Пикру
ЯхI-намусалъул ралъад – Генуса Шамил имам
Дагъистаналъул тарихалъул, адабияталъул, маданияталъул, мацIазул дарсал дагь гьарулел руго мактабазда. Гьединаб рокьукъаб харбидалъун байбихьана исана Дагъистаналда цIияб мухIаррам моцI ва 2019-2020-абилеб цIалул сон.
ГIощтIол гIоркь нилъерго бугила…
Бихьулеб буго жакъасеб Россиялда миллияб сиясат хисун букIин. Улкаялъул халкъал, «хьагиниб белъунеб чурпа гIадин», цо куцалда тIагIине, гьезие ассимиляция гьабизе, киналго гIуруслъизаризе бокьарал къуватал бергьунел руго. Гьел бергьиналъе бищун цебе «гъеж гурун» хIалтIулел нилъерго хиянатчагIиги, манкурталги, хIалихьаталги руго. Бицен гьечIищха, гъутIбуз абурабила цо маххул гIащтIиян абураб жо рагIулин нилъ гъурулебилан, цинги гьенибго жавабги кьун буго: «Доб маххул гIощтIол гIоркь нилъерго цIулал рагIула», – абун. Гьедин, басиялъ гIощтIол гIоркь хъублъизабураб хIал буго жакъа Дагъистаналда миллияб политикаялъул.
Гитаристасул маргьаби
Ахирал анкьазда гIемер рехсана Дагъистаналъул мадугьалихъ, магIарулазул ракьазул гIорхъода бугеб Чачан Республикаялъул бетIер Рамзан Къадировасул цо гара-чIвариялда Тимур Муцураев абурав гитаристасул маргьаби Кавказалъул имам, исламалъул бахIарчи Генуса Шамилил цIаралда сверухъ загьир гьарун хадуб. Бакълъулазул басмаялъул гьурмазда гьел иргадулал бугьтаназда данде цебеккунги жавабги хъван букIана. ХIакъикъаталдаги Шамил имам нилъер адвокатлъиялде ккарав чи гьечIониги, магIарулал ва унго-унгояб гIакъидаялъул бусурбаби хун лъугIун гьечIолъиги бихьизе, гьел чIегIерал гьерсазе жавабал кьуна чанги дагъистанияз. ЦIакъго гIорхъолъа рорчIарал жалги рицун, мадугьалихъе «рагъде» арал, дозда «тIаса лъугьаянги» гьардон, рачIиналъул хIужабиги ккана. Цо бугони, чиясул напс хIакъир гьабизе бегьуларо. КIиабизе бугони, къватIибе бачIунареб ракьа цIудуца къулчIуларо.
Гьеб ахIи-хIуралъул хIасил ккана мадугьалзабазул жакъасев цевехъанас цIидасанги дунялго Шамил имамасул хIурмат гьабизе тIами, цIи-цIиял гIелал Кавказалъул тарих лъазабизе гьесизари. Живго Рамзан Къадировасги кинабго журналистазде бугъана, гьез жиндир пикру мекъи хъван бугилан. Амма доб Шамил имамас Чачанлъиялда «террор» бекьанилан гьес кьураб интервью гьез жидер сайталдаса нахъе бахъичIо ва имам какулел жидерго хъулухъчагIи ва кверзухъан кваналел «тарихчагIи» чIезаричIо. БукIа абе. ТIадегIанав Аллагьас цIунула исламги, исламалъул бахIарзалги, устарзабиги, авлияъалги, гьездаго гьоркьов – шайих Шамил имамги.
ХIажимурадил къваридаб къиса
Цоги кор боркьарал бахIсал рижизабураб тема исана риидал букIана Шамил имамасул наиб ХIажимурадида тIасан. Исламияб куцалда вукъараб бакIалда, ЦIоралъул Тангит росдада аскIобги, течIого, наибасул ракьа Хунзахъе бахъанилан харбал раккана. Лъил ракьа «бикъарабалиги» жеги лъалеб гьечIо. Гьеб ишалъ кутакалда пашман гьаруна бергьун нилъер халкъги бокьулел, Дагъистаналда ругел авараз жидер рахъкквелилан хьулги букIунел, Бакуялъ ассимиляциялда гъоркье ккезарун ругел ЦIоралъул магIарулал. Гьаб макъалаялъул авторасухъеги хъвалеб буго гьезул вакилзабаз, гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун пикру загьир гьабеян.
ЦIор ккола гьал мухъазул хважаинасул аслиял темабазул цояб. Щвана ЦIоралъул гIемерал росабалъе, наиб ХIажимурад къадаралде щвараб бакIалдеги. ХIажимурадил хIакъалъулъ гIемерал батIи-батIиял пикраби руго. Амма гьев бахIарчи вукIанищан абуни, вукIана. Нилъее бигьа букIуна жакъасеб къоялда цересел хIаракатчагIазе къимат кьезе. Амма дол соназул захIматаб ахIвал-хIалалда бигьаго букIинчIо Кавказалъул къеркьохъабазе. Шамил имамас, тIаса лъугьун, анцIидаса цIикIкIун соналъ жиндир наиблъунги тун вукIана ХIажимурад. МухIамад аварагас ﷺ жиндир имгIал ХIамзат чIварав ВахIши тIаса лъугьун тана. ТIаса лъугьин буго исламалъ беццулеб гIамал.
Гьабилги, Къабилги, жахIдаги…
Наиб ХIажимурад какулев руго долго бакътIерхьуда ругел нилъер мадугьалзабазул цо-цояз. Гьезул жахIда ккун буго, магIаруласул хIакъалъулъ машгьурав хъвадарухъан Лев Толстояс къиса хъваялъги Кавказалъул тарихалда авар халкъалъ кIудияб бутIа лъеялъги. Щибха гьабилеб. Гьабилица жиндир вац Къабилги чIван вуго, жахIдаялъул кутакалъ. Щивас жиндицаго жаваб кьела Аллагьасда цебе щибаб ишалъухъ.
Кавказалъул цевехъан, исламалъул бахIарчи,
ЯхI-намусалъул ралъад – Генуса Шамил имам.
Аллагьасул дин цIунун, Дагъистан, Кавказ цIунун,
ГъалбацI гIадин, вагъарав дунял мукIурав имам.
Дуда бугьтанал лъолеб пакъираб къокъа буго,
Халикъас дур даража тIадегIан гьабун буго.
Цо чиги бо букIуна…
ИншаАллагь, захIмалъабаз жеги къвакIизабила нилъер миллат, нилъ, къебелъухъ чаран гIадин, лъадарила, цолъила. РухIияб рахъ буго бищун аслияб жо. МагIарул гIакъилас хъван букIана: «Цо чиги бо букIуна, бол гIадаб ракI бугони, боги рехъен лъугьуна, чахъабилъун ругони», – абун. Аллагьас нилъер халкъалъе сахабщинаб насиб гьабеги. Амин.
Рихьула мугIрузул гьурмал цIидасан,
Дий кверал хьвагIула накIкIил гъутIбуца.
ВатIаналъул зобалъ гьурщула кунчIи,
Щварал гIораз гучаб бачуна бакъан.
МагIаруллъи буго дида хурхунеб,
Нух буго, урхъараб, дихъе бачIунеб,
Бекерулеб буго кьурул гIус данде,
Кьолеб буго салам дий гIураб ракьалъ.
Автор: ГIизудинил ХIамзат
Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ