Авторизация

Бакълъулазул басма – халкъалъул тарих

Къалам, дуца щуре щакъиялдехун


Бакълъулазул басма – халкъалъул тарих,

Гьелъул гIумруялъул ритIухъаб матIу


«Гумбет» газеталъ 65 сон тIубаялъул хIурматалда тIобитIана Авар мацIалъул ва маданияталъул фестиваль


  2017 соналъул 22 ноябралда Бакълъулазул районалда «Гумбет» газеталъ 65 сон тIубаялъул хIурматалда тIобитIана Авар мацIалъул, адабияталъул ва маданияталъул фестиваль.


  Фестивалалда ва байрамалъулал тадбиразда гIахьаллъана Дагъистаналъул 15 районалдаса ва шагьараздаса делегациял, творческияб интеллигенциялъул вакилзаби, гIалимзаби, хъвадарухъаби, культураялъул хIалтIухъаби ва цогидалги.


              Тарихиял бакIазде сапар


Аваразул басмабазул ассоциациялъ пресс-тур ва семинар тIоритIана, «Гумбет» газеталъ 65 сон тIубаялда бан. Гьеб ассоциациялъул членал, республикаялъул ва муниципалиял СМИязул бетIерал редакторзаби ва хIалтIухъаби щвана «АхIулгохI» мемориалияб комплексалде, дугIа гьабуна гьеб ракь цIунарал муридзабазул рухIазе, халгьабуна музеялъул экспонатазул. Хадур, пресс-туралъул маршруталда рекъон, гьалбал щвана ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб Дагъистаналъул пачалихъияб цолъизабураб тарихиябгун архитектурияб музеялъул филиалалде ЧIиркъатIе. Филиалалъул директор Ибрагьим Ибрагьимовас бицана цересел гIасрабазда, Шамил имамасул заманалда ЧIиркъатIа росдал ракьалда рагъулал ва промышленниял мурадазе чIабатI бахъиялъул хIакъалъулъ. Пресс-туралъул гIахьалчагIи гIажаиблъизаруна цересел гIасраби ракIалде щвезарулел рукIа-рахъиналъул  алатаз, ярагъалъ, тункIаз, хIалтIулъ пайда босулел тIагIелаз ва цогидал экспонатаз.


  Пресс-туралъул гIахьалчагIи, тарихиял бакIазде гьабураб сапаралдаса хадур, Бакълъулазул районалъул центр МелъелтIа росулъе рачIана. Гьалбадерида дандчIвай гьабуна «Гумбет район» муниципалияб районалъул бетIер, олимпиялъул чемпион ХIажимурад МухIамадовас. Дагъистаналъул творческияб интеллигенциялъ ва районалъул нухмалъулез  тIугьдузул горал лъуна КIудияб ВатIанияб рагъда, фашистаздаса ВатIан цIунулаго, кьалул байдабазда хварал рагъухъабазул хIурматалда бараб памятникалда цере.


       ГIалимзабазул ва шагIирзабазул ВатIан


  «Гумбет» газеталъ 65 сон тIубаялъул  хIурматалда рохалилаб данделъи ва Авар мацIалъулги, адабияталъулги, маданияталъулги  фестивалалъул заседание байбихьана МелъелтIа гьоркьохъеб школалъул 8 классалъул цIалдохъан Макка Ахкубеговалъ Расул ХIамзатовасул «Авар мацI» абураб  машгьураб кечI рекIехъе рикIкIиналдалъун.


  Юбилеялъулаб тадбиралъул ва фестивалалъул гIахьалчагIаздехун баркиялъул хитIаб гьабуна Бакълъулазул районалъул бетIер ХIажимурад МухIамадовас.


  «Дун вохарав вуго жакъасел байрамалъулал тадбиразда ва Авар мацIалъулги, адабияталъулги, маданияталъулги фестивалалда гIахьаллъулел хIурматиял гьалбадерида баркизе, нужее салам кьезе рес щвеялдаса. Бакълъулазул район буго гIалимзабазул, шайихзабазул, шагIирзабазул, гIемерал батIи-батIиял махщалилазул ватIан. Районалъ дунялалъе сайгъат гьаруна кIудияб гьунаралъул, машгьурал гIадамал. РагIул пасихIлъиялъул, художественнияб литератураялъул гъваридал кьалбал руго районалда. Дагъистаналъул литератураялъул классик, шагIир, гIалим, философ, авар мацIалъул реформатор, XIX гIасруялда гIумру гьабурав Инхоса ГIали-хIажиясул асарал Дагъистаналъул культураялъул меседилаб фондалда ва дунялалъул литератураялда гъорлъе ана. Жакъа Авар мацIалъул, адабияталъул ва маданияталъул фестивалалъул тадбиразда нилъеца гьоркьоб лъолеб буго Инхоса ГIали-хIажиясул гIумрудул ва творчествоялъул хIакъалъулъ Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв поэт, Бакълъулазул районалъул хIурматияв гражданин МухIамад АхIмадовасул «ГIакълудул ралъад» абураб тIехь», – ян абуна ХIажимурад МухIамадовас.


            «Гумбет» газета – гIумрудул матIу


  Бакълъулазул районалъул бетIерас щибаб анкьалъ къватIибе биччалеб «Гумбет» газеталъул хIалтIухъабазда баркана 65 сонилаб юбилей.

  ««Гумбет» газеталъул тIолабго коллективалда баркула 65 сонилаб юбилей, гьарула хIалтIулъ цIия-цIиял бергьенлъаби, рохел, кинабго лъикIабщинаб! Газеталъул бетIерав редактор ХIамзат ГIизудинов вуго жиндирго иш лъалев, газеталъул гьумер хисизабун бажарарав, унго-унгояв махщалилав. Жакъа «Гумбет» газета буго гIемерал премиязул лауреат, республикаялъул ва тIолгороссиялъул кIваралъул шапакъатал щвараб халкъияб информациялъул алат. БетIералда ХIамзат ГIизудиновгун, газеталъ гьоркьоса къотIичIеб хIалтIи гьабулеб буго экстремизмалъул ва терроризмалъул идеологиялда данде. Елена ва Геннадий Тимченковазул «ГьитIинал шагьаразул ва росабазул маданияб мозаика» абураб грантазул конкурсалдаги бергьана «Гумбет» басма. Газеталъул творческияб коллективалъе хадурккунги бергьенлъаби гьарула», – ян абуна ХIажимурад МухIамадовас.


  «Гумбет» газеталъул ва «Аварпресса.ру» порталалъул бетIерав редактор, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член, Юсуп Хаппалаевасул ва МухIамад Шамхаловасул премиязул лауреат ХIамзат ГIизудиновас Бакълъулазул районалъул нухмалъулезе баркала кьуна гьабулеб тIалабалъухъ ва рахъкквеялъухъ. Гьес къокъго бицана бакълъулазул газеталъул проектазул, республикаялъул ва федералиял СМИязулгун, ведомствабазулгун цадахъ гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.


             Авар мацI цIуниялъул ва цебетIезабиялъул хIакъалъулъ хитIаб


   «Гумбет» газеталъ 65 сон тIубаялъул ва Авар мацIалъулги, адабияталъулги, маданияталъулги фестивалалъул данделъиялда гьединго кIалъазе  рахъана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадов, Россиялъул гIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул МацIазул, литератураялъул ва искусствоялъул нухмалъулев, филологиял гIелмабазул доктор Ибрагьимил МухIамад, гьебго институталъул грамматикаялъул цIех-рехазул отделениялъул нухмалъулев, филологиял гIелмабазул кандидат ГIабдулкъадирил МухIамад, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул  союзалъул авар литератураялъул секциялъул нухмалъулев , «Гьудуллъи» журналалъул редактор МухIамад ПатахIов, Дагъистаналъул аваразул регионалияб миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев, тарихиял гIелмабазул кандидат ШагIбан ХIапизов, «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор, щибаб анкьалъ бахъулеб «Миллат» газеталъул учредитель МухIамад БисавгIалиев, Аваразул СМИязул ассоциациялъул нухмалъулев, информациялъулгун аналитикияб «Пикру» централъул бетIер, ДНЦялъул РАНалъул ИЯЛИялъул соискатель МухIамадрасул ГIумаров, Авар мацIалъул магIалимзабазул цолъиялъул нухмалъулей, ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб педагогикаялъул институталъул гIелмияй хIалтIухъан, педагогикиял гIелмабазул кандидат Баху МухIидинова, «Цолъи» газеталъул (Шамил район) бетIерай редактор  ПатIимат ГьитIинова, «Ахихъан» газеталъул (Унсоколо район) бетIерай редактор Саният КъебедмухIамадова, авар мацIалда бахъулеб «Ас-салам» газеталъул редактор ГIабдула-хIажи МухIамадов, «Гьудуллъи» газеталъул (Хасавюрт) бетIерав редактор МухIамадрасул ШайихмухIамадов, «Гъизилюрталъул харбал» газеталъул бетIерав редактор ГIабдулвахIид Лабазанов, «Заман» газеталъул (ГIахьвахъ район) бетIерав редактор ХIажи ЯхIяев, «ЦIумадисезул гьаракь» газеталъул бетIерав редактор ГIубайдула Малачдибиров, «Церехун» басмаялъул (Хьаргаби район) бетIерав редактор Багьавудин АхIмадов, «ЦIияб нухдасан» басмаялъул (Лаваша район) хIалтIухъан Мадина Сайгидова, жамгIияв хIаракатчи Сайпудин АхIмадов, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член ГIиса Шарапудинов ва цогидалги.


  Бакълъулазул районалъул бетIер ХIажимурад МухIамадовас хIурматалъул грамотаби, тIахьал, ИчичIалиса махщалилаз гьарурал гулгунал, гIарцулал премиял ва цогидалги сайгъатал кьуна «Гумбет» газеталъул бетIерал редактораллъун цереккун хIалтIаразе, гьабсагIат хIалтIулел ругел журналистазе ва хIурматиял гьалбадерие.


 Маданияб программаялда халкъиял ва цогидалги бакъназда, рагIабазда кучIдул ахIана Дагъистан Республикаялъул халкъияй артистка ГIайшат Тажудиновалъ, Россиялъул халкъазул гIадатияб маданияталъул бакълъулазул централъул хIалтIухъан Майсарат ГIабдулаевалъ ва цогидазги.


  Бакълъулазул централияб библиотекаялъ гIуцIун букIана «Гумбет» газеталъ 65 сон тIубаялъе, Авар мацIалъул, адабияталъул ва маданияталъул фестивалалъе сайгъат гьабураб тIахьазул ва газетазул выставка.


  Фестивалалъул тадбиразда гъорлъ гьединго тIоритIана МагIарул басмабазул гIуцIиялъул ва Авар мацIалъул мугIалимзабазул цолъиялъул гургинал столал, секциялъулал семинарал, цIалдолезулгун дандчIваял.


  Авар мацI цIуниялъе ва цебетIезабиялъе гьаризе кколел ишал рехсараб хитIабги къабул гьабуна фестивалалъул гIахьалчагIаз.


Автор: Информациялъул «Гумбет» гIуцIи

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +137
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook