Авторизация

МацI билизе тани, билула миллат


МацI билизе тани, билула миллат


1.


Кинидахъ дий ахIана

МагIарул халкъияб кечI,

Кинидахъ дий ахIана

Авар мацIалда назму.


Нус-нус сонал рихьараб,

ГIемер гIасраби лъараб

Авар калам рагIана

ГIундузда бищун цебе.


Цинги магIарул мацIалъ

Дунял кIалъана дида.

Дий нилъер рагIудалъун

Рогьалилъ бакъ баккана.


РакI гIекколедухъ, хIанчIаз

АнцI-анцI бакънал рачана…

Авар мацIалда руго

Чилулел мугIрул иццал.


ГIагарал гьаркьал руго

Кьурабаца угьулел.

Гьел магIарул рагIаби

Такрар гьарула сиртаз.


Ссунареб дандерижи

Боржунеб буго даим

Дир халкъалъул мацIалда

Гаргадулел ганчIазул.


2.


Кавказ ккураб къолден –  

Сарир пачалихъ

БукIана кIалъалеб

Авар мацIалда.


ЦIар араб гьеб улка –

Гъункараб свери

МагIарул рагIулги

ГIамалалъулги.


ГIурал мугIрул цIунун,

ЦIадай унаго,

«Эбел-ВатIан!», – илан

АхIана васаз.


Инсухълъи тIегьазе

Биял тIолаго,

БукIана щурулеб

МагIарул калам.


Ракь бахъидал, гуро

Халкъ асирлъулеб.

МацI билизе тани,

Билула миллат.


2018 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +50
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook