Авторизация

РукIана, рукIана, рукIана чагIи...

Юбилеязул анкь букIана. Республикаялда лъугьа - рахъунел кIудиялги, гьитIиналги, кIвар бугелги, гIемерго гьечIелги ишал рагIдукье ккезаруна нилъер авар миллаталда гьоркьр загьирлъарал машгьурал гIадамазул цоял гьаруралдаса, цогидал хваралдаса тIурарал гургинал тарихаз. Гьаб анкьалъ ракIалде щвезавуна, гьавуралдаса 140 сон тIубарав, бищунго магIарулазе халкъияв шагIир ЦIадаса ХIамзат. РакIалде щвезавуна ХХ гIасруялда рукIаразда гъоркь бищунго машгьуразаса цоялъун рикIкIунев, жиндир гIелмуялъги, гIакълуялъги, бихьинчилъиялъги Дагъистан гIуцIарав ва цIунарав Ругъжаса ГIабдурахIман Даниялов. РакIалде щвезавуна шагьидлъаралдаса 20 сон сверулев Дагъистаналъул муфтий СайгидмахIамад-хIажи Абубакаров.

"Цо бихьинаб гIамал, бахьинаб гьумер

Бихьуларищ тIокIалъ, СайидмухIамад,

ГIужилда речIчIунеб чIор гIадаб рагIи,

РагIуларищ гьудул, гьанжеялдаса? - ян хъван букIана гьесде Бакълухъа МухIамад ХIамзаевас.

СайидмухIамадил вагIзаги, каламги, ишалги нахъе руго. ХIакъикъиял бусурбаби жинда бахиллъулеб хвел насиб гьабуна гьесие ТIадегIанав Аллагьас - мажгитул кIалтIа, рузман къоялъ, кигIан берцинаб ахир бусурманчиясе? Гьесул гьурмада букIана шагьидасул дангъва, каламалъулъ, ишазулъ, хьвада-чIвадиялъулъ. Дида СайидмухIамад Абубакаров унтун бусада холев цеве тIамизе кIолароан. РукIуна гьединал гIадамал.РакIалда буго доб тIубараб Дагъистаналъулго ракI гъанцIизабураб кьвагьи, I998 абилеб соналъул багIарараб август. Сентябралъул байбихьуда тIубанго республикаялъ тIобитIизе тIаде босараб Расул ХIамзатовасул гIумруялъул 75 сон шагIирас нахъе бахъизабуна. "Это будет выглядеть как пир во время чумы" - ян абуна Расулица. Живго муфтий чIван чIегIер бараб миллаталъе гьавагIан хIажатал, гIемераз жакъаги такрар гьарулел рагIабиги рукIана хъван:

"Дун нилъер саназухъ валагьун вуго,

Саву кьун босараб кьавудахъ гIадин.

Хал гьабун вуго дун Дагъистаналъухъ

Дирищ гьаб, чиярищ лъазе кIоларо.

Мун дир батанани мажгитул кIалтIа,

Муфтий шагьидлъизе щай тарав дица?

Огь СайидмухIамад, огь АхIмадхIажи,

Нуж кватIараб рузман буго каранлъ къан.

Кверал бидул цIурал чIвадарухъабаз,

ЧIегIер барал ххвелал руго гьарулел.

ГIахъущдерил щобде щвараб багIарбакъ

Шамилил ракьалде кин баккулареб?".

Гьаниб цо баян кьезе ккола. Доб хаслихъе хъварал гьал мухъал хадур Расулица лъун рукIана "ЧIегIераб ящик" абураб поэмаялда жанир. "ХIакъикъат" газеталда бахъизеян поэма кьураб мехалда гьадал "Бидул кверал цIурал чIвадарухъабаз, чIегIер барал ххвелал руго гьарулел" абурал мухъал нахъе реххана газеталъ. Щиб хIисаб гьаниб букIараб лъаларо, газеталдасани реххила, лъица гьел нахъе реххилел жакъа шагIирас хъвавухъе нужее гьал рикIкIунев дихъа ва гьал мухъал цIалулел ва такрар гьарулел нужехъа? ШагIирас абухъе:

"кигIан гIемерал гъегъ гIурде баниги, 

 гIурччинлъи ганчIалъа гъорлъан баккула,

 гьедин лирикагун чан дуэль ккараб,

 кочIохъаби чIвала, кучIдул хутIула".

ХутIана гьал мухъалги, гьал цIализе ва наслабахъе кьезе магIарулалги. Аллагьас Къиямасеб къо чIезегIан цIунизеги ратила, ин ша Аллагь. Иргадулаб номералъе тIадкъай кьолаго редактор Зайнаб ГIалимирзаевалъ дида абуна: "Дуца, Бисав, ЦIадаса ХIамзатил, Данияловасул ва СайидмухIмадхIажил хъвай, гьезул цIар, ишал, тарихалда тараб лъалкI ва гь.ц". (Гьединаб г1адат буго редакциялъул, цере ккун темаби гьоркьор лъолеб, бач1анщинаб къват1иб кьезе ниж бюджеталъ хьихьун гьеч1о). Данияловасул ишал чIаго руго, биография нужеда лъала, дица рагьизе цониги балъголъи хутIичIо, ХIамзатил хIакъалъулъ живго ХIамзатидаса лъикI дунялалда цониги чияс бицине рес гьечIо. Рагье тIехь ва къуле гьесул гIужилаб сатираялъулги, щибаб хIарпилъ бугеб ирониялъулги, рагIуца рагIи батулеб, гьаркьица гьаракь такрар гьабулеб пасихIаб, лъиданиги релълъинчIеб хIикматаб шигIаразул дуниялалде. Гьениб дица нужее квал-квал гьабизе буго, нужго кIалъай ХIамзатгун. Щивха хутIарав? ХутIун букIана бицинчIого СайидмухIамадил ахиралъул, гьесде хъвараб назмудул балъголъи ва дунго нугIлъун рукIарал лъугьа-бахъинал. Аллагьас гьев лъабавго магIарулав алжаналде тIоритIун ратайги. Гьезул пикрабиги, ишалги, гIамалги, гьунарги такрар гьабулел васал камугеги нилъер тIалъуда.

Хабаралги лъикIал рагIаги.


Автор: Мухlамад Бисавгlалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий
Рукӏун пайда щиб,чи хун гурони,гьесул къимат гьабизе нилъеда лъаларо,"Гӏадам чӏагого вецце,чӏагого каке",гӏадада хъвараб жо гуро


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook