Авторизация

Дица дунялалда барабщинаб мех, унгоха, гьаб гIумру ун батараб хех


Анищазул хурзал, хиялазул ах…


Дица дунялалда барабщинаб мех,

Унгоха, гьаб гIумру ун батараб хех


ГIабасил МухIамад гьавуралдаса 85 сон тIубай кIодо гьабуна ЛъагIилухъ росулъ


2017 соналъул 15 декабралда, араб рузман къоялъ, Хунзахъ мухъалъул хьиндаллъиялда бугеб ЛъагIилухъ росулъ кIодо гьабуна Дагъистаналъул халкъияв шагIир, драматург, хъвадарухъан ГIабасил МухIамадил 85 сонилаб юбилей.


Гьеб данделъиялда гIахьаллъана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадов, «Гьудуллъи» журналалъул редактор, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар адабияталъул секциялъул нухмалъулев МухIамад ПатахIов, Дагъистаналъул халкъияй шагIир Залму Батирова, республикаялъул тIахьазул издательствоялъул авар мацIалда биччалеб литератураялъул редактор ГIайшат ГIалиева, шагIирзаби ГIайшат Малачиева, Залму МухIамадова, Манарша ГIисаева, Сабигат МухIамадова, МахIмуд-апанди МухIамадов, ТIагьират Жаватханова ва цогидалги.


Хвалил унти чIварав Шахтамановас

Хвел гьечIин абуна гьеб асаралъе


Хунзахъ районалъул нухмалъулезул заместитель АсадгIали ГIабдуразакъовас рагьана гьеб тадбир. Данделъиялда, ГIабасил МухIамадил «Саба-меседо» абураб пьесаялда рекъон, сценка бихьизабуна Хунзахъ мухъалъул маданиял хIаракатчагIаз. «Хвалил унти чIварав Шахтамановас хвел гьечIин абуна гьеб асаралъе», - гьединал мухъал хъвана МухIамад АхIмадовас «Саба-меседо» абураб пьесаялъул хIакъалъулъ ГIабасиласе сайгъат гьабураб жиндирго цо кочIолъ. Саба-меседол роль хIана Дагъистаналъул халкъияй артистка ГIайшат Тажудиновалъ. Гьеб асаралда рихьизарулел лъугьа-бахъинал кколеб XV гIасруялде ккараб гIадаб хIисаб букIана, сценка хIалезухъ ралагьидал.


Гьеб данделъиялда гIемерал лъикIал рагIаби абуна ГIабасил МухIамадил хъизан Савдатил хIакъалъулъ. ХIакъикъаталдаги гьединаб къадру-къиматалъе мустахIикъай йиго гьей.


Махил гъутIби руго Гъуниб магIарда


ГIабасиласул «Гъуниб магIарда» абураб кочIолъ руго гьадинал мухъал:

Махил гъутIби руго Гъуниб магIарда,

МагIие гъенолел гъалалги гьурщун,

Гьарчил кьуру буго балал рагIалда,

ГIунараб ццидае цабиги къирщун.


Къояли букIараб борхалъиялда,

Борхатаб щобдасан Шамил кIалъараб.

НакIкIлъун солдат лъураб сверухълъиялда

Досул тари гьечIеб таваккал лъараб.


Гьединаб унго-унгояб магIарул мацIалда, пасихIаб, сипатаздалъун бечедаб, чвахун бачIунеб каламалдалъун ГIабасил МухIамадица сурат бахъулеб буго аваразул ва тIолабго Кавказалъул къваридаб къоялъул - 1859 соналъул 27-абилеб августалда Гъуниб магIарда Шамил имамас хвалчен лъалиниб лъураб заманаялъул. ТIадегIанаб художественнияб даражаялъул ва магIнагун кIваралъул асарал нахъе тана ГIабасилас.


ШагIирасул цIар кьураб ЛъагIилухъ гьоркьохъеб школалъул мина бухIун букIана. ЦIияб жеги бан лъугIун гьечIоан.


ЛъагIилухъ батараб билизе течIо


Расул ХIамзатовас ГIабасил МухIамадил хIакъалъулъ гьадинал мухъал хъван руго, гьесие кьолеб тIехьалда автографлъун:

ГIабасил МухIамад гIабсаз восулев

ГIадан гуро вугев нилъер ТIалъидул,

Москваялда гIемер лъагIелал рана,

ЛъагIилухъ батараб билизе течIо.


«Дур росулъа вас вуго» абураб машгьураб кечIалъулги автор ккола ГIабасил. ХисичIо гьев я росдае, я халкъалъе, я умумузул цIаралъе, я кIудияб литератураялъе. ГIабасиласул асаразул цIаялъ даим хинлъизабизе буго нилъер бахIарчияб, чанги къо бихьараб, къеркьей бидулъ бессараб халкъ.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +72
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook