Авторизация

ГIандуникI-нуцалас васигаталда тана аваралъ хъван ирсалъе хитIаб

БетIерав редакторасул калам


ХIасилал, хIисабал, цIех-рехал


ГIандуникI-нуцалас васигаталда тана аваралъ хъван ирсалъе хитIаб


МацIги, цIарги, адабиятги гьечIони, миллат букIунаро


Дагъистанияз, магIарулаз, кинал захIмалъаби дандчIвалел ругониги, тарихалда жаниб нилъее хасиятаб бихьинчилъи, бахIарчилъи, къо хIехьей рихьизарулел руго. Араб анкьалъул ва ахирал моцIазул лъугьа-бахъиназул хIисаб гьабуни, халлъула, кигIанго Дагъистаналъул бергьенлъаби рихарал цо-цо руккелал ругониги, кьурабалъ пихъ кьолел гъутIбуца гIадин, нилъер гIадамаз цебехъанлъи ва гьунарал загьир гьарулел рукIин. «Лъураб бугьтан рихун, хвезе вахъунге, пихъ гьечIеб гъотIода тIил речIчIуларин», – абун хъвана Инхоса ГIали-хIажияс. 2019 соналъул сентябралда киналго гьалбал рази гьарураб халкъазда гьоркьосеб литературияб байрам тIобитIана Дагъистаналда – ХъахIал къункърабазул къоял. 

Спорталъул рахъалъги рохалилал харбал рачIана – ЧIарадаса гIолилав, машгьурав гугарухъан ГIабдулрашид СагIадулаев ва гьес нухмалъи гьабулеб улкаялъул тIаса бищараб команда бергьана дунялалъул эркенаб гугариялъул чемпионаталда. Гьес жиндирго бергьенлъи Шамил имамасе сайгъат гьабуна. Гьединго Пекиналда квер жубараб рагъул рахъалъ чемпионлъун вахъана Гъоркь Инхоса спортсмен АхIмаднаби МухIамадов, боксалъул рахъалъ дунялалъул цIияв чемпионги загьирлъана – ЛъаратIа мухъалдаса Муслим ХIажимухIамадов.


МагIарул мацIалъул бацIцIадаб чили


Сентябралда МахIачхъалаялда тIобитIана «Тарки-Тау-2019» абураб Дагъистаналъул тIахьазул базарги. Россиялъул халкъазул миллиял литературабазул рахъколлеб программаялъул гIуцIарухъабиги гIахьаллъана гьенир. Гьеб программаялда рекъон, Россиялъул халкъазул поэзиялъул, прозаялъул ва лъималазе хъварал асаразул лъабго антология къватIибе биччана Москваялда. Россиялъул халкъазул прозаялъул антологиялда буго нилъер, Бакълъулазул ракьалъул, вакиласул асарги – гьал мухъазул авторасул «ХIаригабурлъухъ» абураб къиса. Гьел антологиязул цоги тIокIлъи ккола щибаб асар хъвараб миллияб мацIалда ва гIурус мацIалде таржама гьабун бахъун букIинги. Гьел тIахьазул презентация тIобитIана араб анкьалда Расул ХIамзатовасул цIар кьураб Дагъистаналъул миллияб библиотекаялъуб.

«Тарки-Тау» абураб тIахьазул базаралда чанцIулго цеве вахъине ккана. Гьениб цIалана «ГIандуникI-нуцалас васигаталда тана аваралъ хъван ирсалъе хитIаб» абураб асарги. Гьенир руго гьадинал мухъал:


ГIандуникI-нуцалас васигаталда

Тана аваралъ хъван ирсалъе хитIаб.

Гьеб нилъер халкъалъе хасаб дарс буго,

Гьеб нилъер мацIалъул даража буго.

Долдаса щугогIан гIасру сверана,

Доб васигаталъул магIна хисичIо:

– Халкъ цIуне, мацI цIуне, гIорхъаби цIуне!

Хъудула, гIор гIадин, миллияб гьаракь.


«ХъахIал къункърабазул къоял» фестивалалда ва «Тарки-Тау» тадбиралда кIудияб хIаракат бихьизабуна Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъ. Литературиял тадбиразе нухмалъи гьабуна Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул цевехъан, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас. Россиялъул халкъазул гьанжесеб адабияталъул антологиял рахъарав редактор, шагIир ва таржамачи Максим Амелинилгунги ккана гара-чIвариял. Дагъистаналдехун хасаб, хинаб бербалагьи буго нилъехъе рачIунел гьалбадерил.


Районазул юбилеял ва миллияб сиясат


Исана гIемерал районаз 90 сон тIубаялъул юбилеялги тIобитIулел руго Дагъистаналда. Хунзахъ, Болъихъ, ЦIумада, Шамил, ЦIияблак ва цоги районаз жидерго юбилеязде тадбирал гьаруна. Бакълъулазул вакилзабазги гIахьаллъи гьабуна гьел дандеруссиназда. Цоги нухалъ баркула гьел ракьазул гIадамазда юбилеял ва гьарула лъикIабщинаб!


ГIага-шагарго гьадинал руго ахираб заманалда ккарал лъугьа-бахъинал, хIурматиял «Гумбет» басмаялъул ва «Аварпресса.ру» порталалъул цIалдолел. Республикаялда батIи-батIиял программаби рилълъанхъизарулел руго, амма миллиял мацIазде кьолеб кIвар дагь гьабулеб буго. Рахьдал мацI лъангутIи гьунарлъун, бахIарчилъилъун, чIухIилъун бихьизабизе хIаракат бахъулеб буго. Амма гьеб ккола кIудияб гъалатI. Нилъецаго тIалаб гьабизе ккола нилъерго халкъалъулги, мацIалъулги, цIаралъулги. Авар мацIалда ругел газеталгун журналалги хъвазе ккола, нилъер мацIалда цIализе ва пикру гьабизе цIиял гIелаздаги малъизе ккола. Физкультураялда цадахъ, гьелдасаги цебе чара гьечIого хIажалъула культура, лъайкьей, маданият. Аллагьас нилъее тавпикь кьеги умумузул ирс кквезе, гьезул васигатал тIуразе ва нилъерго миллат цIунизе. Амин.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +25
  • Нравится
Оставить комментарий
Отлично я горжусь им 


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook