Авторизация

МухIамад АхIмадовасул тIогьал

МухIамад АхIмадовасул тIогьал

Дица дуй толеб буго,

Дица дуй кьолеб буго

Хъвазе щвечIеб кочIол тIехь –

ТIанчалъе инчIеб анищ.


Дир ахирияб хIасрат,

Дир хIисабазул гъамас,

Дидаго цо лъураб бакI

Лъазе кIолареб алмаз.


МухIамад, лъикIаб куцалъ

ЦIвабзазухъги валагьун,

ЦIале рокьул азбука,

Аслияб гьоркьоб тараб.


Мунго хутIараб мехалъ

Хабазул занахъе ун,

Хас гьабун, гIенекке мун

ГIумрудул чIарал сагIтахъ.


МухIамад, дихъе хасел

Хех щвана, гIазу бана,

ГIолохъанал хиялал

Херлъана, дихъа ана.


Дир гIищкъу хъудулеб кечI

Гьанже какде буссана, –

Гьеб – дир хъвачIеб васигат

Ирсалъе дуе тола.


Сонал анагIан, заман

ЦIикIкIун каранде къала,

Дагьалги къоял кьейин,

Гьаб кьин инегIан тейин.


ГIемерал кучIдул руго

АхIичIого хутIарал,

Киналго ахIаразухъ

Цо хIухьелцин кьоларел.


Дица дуй толеб буго,

Дица дуй кьолеб буго

Доб кьурулъ чIегIераб цер,

Дир чIоралда батичIеб.


Дун вахинчIеб борхалъи,

Дун лъугьинчIеб аххалъи,

Цо Аллагьасде гуреб

Дица бикьичIеб ургъел.


Гьедин  хъвана Расул ХIамзатовас МухIамад АхIмадовасе сайгъат гьабураб асаралда.


Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад АхIмадов гьавуна 1955 соналда Гъуниб районалъул Гьонода росулъ. Лъимерлъудаго байбихьана кучIдул хъвазе. Школалъул цIалдохъан вукIаго, АхIмадовас хъвараб «Чабхил кIкIалахъан кIанцIун, бекерулеб буго чан» абураб кечI лъугьана унго-унголъунги халкъияб ва машгьураб асарлъун. МухIамад гьитIинго цIализе восана Москваялъул Горькиясул цIаралда бугеб Литературияб институталде. ТIокIлъигун гьебги лъугIизабун, хIалтIана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалда, басмаханаялда ва цогидалги жавабиял бакIазда.


БатIи-батIиял соназда къватIире рачIана МухIамад АхIмадовасул «Хасалихълъиялъул сагIат», «Сардил кагътал», «Заманаялъул балладаби», «КучIдул», «Къоял», «Шагьаралъл кучIдул», «Сонал», «Поэт», «ШагIирги ВатIанги», «ГIакълудул ралъад», «Панаяб хIухьел» абурал ва цоги гIемерал тIахьал.


АхIмадовас 15 соналъ махщалида нухмалъи гьабулеб буго Дагъистаналъул хъвадарухъабазул союзалъе. Дагъистаналъул халкъазул адабият цебетIеялъе кIудияб хIалтIи гьабулеб буго гьес. Союзалъул миллиял секцияз гIадамазулгун дандчIваял гьарула, цIиял тIахьал гьоркьор лъола, гIолохъанал хъвадарухъабазе гIакълаби кьола ва гьезул тIахьал рахъула, таржамаялъул даража борхизабиялде кIвар кьола, республикаялъул ва улкаялъул гIумруялъулъ кIудияб гIахьаллъи гьабула.


Гьединаб, гIемерал рахъал ругеб ва щвалде щун гIуцараб хIаракат букIиналъ, 2018 соназул хIасилал гьарун, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул «Россиялъул хъвадарухъан» абураб казияталъ АхIмадов рикIкIана бищун цеветIурав маданияв нухмалъулевлъун.


Гьединго 2018 соналда Москваялда тIобитIараб «ХъахIал къункъраби» абураб къецалда АхIмадов рикIкIана Россиялъул бищун лъикIав шагIирлъун. Гьев ккола Дагъистаналъул пачалихъияб премиялъул лауреат, гьединго Расул ХIамзатовасул, Лесковасул, Дельвигил ва гIемерал цогидалги премиязул лауреат.


МухIамад АхIмадовас къватIибе биччалеб букIана «РитIухъаб пикру» абураб жамгIиябгун политикияб газетаги. Гьев кидаго вуго халкъалда гъорлъ, гIадамазе кумек гьабизе хIадурго, жиндихъе гьарун рачIарал чагIазул суалал тIуралев, кIвар бугел ишал гIумруялде рахъинарулев, къварилъиялде ккаразе квербакъулев.                                      


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +15
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook