Авторизация

Аргъваниб ва АхIулгохIда рагъал ккаралдаса – 180 сон


Тарихиял дарсал


Аргъваниб ва АхIулгохIда рагъал ккаралдаса – 180 сон


Бакълъулазул жамагIат алжан босзе къачIана


Исана риидал 180 сон тIубала Аргъванир ва АхIулгохIда дунялго хIикмат гьарурал рагъал ккаралдаса. Эркенлъиялъе гIоло, диналъе гIоло ва ВатIаналъе гIоло магIарулаз гьабураб ритIухъаб къеркьей букIана гьеб.


Гьанже тушбабаз росу, жаниб цIа лъун, бухIула, 

Жиндирго богун имам АхIулгохIде вуссуна


«ТуманкIуе цIакъал бакълъулал рачун», «чотIасан рагъулел бакълъулал рачун», – гьединал сипатал гьарулел руго халкъиял назмабазулъ бакълъулазе (гьанжесеб Гумбет районалъул гIадамазе). «Шамил хун хадуб гьабураб» къасидаталда генерал Воронцовасул чабхъеналъул хIакъалъулъ ЧIикIаса МухIамадица хъвалеб буго: «Воронцовасул боял тIаде щвей якъинлъидал, Бакълъулазул жамагIат алжан босзе къачIана».


«МелъелтIа КъабгIа ХIосен, Кьохъа РашидхIажияв, ТIубаларин нуж ракьулъ, рахъа гьанже къватIире…ИчичIалиса Къади, ГIавухъалъа Гъойтемир, НахъбакIалъа Гъайирбег, нужер хвалчен бекидал, Чехь кIудиял гIулбуца ккун анин имам Шамил. Аргъвани Шамхалкъади, цинги Абакардибир. Даргъиб  ГьоцIомухIума, кIвечIищ яхI бахъизего» (ГьаракIуниса ГIандиял ГIашатил ГIусман, «Гъуниб бахъи»).


«Имамасул бодаса тIаса вищун вачарав, Чанги мунапикъасда михир бачарав лачен МелъелтIаса Батирбег Табасараналъ хварав…НахъбакIалъа Гъайирбег, Аргъваниса Абакар, Аб дуниял тун индал, хараблъана дин-ислам…ИчичIалиса Къади, Къарахъа НурмухIамад, Къудукь МухIамад-хIажи хIажатал руго жакъа… Инхоса СагIид наиб, НурмухIамад-апанди, Ислам хараблъун бугин, хвалчаби къватIире цIай. Хайбар бахъулев ГIали, боял гъурулеб гъалбацI Балгъатив шагьидлъарав тулпар Данухъа ГьитIин. Гьелгощинал бахIарзал, бода цIар арал васал, Росабалъа камидал, капурлъи бергьинарищ? Балагьун тушман холел, туманкIуе лебалал, Анкьазарго чи вугин гьаниса дица цIалун» (Игьалиса Чупалав, «БахIарзабазде шигIру»).


«Исламияб рукъалъул Рагьу щула гьабизе Шамил жиндир аскаргун Аргъваниве вортула. Тушбабаз бугеб гьури Гьениб буссинабула, Росу сверун цеп тIамун, ТIаде гIарада бала. Гьезда данде жаваб кьун, Жанисан рагъ гьабула, Жидерго намус цIунун, Росуги хIалай чIола. Гьанже ункъабго рахъалъ Къуват жаниб рехула, Мехтизе гьабун солдат Халкъалда тIаде гъола. Хвалчабигун лъугьун аз ЛъабцIул къватIир къотIула, КъвекIаб цIум гъорлъ речIчIидал Гъудул гIадин, хъамула… Гьанже тушбабаз росу, жаниб цIа лъун, бухIула, Жиндирго богун имам АхIулгохIде вуссуна» (ЦIадаса ХIамзат, «Шамил» поэма).

 

Тушманасул ракIалдещвеял


Тарихиял лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ баянал щвезе ккани, гIемерал батIи-батIиял къагIидаби хIалтIизарула. Бищунго мухIканал баяналлъун рикIкIуна археологиял хIужаби. Масала, щегIалдалъун чIезабун бажарула гьеб батараб чIелалъул ригь. ТарихчагIаз пайда босула хъвай-хъвагIаяздасанги. Рагъ-кьал ккарал улкаби ругони, кIиязго хIаракат бахъула жидер рахъ лъикIаб куцалда бихьизабизе. Гьединал «гIузаби» камичIо «тарихалъул эмен» Геродотилги, некIсиял румазул тарихчи Плутархилги, цогидазулги.

«Гумбет» казияталда бахъулеб буго тIоцебе авар мацIалда къватIибе кьолеб 1842 соналда Имаматалда асирлъуда вукIарав гиназ Илико Орбелианил хабар.


 Гиназ Илико Зура́бович Джамбакуриан-Орбелиа́ни (гIурус къагIидаялда – Илья́ Дми́триевич Орбелиани (гуржи – ილია დიმიტრის (ზურაბის) ძე ორბელიანი; 1818 –1853) – гIурус аскаралъул генерал-майор, чIвана Хъирималъул рагъда.


1842 соналда Гъазигъумекив дагъистаниязда данде вагъулев вукIарав гьев асир гьавула ва, цогидал асиралгун цадахъ, Гъумекиса Даргъове вачуна. Жиндирого сапаралъул ва асирлъиялъул хIакъалъулъ хъвалаго, гьесухъа рорчIун руго дагъистанияздехун рокьукъал рагIабиги, хабаралда жанир руго тарихиял гъалатIалги, цоги данде кколарел бакIалги.


Амма, гIаммго босани, «Гумбет» цIалулел, гIакъилал, пикру бугел магIарулазе гьаб ракIалдещвеялъ доб заман цебе чIезабизе кумек гьабилилан хьул буго. XIX гIасруялда Кавказалда нилъер халкъалъул букIараб къадруги, тушбаби нилъекьа хIинкъулел рукIараб куцги, гьезцин нилъер гьабулеб букIараб къиматги бихьараб мехалъ, гьанжесел магIарулал тIубанго батIиял рукIин бичIчIула. Рагъул заманалда къанунал кьварарал рукIуна. Росаби рухIизе ва гIадамал чIвазе рачIарал чияр аскариязе тамихI гьабичIого толеб гIадатги гьечIо дунялалъул тарихалда жаниб.


Кин бугониги, тарихалъул дарсал лъан рукIине, бахъулеб буго гьаб хабар. Гьаб цIалулаго, кIочене бегьуларо хабар Имаматалъул тушманас хъвараб букIин ва «Гумбеталъул» редколлегиялъул пикру гьелда жаниб гьечIолъи.


Шамил имамасул асирал


Имаматалда асирлъуда моцIал рахъарав гиназ Илико Орбелианил хабар


Гъазигъумекир кверде роси


…Нижер къайиялда аскIор хъаравулзабиги тун, гьез ниж рачана (Гъазигъумекир хъулухъ гьабулел рукIарал дунги, Апшероналъул лъелаб полкалъул цо подполконикги, цо прапорщикги) Шамилихъе. Гьев жанив чIараб минаялда цебе гIемераб халкъ бакIарун букIана. Ниж гIагарлъидал, гьеб руккелалъ кIудияб гьаракьалдалъун ахIана:


– Насраниязул болъонал рачун рачIунел руго! – ян.


Гьел рагIабазда цадахъ нижеда хьамиги рагIулеб букIана. Гьедин къабул гьариялъул хIасил лъикIаб букIунареблъи якъинаб букIана. Ниж рачIиналъул баян Шамилихъе щвезабун хадуб ниж рокъоре рачана, гьениса къватIиве чIаго ворчIилилан хиялцин букIинчIо дир. Сверухъ валагьана дун: ахирисеб нухалда бакъуде ва дир кини кIикIарал рикIкIадал мугIрузде бер щвезабизе бокьун букIана.

Бурундук-хъалаялда лъалхъараб бакIалда диргун къо-мех лъикI гьабулаго, гьудулзабаз дида абун букIана:


– Георгийил хъанч босичIого, тIадвуссунге,– ян.


ГьабсагIат гьел рагIаби ракIалде рачIана дида.


«У, – абун пикру гьабуна дица, хъанч цоясул каранда бала, цогидасда хъанч хабада чIвала, дие гьезул цонигияб щвеларо!» – Ва лъачIого тIуркIана дун.


Шамилида цере


Шамилил муридзабаз цIураб гIезегIан кIудияб рокъоре рачана ниж; хадур рачана цогидаб рокъоре, гьенив гьев живгоги вугоан, жиндирго рагъухъабазда ва гъазигъумекдерил хIурматиял вакилзабазда гъорлъ. Гьесдаса кваранидехун ва квегIидехун гIодор чIун рукIана наибзаби: Къебед-МухIаммад, гIандадерил къади, Къарахъа ГIабдурахIман-Дибир ва хиянатчи ХIажи-агъа, гъазигъумекдерил кверщелчиясул вац (Шамил Гъазигъумекиве ахIана гьес). Шамилида нахъа, гьединго  нуцIбузда аскIор ва цогидаб рокъор рахъун чIун рукIана гьесул муридзаби (150-гIан чи), киналго рокьукъал, жанаваразул гIадал гьурмалгун, лъалиниса рахъарал хвалчабигун ва хунжрулгун, тIасиялде гIанкIваби рахинарурал тунчулгун ва тункIалгун. Лезгинал берцинал чагIи гьечIо; гIалхулаб, хъачIаб гьумер сунцаниги тамах гьабуларо, гьелъ чиясул ракI тIаде цIаларо; гьединлъидалги жеги цебе рехун бихьулеб букIана гьезул цевехъанасул, Шамилил сипат. Гьайбатаб, къамартIаб, хъахIаб гьумер, гъваридаб гIакълу ва рухIияб къуват рихьизарулел хъахIилал яги цIахIилал (?) берал; хъахIал цаби цере рехулеб гьимиялъ гьесул рекIел лъикIлъиялъул бицунеб букIана, багIараб хинаялъ белъараб мегежги гьесда рекъон бугоан.


Гьоркьохъелдаса халатаб черхги букIана гьесул, гъункараб, гьайбатаб; гьединго гьесул букIана чIагояб ва бихьинчияб вагъа-вакари ва, гьесухъ ралагьидал, гьесул 35 сон бугилан кколеб букIана, хIакъикъаталдайин абуни гьев гIезегIан кIудияб ригьалъул чи кколаан. ТIоцеве дида гьев вихьарабго, гьесда букIана лъикIаб ретIел ва ярагъ, гьеб киналъго гьесул бихьинчияб къо-асс жеги борхизабулеб, тIадегIан гьабулеб букIана. Гьесул ботIрода букIана багIараб ххамил гьабураб ва хъахIаб чалма къараб чергес тIагъур. Гьединго гьесда ретIун букIана багIараб ххамил чухъа, чухъида рукIана гIарцул гьарурал патронал лъолел жал, гъажибетIералда бан букIана хвалчен, рачлихъ ран рукIана ханжар ва кIиго таманча. Гьединав вуго Шамил.


– Гьале Имамул-АгIзам! – абун щурана нижеда муридзабаз, Шамилихъе нижги рачунаро. Гьев нижехъ валагьана хиси гьечIеб жиндирго гьимигун, амма цониги рагIи абулеб букIинчIо гьес. Халатаб руцIцIунчIеялъ ва сверун бакIарараб руккелалъул кинабго жо лъазе бокьарал бераз чIамучIлъизарурав дица абуна:


– Шамил! Нижерго борч тIубалаго, ниж асирлъуде росана ва духъе ккана; гьанже ниж дур кверщаликь руго. Щиб дуе бокьун бугеб? Нижеда щиб гьабизе дуда ракIалда бугеб? Нижер къисматалъе хIукму къотIе, лъазабе нижеда щиб нижехъ балагьун чIун бугебали: хвел, асирлъи яги эркенлъи?


Гьединабго калам гьабуна прапорщикасги.


– Болжал щварабго лъазе буго нужеда дир хIукму, – ян абуна Шамилица нижеда. – ГьабсагIат дир заман гьечIо,– йиланги абун, гьес квер хьвагIана ва ниж нахъе рачеян ва цогидаб рокъор тIамеян буюрана. ХIакъикъаталдаги, гьесухъе рачIине рукIана ГIахъушиса ва ЦIадахIариса балъгоял вакилзаби; гьелда тIадеги, гъоркьлъалие аманатал тIаса рищизе кколаан, гьединго цIияб ракьалда шаригIат ва тIарикъат тIиритIизаризе хIажатал амраби гьаризе кколаан гьес.


Таржама гьабуна ГIизудинил ХIамзатица


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +16
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook