Авторизация

Бакълъулал - Шамилил наибзаби


260 наибасда гьоркьоса 19 чи гьанжесеб Гумбет мухъалдаса вукIун вуго




Дирго хъвай- хъвагIаял байбихьулагоцIалдолесда гьадинан абизе бокьун бугоГьаб заман буго 

информация гIемерабгьелде хIажалъи ккарасе бокьараб жо балагьизе рес бугеб

Ва амма тIехь цIали модаялдаса арабтIахьазул тIалаб гьабулел дагьлъараб заман.  


Нилъеда киназдаго тIадаб буго нилъер цересел умумузулги, арал гIасрабазулги тарих лъазабизе, кIвараб куцалда гьеб бечед гьабизе. Амма тарих-гIелму математика гуро, гьенир мухIканал баянал дагь рукIуна, пачалихъалъул политикаялда бан цого лъугьа-бахъиналъе къиматги батIа-батIайиса кьола. Жакъа нилъ жанир ругеб заманалъегицин мухIканаб къимат кьезе нилъеда лъаларо. Пуланаб ишалда вугев хIаким веццизе ва гьесул политикаялъул рахъ кколел чагIи ралагьизе къваригIарасда гьел кигIан бокьаниги ратула. Гьевго чи какизе бокьани, элъие мисалалги, хIадурарал гIадамалги гIемер ратула. Масала, жакъа Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул ишазе ва политикаялъе чIванкъотIараб, дагIба гьечIеб къимат кьезе лъида кIолеб?

Нилъеца бицен гьабулеб буго гьанжеялдаса 200-гIан соналъ цере лъугьарал ишазул. Доб заманалда хъвай-хъвагIай ва документал рукIинчIо, яги цIакъ дагьал рукIана, рукIаралги киналго цIунун ва кодоре щун гьечIо. Ва дица гьанир рехсолел хIужабиги цIаралги мухIкан гьаризе кколел ратила.


Цо нухалъ дун больницаялда вукIаго дида цадахъ ккана ГIоротIаса чи. АхIулгохIалъулги Шамил имамасулги бицен ккедал, дица абуна Гумбеталда прокурорлъун хIалтIулев вукIарав ГIоротIаса ХIасанов АхIмадида лъикI лъалин гъазаваталъул тарихин. Живго ворхалъизе ва дов АхIмад гIодовегIан гьавизе бокьун, ас дида абуна АхIмад щиб лъалев чийин, лъалеб батаниги эсда лъалила жиндица, яги жив гIадинас бицарабилан. Дица гьесда абуна дур битIараб бугин, амма дуда лъалеб жо батилинха мунго гъазаваталда гIахьаллъун вукIиндал лъараб. ТIокIаб гIоротIисес дун вугеб бакIалда гъазаваталъул бицен гьаби жибго тана…

Наиб абулеб рагIи буго гIараб мацIалдасан бачIараб рагIи, гьелъул магIнаги, гьанжесеб къагIидаялъ абуни, заместитель абураб ккола. Къоло щуго соналъ гъазаваталъе цебехъанлъи гьабулаго имамасда хьолбохъ чIун, гурун гъежгун гьесие кумекалъе рахъаразда гъорлъ гIемер рукIана бакълъулазул жамагIаталъул вакилзаби. Гьезда гьоркьоса цIакъго ритIухъал ва бахIарчилъи бихьизабуразда гъорлъа рищун толаан наибзабилъун. БатIи-батIиял документазда батIи-батIиял автораз рехсолел наибзабазул къадар цо ккураб гьечIо. ХIисаб гьабураб мехалъ, гьезул къадар 260-ялде бахуна. Гьездасан бакълъулазул росабалъа наибзабилъун рукIанин бицен гьабулезул къадар бахуна 19 ялде, гьездасан кIигоял рукIуна мудираллъунги (генерал). Пачаясухъе хъвараб рапорталда (22 март 1843 с) Шамилил бодулъ щуго генерал вукIанин бихьизабулеб буго. Гьезул гIемерисезул къисматги хобал ругеб бакIги мухIканго лъалеб гьечIо. Росабалъ ругел тарихалъул мугIалимзабазеги гьезул цIалдохъабазеги цIех-рех гьабизе гIемераб хIалтIи бугоан гьеб суалалда сверухъ. Дихъе щварал баяназда рекъон, Бакълъулазул рахъалдасан наибзабилъун рукIарал чагIи ккола гьал:

  • Аргъваниса Абакар-дибир - наиблъун тана 1842 соналъ. Гьев вукIана Гумбеталъул ва Салатавиялъул наиб, 1850-1851 соназ Чачаналъ имамасул мудирлъиги гьабуна, гьев «мудир» абулев чиги ккола цо чанго наибасда тIад тарав чи, генерал-губернатор гIадав чи. Вукъун вуго Аргъванив.
  • Игьалиса АхIмад (АхIматIилав). Баянал гьечIо
  • МелъелтIаса Батир - наиблъун вукIана къокъабго заманалъ - 1851 соналда (Аргъваниса КъурбангIалида хадув). Хунзахъа ХIажимурадица Хайдакъ-Табасараналде гьужум гьабулаго гьезда гъорлъ вукIун, Буйнахъ росдада аскIоб 1851 соналъул 2 июлалъ ккараб рагъулъ захIматго лъукъарав гьев цо чанго къоялдасан шагьидлъана ва хоб буго Табасараналда.
  • Игьалиса Бабал МухIамад. Ункъракьалъул наиб, АхIулгохI цIунулезе бетIерлъи гьабулезул цояв. Къарахъа МухIамад-ТIагьирица гьесул хIакъалъулъ хъвалеб буго цо къоялъ нусгоялде гIагарлъун капурчи чIванин гьесул хвалчацаян. АхIугохIда шагьидлъана.
  • ЧIиркъатIаса ХIадис. Шамилгун цадахъ ГьаракIуниса СагIидида цеве ва ЧIиркъатIа мадрасалда цIалулев вукIун имамасул гьудул ва гьобол вукIана. Аргъваниса Абакар-дибир Бакълъулазул наиб вугеб заманалъ ЧIиркъатIа ва сверухъ ругел хьиндалазул росабалъ наиблъун вукIана ХIадис. 1853 соналъ наиблъун вукIиналъе нугIлъи гьабулеб Шамилил кагъат бати гуреб, наиблъун вукIарал сонал мухIкан гьаризе кIвечIо.
  • Данухъа ГьитIин - наиблъун тана I839 соналъ, шагьидлъана 1845 соналъ Чачаназул Балгъатиб (Белгатой) росулъ, хобги гьениб буго. 1844 соналъ Буртиналда ккараб рагъулъ бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ Шамилица гьесие кьураб орденалда хъван букIана «Гьав вуго бахIарзазулги бахIарчи» абун.
  • ДавудхIажияв ЦIиликьа, 1845 соналъ Данухъа ГьитIин чIвайдал эсул бакIалда тана.
  • ИчичIалиса Къади - наиблъи гьабуна 1848-1859 соназ. 1851 соналъ Хайдакъ-Табасараналде гьабураб гьужумалда муридзабазе кIудиял камиял ккана ва мурад тIубачIого гьел нахъе къала. Гьеб сабаблъун имамас лъабгоял наиблъиялдаса эркен гьаруна, гьел рукIана СалтIаса ГIумарги, ИчичIалиса Къадиги, Къарахъа НурмухIамадги. ГIемер заман гьоркьоб иналде ГьитIин нахъеги наиблъун тана ва Шамилил заман лъугIизегIан наиблъун вукIана.
  • Аргъваниса КъурбангIали - наиблъун вукIана 1851 соналъул июнь-ноябрь моцIаз. ГIолохъанаб заманалъ 1843 соналде щвезегIан наиб Ахъбердиласул бодулъ нусилбетIер вукIана. Рагъ ахиралде щолеб заманалъ (1858 с.) Чачаналъ муфтийлъун вукIана. Вукъун вуго Чачаназул ГIурус-Мартаналда.
  • Кази (Гъази) ЧIиркъатIаса, ЧIиркъатIа наиблъун вукIана, кIудив гIалим, АхIугохIда шагьидлъана. Цоги мухIканал баянал гьечIо.
  • МухIамадсултан - Игьалиса СагIидил вас, 17 сонил ригьалда АхIулгохIил рагъда вукIана, ЩулалъулгохI (Сурхаева башня) цIунарав 100 чиясдаса 6-7 чи хутIула чIаго, эзда гьоркьов вукIана МухIамадсултанги. ЩулалъулгохI цIунаразул бетIер вукIана Хириясул ГIалибег, эв чIван хадуб, гохI цIунаразе бетIерлъи гьабуна  гьас (гьедин хъван буго Багьавудин Хурщица жиндирго «АхIулгохI» тIехьалда)
  • МелъелтIаса МухIамадгIали, наиблъун вукIараб заман ккола гIага-шагарго I853 -1859 сонал. Наиблъи гьабуна Чачаназул Ведено ва Бакълъулазул хьиндаллъиялда. 1859 соналъул апрелалъ наиблъиялдаса эркен гьавуна. Богоссалъул мугIрузда рагъулъ шагьидлъана. Гьавураб-хвараб заман мухIкан лъаларо.
  • Гьарадирихъа НургIали. Наиблъи гьабуна 1839-1853 соназ, имамасул мухтасиб (контролер-инспектор). Киналго Шамилил аслиял рагъазул гIахьалчи. Наиблъи гьабуна Чачаназул Чеберлойгун Шубуталда ва Кабардаялда. Хвана 1853 соналъ, цо-цоязул баяназда рекъон, вабаъ унтиялъ, цогидаз абухъе - рагъулъ.  
  • Гьарадирихъа Оцав. Цо-цо документазда Усав абун буго. Шамилица тIоцебе наиблъун таразул цояв. АхIулгохIда хандакъахъ ругел гъазаватчагIазул тIадчи, гьенив шагьидлъана.  
  • Игьалиса СагIид. ГьоцIалъа имам ХIамзат чIван хадуб, Дагъистаналъул лъабабилев имам вищулеб мехалъ, Шамилица СагIид вищеян абулеб букIана, амма СагIидица жиндаса Шамил мустахIикъав вугин абун, имамлъи гьабизе инкар гьабула. Гьев ккола ГъазимухIамадица Агъачхъалаялде гьабураб гьужумалъул гIахьалчи, имамлъун ХIамзат вугелдаса нахъе наиблъиги гьабуна. Шамилица бо бакIаризе Чачаналъе витIула 1836 соналъ, гьениб загьро кьун хола.
  • Инхоса СагIид - имамасул мудир. ТIоцебесев имам ГъазимухIамадил заманалдаса нахъе бодул цевехъан, хьиндалазул 4 наиблъиялда тIад мудирлъи гьабуна. Цоги мухIканал баянал гьечIо.
  • МелъелтIаса Уцуми - наиблъи гьабуна къокъабго заманалъ, имамасде гIемераз мугъ рехараб 1859 соналъ. Гьав ккола наиблъун вукIарав МелъелтIаса МухIамадгIалил вас, МухIамадгIалидаса хадуб наиблъиги гьабуна гьес.
  • Аргъваниса Шамхал. ГIавухъазул наиблъун тана бищун имаматалъе захIматаб заманалда - 1859 соналъул 24 марталда, захIматго унтарав Эндиреялдаса Идрис-эфендил бакIалда.

Ва ахиралда Шамил гIурусазул кверде индал гьабураб туркиялдаса цо кесекги рехсезин:

…МелъелтIа КьабкIва ХIусен, Кьохъа Рашид-хIажияв,

Бурунчахъалъул хъала бахъараб щуго гъалбацI,

Къаламул тартиб гуро, кагъаталда хъван лъазе

ТIубаларин нуж ракьулъ, рахъа гьанже нуж къватIир.

Лачен ХIажимурадгин Гьигьалъа ХIажар-дибир,

Ансухъдерил ГIадалав, Сугъралъа Букъ-МухIамад,

Бакъдаса КъурбангIали, Хунзахъа Инквачилав,

ИчичIалиса Къади, ГIавухъалъа Гъойтимир,

НахъбакIалъа Гъайирбег, нужер хвалчен бекидал,

Чехь кIудиял гIулбуца ккун анин имам Шамиль.

Аргъванив Шамхал-къади, цинги Абакар-дибир,

Даргъиб ХIоцо-МухIамад, кIвечIищ яхI бахъизего?!


 

Cураталда: Ибрагьимица нухмалъи гьабулеб музеялдаса экспонатал.



Цоц1ул кьвагьулеб таманча

 



Г1арададул гумпара. Ах1улгох1да бук1ун буго гьединаб 34 г1арада.

 

 


Туманк1алда жанибе балеб хер борцунеб, къваридаб рахъалдасан ц1улал лъут1ги къазабулеб лълъар. Бихьинал рагъулелг1ан заманалда жаниб руччабазги лъималазги ц1езабулеб гьеб лълъаргун, яргъида жанибе балеб бук1ун буго буго хер.


 Шамилил г1арада


Автор: Ибрагьимов Ибрагьим, ЧIиркъатIа музеялъул директор

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий
К1вар кьун ц1алана,Баркала буго гьединго жидерго росу-ракь бокьулев чиясе.Жеги ц1ализе бокьилаан


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook