Авторизация

Экологиялъул сон рагьана


РацIцIалъи – диналъул бащалъи


Экологиялъул сон рагьана 


Гумбет районалъул бетIерас росабазул бегавулзабазулгун данделъи тIобитIана


Гумбет районалъул администрациялъул данделъи тIобитIана 2017 соналъул 19 январалда. Гьенир гIахьаллъана районалъул администрациялъул бетIерасул заместителал ХIайбула ГIабдурахIманов, АхIмад Сулайманов, Малик Маликов, росабазул администрациязул бутIрул, гьезул заместителал, идарабазул ва гIуцIабазул нухмалъулел.


Данделъи рагьана «Гумбет район» муниципалияб районалъул бетIерасул ишал тIуразарулев ГIабдулахIажи ГIабдулкъадировас. Гьоркьор лъун рукIана гIадлу цIуниялъул хIакъалъулъ ва цогидалги суалал. КIалъаялда ГIабдулкъадировас тIадчIей гьабуна росабазул бутIрузул ва гьезул заместителазул хIаракатчилъиялда, захIматалъул гIадлу-низам цIуниялъул, бакIазда гIадамал разилъуледухъ хIалтIи гIуцIиялъул, налогал ракIариялъул, жидехъе рачIарал кагътазе гIужда жавабал кьеялъул ва гIемерал цогидалги суалазда.


Абуна районалъул бюджет 113,2, ракьалдаса налог бакIариялъул план 125,6 ва буголъиялдаса налог бакIариялъул план 116 проценталъ тIубанилан. Рехсана налогал ракIари лъикI гIуцIичIел росабазул администрациял: буголъиялдаса налогалъе – Игьали, МелъелтIа, ЧIикь, ракьалдаса налогалъе - Игьали, Ингишо росабазул администрациял. Абуна цIияб соналда цIияб къуватгун, исполнительнияб гIадлу-низам цIунун, гьанжезаманалъул къагIидаялда хIалтIизе хIажат бугин, росабазул жамагIатазе 2016 соналъ гьабураб хIалтIул хIисаб кьезе ккелин бегавулзабаз.


Хадув кIалъазе вахъарав районалъул администрациялъул бетIерасул заместитель ХIайбула ГIабдурахIмановас абуна Россиялъул Федерациялъул президент В. В. Путинил Указалдалъун 2017 сон экологиялъул сонлъун лъазабун бугилан. Бицана гьаб сон гIуцIа-къан нухда регIизелъун, районазда гьоркьосеб экологиялъул комитеталъ ва Гумбет районалъул администрациялъ хасаб план бахъун букIиналъул, санитарияб хIал лъикIлъизабиялда, тIабигIаталъул бечелъи цIуниялда хурхун гьаризе хIисабалде росарал хIалтIабазул. Мисалалъе, тIоритIизе руго школазда рагьарал дарсал, суратал рахъиялъул конкурсал, «Бищун бацIцIадаб росу» абураб конкурс. Росабазул нухмалъулезул масъала ккола экологиялъул лъагIелалъ гьабураб хIалтIи районалъул «Гумбет» газеталдасан, бакIалъулаб телевидениялдасан, сайтаздасан загьир гьабиялъулъ жигараб гIахьаллъи гьаби.


КIалъаялда ГIабдурахIмановас тIадчIей гьабуна ракьул участкабазул ихтияралъе хъвай-хъвагIай, бакIазда ругел лъел мухъазул, нухазул ва цогидалги бакIазул хъвай-хъвагIай гьабиялде, бухIараб токалъухъ жиндир заманалда гIарац кьеялъул ва цогидалги суалал гIумруялде рахъинариялда бан росабазул администрациязул бутIрузда церечIарал масъалабазда.


Райадминистрациялда цебе гIуцIараб санитариябгун рахунел унтабазда дандечIараб комиссиялъул нухмалъулев хIисабалда, ГIабдурахIмановас борхана бакI-бакIалдаса захIматаб грипп унти тIибитIун букIиналъул, гьелдаса цIунизелъун цIодорлъи гьабизе ккеялъул суал.

Данделъиялда кIалъазе рахъана ва росабазул администрациязул нухмалъулезда церечIарал масъалабазул бицана районалъул администрациялъул бетIерасул заместителал АхIмад Сулаймановас, Малик Маликовас, районалъул администрациялъул экономикаялъул, росдал магIишаталъул ва буголъиялъул гьоркьорлъабазул отделалъул нухмалъулев ХIусен Мутаевас, районалъул администрациялъул ишазул управляющиясул заместитель ГIабдурахIман Дайтмирзаевас, районалъул архитектор ХIажимурад АхIмаднабиевас, Дагъистан статалъул кIиабилеб отделалъул МелъелтIа вугев бетIерав эксперт МухIамад Лабазановас, электросетазул инженер Камал ГIалиевас, культураялъул, физическияб культураялъул, гIолилазул ишазул, спорталъул ва туризмалъул отделалъул нухмалъулесул заместитель НурмухIамад МухIамадовас. Гьез рорхарал аслиял ва кIвар бугел суалаллъун рукIана маданиял, лъайкьеялъул учреждениязде, росабалъ терроризмалда, наркоманиялда дандечIарал баннерал чIваялде, кибго хъвай-хъвагIай гьабичIого законалде данде кколареб хIалалъ хIалтIулел тIатинариялде, гьезулгун къотIаби хъваялде ва цогидалде бегавулзабаз кIвар буссинабизе ккеялъул хIакъалъулъ. Ахиралда хIасилазулаб кIалъай гьабуна ГIабдулахIажи ГIабдулкъадировас.


2017 сон, январь моцI


Автор: Къурмагъиз ХIадисова

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +93
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook