Авторизация

Бусурбабазе гьабураб зарал бецIизе кIвеладай


Бусурбабазе гьабураб зарал бецIизе кIвеладай


Дагьаб цебе Россиялъул Президент В. В. Путиница лъазе гьабуна пачалихъалъ Совет Союзалъул заманалда аслиял диназе (насраниял, бусурбаби, ягьудиял) гьабураб зарал бецIизе кколилан. Гьединабго хIукму гьабун букIана церегIан соназ пачалихъалъ диниял гIуцIабазухъа рахъун рукIарал ракьал, рарал бакIал нахъе кьезе.


Исана Президентас гьабураб лъазабиги нилъее гIезегIан лъикIаб хабар ккола. Дагь-дагьккун ватIаналде божилъи цIикIкIинехъин буго, гьабулеб ишалъулъ магIна баккулеб буго. Цо-цоял лъугьунел руго нилъер гIумру какизе, гьаб замана какизе, гьебгиха цере кин рукIаралали щибго пикруги гьабичIого. ЦIикIкIараб гIелалъул цо къокъа буго жеги коммунистазул тIалъи букIараб замана цIакъ гIадлу битIараб букIанин абулеб. ЛъикI буго. БукIун батани доб заман гIадлу битIараб, щайха жалго коммунистаз биххизабураб? Щайха долъул нахъе босизе щибго жо батичIеб? КIухIалал, хIалтIизе бокьуларел гIелалги, ришватазда ругьунал ричарухъабиги, хъулухъчагIиги, тIадчагIазе кучIдул ахIулел хIалтIухъабиги – гьеб буго нилъее хутIараб жо. Дица тIубанго доб заман какизе лъугьани, гIайиб чIвалев чи камиларо, амма ахирал соназул бугеб квешабщинаб жо буго цересел 70 соналъул "баракат". БукIана гIадлуги, къвакIараб низамги. Лъил гьеб гIадлу-низам букIараб? Аслияб къагIидаялъ тIадчагIазе данде кколарел гIадамазе, батарабщинаб гIайибги гьезда гIунтIизабун.


Жакъа къоялъги нилъеда гъорлъ хутIун буго кинаб бугониги къваригIел тIубалелде цебе гьеб бакIалда лъалев-хъвалев чи вугищали цIехолеб гIамал. БукIа гьеб больница, букIа цIалул идара, милиция яги прокуратура. Гьеб киса нилъеда гъорлъе бачIараб? Гьеб буго доб заманалдаса нахъего цIунун бугеб "бечелъи". Инсан битIун хьвадулевги вугони, битIаралда гурони тIадги рекъечIони, гьев хIажалъизе гьечIо лъалев-хъвалев чи валагьиялде ва ришватаздалъун иш билълъанхъизабиялдеги. Гьай-гьай, гьеб цIакъ захIматаб иш буго. Бигьа букIине гьечIо чорхолъа гьеб бацIцIине. Аллагьас тавпикъ кьеги битIараб кквезе ва тIекъаб тезе.


Цебесеб харбиде нахъруссинин. Зарал бецIиялъул бицине лъугьиндал, хIукуматалъ тIоцебе рехсолеб буго бараб мина-къай, ай мажгит-мадраса. Гьанже гьел нахъруссине тун рукIаралани хIукуматалъул кумек щвезеги бегьилаан. Нилъер мажгитал къачIана, цIиялцин рана, чIунтун лъугIарал мадрасабиги цIи гьаруна. Гьелъие жамагIаталъул кумек щвана. Гьанжего-гьанже зарал бецIизе кколеб бугин абулеб бугони, доб цебе букIараб къагIидаялда къимат гьабун, ай жамагIаталъул харжал рецIизе ккелаха.


Хадусеб иргаялда кIочене бегьиларо нахъе рахъизегIан щибаб мажгиталъул вакъфудал ракьал рукIараллъи. Гьезулги букIине ккела мухIканаб хIалалъ гьабулеб сияхIги цогидал документалги. Гьеб жо, иншааллагь, кинабго щвела нахъе, амма бищун бецIизе кIолареб зарал буго нилъехъа бахъун араб рухIияб рахъ, чIварал гIалимзаби, рухIарал тIахьал ва цоги динияб бечелъи. Гьеб кодоса борчIараб ва нахъе щвезе рес гьечIеб рухIияб рахъ камун буго нилъее жакъа. Гьеб камиялъул хIасилги буго доб тIадехун рехсараб ришватчилъиги цоги-цоги "гIузрабиги".


Бищунго кIвар кьезе ккела хутIарабниги гIелму цIи гьабиялде. ХIинкъизе бегьиларо мадрасаби гIемерлъиялдаса, мажгитал раялдаса. Гьениб квешаб жо лъицаго малъизе гьечIо. ХIинкъизе ккараб жо буго "игральный залал", саунаби ва цогидалги гьезда релълъарал бакIал. ГIолохъанаб гIелалде щвезегIан, росу-жамагIат бокьулевлъун лъугьарав чияс гьеб къабихI гьабулеб жо гьабиларо. Гьелдаго цадахъ цIунила жиндирго динги намус-яхIги. Гьеб буго жакъа жамгIият цIилъиялъе бищун хIажатаб жо.


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook