Авторизация

НакIкIал тIутIун ралел тIогьазул хучдул

ЖамагIаталъул газа

НакIкIал тIутIун ралел тIогьазул хучдул


Гвай бан, МагIарулъи цIигьабулел сахаватчагIазул хIакъалъулъ


КъваригIаралъуб рухIцин майилан кьолел магIарулаз хIажаталъуб садакъаги гьабула, къварилъи ккарасе кумекги гьабула, къо ккаралъул ратизеги ратула. «Нилъ бараб ахIулъги ахIараб болъги бахIарчилъиялда хIалтIизе ккола», – абун хъвана ЦIадаса ХIамзатица. 


Пачалихъалда божун чIечIого…


Бокьун буго лъикIаб гьариялъе, Аллагьасе гIоло ва халкъалъе пайдаялъе сурсатал хIалтIизарун, ахирал соназда бакълъулаз ралел ругел цо-цо бакIал рехсезе. Гьай-гьай, щибаб росулъ ва щибаб мухъалда, шагьаралда руго сахаватал гIадамалги гьезул ишазул лъалкIалги. ХIукуматалъул кумекалъухъ ралагьун чIечIого, гIадамаз жидецаго жидеего гIамал гьаби буго беццизе ккараб, гражданияб пикру гъварилъараб хIужа.


Садакъаде кьолеб сурсаталъухъ гьабсагIаталда Бакълъул мухъалъул ЛъаратIа ва Килалъ росабалъ ралел руго чIахIиял, лъабтIалаял мажгитал. Гьединго гIадамаз бакIарараб гIарцухъ цIигьабуна Гъоркь Инхо – Гьарадирихъ шагьранух. Балеб буго ЛъаратIа рикьуда мажгит. КъачIалел руго къулгIаби, гьарулел руго хIавузал, лъолел руго кьоял. Пачалихъалда божун чIечIого, гвай бан, умумузул лъикIаб гIадаталда, бахIарчиял ва гIакъилал цересел наслабазул нух ккун, жамагIатаз жидерго тIалаб гьабулеб буго.


Чорхолги биги тIун, цIунарал мугIрул…


Институтал лъугIичIониги, цIвабзазул мацI лъалин гьезул щивасдаян хъвана аваразул шагIирас херал магIарулазул хIакъалъулъ. – Херал магIарулал, нужер цо рагIи цо гIалимчиясул тIехь буго дие, – абунги хъван буго гьебго асаралда жаниб. ТIабигIаталъул гIелму лъалел, кьварараб магIарул ракьалъ куцарал, лъадарарал, хIинкъи-къай лъаларел умумузул ирсилал ккола нилъ. Дагьалниги дозда релълъине хIаракат бахъизе тIадаб буго нилъеца. Гьодица ракьги баччун, хурзал гьаруна нилъер умумуз. Чорхол биги тун, гьал мугIрулги цIунана. Гьедин къо бихьун цIунараб ракь нилъеца жакъа гIадада кьолеб буго, рехун тун, чIунтун, панаго толеб буго.


Мажгитал цIигьарулел руго…


Амма МагIаруллъи цIигьабизе гъуждул гурарал гIадамалги гIемер руго, Аллагьасе рецц. Гьелги рукIинчIелани, тIубанго чIобоголъизеги рес букIана нилъер гIумру ва лъазе кIоларедухъ хисизе бегьулаан миллияб хасият. Пачалихъалъ щущазаруна кIудияб захIматиялда ва бергьараб гьунаралда гьарурал мажгитал, риххизаричIого хутIаралги руссинарун рукIана тIощел балел рукъазде ва бокьазде. Гьедин инжит гьарурал рухIиял минаби цIигьаруна сахаватал гIадамазул кумекалдалъун, цо гъурущ пачалихъалъулги харж гьабичIого. Аллагьас гьел киналго садакъа гьабуралщиназул мунагьал чураги ва, азарцIун цIикIкIинабун, гьез кьураб рикъзиялъул баракат гьезие щваги.


Районазул, мухъазул тахшагьаразда гIемерал гIадамал ракIарула, гьенир мажгитазухъ рузман базе бакI къварилъула. Бакълъулазул мухъалъул тахшагьар МелъелтIа росулъ хIалтIулеб буго чанго мажгит. Дагьаб цебе цIигьабун, гIатIид гьабун, къачIана рузман балеб кIудияб мажгитги. Амма чанги низам цIунулел хIалтIухъабиги цоги хъулухъчагIиги рузман базе хьвадула райцентралда аскIоб бугеб ЛъаратIа росулъеги. Гьениб бугеб мажгиталъул гIатIилъи гIолеб букIинчIо. ЖамагIаталъул хIукму ккана цIияб, лъабтIалаяб Аллагьасул рукъ эхетизе ва гьеб баракатаб хIалтIи тIад бан унеб буго, мажгит тIохикье буссана.


Гьединго некIсияб мажгит гIатIид гьабулеб буго Килалъ росулъ. Гьенибги лъабго тIала бугеб, кIудияб мина эхетана мажгиталъе. Лъабго миллионалдасаги цIикIкIун гъурущ харж гьабун буго гьел хIалтIабазда.


Нухалги мехалги


2018 соналъул августалъул ахираб кIиго анкьалъ гьарадирил росабазул гIадамал рахъун рукIана Гъоркь Инхо – Гьарадирихъ нух къачIазе. Гьеб мурадалда жамагIатчагIаз садакъаде кьурал сурсаталги харж гьаруна. Грейдер ва экскаватор нухда хIалтIизеги кьун, кIудияб кумек гьабун буго ОАО «Гумбетовское ДЭП № 10» ОАОялъул нухмалъулев Малачи Сурхаевасги.

Гьедин гвай бан, жамагIаталго рахъун, гьарула магIарулаз жамгIиял хIалтIаби. Бузнаса нухги гьединаб куцалда цIигьабулеб буго. Аллагьас тавпикъ кьеги нилъее нилъго щалали бичIчIизе ва цIи-цIиял гIелал сах-саламатал ирсилалъун гIезаризе. Амин.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +20
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook