Авторизация

1999 соналъул дарсал


ЖамагIаталъул газа


1999 соналъул дарсал


Хъачагъал рачахъаралдаса 20 сон тIубаялде фильмал рахъулел руго


Исана 16 апрелалда Хунзахъ ва Болъихъ мухъазде сапарал рухьана Россиялъул машгьурав хъвадарухъан, публицист ва тележурналист Александр Прохановас. Цебесеб къоялъ, 15 апрелалда, интиялъ, гьев ана Дербенталде ва гьединго Россиялъул БахIарчи МухIамад НурбахIандовасул ватIаналде, Сергохъала районалде, щвана гьесул цIар лъураб школалде, дандчIвана гьесул эменгун. Болъихъ гьес гара-чIвариял гьарун руго 1999 соналда лъукъарав полициялъул полковник Мурадис ГIалидибировасулгун.


Балагьалъул гохIиде – Чернобылалде буго…


Чачанлъиялдасан Дагъистаналде хъачагъал тIаде кIанцIаралдаса ва гьел нахъе хъамуралдаса 20 сон тIубаялде бухьараб сапар буго Александр Прохановасул гьеб. Гьес рахъулел руго Дагъистаналъул хIакъалъулъ документалиял фильмалги.


«Метер» абураб газеталъул бетIерав редакторги, Изборскалъул клубилан абун цIар кьураб, Россиялъул къватIисеб ва жанисеб политикаялъул цIех-рех гьабулел экспертазул гIуцIиялъул нухмалъулевги ккола Проханов. Къварилъи-балагь ккаралъуве, ракь-кьал бугелъуве гIемер щвана гьев. Чернобылалъул авария ккедал, гьение ана, гьанжесеб гIасруялда щвана Донбассалде, Шамалде ва цоги тунка-гIусиял ругел бакIазде, гьаруна передачаби, рахъана фильмал, хъвана макъалаби, загьир гьабуна жиндирго пикру.


БолмацI бижараб тIалъи


Либералал данде кколарев, Россиялъул пачалихъияб пикру бугев, гIурус миллаталъул цIаралдасан кIалъалев чи вуго Проханов.

ЦIадаве щведал, телекамерабазда цебе гьес абуна Расул ХIамзатовас гьал мугIрузул мацI дунялалъул, инсанияталъул мацIалде буссинабунилан. Камераби риччазегIан, гьев вукIана цIех-рехалда. Гьесда цадахъ ругезда гьес гьикъулеб букIана: «Кин вижарав гьадинаб мугIрул тIогьив гъодинаб кIудияб гьунаралъул инсан – Расул ХIамзатов? Кинал гIиллаби рукIарал гьеб хIужаялъе? Щай Хундерил тIалъиялдаса гIемерал рагIул устарзаби рахъарал? Щиб балъголъи бугеб гьелда жаниб?» – абун.


Александр Прохановасда цадахъ Хунзахъ мухъалде сапар бухьун букIана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас, машгьурав жамгIияв хIаракатчи, Дагъистаналъул халкъияв поэт, прозаик МухIамад ХIамзаевас, Дагъистаналъул бухьеналъул ва халкъиял хурхеназул (Минкомсвязь) министрасул заместитель МухIамадбег АхIмадовас ва цогидазги.


НекIсияб Грециялъул анкьго шагьар дагIбаданила…


Прохановасул суалазе жавабал кьуна Хундерил тIалъи магIарул мацI бижараб бакI кколилан, гьаниб загьирлъанин болмацI ва Хунзахъ букIанин магIарулазул пачалихъалъул тахшагьар. ЦIада росулъ гьобол щвана ХIамзатил музеялде, тана хъвай-хъвагIаялъул даптаралда ракIалде щвеялъе мухъалги.


Расул ХIамзатовасе, гьесул асаразе, хасго дунялалдаго машгьуралъараб «ХъахIал къункъраби» абураб кечIалъе кIудияб къимат кьуна Прохановас. «НекIсияб Грециялъул анкьго шагьар букIана цоцазулъ дагIбадулеб, Гомер жидер кколилан. КIудияв шагIир киназего вокьула жидерго вукIине. Хунзахъ районалъе битI ккана, Расул ХIамзатов гьаниса вукIиналъ. Амма ХIамзатов ккола тIолабго Дагъистаналъул, Россиялъул ва дунялъулго шагIир», – илан абуна Прохановас.


Хунзахъ гьалбадерида дандчIвай гьабуна районалъул нухмалъулев НурмухIамад Задиевас ва мухъалъул администрациялъул хIалтIухъабаз.


1999 …


Дагъистаналда бараб чанго къоялда жаниб гьес интервьюял росана республикаялъул бетIер Владимир Васильевасухъа, жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовасухъа, Росгвардиялъул Дагъистаналда бугеб идараялъул нухмалъулев МухIамад БагIачиловасухъа ва цогидазухъаги.


1999 соналъул хIакъалъулъ фильмал рахъи, доб заманалъул бицин, хъачагъал рачахъаралдаса 20 сон тIубай кIодо гьаби лъикIаб иш буго. Амма Москваялда,  МахIачхъалаялда ва цоги регионазда ругел нухмалъулез 1999 соналъул дарсал росичIони, хIасил лъикIаб ккей щакаб буго.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +10
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook