Авторизация

Дагъистаналъул мугьажирзабазул ирсилав ГIали Анлар ЧIиркъатIе щвана


Миллатцоял


Дагъистаналъул мугьажирзабазул ирсилав ГIали Анлар ЧIиркъатIе щвана


ЧIикIаб, Гьамущи, Къорода, ГIанди росабалъа магIарулал – Турциялъул Токаталда


  Бакълъулазул ракьалде вачIана Турциялде гочарал Дагъистаналъул мугьажиразул тухумалъул чи ГIали Анлар. Гьев щвана ГIалибег Тахо-годил цIаралда бугеб Дагъистан Республикаялъул миллияб музеялъул ЧIиркъатIа бугеб филиалалде, цогидал идарабазде, гьединго бакълъулазул ракьалъул тарихиял ва тIабигIиял бакIазде.


  Дагъистаналъул миллияб музеялъул Бакълъулазул филиалалъул нухмалъулев Ибрагьим Ибрагьимовас бицана некIсиял алатазул, гьоркьохъел гIасрабазул, Кавказалъул рагъул тарихалъул. Филиалалда цIунун руго АхIулгохIдаса ракIарарал кьвагьулел жал, топал, тункIал ва гь.ц. Баянаб букIахъе, 1839 соналъул роол лъабго моцIалъ цIунана АхIулгохI магIарулаз.


  Гьединго ЧIиркъатIа бахъулаан чIабатI. Ибрагьим Ибрагьимовас гьоболасда рихьизаруна чIабатI ва цогидал цебесеб заманаялъул тIагIелал.


  ГIали Анларица жиндирго тухумалъул хIакъалъулъ ракIалдещвеял гьаруна, бицана мугьажирлъиялъул тарихалъул, ГIусманиязул империялде Дагъистаналдаса жиндирго церегосел умумул рахъиналъул.


  «Гьанжесеб Турциялда гIумру тIамулеб буго Шималияб Кавказалъул гIемерал миллатазул вакилзабаз, церего гьенире арал кавказиязул наслабаз. Дун вуго Турциялъул Токат провинциялъул Турхан шагьаралде административияб къагIидаялъ гъорлъе кколеб Акбуда росулъ. Дир умумул ГIусманилаб империялде гочана нусгоялдаса цIикIкIун соналъ цере. Акбуда росуялъе кьучI лъун буго Дагъистаналъул батIи-батIиял росабалъа авараз. Гьениб яшав гьабулеб буго ЧIикIаб, Гьамущи, Къорода, ГIанди  ва цогидалги росабалъа гIадамаз. Дир цересел умумул ккола ЧIикIаса. Турциялда ругел дагъистанияз кIвар кьолеб буго жидерго мацI, маданият, гIадатал цIуниялде», – ян абуна ГIали Анларица.


  Дагъистаналъул миллияб музеялъул Бакълъулазул филиалалде ГIали Анларида цадахъ щвана ЧIиркъатIа бугеб лъималазулгун гIолилазул спортивияб школалъул нухмалъулев ГIабдулмажид Шихшалаев, районалъул администрациялъул туризмалъул рахъалъ специалист, фотомухбир Гебек Гебеков ва цогидалги.


  Дагъистаналде щвеялдаса, миллатцоялгун дандчIваялдаса, жиндирго тарихияб ВатIаналде вачIиналдаса разиго тIадвуссана ГIали Анлар. КъватIисеб улкаялда гIемер сонал раниги, гьес цIунун бугоан нилъер тIадегIанаб миллияб мацI.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +12
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook