Нилъеда лъала, 2003 соналъ тасдикъ гьабураб Дагъистаналъул Конституциялда рекъон, Дагъистаналда пачалихъиял цIалул мацIаллъун гIурус ва рахьдал мацIал рикIкIунеллъи. Гьеб Конституциялда рекъон нилъее изну буго гIурус мацIги рахьдал мацIалги нилъее бокьухъе церетIезаризе. Нилъер ихтияр буго нилъерго мацIалда къватIазда, тукабазда цIарал лъезе, документал нилъерго мацIалда хъвазе, хIатта судалдагицин нилъерго мацIалда гурони рагIи абичIого рукIине.
Амма нилъеца гьеб ихтияр хIалтIизабуларо.
Нилъеда ккола тукадул кIалтIа гIурусалъ цIар хъвараб кIудияб игIлан чIвани, дармил кутак букIинилан, ингилисалъ чIвани – дармилали бицинего бицунге, тукадул бетIергьанги кутакав чи лъугьунев рагIула…
Кисан бахараб унтидай нилъеде, гьаб нилъерабго рихун чияраб бокьи? Бокьизе ккола, лъазеги ккола гIурусги, ингилисги, гIарабги… тIаде китаязул мацIги лъани дагьабги лъикIаб букIуна. Амма бищунго нилъго рокьизе ккола, нилъерго мацIги бокьизе ккола ва нилъерабго, киназдасаго лъикI, лъазеги ккола. Нилъеего къваригIун гьечIел нилъги, нилъер мацIги, нилъер миллатги, лъиеха къваригIун рукIинел?
Дунялалда нилъер миллат «риидалил багIарараб къоялъ гIодобе тIинкIараб къатIра гIадин» тIагIинчIого букIине ккани, бищунго цебе, щивав магIарулас, «къваригIун бугищ дие авар мацI?» - илан абураб суалалъе, расги нечечIого, битIараб жаваб кьезе ккола. Авар мацI цIунизе кколилан миллаталде ахIи базе рахъунел гIемерисел церехъабазда лъаларо гьеб суалалъе жаваб. Лъалебани гьез жедецагоги бицинаан, лъималаздаги малъилаан, щай лъазе кколебалиги бичIчIизабилаан. ЦIакъ дагьав чиясда гурони бичIчIуларо, миллаталъул аслу мацIалъулъ букIин.
Эбел-инсудаги учительзабаздаги бищун цебе чIараб масъала буго, магIаруласда магIарулавилан абураб цIаралъе мустахIикъав вукIине кколеблъи бичIчIизабизе. МагIарулазда авар мацIги, адабиятги, маданиятги, тарихги лъазе кколеблъи. МагIарулазда магIарул гIадат-гIамалги, рукIа-рахъинги лъазе кколеблъи, гIамал-хасиятги магIаруласда релълъараб букIине кколеблъи. Жиндирго умумуз бицунеб букIараб мацI лъаларев чиги жив магIарулав вугин абизе нечезе кколеблъи.
Гьеле гьеб суал, миллияб бичIчIи (национальное самосознание) жив-жив чиясул гIадал нахулъе тIинкIизабизе, гьеб берцин бихьизабизе, гьеб чара гьечIого гьедин букIине кколеблъиялда магIарул чи божизавизе гурищ кколев авар мацIалда рахъулелщинал газетаз ва журналаз. ГIададайищ нилъее гьадабгощинаб рухIияб бечелъи нахъе тараб дунялалдаго цIар рагIарал нилъер шагIирзабаз, хъвадарухъабаз?
Ассимиляция нилъеда бараб жо гурила, чара гьечIого тIагIине ругила нилъер мацIалилан кIалъалел чагIиги камуларо. МацI лъачIониги щибила, нилъерго миллияб тIокIлъи, кьалбал цIунизе кколилан абулелги руго. Ассимиляция, ай нилъ дагьалги къуватаб мацIалъул миллаталда гъорлъ рилъи, нилъерго кьалбалги цIунун, букIунареб жо буго! Кинал кьалбал? Гьанжего руго нилъер гIемерав чи кьалбаздасаги тIун, гьороца босун унеб заз-хъарахъ гIадин, гирун инев.
Цойги кIудияб проблема: авар мацI бицунеб сверухълъи (языковая среда) гьечIолъи. Гьеб букIине ккани щиб гьабизе кколеб? Гьелъулги нилъеца гIемер бицана. Рокъор кIалъай, садиказда, школазда мацI малъи, мультфильмал, компьютералда хIаял ва гьел гуреб гIемерал цойгидалги.
Нилъее мацI малъизеги лъазабизеги хIукуматалъул щибго квал-квал гьечIо. Кумекги гьечIо. Амма, бищунго аслияб жо бугоха гьелъие гIоло гIалимчагIиги, хъвадарухъабиги, журналисталги, учительзабиги, эбел-эменги, лъималги цадахъ рекъон хIалтIи ва хIукуматалда кумек гьари.
Миллатго бахъун кумек гьарараб мехалъ, гьари тIубачIого тезе, гьеб хIукуматги чармил гурелъулха.
Автор: Баху Мух1идинова
Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала