Авторизация

Борхьил чохьонисан чол нух бахъарав


ВахI-хIатуту-хIатуту


«Ролъул хур кванарал ганщал жалго тун, гугьунбачал руго, рачун жанир гъун».

ЦIадаса ХIамзат


Борхьил чохьонисан чол нух бахъарав


БогIолаби, хъамалаби, хъартал…


ЦIиркъида бадиса магIу бикъарав


«ВахIатуту-хIатуту, ХIотол мегеж кIалдисев, КIалги мацIги ЦIоросев, ЦIалги чуги меседил; Васа-вакун тIагъур лъурав, ТIагъриниве хъивихъарав, Хъабчиниве кIивикIарав, КIигоявгун щурщударав, Щугоявгун векерарав; Векерун куй босарав. Керен чIван оц босарав, Булбулалъул мугъалда рагъуе хъала барав. Хъахилаб ралъадалда БагIараб цIа бакарав, ЦIел хIуби хIалае ккун, Зобалазде вахарав, Зодор ругел цIцIаназе, ХIорде рачун, цIам кьурав…»


 Гьадинаб буго магIарул рагIи. Макъала байбихьулеб буго халкъалъул кинидахъ- кечIалдасан. Гьениб буго нилъер аслу. Гьеб кьучI билани, билула миллатги. Халкъияб кинидахъ-кечIалъулъ бессун букIуна миллаталъул хасият ва къисмат. Бечедаб, спартаялъулазул гIамал-хасияталда релълъараб магIарул чиясул сипат рагьулеб фольклорги эпосги буго нилъер.


 Кинавлъун вихьизе бокьун бугеб магIарулалъе ва тIолалго магIарулазе жидер бихьинчи? -  БацIида кIалдиса цIигьан бахъарав, ЦIиркъида бадиса магIу бикъарав, Борхьил чохьонисан Чол нух бахъарав, Чабхъада гьунарал гIемер гьарурав. Ялъуни: - Агъалда гъалбацIилав, Гъажалда ритIучIилав, РитIучIалъул лълъарада лъамамесед бекьарав… Чол кьолонив кьурдарав, Кьибилалда нур барав, БогIол цагъур кIудияв, ЧIалда мохмох биццатав… Гулла гIадав лъугьаги… Къебедасул квартIа гIадав лъугьаги, Чанахъанасул бер гIадав лъугьаги, БегIераб гIащтIи гIадинав ватаги… Харилъе квешаб борохь Чол цIалае хьвагIаги…


Бихьуларищ мацIалъул, бахъулеб сипат-сураталъул, гьарулел дандекквеязул камиллъи, такрарлъи гьечIолъи!


Кинидахъ-кучIдузулъ буго хIикматаб маргьудул дунял. Лъимерлъудаго рагьараб гьеб гIумруялъго хутIула инсанасда цадахъ, гьес ахирисеб хIухьал цIазегIан. – ПатIи, хъаме хъамало, Дир хирад дуй кьеларо. ГIумар, хъаме богIоло, Дир дарман дуй кьеларо.  МагIарул фольклоралъулъ ва эпосалъулъ буго гIажаибаб махлукъат – богIолаби, хъамалаби, хъартал. Гьез гIумру гьабулеб буго гIадамазда гьоркьоб. Аваразул халкъиял маргьабазул багьадурзаби ккола ЦIилгIин, ЧIилбикI, ГъутIбирачч ва цогидалги. Гьел маргьабаздасан, миллияб фольклоралдасан байбихьула магIарул сатира ва юмор. Машрикъалда машгьурав Мала Насрудиниде магIарулаз Маларасанди абун цIар лъуна. Гьесул сипатги бачIана магIарул адабияталда гъорлъе.


ТIагърал лъун хьвадулел рохьил циязе…


Авар литератураялда сатирикиял жанрал цIакъго церетIуна Инхоса ГIали-хIажиясул асаразулъ: ХIамий сарин ахIун мун сверданиги,  Дур сариналъ хIамил хIал хисиларо…Жиде-жидерго хIакъ хIайваназе кье: ХIамие чури тIе, чое кIалцIи бай…  Ялъуни : - ТIагърал лъун хьвадулел рохьил циязе Бицине лъазабе цо-кIиго маргьа. Цоцазул гьан кунел квешалщиназе Камун тоге дуца талай-талилай.


«Авариялда бищунго бегIераб гIакълу бугев чи», - абун Тихоновас къимат кьурав магIарулазул цоги классикас – ЦIадаса ХIамзатица - цIакъго тIадегIанаб даражаялде рахинаруна авар адабияталда сатирикиял жанрал ва юмор. Нусго сон балеб нилъер миллияб басмаялда хIалтIулаго, газеталда сатирикияб гьумер хIадурулаан гьев кIудияв шагIирас. ЦIарал хисаниги, магIарулазул миллияб газета магIарулалгун буго. Жиндирго творчествоялъул хIакъалъулъ ХIамзатца хъвана: «Халкъалъухъа босана, халкъалъухъе кьуна», - абун. Гьединаб нигатгун хIалтIулеб буго нусгогIан соналъ магIарулазул «ХIакъикъат» басма. Харжги халкъалъ кьолеб буго, хIалтIиги халкъалъул мурадазда гьабулеб буго.


 Жакъасеб сатираялъулгун юморалъул гьумералда цIар буго «ВахI-хIатуту-хIатуту». Щивав магIарулас къан кквезе ккола миллиял аслаби, кьалбал, кьураби ва мугIрул. «ВахI-хIатуту-хIатуту» - магIарулазул хIикматаб, маргьудулаб махлукъат, галактика. Халкъалъул гьайбатаб тарихги кIочон течIого, гьаб захIматаб заманалда букIинеселде церехун унел руго магIарулазда цадахъ миллияб  басмаги гьелъул сатирикияб гьумер «ВахI-хIатуту-хIатутуги». Гьай-гьай, гьаб гьумералъул сипат-суратги хисичIого букIинаро. «ВахIалъул» автораз нуж ахIулел руго сатирикиябгун юморалъул годикIанире, гвавулъе, бакIидерахъиналде. РитIе кагътал, хъвай кучIдул, угье маргьаби. «Нилъер мегIер цо тун, чияр мегIер кIиго тун», гьел рисалатал редакциялде щвела ва басмаялдасан тIолалго магIарулазе рикьила.


ЦилгIин, ЧIилбикI, ГIандуникI, Маларасанди, Ахилчи ва цогидалги маргьуяб магъил гIулдул

«ВахI»-фото.  


Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +106
  • Нравится
Оставить комментарий
Фольклор халкъалъул ,адабияталъул кьуч1 буго,мисалалъе машгьурав ингилисазул хъвадарухъан -фантаст Толкиеница жидерго асарал ,хъвана ингилисазул фольклоралде,ай маргьабазда,кици-биценазда хурхун.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook