Авторизация

Кьураби кIалъала магIарул мацIалъ…


Ахириялги гуро аваразул яхIалъул

Кьураби кIалъала магIарул мацIалъ…


 «ЦIумазул азбука – аваразул мацI» абураб фестиваль тIобитIана МахIачхъалаялда


  2018 соналъул 27 ноябралда ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб Авартеатралда тIобитIана рахьдал мацI ва миллияб адабиятгун маданият цIуниялде буссараб «ЦIумазул азбука – аваразул мацI» абураб фестиваль. Гьеб фестиваль тIобитIиялъул гIуцIарухъабилъун рукIана «Гьудуллъи» ва «Лачен» журналазул редакциял, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул гIуцIи, Авар басмабазул цолъи ва МагIарул мацIалъул мугIалимзабазул ассоциация.


   Фестиваль байбихьана Дагъистаналъул маданияталъул мустахIикъав хIалтIухъан, шагIир АсхIабгIали ХIасановас хIадур гьабураб циркалъул «Палугьан» студия цебе бахъиналдасан.


   Дандеруссин рагьиялъул кIалъай гьабуна ва тадбир бачана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир, дагьаб цебе «Россиялъул бищун лъикIав поэт» абураб цIар щварав МухIамад АхIмадовас. Гьес бицана гьабсагIат авар адабияталъул бугеб хIалалъул, рехсана интеллигенциялда церечIарал масъалаби, ракIалде щвезаруна школазда авар мацI малъулаго дандчIвалел захIмалъаби.


    «ЦеретIурал, лъай бугел гIелал г\езариялъе, рухIияб рахъалъ бечедаб, лъикIаб гIамал-хасияталъул, ВатIан бокьиялъул хIалтIи халкъалда гьоркьоб гIуцIиялъул даража борхиялъе, художественниял асарал машгьур гьариялъе кIудияб кIвар буго «Гьудуллъи» ва «Лачен» журналазул. Гьезие 1952 соналъ кьучI лъуна кIудияв шагIир Расул ХIамзатовас. Гьел басмаби хIажат руго школазе, библиотекабазе, маданиял идарабазе ва Дагъистаналъул цогидалги гIуцIабазе, тIолабго халкъалъе. Гьезда рахъула, гIицIго художественниял асарал гурелги, республикаялъул гIумруялъул батIи-батIиял рахъазда бугеб хIал загьир гьабулел аналитикиял макъалабиги. Дица хитIаб гьабулеб буго магIарул халкъалде, литературиял журналазулгун гьудуллъи кквеян, гьезие подписка гьабеян, МугIрузул улкаялъул маданияб гIумруялда гъорлъ рукIаян, авар мацI ва миллияб адабиятгун маданият цIунизе ва церетIезабизе квербакъеян», – илан абуна МухIамад АхIмадовас.


   Фестивалалда гьединго кIалъазе рахъана литературиябгун художественнияб ва жамгIиябгун политикияб «Гьудуллъи» журналалъул редактор, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул гIуцIиялъул авар адабияталъул секциялъул нухмалъулев МухIамад ПатахIов, лъималазул «Лачен» журналалъул редактор, Дагъистаналъул культураялъул мутахIикъай хIалтIухъан ГIайшат Малачиева, Гъизилюрт районалъул бетIер МухIамад Шабанов, литературиял журналазул жавабияй секретарь, шагIир ТубхIат Зургьалова, Авар басмабазул цолъиялъул нухмалъулев МухIамадрасул ГIумаров, шагIир, мугIалим Шамил МухIидинов, «Гумбет» басмаялъул ва «Аварпресса.ру» порталалъул бетIерав редактор, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член ХIамзат ГIизудинов, филологиял гIелмабазул доктор, профессор МухIамад МухIамадов, Дагъистаналъул халкъияв шагIир КъурбанмухIамад МухIамадов ва цогидалги.


   Художественниял церерахъиназдалъун тадбир берцин гьабуна Дагъистаналъул халкъияв артист МухIамадтIамир Синдикъовас, машгьурал кочIохъаби Майсарат ГIабдулаевалъ, ХIажилав ХIажилаевас, Авартеатралъул артистаз ва цогидазги.


   МухIамад АхIмадовас баркалаялъулал кагътал кьуна миллияб маданияталъул ва литературиял басмабазул рахъккурал нухмалъулезе.


Автор: Информациялъул «Гумбет» гIуцIи

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +42
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook