Авторизация

Рахьдал мацIалъул халкъазда гьоркьосеб къоялде – бакълъулазул басмаялъе шапакъатал


Рахьдал мацIалъул халкъазда гьоркьосеб къоялде – бакълъулазул басмаялъе шапакъатал 


  2019 соналъул 23-24 февралалда ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб Аваразул драмаялъул театралда ЮНЕСКОялъул хIаракаталдалъун лъазабураб Рахьдал мацIалъул халкъазда гьоркьосеб къоялде Авар мацIалъул анлъабилеб фестиваль тIобитIана. «Гумбет» газеталъул ва «Аварпресса.ру» порталалъул бетIерав редактор, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член ХIамзат ГIизудиновасе ва «Гумбет» газеталъул фотокорреспондент Гебек Гебековасе фестивалалъул гIуцIарухъабаз, Авар басмабазул цолъиялъ, хIурматалъул грамотаби кьуна.


  «Гумбет» газеталъул хIалтIухъабаз Авартеатралъул цIорол рагъида бихьизабуна районалъул басма. Гьединго районалъул бокIон берцин гьабун букIана ИчичIалиса устар МухIамад Ханахъаевас гьарурал пахьул гIертIаз ва цоги тIагIелаз. Халкъиял махщелчагIазул алатазда ва газетазул номеразда цадахъго цере лъун рукIана бакълъулазул авторазул тIахьал ва халкъиял гьуранчагIаз гьарурал тIагIелал.


  «Гумбет» басмаялъул бетIерав редактор ХIамзат ГIизудиновас жиндирго кIалъаялда къокъго бицана лъагIалил хIасилазул ва басмаялъул хIаракатчилъиялъул.


  «Нижеца хIалтIи гьабулеб буго нилъер халкъалъул мацI, маданият ва адабият цIуниялъе, церетIезариялъе. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъгун, Авар басмабазул цолъиялъгун ва цоги идарабазгун цадахъ тIоритIана пресс-турал, маданиялгун тарихиял цIех-рехал, цIалдолезулгун дандчIваял, рорхана гIадамазда дандчIвалел, кIвар бугел суалал. 2018 соналъул 22 сентябралда Бакълъулазул районалъул Бакьулъ Гьарадирихъ росулъ тIобитIана Дагъистаналъул классик ХIамзатил Расул гьавуралдаса 95 сон тIубаялде гIуцIараб «Расул ХIамзатовасул рухIияб ирс» абураб форум. Гьениб гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул маданияталъул машгьурал хIаракатчагIаз. «Аварпресса.ру» сайталъ авар мацIалда, матIуялъуб гIадин, бихьизабулеб буго халкъалъул гIумру», – ян абуна ХIамзат ГIизудиновас.


   Аваразул театралъул сценаялда художественниял номералгун цере рахъана бакълъулазул лъималги.


Автор: Информациялъул «Гумбет» гIуцIи

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +19
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook