Авторизация

ТIабигIияб балагьалъ 17 росдае зарал гьабуна



Рорхатал мугIрузда руго гIадамал

ТIабигIияб балагьалъ 17 росдае зарал гьабуна 


Гучаб гьороца ва гьарзаяб гIазуялъ гьабураб къварилъи лъугIизабиялъул суал


   Бакълъулазул районалъул нухмалъулезда цадахъ гIадамазги жигараб гIахьаллъи гьабулеб буго къуватаб гьуригун гIазу баялъ ккараб зарал рукIалиде ккезабиялъулъ. Районалъул администрациялъ жиндир заманалда хехал тадбирал гьаруна киналго идарабазда ва гIуцIабазда хIалтIи низамалде бачиналъе. Районалъул 17 росдае ккана зарал: гIадамал хутIана канлъи гьечIого, автотранспорталъул хьвади, бухьен гьоркьоб къотIун, анцI-анцI минабазул тIохал гьороца ана.


    2019 соналъул 20 февралалда Бакълъулазул районалъул администрациялда тIобитIана 17-19 февралалда гьури пун бараб гIазуялъул зарал рукIалиде ккезабиялъул суалалгун данделъи. Гьеб рагьана ва бачана «Гумбет район» муниципалияб районалъул бетIерасул заместитель МухIамад Хъарагишиевас.


    Данделъиялда гIахьаллъана районалъул администрациялъул бетIерасул заместитель, гIадатияб гуреб ахIвал-хIалалъул рахъалъ комиссиялъул председатель Малик Маликов, гIуцIабазул нухмалъулел, администрациялъул хIалтIухъаби ва цогидалги.


МелъелтIа, ЛъаратIа, ЦIиликь, Сивухъ, Ингишо, ЦIунди, Щабдухъ, ИчичIали, Данухъ, Аргъвани, ЦIияб Аргъвани, ЧIикь, ГъадариЧIиркъатIаГъоркь ИнхоКилалъТIад Инхо росабазе зиян ккана


   «Бакълъулазул районалда гIуцIун руго гьороца, гIазуялъ ккараб зарал рукIалиде ккезабиялъул комиссиял. Россиялъул МЧСалъул Дагъистаналда бугеб бетIераб управлениялъул баяназда рекъон, тIабигIияб балагьалъул хIасилалда Дагъистаналъул  7 районалъул 38 росулъ канлъи гьоркьоб къотIана. Гьездаго гьоркьоб букIана Бакълъулазул районалъул 17 росуги. ТIабигIияб балагьалъул хIасилалда къватIисеб дунялалдаса ратIа тIезарун рукIана МелъелтIа, ЛъаратIа, ЦIиликь, Сивухъ, Ингишо, ЦIунди, Щабдухъ, ИчичIали, Данухъ, Аргъвани, ЦIияб Аргъвани, ЧIикь росаби. «Гумбет район» муниципалияб районалъул бетIер ХIажимурад МухIамадовасул тIадкъаялда рекъон, Бакълъулазул районалъул нухмалъиялъ кинабго къуват буссинабуна тIабигIияб балагьалъул зарал рукIалиде ккезабиялде. 20 февралалде гIемерисел росабалъе канлъи бачIана, нухал гIазул гIансаздаса рацIцIад гьарулел руго», – ян абуна МухIамад Хъарагишиевас.

Бакълъулазул ракьалда гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIал лъазабун буго. ТIабигIияб балагьалъул кваркьи хъван буго 17 росдада. Гьел ккола МелъелтIа, ЛъаратIа, ЦIиликь, Сивухъ, Ингишо, ЦIунди, Щабдухъ, ИчичIали, Данухъ, Аргъвани, ЦIияб Аргъвани, ЧIикь, Гъадари, ЧIиркъатIа, Гъоркь Инхо, Килалъ, ТIад Инхо росаби. ГIазу бачIел хьиндаллъиялъул росабалъ гьороца гьабун буго зарал – тIохал рахъун, хIубал регизарун, токалъул кварал тIезарун.


     Данделъиялъул гIахьалчагIи гIенеккана ЕДДСалъул кIудияв диспетчер Гъайирби Хункарбиевас, гражданскияб оборонаялъул ва гIадатияб гуреб ахIвал-хIалалъул ишазул рахъалъ бетIерав специалист Мурадбег ХIажимурадовас кьурал баяназухъ.


   МухIамад Хъарагишиевас администрациялъул киналго хIалтIухъабазе, гIуцIабазул нухмалъулезе тIадкъаял кьуна киналго идарабазул хIалтIул хIаракатчилъи рукIалиде бачиналъулъ гIахьаллъизе, тIабигIияб балагьалъ зарал ккаразе компенсанция щвеялъе документал хIадуризе кумек гьабизе.


   Цереккунисел баяназда рекъон, районалъул росабалъ къуватаб гьури бахъиналъ минабазул ва социалиялгун маданиял ригьзазул, мажгитазул ва цоги рарал бакIазул тIохал ун руго.  ХIалтIулал комиссияз халгьабулеб буго ккараб заралалъул, баянал ракIарулел руго.


Чанго къоялъги хIалтIун, гIемерисел росабалъе канлъи кьуна


    Бакълъулазул  РЭСалъул бетIерав инженер Камалдин ГIалиевас абуна энергетикал канлъи росабалъ рукIалиде ккезабиялде, кIудияб къуват кьун, руссун ругилан ва гIемерисел росабалъе гьеб къачIан лъугIанилан.


    «Гьуригун гIазу бан Бакълъулазул районалда токалъул мухъал хвезаруна, МелъелтIа подстанциялдасан ток бачараб ичIго хIуби бекизабуна, райцентралъул цIиял авалазда 13 трансформаторалъул комплекталде ток гьоркьоб къотIана, МелъелтIа  росулъ ункъго трансформаторалде, Аргъваниб кIиго трансформаторалде ток къотIана. Хадусел къоязде гьури дагьабги цIикIкIун бахъана, токил мухъал тIуна ва жеги тIадеги трансформаторазде ток къотIана. Канлъи гьечIого хутIана МелъелтIа, ЛъаратIа, Ингишо, ЦIиликь, Щабдухъ, Аргъвани, Данухъ, ГIаркьухъ, ЧIиркъатIа, Кунзахъ, Лъанлъари, ЧIикь росаби. Бакълъулазул РЭСалъул хIалтIухъабазул къуваталдалъун, МелъелтIа (кIиго трансформаторалдасан хутIизегIан), ЦIияб Аргъвани, ЧIиркъатIа, Кунзахъ, Лъанлъари ва цогидалги росабалъе электроэнергия бачIинабуна»,  – ян абуна Камалдин ГIалиевас.


    Энергетиказ гьединго рукIалиде ккезаруна МелъелтIа подстанциялдасан ругел электрокварал. Амма энергетиказ кигIан хIаракат бахъаниги, ток гьечIого хутIана ЦIунди ва ГIаркьухъ росаби. Энергетикал хIалтIулел руго тIабигIияб балагьалъул хIасилал лъугIизариялда тIад.


   Районалъул бетIерасул ва муниципалитеталъул администрациялъул рахъалдасан МухIамад Хъарагишиевас баркала кьуна махщалида электроэнергиялдалъун росаби хьезариялъе нухмалъи гьабурав Бакълъулазул РЭСалъул бетIерав инженер Камалдин ГIалиевасе. АхIвал-хIал рукIалиде ккезабиялъе хIаракат бахъарал энергетиказда гьоркьор рехсана РЭСалъул мастер ГIабдулхIамид Хайрулаев, электромонтерал Шамил РахIматулаев, МухIамадрасул Юсупов, ГIабдулхIамид МухIамадгIалиев, шоферал Мурад ГIалиев, МухтарахIмад ГIамирханов, электромонтер Къурбан СалихIов ва цогидалги.


ХIарисан нух гIазул гIансаз бацун буго


   «Гумбетовское ДЭП № 10» ОАОялъул хIалтIухъабиги, тIубараб сордо-къоялъго чIечIого, хIалтIулел руго автотранспорт хьвадулел нухал гIаздадаса рацIцIад гьариялда, хасго захIматал шартIазда ругел росабалъе транспорт гьоркьоб къотIичIого хьвадизе шартIал гIуцIиялда тIад.


 «Миллаталъул» номер басмаялде кьолеб заманалдаги жеги рагьун гьечIо ХIаригабурлъухъан бугеб машгьураб шагьранухги.

«Гумбетовское ДЭП № 10» ОАОялъул нухмалъулев Малачи Сурхаевас бицана жидер махщалила, къаси, къад чIечIого, хIалтIулел ругилан.

«ЦIиликье гIатIидаб нух бахъана 20 февралалда. ХIариб бугеб нухлул хIалтIухъабазул минаялда аскIоб хъаравуллъиялда букIунеб кIиго трактор, гIазуги хъвалаго, гьебго 20 февралалда Аргъванибехун бачIана, Аргъваниса гьезда дандеги биччана цо трактор. Цоги трактор Аргъваниса ЛъаратIехунги битIана. Щабдухъа ИчичIалибеги нух букIинчIо. Гьебги бахъана. 21 февралалда радал Данухъеги нух рагьана. Гьанже Бакълъулазул мухъалъул киналго росабалъе нух буго. Амма ХIаригабурлъухъан шагьра гIаздадаса эркен гьабизе жеги чанго къо хIажалъула. НахъбакIалъул (Казбек мухъалъул) гIорхъоде щвезегIан, ХIарисан ичIго километр нухлул гIазудаса бацIцIад гьабизе ккола нижеца. Буртунай росдадаса тIаде мадугьалзабазги жеги нух бахъун гьечIо. Буртунаялдаса бакълъулазул гIорхъодеги 12 километр нухлул буго. Гьенир чIахIиял гIансал къарал бакIал руго ва гIемераб гIазу данделъун буго. ЦIиликьа Болъихъ мухъалъул гIорхъоде щвезегIан нух рагьизеги метер рузманалдаса хадуб цоги трактор битIизе буго», – ян баян кьуна Малачи Сурхаевас.


Пуй-чIваялда гъорлъ, къадги, къасиги хIалтIарал, хIаракат бихьизабурал махщалилазда гьоркьор Сурхаевас рехсана бульдозеристал АхIмад Нуцалханов, МухIамад Сайгидов, мастер ХIажима Багьавудинов, бульдозерист Давудбег ГIабдулгIазизов, грейдерист МухIамаднур Юсупов, экскаваторщик Мурад МухIамадгIалиев, механик МухIамад Мусаев, ГIалиасхIаб Идрисов ва цогидалги.


XIV гIасруялда Рекъав Тимурил аскаразул къокъаби цIорон гIунараб, цIар араб бакI ккола ХIариб мегIер. МагIарухъа гIатIиракьалде гIиял гочунеб габурлъиги буго гьеб. Гендерил тоннель рагьаниги, гьеб нухалъул Дагъистаналъе кIудияб кIвар буго. Исана гIазу бан хадуб гьенир гIансал тIеялъул хIужабиги руго. Гьедин тIураб гIансиялъ Данухъ росдал мактабалъул мина босун ун букIана цересел соназда. Гьенир гIазул асирлъуда хутIарал нухлулал вертолетаз рахъизе ккарал лъугьа-бахъинаги рукIана.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +14
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook