Авторизация

МагIарулав ватани…

МагIарулав ватани…Рахьдал мацI гьечIони, букIине рес гьечIо жибго миллатги. МацI лъугIидал-лъугIула халкъ, тарих, маданият. Рахьдал мацI бокьулебги гьечIони, гьеб цIунизе хIаракат бахъулебги гьечIони-гьечIо миллаталъул букIинесеб.

Нилъер рахьдал мацIлъун ккола-магIарул мацI. Кинаб бербалагьиха бугеб нилъер гьелдехун? Тохлъукьего гьеб чорок гьабураб, хIабургъинабураб иш борчIулебдай цощина нилъер цо-цоязухъа? «Метер магIарул мацI хвезе батани, хваги дун жакъаго ургьиб ракI кьвагьун»-ян абун буго мунагьал чураяв ХIамзатил Расулица. Кьвагьулел гьечIо жанир ракIал, нечолел гьечIо «я все понимаю, но разговаривайт не умею»ян гIадамазулалда реллъен-хъвайго гьечIеб чидар мацI бицине. Балагье, шагьаралде цIализе ун лъагIел балелдего магIарул мацI «кIочарал» студентазухъ, гIенекке гIатIиракьалда гIумру гьабизе рахъиндал, лъугьинабураб, хIалеб гlypyc мацIалъ цоцазда кIалъалел мугIрузул гIадамазухъ... Цо-цо чIухIарал рагIабиги гьоркьор речIчIизарун, гlypyc мацIалъ кIалъай лъугьун буго, сверухъ ругелазухъа «бажарунареб», къадруяб ишлъун.

Гьедин гьабулезда киданиги лъазе гьечIо, академик Гъ.ГIабдурахIманов (доб мехалда дун цIалулей йикIараб ДГПУялъул экологиялъул факультеталъул декан) - гIумруялъго шагьаралда чIарав, федералияб, xlaттa, халкъазда гьоркьосебцин роцадул жамгIияв хIаракатчи, дида бацIцIадаб магIарул мацIалъ кIалъайдал, дир букIараб чIухIиялъул асар! «Нилъ магIарулаллъидал -ян абуна гьес-кIалъазинха нилъерго миллияб мацIалда». Унго-унгояв патриот, магIаруллъи ва гьелда барабщинаб хирияв инсан. Ма-гIа-ру-лав. Унго, гьеб рагIул берцинлъи. «МагIарулав ватани, магIаруласул чорхолъ…»-кечIцин ахIун бачIана чIухIиялъ.

Шагьаралъул къватIахъги цIакь рохизе ва чIухIизе бачIуна бацIцIадаб магIарул мацIалъ кIалъалел рагIидал. Гьелъул гIаксалда, пашманлъизе бачIуна, росулъ магIна лъаларел «цIиял гIурусазул» рагIабаздалъун цоцазда кIалъалел ва «магIарул мацIалъ хъвараб газета жидеда бичIчIуларилан» абулел гIолилал рагIидал. Гьедин гIолилаз абизе рес букIинчIо гьезул эбел-инсуца рокъоб магIарул адабияталдеги, маданияталдеги лъималазул рокьи бижизабулеб букIарабани, гьез цо-цониги цоцазда гьоркьоб дов гIалимав деканас дида гIадин, «Нилъ магIарулаллъидал» ян абулеб букIарабани.

Нилъерго миллат нилъецаго кколебги гьечIони, магIарул мацI нилъецаго кIодо гьабулебги гьечIони, чияцаги гьабуларо.

1999 соналдаса нахъе 21 февраль ЮНЕСКОялъ лъазабун буго халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIалъул къолъун.. Щиб дицаги, дуцаги гьабизе бугеб, хIурматияв газета цIалулев, рахьдал мацI гIолеб гIелалда гьоркьоб машгьурлъизабиялъе ва бокьизабиялъе гIоло?! РакIчIун абизе кIола,цоцазде гIайибалги гIунтIизарун лъугIила. Амма цIакъ бегьулаан «гlypyc мацIалъул анкьалилан» цIарги тун школазда тIоритIулел гIицIго гьеб мацIалъ цоцазда кIалъалел гIадалгIаги тадбирал цоцазда гьоркьор рокъор, хIалтIул гIуцIабазда тIоритIизе, магIарул рагIул устарзаби ракIалде щвезаризе, эбелалъ кинидахъ кечI ахIараб мацIалда кучIдул рикIкIиналъул къецал, гIуж лъеялъе школлъималазда гьоркьор гуреб, чIахIиязда гьоркьор тIоритIизе, къанагIат хIалтIизарулел  рагIаби, кици-биценал доб нилъеего хирияб интернеталдасан тIиритIизаризе, хIатта, цоцазде рагъизе-семизецин гIицIго нилъедаго бичIчIулеб гъура-чункадидалъун!Гьеб букIинаан миллатцоял цоцалъ гъункизарулеб галилъун.

РакI-ракIалъго гьарула нуж гьабулеб ишалъулъ, бицунеб хабаралъулъ, тIамулеб гIумрудул галиялъулъ унго-унгоял магIарулаллъун хутIизе. Нуж божа, жакъа магIарул миллаталъе гьеб чара гьечIого хIажатаб буго.


Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий
Мац1 буго инсанияталъул бищунго к1удияб жо гьелъ бижизабураб(Язык,есть,самое великое изобретение,человечества)Йосиф Бродский,г1урусазул к1удияв шаг1ир!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook