Авторизация

МОКалъул макрабаз «чIвалел» спортсменал

Лозаннаялда Россиялъул спортменазе цIалараб тIалкъенги, Муткол инжилъиги, бацIцIадаб спорталъе цебего чIвараб къоноги, бащдаб ракьхъвен камураб Пхенчханалъул Олимпиадаги.


Щибха алъул ккараб? Сундухъ нилъ ралагьилел бачIунеб соналъул февралалда рукъалъул бокIнилъ лъураб къалиялъусан яги плазмаялъусан? Гьал мухъал дица хъвалаго, сундул бицинехъан бугебали бичIчIун батила нужеда. Спортивияб тарихалда жаниб жеги букIинчIеб жо ккана. Халкъазда гьоркьосеб Олимпиялъул Комитет абураб идараялъ къоно чIвана нилъер гучаб пачалихъалъул спортсменазул анищазда тIад. Россиялъул спортсменазул тIаса бищараб команда махIрум гьабуна бачIунеб соналъ тIоритIизе ругел Хасалил Олимпиялъул хIаяздаса.

Гьединаб хIукму къотIана Швейцариялъул Лозанна шагьаралда букIараб данделъиялдаса хадуб, Кореялъул Пхенчхан абулеб шагьаралде нилъер нус-нус бажари бугев спортсменасе нух къана. Щиб сабаблъун? Мун баккараб къо бухIаяб допинг сабаблъун. Ункъо соналъ цебе Россиялъ жиндирго рокъор тIоритIарал Олимпиялъул хIаязда босараб бергьенлъи магIарзухъан бачIинабураб гIадаб жо ккана. Гьале Пхенчханалда иргадулал Олимпиялъул хIаял байбихьизе заман гIагарлъулаго, байбихьана Сочиялда чIел босарал Россиялъул спортсменаз бегьуларел препаратал хIалтIизарун ругин, гьезул бергьенлъи хIакъикъияб гьечIин абураб вадила бачине. Допинг хIалтIизабурал меседил медалаздаса махIрум гьаруна, гьелда разилъизе бегьила, хутIаразда бугеб гIайиб щиб? Олимпиадаялда гIахьаллъи гьабиялъе гIоло кьола щивав спортсменас рухIги бажариги. Гьеб буго гьесул цебечIараб масъала, анищ, хIатта гIумруялъул магIнайин абизе бегьила гьелде. Гьа, гьанже щиб гьез гьабизе кколеб?

Россиялъул гуреб, цогидаб байрахъалда гъоркь церерахъине изну бугин гьезиеян абун лъазабуна Лозаннаялда букIараб данделъиялдаса хадуб. Гьеб хабаралъги кIиго лагералде бикьана халкъ, бегьуларин цоял, валлагь бегьулин, щвараб ресалдаса пайда босизе кколин цогидал. Гьениб киназул рахъ кквелебали лъаларо. Цояб рахъалдаса босани, ункъо соналъ нусго къали цIураб гIетIги тIун, Олимпиадаялде ишан ккун рукIарал гIолохъаби гьебги гьечIого хутIизехъин руго, цогидаб рахъалъ ралагьани, Россиялъул гуреб цогидаб байрахъалда гъоркь Пхенчханалде ани, гьебги ватIаналъе хилиплъиялъул тIири щвараб гIадаб хIужа кколеб буго.

Лозаннаялда тIобитIараб данделъиялда нилъер улкаялъул вакилзабиги рукIана. Россиялъул Олимпиялъул комитеталъул нухмалъулев Александр Жуковги жеги кIиго чиги вукIана гьенив. Амма гьезухъа бажаричIо, МОКалъ гьабулеб хIукму хисизабизе кIолел шартIалгун, далилал ралагьун. Гьезухъа бажаричIо нус- нус ритIухъал, рацIцIадал спортсменазул ихтиярал цIунун. Гьезухъа бажаричIо миллионал гIадамазул спорталдехун бугеб рокьи, адаб цIунун. Муткоги гьесда релълъараб къапилаги спорталъул жавабияллъун тараб мехалъ, нилъер спортсменазда лъикIаб къо бихьуларилан гIакIа ахIулеб букIана цебего. Амма, гьаракь къинегIан ахIаниги пайда щиб, гьелъул жо ккечIо.

Допингал хIалтIизарулел пачалихъал цIамул лъелъ разегIан рукIин цебего чIезабуна, амма бищунго можороялъе къураб Россия батана азда. Щай гьедин ккарабали тIадехун хъвана.

Олимпиадаялъул хIаял гIадатияб халкъалъе ккола спортивияб байрамалда бащадаб тадбир. Хасго Россия гIадаб кIудияб пачалихъалда миллионал гIадамал рукIуна хIухьел ккун гьенир тIоритIулелл къецазухъ балагьун. РикIкIадаб Востокалдаса, Калиниградалде гIунтIун, ЦIорораб Сибиралдаса бахъараб хинаб Кавказалъул регионазде щун, гьел кIудиял хIаязда гIахьаллъи гьабулел спортсменазда гъорлъ чангиясул рукIуна вац, яц, гьудул, гьалмагъ, цадахъ цIалулел, хIалтIулел, ялъуни хъулухъ гьабулел рукIарал, гIагарал ва гIунтIарал чагIи. Роол ва Хасалил Олимпиадаялъул хIаял тIоритIизе байбихьаралдаса СССРалъул ва Россиялъул спортсменаз турниралъул сияхIалъул цересел бакIал кквечIеб сон къанагIатги букIинчIо. Олимпиадаялъул хIаял рокъор гьаризе рес щварал соназ (1980 ва 2014 сонал) медалазул бачIин бакIариялъул чIел нилъехъ букIана. Гьедин букIана гьанжелъизегIан. БачIунеб 2018 соналъул февралалда тIоритIулел хIаязда кинабго батIайиса букIине буго. Лыжабазул, цIорода кьурди гьабиялъул, кIудияб хехлъиялда чанагъалда хъещтIеялъул ва жеги анцI-анцI батIиял къецазда  нилъее щвезе рес букIарал медалал ина цогидал пачалихъаз.

БацIцIадаб спорталде гъорлъе сиясат жубараб мехалъ, гьелъул цебе букIараб къадру билула, салулъе цIун араб лъим гIадин. БацIцIадаб спорталъе хоб бухъизе цебего байбихьун букIана, гьанже гьелъул бищун хIалуцараб лахIзаталде щванин абизе бегьула. ЧIахIияб гIелалъул гIадамаз кIалдиб лъим ккун бицуна СССР чIагояб мехалъ букIараб спорталъул къадруялъул ва гьелъул даража борхун букIараб куцалъул. ХIабургъарал ункъоялда анцIабилеб сонал рагьдухъ рещтIинадал, гьелъул хIабурагъарал тIираби щвана гIемераб бакIалде. Гьелъул агъзинаб тIириялъ чорок гьабуна спортги. Гьалдаса хадуб кинал тадбирал ургъаниги, гьеб бацIцIалъилиланги кколаро. Хьул буго 2020 соналъ Роолал Олипиялъул хIаязда цебениги нилъер спортсменазе къор гъечIого телин хIалкIолъи бергьунеб МОКалъилан. Аллагьас лъикIаб хъван батаги.



Автор: Ашахан Юсупов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook