Авторизация

Шамил имамас 220 сон тIубайги Ахдачибги


ХIасилал


Шамил имамас 220 сон тIубайги Ахдачибги


Аралда таманча речIчIани, бачIунеселъ гIарада речIчIула


Араб анкьалда магIарул миллаталъе кIвар бугел чанги лъугьа-бахъинал ккана. Гьаб обзоралда гьезда гъорлъ бищун цIикIкIун рехсей гьабурал ва нилъер тIолабго халкъалда хъатIулел хIужабазул цIех-рех гьабулеб буго. Гьел ккола Шамил имамас 220 тIубаялъул конференция ва Ленинаулалда ккараб питнаялда сверухъ ахIвал-хIал.


Исана, 2017 соналъул 10 июлалда, МахIачхъалаялда Гьудуллъиялъул рокъоб тIобитIана Шамил имамас 220 сон тIубаялда хурхун гIелмияб конференция. Гьеб данделъиялда гIахьаллъана Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповги. «Шамил имамасулалдаса тIадегIанаб даражаялъул инсан Дагъистаналъул тарихалда вукIинчIо ва гьечIо», - ян абуна республикаялъул бетIерас гьениб.


Абизе ккола 1997 соналда Шамил имамасул 200 сон тIубай кIодо гьабулелъулги чанги захIмалъаби дандчIван рукIанин гьел тадбирал гIуцIулезда. Гьелъул хIакъалъулъ бицунаан доб соналда гьеб бергьараб тарих ракIалде щвезабиялъул хIалтIаби гьарурал магIарул хIаракатчагIазги. Масала, РАНалъул академик ХIажи ХIамзатовас абуна гIемер рухизе кканин хъулухъчагIазул каваби, гьеб тадбир лъикIаб даражаялда ин мурадалда. Дагъистаналъул Пачалихъалъул советалъул бетIерлъун доб заманалда вукIарав МухIамадгIали МухIамадовас Шамил имамасул хIакъалъулъ гьабураб докладги РАНалъул ДНЦялъ хъвараб букIанин бицана гьес. Цо-цо хIелхIелчагIаз «кIудадае» кутакаб рецц гьабула, лъикIаб калам гьабун букIанин 1997 соналъул байрамалда гьесилан. ХIакъикъат гьединаб букIун буго, гIемер хадур чIун, хIалалъ гьабизабун буго Генуса генералиссимусас 200 сон тIубай. 210 сон тIубай кIочонго тана.


Шамил имам вокьуларел гIадамал жакъаги дагь гьечIо Россиялда. Социалиял гьиназдаги цоги бакIаздаги кIудияв имамасда бугьтанал лъолел ахIмакъзаби камулел гьечIо. Гьел руго пакъирал, жидеда гурхIизе мустахIикъал чагIи. Шамил имамасул макъамалъе щибго зарал букIунаро гьединазул хIапиялъул. Аллагьасда цебеги, авар халкъалда, Кавказалда ва дунялалдаго цебеги Шамил имамасул цIар буго тIадегIанаб бакIалда. Нилъер мадугьалихъ ругел цо-цо къавмазул вакилзабиги гьел гурелги Шамил имамасул цIаралда сверун чороклъи тIибитIизабизе лъугьунилан, гьелъул щибго хIасил ккезе гьечIо.


«Миллаталъул» цебесеб номералда МухIамад БисавгIалиевас «ГIавухъалда тунка-гIуси ва росдал магIишаталда хиса-баси» абураб  макъалаялда хъван букIана НахъбакIазул  (Казбек мухъалъул) некIсияб Ахдачаб букIараб бакIалда (гьанжесеб Ленинаул) магIарулазул ва чачаназул цо-цо къокъабазда гьоркьоб ккараб кьалалъул ва Дагъистаналъул нухмалъулез гьеб питна гIодобе буссинабиялъе гьабулеб бугеб хIалтIул. Гьаб анкьалдаги гьеб тема букIана Дагъистаналда ва хIатта Кавказалдаго аслиязул цояблъун.


10 июлалда, итни къоялъ, Дагъистаналъул нухмалъулез тIаде къабул гьарун, Ленинаул росулъе рачIун рукIана Чачан Республикаялъул спикер МухIамад Давудов, жанисел ишазул министр Руслан Алханов ва цогидалги. Гьеб данделъиялда гIахьаллъана Дагъистаналъул тIалъиялъул вакилзабиги. Рамазан ГIабдулатIипов 9 июлалда щвана Казбек ва ЦIияблак мухъазде ва лъазабуна мадугьалихъ ругел халкъазул гьудуллъигун вацлъи чучлъизабизе тезе гьечIилан, питнадулалги тамихIалде цIазе ругилан. Гьеб кьал рукIалиде бачиналъе кIудияб хIалтIи гьабуна Сайгидпаша ГIумахановасги.


Социалиял гьинал рукIана ахIи-хIуралда, «Ютубалда», «Ватцапалда» ва цоги къокъабазда халкъал цоцазде гьусулел жидер гьурмал рахчарал цIукIабазул тIелалги рукIана. Дагъистаналъул прокурор Рамазан Шагьнавазовас лъазабуна Ленинаулалда ккараб лъугьа-бахъиналдаса хадуб социалиял сурсатазда хъварал миллатал цоцазде тIаде разарулел хъвай-хъвагIаязул халгьабизе бугилан ва гIайибиял тамихIалде цIалилан.


Полициялъул информациялъул алатазда гьереси гьабун бугоан мадугьалзабаз тIиритIизарурал «10 чачанасда 100 аварас кьабуна» абурал кьучI гьечIел харбал. ГIавухъ мухъ цIигьабизегIан жал ракъун чIезе ругилан лъазабурал чачаназул цо-цо жамгIиял хIаракатчагIазул лъимал террористал ругилан информация къватIибе кьун буго полициялъул цо-цо сурсатазда.


Киса-кибего мадугьалзабаз хъвалеб буго Ленинаул ва Калининаул жидер ракь кколин, ГIавухъ мухъ цIигьабизе кколилан. Амма тарих гьединаб гьечIо. Гьеб суалалъул щвалде щвараб цIех-рех гьабун буго тарихиял гIелмабазул кандидат ШагIбан ХIапизовас (Маркъо ШагIбановас). Гьел росабалъ ругел чачаназул бищун некIсиял хобазул кIинусго сон гурони батун гьечIо. Тарихиял тIахьазда баянал руго некIсияб Алмахъ шагьаралъул Куриман абураб кули букIанин гьанжесеб Ленинаул бугеб бакIалда. Гьеб суал гIелмияб куцалда  рагьулел тIахьал рахъун руго ШагIбан ХIапизовас авар ва гIурус мацIазда. Нилъеда нилъерго тарих лъазе ккола. Гьединал кIвар бугел тIахьалги тIокIкIун рукIине ккола. Гурони, Каспий ралъадалде цIар Чачаназул ралъадилан хъварал картабиги тIиритIизарун, тIолабго Кавказ жидерилан абурал маргьабазда божун, нилъер цо-цо мадугьалзабаз цIидасанги питнаби рорчIизаризе квер базе бегьула.


1999 соналъул лъугьа-бахъиназда тIасан гIемер макъалаби хъвана дица. Ленинаулалда исана июлалда ккараб кьалалъул хIакъалъулъ рахъарал видеозаписазухъ валагьидал, 1999 сон ракIалде бачIана. Тарихияб гIелму буго кIудияб мугIалим. Аралда таманча речIчIани, бачIунеселъ гIарада речIчIула. Гьеб кIочене бегьуларо тIоцебесеб иргаялда нилъеда, магIарулазда. Тарихалъул дарсал кIочани, бокьараб халкъ мекъи ккола. ГIакълу – цебе, ццин нахъе. Гьединаб буго аваразул аби. Харбал лъикIал рагIаги.


ХадурагIи


БачIунеб анкьалда «Миллаталъ» тIобитIизе буго иргадулаб «Адабияталъул сагIат» - редакциялъул гургинаб столалда гьоркьоб лъезе буго ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажиясул рухIияб ирс. Гьединго тIасияб анкьалда газеталъул гьурмазда цIализе бегьула Гъуниб магIарда авар мацIалъул мугIалимзабазул руцIцIен  кин тIобитIарабалиги. Гъуниб магIарда «Миллаталъул» гимн рикIкIине буго МелъелтIа гьоркьохъеб школалъул цIалдохъан Макка Ахкубековалъ. Гьел ва гьел гурелги проектал, нилъер миллаталъе пайдаял ишал гIумруялде рахъинарулел руго «Миллат» басмаялъ. РачIа, цадахъ лъугьун, гъеж гурун, гвай бан, миллаталъул милат гьабизе. Гьабулелда квер рекIаги, хур цIун бачIаги, чIалда мохмох биццалъаги!


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +58
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook