Авторизация

ГIорхъабазул суал: росабазул ва мухъазул нухмалъулезда бараб жо гIемер буго


ЖамагIаталъул газа

ГIорхъабазул суал: росабазул ва мухъазул нухмалъулезда бараб жо гIемер буго


Дагъистаналъул ХIукуматалъул вакилзаби щвана ЦIумада, Болъихъ ва Бакълъулазул ракьазде


  2019 соналъул 13 марталда ЦIумада, Болъихъ ва Бакълъулазул мухъазде ячIана Дагъистан Республикаялъул ХIукуматалъул бетIерасул заместитель Екатерина Толстикова. Гьелда цадахъ вачIана республикаялъул ракьул ва буголъиялъул гьоркьорлъабазул рахъалъ министр АгъарахIим КъагьирхIажиев. Гьоркьор лъуна Чачан Республикаялъулгун гIорхъаби мухIкан гьариялъул суалал.


МухIканлъи – шартI


Дагъистаналъул ХIукуматалъул хIалтIухъаби цин щвана ЦIумада ва Болъихъ мухъазде, дандчIвана гьел ракьалъул нухмалъулелгун ва дандбана Чачан Республикаялъулгун гIорхъи мухIкан гьабиялъул масъала.


   «Гумбет район» муниципалияб районалъул администрациялда тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъана муниципалитеталъул бетIерасул заместитель МухIамад Хъарагишиев, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатал НурмухIамад ГIалиев, ГIабдурахIман Камилов, Бакълъулазул районалъул депутатазул Собраниялъул председатель МухтарахIмад АхIмадов, буголъиялъул гьоркьорлъабазул суалазул рахъалъ аслияв махщалилав Умалат МухIамаднабиев, «Сельсовет “Мехельтинский”» росдал бетIер МухIамад ГIабдунасиров, ЦIиликь росдал бегавул ГIалихан ДавудхIажиев ва цогидалги.


   Районалъул администрациялъул бетIерасул заместитель МухIамад Хъарагишиевас, муниципалитеталъул бетIер ХIажимурад МухIамадовасул цIаралдасан саламалъулал рагIаби абуна Бакълъулазул районалде рачIарал гьалбадериде.


Росабазул ва мухъазул хIукмабиги кьочIое росун…


   Дагъистаналъул хIукуматалъул бетIерасул заместитель Екатерина Толстиковалъ данделъаразда бичIчIизабуна субъектазда ва муниципалитетазда гьоркьор гIорхъаби мухIкан гьари Россиялъул президентасул бихьизабиялда рекъон ва федералиял законазул пунктал тIуразелъун тIобитIулеб хIалтIи бугин.


   «Дагъистан Республикаялъул административиял гIорхъаби мухIкан гьаризе ниж ана 9 районалде, щибаб муниципалитеталда дандбана гьабизе бугеб хIалтIи, дандчIвана жамгIиял гIуцIабазул вакилзабигун ва хIаракатчагIигун. Ниж хIалтIулел руго Россиялъул президентасул тIадкъай ва Россиялъул Федерациялъул ХIукуматалъул лъабго хIукму тIубаялда тIад. Гьениб бихьизабулеб буго административиял гIорхъаби, объектал ва цогидабги кадастровияб хIисабалде росизе кколеблъи. Росреестралъ официлиял баянал хIадурун руго гьеб суалалда хурхун. МухIканаб гIорхъи чIезабизелъун цин цере данде гьаризе руго киналго материалал, рорхизе руго архивалъулал документал, ахIизе руго гIорхъабазул суалал гьоркьор лъезе данделъаби, хасал роржунел аппаратазул кумекалдалъун рахъизе руго картографиялъул суратал. ГIенеккизе руго бакIалъул гIадамазухъ. Пайда босизе буго нормативиялгун правовиял актаздаса. гьединго тарихиял баяназдаса.


   Россиялъул Федерациялъул субъектазда гьоркьор гIорхъабазул хIакъалъулъ къотIи-къаязда гъулбасал гьарилалде Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъ, районазул депутатазул ва росабазул собраниязул хIукмабиги кьучIое росун, къабул гьабизе ккола хIукму. ХIисабалде босун буго 2019 соналъул ахиралде гIорхъаби мухIкан гьариялъул хIалтIул 75 % лъугIизабизе. Ниж хIалтIулел руго Чачан Республикагун, Ставрополь крайгун, Калмыкиягун», – ян абуна Екатерина Толстиковалъ.


   ГIорхъаби мухIкан гьариялъул районалъул хIалтIулаб группаялда гъорлъе батIи-батIияб махщелалъул гIадамал рачун рукIин баян гьабуна Дагъистаналъул ХIукуматалъул вице-премьералъ.


Данде кколарел бакIал ва халкъалъул хъаравуллъи


   Данделъиялда гIахьаллъаразда цеве кIалъазе вахъарав Бакълъулазул районалъул буголъиялъул гьоркьорлъабазул суалазул рахъалъ аслияв специалист Умалат МухIамаднабиевас бицана батIи-батIиял тарихиял заманабазда хIадур гьарурал документазда батIи-батIиял баянал рукIиналъул. Вице-премьералъ тIадчIей гьабуна кигIан кIваниги цIикIкIун документал ва материалал ракIаризе ккеялда ва гьабсагIат хIалтIулеб законалда данде кколедухъ ритIухъго гьеб суал тIубаялде хIадурлъизе ккеялда.


   Бакълъулазул районалъул администрациялъул бетIерасул заместитель МухIамад Хъарагишиевас бицана хIалтIулаб къокъаялъул хIаракатчилъиялъул, гIорхъода ругел росабазул жамагIаталгун дандчIваялъул, мадугьаллъигун цадахъ рекъон хIалтIиялъул кIваралъул хIакъалъулъ. Чачан Республикаялъул Ножай-Юрт районалъулгун гIорхъаби руго Бакълъулазул районалъул ЦIиликь ва МелъелтIа росабазул.

ГIорхъабазул суалал рорхарал дандеруссиназда гьединго кIалъазе рахъана Халкъияб Собраниялъул депутатал, росабазул  жамагIатазул вакилзаби ва цогидалги. Гьеб хIалтIуда гьоркьоб жигараб гIахьаллъи гьабулеб буго чияда рачIел экспертаз, тарихчагIаз ва блогераз. Заманаялъ бихьизабила нилъер гIорхъабазул масъала кин тIубалебали. МагIарул халкъалъе ва тIолалго дагъистаниязе балъго гьеб хIалтIи гьабизе бегьуларо. Гьелда хадуб кидагосеб хъаравуллъи буго Дагъистаналъул гIемермиллатазулаб халкъалъул.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +15
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook