-август моцIазда республикаялда тIобитIулеб буго «Дир Дагъистан» абураб, Расул ХIамзатовас машгьур гьабураб цIаралда гъоркь нухмалъулел рищулеб, хъулухъчагIазул нахърател гIуцIулеб къец, конкурс. Гьенибе гIарза кьун буго 11 азаргоялдаса цIикIкIун чияс. Гьезул 6150 чи ворчIун вуго кIиабилеб бутIаялде – тестазе жавабал кьолеб тадбиралде. Гьезулги кIинусго чи ворчIулев вуго финалалде ва гьел рикIкIине руго хIалтIухъабазул, нухмалъулезул нахърателлъун. Заманаялъ бихьизабила гьеб къец ритIухъаб ва Дагъистаналъе пайдаяб лъугьарабищали.


Дагъистаниял руго, тату хун, ракI унтун, Каспийскалда йиларай микьго сон барай Калимат ГIумарова ялагьулей. Аллагьас квербакъи гьабеги гьей ялагьулезе ва гьеб хIалуцараб ахIвал-хIал гIодоцине, сах-саламатго, къварилъи ккечIого, гьей гьитIинай яс ятизе хъван батаги. Амин.


Танк ва эркенаб гугари


2018 соналъул 3-5 августалда Москва областалъул Одинцово шагьаралда тIобитIана эркенаб гурагиялъул рахъалъ Россиялъул чемпионат. Гьениб мухIканаб бергьенлъи босана Дагъистаналъул командаялъ. Республикаялъул эркенаб гугариялъул рахъалъ тIаса бищараб командаялъул капитан, Олимпиялъул чемпион ГIабдулрашид СагIадулаевас 97 килограммалъул цIияб цIайиялда щибаб речIчIиялда бихьизабуна кIудияб гьунар, махщел ва гуч. Финалалда гьев дандчIвана Европаялъул чемпион, Северияб Осетиялдаса спортсмен Владислав Байцаевгун. 8:1 хIасилалда, кьучIаб, щаклъи гьечIеб бергьенлъи босана СагIадулаевас. Гьединго меседил медалал щвана дагъистаниял Завур Угуевасе (57 кг), МухIамадрасул Идрисовасе (61 кг), АхIмад Чакаевасе (65 кг), МухIамадрасул ГъазимухIамадовасе (70 кг), АхIмад ХIажимухIамадовасе (79 кг) ва Даурен Куруглиевасе (86 кг). ЦIайиялъул ичIго категориялда, даражаялда анкьго меседил медаль Дагъистаналъ босана. ГIаммаб куцалда 16 медаль щун буго нилъер республикаялъул командаялъе – анкьго «месед», кIиго «гIарац» ва анкьго «мазгар».


«Миллат» казияталъул редколлегиялъул рахъалдасан баркула Дагъистаналъул гугарухъабазда гьел тIадегIанал бергьенлъаби ва гьарула хадурккунги жеги кIудиял спорталъул тIогьал квегъизе тавпикъ.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +21
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook