Авторизация

Шагьидзабазул гьаракь, гIасраби тун, рагIулеб…

Жакъа дир ватIаналда ракIалде щвезавулев вуго хIикматав инсан, бацIцIадаб исламалъегIоло жиндирго гIумру къурбан гьавурав шагьид, СайидмухIамад-хIажи Абубакаров. ГьевбатIияв инсан вукIана сундулго рахъалъ, пикруялъул, гIамалалъул, гIелмуялъул, хIатта,гьабулеб вагIзагицин цогидал хIайранлъулеб букIана гьесул. 1998 соналъул 21 августалъул рузман къо дида киданиги кIочон теларо. 14 сон барав чиясда рагIана дида муфтий чIван вугилан. Гьеб кьогIаб хабаралъ ахцаза-вурав гIадин хутIана дун. Гьединаб асаргунхутIун вуго доб къоялдаса нахъе. 19 сон свера-на долдаса нахъе, амма жакъаги дир ракIалъкъабул гьабизе кIолареб пикрулъун хутIунбуго бацIцIадаб исламалъе гIоло гъеж гура-рал, иманалъулъ руцун гьарурал гIадал чагIигIумруялда ратIа гьаризе кIолеб ракIалъулгIадамалги гьаб ракьалда рижун ругиланабураб. Ракьалъги гьел хIехьон хутIун руго, гьечIилан кин абилеб, гьеб 19 соналда жанибкъогоялдасаги цIикIкIун бергьарав гIалимватIа гьавидал гьел жанавараз гIумруялдаса.
Исана 28 августалда шуго лъагIел тIубалаустарзабазулги устар, къутIбу, кIудияв шайихСагIид-афандиги Аллагьасул тушбабаз рокъорежаниреги рачIун чIваралдаса. СайидмухIамадхIажиго гIадин гьевги кьвагьизавуна. Муфтийкьвагьана мажгиталъул кIалтIа, рузман базевачIунаго, устар кьвагьизавуна вирд босизеячIун йигилан, Аллагьги гIадамалги махсаро-де ккун гьесул рокъое йорчIарай малгIуналъ.Диналда гьоркьоб рикьи ккезе гьабу-леб чорокаб къавмалде данде вахъине таваккалги, бажариги гIуна СайидмухIамадилхIабургъарал ункъоялда анцIабилел соназ.
Аварагасдаса бачIараб хIалалъ, нилъер умумуз гьабулеб букIараб къагIидаялъ ине бугинИслам цебеян лъазабуна гьес батIи-батIиялтадбиразда. Абун течIого гьелъие чIагояб мисалги бихьизабуна. Гьесул хIаракаталдалъунбиччазе байбихьана республикаялда бусурбабазул рухIияб басма «Ассалам» газета, разебайбихьана мадрасаби, мажгитал.
Исламияб гIелму тIалаб гьабизе бокьарал гIолилазулкъадар цIикIкIунеб букIана гьесул вагIзабирагIидал. Гьедин Дагъистаналда бацIцIадаб,исламияб нух цебетIезабулев муфтий рекIеегIечIо цо хасаб, къосараб къавмалъе. Гьезулпикрабиги късдалги, Алагьасдасаги, ислмалдасаги рикIкIад рукIана. Ахирги муфтиясекъорги гъуна гьел гIаштIичагIаз. Гьесда цадахъ шагьидлъана гьитIинав вац АхIмадги,машина бачунев вукIарав, гьесул божаравкумекчи Хунзахъ мухъалъул Харахьиса ХIайдар ГIумархIажиевги.
КIиго вас цадахъ Аллагьасул къадаралде щванилан бицарабго как биххичIев ХасмухIамад хIажиги… Гьев тIубараб Дагъистаналъго адаб гьабулев чивуго жакъа къоялъ.
Аварагасул заманалдаса нахъе чIвалелруго исламалъул тушбабаз гIалимзабиги,имамзабиги, Алалагьасул рацIцIадал вализа-билъун лъугьарал рухIиял церехъаби. Бусурбаби гIемерлъаралгIан, исламалъул рухIиябкъуват ракьалда гучлъанагIан гьелъие гудургъолел илбисалъул тIанчIи кьижун гьечIо.Кьижун гьечIо гьел жакъаги.
Амма хIакъаб Аллагьасул дин гьукъун бажарулеб къуват ракьалда гьечIо, щукру гьабизе ккарабхIакъикъат буго гьеб.

Автор: Ашахан Юсупов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Кӏудияб пикруялъул,ва хӏаракаталъул чи вукӏана,Аллагь гурхӏаги worried 


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook