Авторизация

ИчичIалиса Муса (1894-1968)

  • 13.10.2016 02:10
  • Дин
  • 1 786
  • 0

ИчичIалиса Муса (1894-1968) «…1934 абилеб сон букIана. Дун мина базе букIине къадахъабазда хадув магIарухъе ун КъахIиве щвана. Гьенив гьоболасда рещтIиндал дие бокьана устарасухъе зияраталъ ине. Гьеб букIана дун жеги тIарикъаталде лъугьинчIев мех. Гьоболас устарасда бицана дун щивали ва дир мурад. ХIасан-афандияс дун хIужраялъув жиндирго накабазда накабиги цузарун гIодов чIезавуна ва бералги къанщун ракIалъухъ балагьеян абуна. Дун гьеб лахIзаталъ лъавудаса ун вукIине ккола, циндаго макьидаса ворчIарав гIадин вигьун вачIана. ХIасан-афандияс квербацIалъ дир мегIер бацIунеб бугоан, гьеб квербацIги букIана бидул цIун, ва гьесул цояб хъатинибги бугоан гьитIинабго щурун, жаниб дир магIрзукъалахъа бачIараб гIанкIу хъураб гIадаб биги бугеб. Дир черх абуни гьабсагIат чвердон вахъарав чиясул гIадин гIетIуца биччун бугоан. Дун цIакъ намуслъана амма щибго абизе бажаричIо устарасда. «Гьедин гьабеха, дир вас», - абуна устарас, ва тIадеги жубана, хIалуциналъ батилила дагьабго би кIанцIанин дур къалахъаян. Дида щибго рагIун гьечIелъул щибдай гьабилаян вукIана, хадубги ракIалде ккана гьоболасда цIехелин абун, устарас щиб малъарабилан. Кинниги, нахъе унаго устарас дагьалъ чIаян абун гьабизе кколеб жо хъвараб тIамач кьуна дихъе…». ТIоцеве живго устарасухъе щвеялъул гьадин бицун буго камилав мурид, гIалим ИчичIалиса Мусаца. 


Мусал хIакъалъулъ бицунаго ЧIикIаса СагIид-афандияс (къ.с.) хъвалеб буго: «Муса ИчичIалиййи гъамисин бахIрил файзи», ай, файизалъул ралъдалъ тIерхьарав абун. ТIокIабги батIияб къимат нилъеца кьун релъунаро, ва лъугьунаро. 


***


 Мусал хIакъалъулъ гIемераб бицуна росуцояз ва муридзабаз. ХIакъикъаталдаги вукIун вуго мунагьал чурад, гIажаибаб къисматалъул, цо киналиго бигьаго гьаб гIумруги гьабурав, гьебго заманалда гIибадаталъулъги лебалав, гIелмуялъулъги камилав чи.

 ИчичIалиса Муса гьавун вуго I894 абилеб соналъ гьанжесеб Гумбет районалъул ИчичIали росулъ. Гьесул эмен ДарбишмухIаммад-хIажи кIицIул лъелго хIежалде арав лъикIав муъминчи вукIун вуго. Гьесулги эмен НурмухIаммад-хIажи кколев вуго гIемерал соназ, Къарахъ росабалъ дибирлъиги гьабурав, варагI бугев, жамагIатазеги вокьулев гIалим.


 ГьитIинаб къоялдасаго нахъе Мусаца гIелму цIализе байбихьана.  ТIоцевего гьев цIалун вуго Инхо ва Игьали росабалъ. Гьенив 24 сонил гIумруялде щвезегIан цIаларав гьев тIадеги анкьго соналъ РикIваниве уна цIализе. ЦIалараб жо ракIалда чIолев, пагьму бугев мутагIил вукIун вуго Муса. ГIемерал соназ гьев цIалун вуго Инхоса ГIабдалхIамид-афандиясда (къ.с.) цадахъги.


Кинниги, цIали дол соназ бигьаго щолеб букIинчIелъул мутагIилзабаздаги чIалгIунеб букIун буго, ва цо-цо гогьдариги камуларан. Цо росулъ цIалулаго Мусал гогьал махсараби ричIчIичIого эв росулъе нахъвуссине кун вуго. Рокъове вачIиндал (бакъани мехалъ) эмен ватун вуго асда чода тIукъби чIвалев, эбелги чол бох квезе кумекалъе ячун. Гьенибго кумек гьабизе лъугьун Мусаца бох кун букIадго тIикъва магIалъ Мусалги тIажу бихъун бохалдаса би баккизабула.  Гьелъул кIварго гьабичIого инсуца щай вачIаравилан гьикъула гьасда. Васас гьадин кканин абун бицун   лъугIилелдего гIемераб гамачI-жо хадуб балаго хъамун вугоха тIаса гIодове Инховехун валагьизавун.  Гьениб сордоги бан нахъисеб къоялъ доб росулъа гIадамазда маслихIатги гьарун, цIидасан цIализе лъугьанила. Нахъа Мусаца абулеб букIун буго, доб къоялъ инсуца жинда речIчIулел жал ганчIал рукIун гьечIин, гьацIул гарал рукIун ругилан.


***

Инкъилабалъул сонал Дагъистаналда ва Шималияб Кавказалдаго рукIана, хIалуцарал, чIвай-хъвай гIемерал, битIараб ва тIекъаб батIа бахъизе захIматал. Гьел соназда Муса, Кавказалъулаб Исламияб Эмират гIуцIулев Узун-хIажил пикруги битIун бихьун гьесда цадахъ чIола. Гьев хатIги берцинав, гIелмуги бугев чи ватун Узун-хIажияс жиндирго мирзалъун (писарь) тола, хадув жиндирго хъулухъчилъунги гьавула. Узун-хIажи хваралдаса хадув Муса ХIоцоса Нажмудинида цадахъ вукIун ватизеги рес буго. Гьелъие цо гьитIинаб хIужа буго гьаб кагъат:


«Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим. Ва гIалайна ва гIалайкуму свалата ва саламу ва рахIматаллагьу ва баракатагьу даиман абадан.


Бахъа кагъат тIаде, тIубай дир мурад,

РекIел гьудуласде гьабе зиярат,

Бице цIакъаб салам, сабру тIагIараб,

ТIасаго унареб жиб абадияб,

ГIенекке я дир вац, цо хабаралде,

ГIисал Инжилалъул аят цIализин,

Нахъеги балагье гьагав чиясухъ,

Мусал Тавраталъул тавассилазде,

Дир рекIел къварилъи къалмида чучун,

Къокъаб кагъат хъвазин гьудуласухъе.

Цо кагъат бачIана Гумбеталдасан,

Кинабго Дагъистан тагIвир гьабураб,

Тамашаяб гIелму жиндилъ гIемераб,

ГIадамасул гIакълу нахъ гIунтIулареб.

Дуца кьолел харбал, бицунеб калам,

Цо макьуцин гурищ гьуин бихьараб.

Уяб батанани дур кIалзул гьури-

ГьечIин дуе тIагIам аб дунялалъул.

Кьолел хабаразул хилап батани,

Дуего мунагьал ракIалъул гьудул,

Малаикзабаца хъван рахъунарел.

Дуцани вуго дун энив ахIулев,

Инсул ватIаналде вачIа цойилан.

ВатIанали дида кIочон толаро,

Чорхол къуват гьечIо сапар бухьине.

Заман къокълъун буго, къоял щун руго.

Къаданив вахъун чIун ГIизраил вуго.

Нужер хIалалдаги дун хIайран вуго,

ХIисаб рекъоларо къватIив вахъине….

Суряни мацIалда цIалдолел хIанчIаз,

ЦIалуларел киндай дир кагътал дуе,

ЦIоралъул рагIалде мугIрул гIансаялъ,

Босун бачIунарищ дир салам духъе.

Ихдаде ахIтIолел булбул хIанчIаца,

Бицунарищ дуда дир бугеб ахIвал….


… Амма, гьанже дир хирияв вац, Муса, нилъ цоцазда лъайдал дирго хIакъалъулъ дагьабго магIлумат кьезин. Дун тIоцеве Дагъистаналдаса ана Ираналде гьенисан вачIана гьаниве, ГIиракъалдеги щвана, Гьиндустаналдеги щвана, гьениса ГIарабустаналдеги щвана. Гьеб кинабго бакIги сверун гьанив Туркиялде вачIана дун. Гьанив цIализеги цIалана: история – тарих, георгафия. Дида ингилис, франц, гIурус, турказулги парсги мацIал лъала. Дун гьанже пенсиялда вуго, ралъдал рагIалда рукъзалги руго, дие гIураб гIарац пенсияги босула, щибго къваригIараб жо гьечIо, цIакъ рахIаталда вуго. Амма, кигIан лъикI вукIаниги щибха, ватIаналде хIасраталъ къаси-къад чIечIого вухIулев вуго. Жакъа дир буго 72 сон. Гьениве вачIине кIолеб букIарабани гьаб кинабго жоги тун вачIинаан. Гьанже дир вац, Муса, тIокIаб дуе бицине дир хабар гьечIо. ЧIалгIараб, чIобогояб салам дуде, дур агьлу-хъизаналде, дуе рокьулезде, мун вокьулезде, кинабго росдал агьлуялде. Гьаза ва ссаламу дунги нужое сахлъи гьарулев АхIмад аварии Бакълъухъа. Воре, дугIадул аманат»


15 июль. Истамбул.


***


Гьаб кагъат хъварав Бакълъухъа Авар Ахмад (Махол МухIаммад) вуго дол хIуригаталъул соназда ХIоцоса Нажмудинида цадахъ вукIараб хадув къватIиве арав чи. Дир пикруялда Мусаги АхIмадги цого заманалда цадахъ рукIун ратизе кола хIуригаталъул соназда. Гьелъ гьез цоцазул бухьенги букIун батила. Амма, долдаса хадув (1972 абилеб соналъ) Авар АхIмад Дагъистаналде вачIун вукIана ва гьаниб моцIалдасаги цIикIкIун заманги бан, нахъвуссун Турциялдего ана ва гIемер кватIичIого къадаралде щвана.  Гьаб кагъат лъей лъикIаблъун бихьана, Мусал некIсиял гьудалзабазулгун кир эл ругониги бухьенги букIараблъи ва гьесдехун рекIел ургъелги бикьулеб букIараблъиялъе мисаллъун букIине.


***


ХIуригаталъул соназда большевикалги бергьун хIукуматалъ диналда данде рагъ гьабизе лъугьарал соназ Масаца, кIвараб жигар бахъана жиндирго лъимал ва гIага-божарал исламалда цIунизе ва иман щула гьабизе. Гьев батIи-батIиял росабалъе гочун хIалтIулев вукIунаан. Цо заманалда Чачаналъ (Итумакла) вукIана, лъарагIазул Аксай росулъ вукIана, ва гьесул лъабго чIужуги йикIана: ИчичIалиса Зубайрил ГIайшатица – анкьго лъимер гьабуна, чачанай Аминатица –кIиго лъимер гьабуна.  ХIикматаб жо буго дол атеистазул зулму бергьарал соназ, лъабайго хъизан гьес цоцазда гьоркьоб жахIда гьечIого рацал гIадин хьихьун тIубан рукIин. Гьеб батилаха руччабазулги иман щулалъи ва росасулги ритIухълъи бергьин. 

   

***                                          

Чачаналъе гочин


1944 абилеб соналъул 23 абилеб февралалъ Сталинил буюрухъалдалъун чачанал ва ингушал гочинаруна Казахстаналде. Гьеб буго халкъазда цIакъ гIемераб къоги бихьараб, гIемерал гIадамал квачалъги ракъуцаги хвараб вахIшияб иш киданиги гьел миллатазда кIочене рес гьечIеб. Нилъер бицен батIияб бугелъул, халат гьабиларо гьелъул бицун. Чачанал гочинарурал бакIазде дозул рукъзал кквезе, боцIи тIубазе цогидал хур-хералъул хIалтIаби гьаризе Дагъистаналдаса росаби-росабиго гочинаруна.  Гьедин гочинабун чачаналъ бугеб Ведено росулъ рукIана ИчичIалиселги. Мусаги гьездаго цадахъ вукIиналъ жиндирго гьобол Байсулагьил рокъове лъугьана кигIан гьеб мина росу кIалалда букIун гъачагъаздаса цIунизе захIматаб бугониги. Дов Байсуллагьил вас Курбица бицараб хабар буго гьаб: «Ведено росулъ гIумру гьабун рукIана ниж ва кIудияб хъизаб букIана нижер.  I944-абилеб соналъ гочинарурал ниж ккана Казахстаналда   бугеб цо росулъе. Хасаб документ гьечIого росу тун къватIирги ине риччалароан.  КIиабилеб хасел доба бачIана цIакъ квачараб. Нижер хъизан цIакъ кIудияб къварилъиялде ккун букIана, я хинаб ретIел гьечIого, я квен гьечIого, я хIалтIи гьечIого. Нижер инсуца росдал сельсоветалъул адресалда кагъат битIун ана росу тIарада бугеб жиндир минаялда жанив щив вугевали лъазабеян гьарун. ГIемер мехго инелде нижер рокъов гIумру гьабун вугев ИчичIалиса Мусаца бачIана жаваб. Гьеб жавабалъ нижер эменги эбелги рохараб куц бихьидал нижеда ккун букIана ниж рокъоре   риччалелцин ратилин. Гьеб мехалъ инсуца хехго Мусахъе кагъат битIана жиндир пуланаб рукъалъул кIиго къед бугин бакьулъ гьодориялда жаниб бахчун хIокIида-цIоросаролъги бугин. Гьеб цIоросаролъги бичун жидее кванил нигIматал ва хьитал гьаризе буртина битIизе кIоларищан, цIакъ къваридаб хIалалда ругин нижилан.  Гьеб кагъат хъваралдаса моцI инелде Мусахъа тIоцебесеб посылка щвана нижехъе. Гьес битIун бачIана мох-мох, махул банкабазда жанибе чIвараб лъолъол урба, хьитал гьаризе лъутIун къачIараб гIандадерил буртина, бакъвараб гьан, ва цогидабщинабжоги. Щибаб моцIалъ Мусаца цо-цо посылка (тIокIаб биччалароан) хадуб битIун лъагIел инелде микьго посылка щвана нижехъе. Гьесул чIаголъиялдалъун ниж Аллагьас доб соналъ хвалидаса хвасарлъана. Нижер эмен дова къадаралде щвана ва цониги лъимер камичIого анкьалго ниж эбелалда цадахъ анцIила лъабго соналдасан нахъруссун рокъоре щвана. Мусаца нижер мина жиндирго гIадин цIунун батана ва жиндиего кьураб компенсациялъул бащадаб гIарацги нижее кьун Хасавюрт районалде цIидасан ахаде лъугьун магIишаталде байбихьизе ана.  Гьале кигIан заман аниги Мусал лъималазулгун ва лъималазул лъималазулгун нижер гьоркьоблъиги биххичIо тIаде-гъоркьеги щола. Нижеда эбелалъ васият гьабун буго, нужила Мусае дугIа гьабун свакагейила, гьев вукIинчIевани нилъ Казахстаналда ракъуцаги хун рукъун рукIиналда щибго шаклъи гьечIилан».


ЦIакъ гIемераб гIакъуба бихьун буго гочинарурал чачаназда гуребги гьезул бакIалде рахъинарурал дагъистанияздаги.


Щибаб бакIалда кIудияв- гьитIинав ватIа гьавичIого Чачаналъе рахъинарун рукIиндал, гьездаго гъорлъ гIемерав гIалимги гIабидги вукIун вуго.  Гьедин Даргъобе гочинабун букIана ТIухьитIа росдал жамагIат.  Гьезда гьоркьов вукIана гIалимчи, загьид ГIумарил МухIаммадги. Гьев дове щведал чияр магIишаталда хъвачIого цо окоп гIадаб бакIги бухъун хъизан-лъималги рачун гьенив чIун вукIуна. Дова цIаларав чи вугин рагIун Муса ана гьесухъе щвезе. Гьел кIиялго цоцазе цIакъ рекIее гIола ва вацазул гIадаб гьоркьоблъи лъугьана гьезул. Гьелдса хадув Муса къойилго гIадин вачIунаанила гьокоги бачун рохьовеги ун мокъдулги къотIун ва гIагарлъи мадугьаллъиги бакIарун гвайял ран кIиго рукъги бан МухIаммад жаниве вахъинавуна. Гьениб аскIобго бокьги гьабуна, гIака хьихьизе санагIат букIине. Гьелдса хадув жиндирго васги витIана Къуръан цIализе досухъе. Амма гьев вас КГБ-ялъ тIагIам течIого Мусаца школалде витIизе ккана ва гIелму цIалиялде регIизе течIо.


Мусада цIакъ бичIчIулеб букIун буго диналъе ихтияр къан бугониги диналда рекъараб гIамал гьабизе гьукъун гьечIолъи ва бугебщинаб рес гьес мискин-пакъирасе кумек гьабизе хIалтIизабуна. Чачаналъ рукIадго Килалъа эменги хун хутIарал ункъо лъимал ва гьезул эбел жиндаго аскIореги рачун цояб рокъор тун    лъикIаб тIалаб-агъазалда хьихьана ва чиялъе рахъинаруна. Цадахъго рес рекъохъе дин-исламги малъана. Гьезул цояв вас ИбнумасхIудица гIемерал соназ килдерие дибирлъи гьабуна ва жамагIат тIубана.


Мусаца кьурал «бадригунал» 


«1944 абилеб соналъ ниж Казахстаналде гочинарулеб мехалъ дида аскIов вукIана ИчичIалиса Муса,- ян бицунеб буго Итумхъалаялдаса Пайзуллагьица.  Гьелдеги ниж лъикIаб гьоркьоблъиялда рукIана ва Мусаца малъун дица диналъул аслаби мухIкан гьарун рукIана. Доб къоялъ Мусаца кидаго цадахъ букIараб «Бадригун» кьуна дихъе ва каранда чвантинибги цIунейин, гIемераб цIализеги цIалейин, гьелъ дунялалдаги ахираталдаги цIунилин мунан абуна.  Гьелъул гьунаралда тIуванго божун вукIинчIониги гьудуласул сайигъат кодоб цIунун букIана. Казахстаналде щваралго нижеда лъазабуна ругеб шагьаралдаса кирениги анани яги цо кило сундул бугониги бикъани микьго сонил туснахъ букIине бугилан. ХIалтIи балагьулаго къойил дун шагьаралда сверулев вукIунаан. Цо къоялхъ дида бицана мясокомбинаталда букIунилан гьоркьо-гьоркьоб хIалтIи. Дове индал дида абуна чIараб хIалтIи букIунарила, амма хъвезе боцIи бачIиндал хIалтIухъ мухьалъул бакIалда гьан кьолилан.  Дун щибаб къоялъ хъвезе боцIи бачIун бугищали балагьизе щолаан дове. Гьедин цо нухалъ тIубараб къоялъ хъвехъаризеги тIамун дие бакъанида кIиго кило гьанал кьуна.  Дица гьеб гьан чияда бихьани вухизеги вухун бахъилин хIинкъун цо чIортоялдаги жемун черхалда бищун гъаркьехун щула гьабуна. Рокъове унаго циндаго милициялъ цо къватI сверун куна ва гьениса къогогIанав гIолохъанчи отделениялде рачана. Дунги гьезда гьоркьове ккана. Киназухъго чIухь балеб букIана ва   кодоб жо батарав чи жанив лъолев вукIана. Дидеги щвана ирга ва кодоб батараб гьан столалде следователасда цебе рехана бикъараб батулиланги абун. Гьениб дир кисбахъ батарабщинаб жоялъул опись гьабулаго бадригуназде ирга щведал, гьаб щиб ва кин квалебилан гьикъана дида. Дица абуна дир къойил цIалулеб жо бугин гьебилан. Гьенив ниж рачIаладасаго нахъе гордухъехун вуссун гIодов чIун вугоан цо ригь арав чи. Гьев вукIун вуго гьазул начальник казахав- бусурманчи.  Следователас досда гьикъана гьаб кин хъвалеб абун. Начальникас дида гьикъана гьаб цIализе лъалищан. Лъалин абидал кIигониги бакIалдаса цIализе тIамуна. Бадригунги дихъе кьун кисиниб лъеян абуна ва хIалтIухъабазда абуцна дун виччан теян. Доз гьев виччазе бегьуларин гьесухъ бикъараб гьанги бугин абидал казахав цим бахъун ахIдана гьаб жо кодоб бугев чи цIогьодуларин ва кIигояв машинаялдеги вахинавун дун вугеб рукъалъул кIалтIе щвезе гьавеян буюрана. Гьалеха кIикъоялда анцIгоялдасаги цIикIкIун сонал ана жеги гьадаб бадригун дица кодоса биччачIо. Ва кидаго дир гьудул Мусае Аллагь разилъагиян дугIаги гьабула».


***


Муса кидаго вукIана гIелму хирияв, гьелда тIад чIей течIев, гIумруялъго мутагIалим вугин живан абун цIали къотIизе тIечIев чи.  ХIасан-афанди (къ.с.) накълулъаралдаса хадув гьев лъугьана МухIаммад-ГIариф-афандиясул лъикIав гьудулълъун. Гьеб гьудулъи гьезул хвезегIан тIечIо.  Гьелдаса хадув Муса лъугьана ХIумайд-афандиясул (къ.с.), ГIуриса ХIусенил МухIаммад-афандиясул (къ.с.), Инхоса ГIабдулхIамид-афандиясул (къ.с.) муридлъун, ва цIакъго щулияб бухьен букIана гьесул Бакълъухъа СагIадухIажиясул МухIаммад-афандиясулгунги (къ.с.). ГIелмияб суал цIехон гIалимзабазухъе хьвадулаан, рикIкIад ругезухъе кагъталги ритIулаан. Гьес абулаан жив хвезегIан мутагIиллъун вукIине вугилан ва рехсолаан Аварагасул (с.т.гI.в.с.) хIадис: «Щив чи вугониги гIелму цIалулаго хварав, Аллагьас гьесул хабалъе малаикзаби ритIула, гьев Дир лагъасда Къиямасеб къо чIезегIан гIелму малъеян. Гьев чи Къиямасеб къо чIедал тIадеги вахъунила кинабго жо рагIа-ракьанде щун лъалев гIалимчилъун»,- абураб. Гьесул киса-кирего гIемерал гьалбал ва гьудулзаби рукIана жал гIелмуялда тIад чIарал: гьездаса ккола Алмахъалдаса ГIабдурашид, ТIухьитIаса Давуд, Абу Муслим, ГIумарил МухIаммад, Сасикьа ХIайбуллагь, ХIусен, Игьалиса Тажудин ва гIемерал цогидал. Гьесул жиндиргоги гIемерал лъугьа-бахъинал руго гIадамал гIажаиблъизарулел. ЦIакъ гIемерал кагътал руго гьесул бакI-бакIазде хъварал, гьесул гIелмуялъул бичIчIиги гъварилъиги бихьизабулел. Живго Мусаги вукIун вуго цIакъ баракат бугев жиндаса гIадамазе лъикIлъи щолев чи. Гьесул бицунаго цо гьадинаб гIажаибаб къиса бицинчIого тIубаларо.


Муса кидаго жиндирго лъималазул кинаб гьудул-гьалмагълъи бугебали, гьезул иш пиша цIехолев вукIунаанила. Цо нухалъ кIудияв васасухъе СалахI-хъутаналде (гьанжесеб Сивухъ росу бугеб бакI) щварав мехалъ гьес цIехола цадахъ хIалтIулел чагIи щал ругелилан. (Дов вас хIалтIулев вукIана Хасавюрталъул водорайоналда). Жинда цадахъ Умалатов ХIусен абулев лъарагI миллаталъул чи вугинха хIалтIулев абун васас абидал Мусаца досул иш-пиша цIехон буго.  Васас жаваб гьабун буго дагьабго жоги гьекъолев, гьекъедал хъизаналъеги хъачIав чи вугинхаян.  Муса ургъула щибдай гьабилаян, гьединав чиясда цадахъ тани васги гIадада хвезе бегьулин, хIалтIудаса нахъе вачани, цойги хIалтIи щвезеги захIмат букIинин абун.  Мусал хIукму ккана Хусенилгун лъай-хъвай гьабизе, гьевги рокъове ахIун.  Хабар-кIалалда рукIаго ХIусеница бицуна жал лъабго васги цо ясги эбелалъ хьихьун гIунин   гьитIинго эменги хванилан. Мусалги ХIусенилги цIакъ берцинаб гара-чIвари ккана ва гьеб сордо   кIиясго харбида рогьана.  Жеги гьединаб насихIат ва малъа-хъваял щун рукIинчIев ХIусеница тавбуги гьабун дин-ислам ккола ва гьелдаса нахъе киданиги квешал пишаби-гIамалал гьаричIо. Гьес кинабго исламалъул аслаби мухIканго лъазарула тIарикъаталъул устарзабазда аскIов гIунтIула гIалимзаби хирияв чилъун лъугьуна. ХIусен живго вукIана ресалда вугев чи ва цIакъ садакъа гIемерав, савахатав чиги вукIана.  Мусалги гьесулги унго-унгояб Аллагьасе гIололъун бугеб вацлъи лъугьана. ХIусеница гьесда Аци-ян абулаан.ХIусение тIатIалаго ункъабилейги яс гьаюрай мехалъ Мусаца махсараде гIадин гьесда гьикъун буго мун цощина ясал гьарунилан чIужуялда рекIекълъунцин вугищилан.  ХIусеница жаваб кьола Аллагьас кьуралда рази вугин живилан, амма, битIараб бицани, васасухъги урхъун вугинхаян.  Мусаца гьесда абула, гьедин батани дуца тIаде босейин, Аллагьасда цебе, вас гьавуравго Авараг (с.гIс.) вецун мавлид гьабизе ва гIуравго васасда Исламияб динги малъизе. ХIусеница гьединаб ниятги гьабун гьеб щулалъиялъеги ахIула мавлид. Гьоркьор сонал иналде ХIусение гьавула вас. Гьесда цIарги ИсмагIил лъола, ва къотIиялда рекъараб мавлидги ахIула. КIиго сон баралдаса нахъе ИсмагIил инсуца гIелму малъизе Хасавюрталда чIарав гIалимчи ГIаркьухъа Дарбишил МухIамадихъе кьола. (Гьев дол лъарагIазул лъималаз абав- эмен абун Абав абураб цIаралда машгьурлъана). Гьелдаса хадурги ХIусение кIиго вас ва ункъо яс гьаруна. ТIадеги ХIусеница эбел-эмен хун хутIарал азербажаназул кIиго васги вачана хьихьизе. Гьел киназего исламияб тарбияги кьуна, ва чидалъе рахъинаруна. Гьев кIиявго васасул чIаголъиялда Астраханалда бугеб МахIмуд-афандиясул (къ.с.) зиярат къачIан буго ва сверухъе гIемерал хIалтIабиги гьарун руго, аскIобго мажгитги бан буго. Аллагь разилъайги эл киназдасаго.  Жакъаги ХIусенил лъимал цIакъ берцинаб яшавалда ва вацлъиялда руго.


***


Муса вукIун вуго жинца тIаде босараб иш щиб гьабунги тIубазабизе яхI бахъулев, бусурманчиясул къваригIел тIубазе хIадурарав чи. Киса-кибего сверухълъиялда гьесул цIар маслихIатчи гIадин тIибитIун букIана. ЦIакъ гIемерал мисалал ва биценал руго гьес рекъел гьабиялъул.  Гьесул кIудияб гьунар букIана исламалде гIадамал ахIиялъе, мисалаздалъун харбидалъун гIадан мукIур гьавизе. Гьес исламалде ахIарал гIадамазул наслаби жакъа къоялъги цере руго, жидеца боцIудалъун ва бажарараб жоялдалъун кIвараб пайда дин цебетIеялъе гьабулеб.


Накълулъи


1968 абилеб соналъ тIоцебе чорхолъ унти речIчIарабго Муса ТIаса Гъазданушиве Сайфуллагь-къади (къ.с.) вукъарав хабалалъе ун жиндиего хобалъе бакIги хIадурун, зани босизе гьоболасухъе гIарацги кьун, ЧIикIаб ГЭС балеб бакIалда хIалтIулев вас Расулида аскIове вачIуна ва гьенибго бугеб больницаялда вегизавула. I5-абилеб июналда вегун вукIадго гьес палатаялда ругел бихьиналги ракIарун мавлид гьабула. Гьелдаса хадуб давление борхун лъугьана гьев.  Муса чIечIого «Аллагь, Аллагь» бачунев вукIана. Гьений йикIарай тохтуралъ давление борцинегIан вуцIцIаян абидал Мусаца аскIор рукIараздехун абула гьалда лъалищали цо ракIалъ зикру бачинилан. Гьеб мехалъ дой тохтуралъ абун буго: «Рот уговорила молчать, а теперь само сердце кричит «Аллах, Аллах»,- илан. Дагь-дагь ккун унти цIикIкIине лъугьиндал Муса васас рокъове вачана жиндирго бакIалде. Унтун лъабабилеб къоялъ гьесде ваккизе вачIана КъахIиса МухIаммад-ГIариф-афанди (къ.с.). КъутIбуяс аскIовеги вачIун Мусал кверги босун салам кьуна, асул гIамал хисичIо, кIиабизеги кьуна- хисичIо, лъабабизеги кьедал Мусаца берал рагьана ва загIипабго гьаракьалъ салам буссинабуна. Цинги МухIаммад-ГIариф-афандияс (къ.с.) лъикIаланго жо цIалана дугIа гьабуна ва пашманго унтарасухъги валагьун, къваридаб ракIгун къватIиве лъугьун ана.  Гьев ун гIемер мехго бахъилелде Мусал рухI босана.

Чурун-вухьун лъугIидал Муса къасиялде Буйнакскиялъул мажгиталде восана. Хабар лъазабунцин букIинчIониги рогьалилъ цудунго МахIачхъалаялдаса тIаде щвана МухIаммад-ГIариф-афандиги (къ.с.).  Гьес бачIинахъего Мусал рекIеда тIад кверги лъун лъабго нухалъ тIаде цун - биччан гьабуна.   КъутIбу дугIаги гьабун тIаде вахъиндал аскIор рукIаразги гьабуна гьедин ва киназего якъинлъана ракIалда сверухъ рокьогIанасеб бакI бухIадго бугеблъи ва ракIги хIалтIулеб бугеблъи. Цо-цояз абулеб букIана Муса хун гьечIилан. Гьеб мехалде тIаде щварав Инхоса ГIабдулхIамид-афандияс (къ.с.) абуна «Нижерал гьадин хола», -ян ва тIадеги жубана рекIел зикруялда даимлъараб Мусал ракI жеги хабалъги гIезегIан заманаялъ Алллагь, Аллагь бачунеб букIине бугин, живго эв накълулъун вугин, вукъизе гIамал гьабеян.  Муса вукъана 1968 абилеб соналъул I8 абилеб июналда, ТIаса Гъазданущив Сайфуллагь-Къадиясда (къ.с.) гIагарда.  Гьев гьенив вукъиялъулги буго гьадинаб бицен. Хвалиде гIагарлъарав Мусада дов ХIусеница абун буго мун ТIаса Гъазданущив вукъизе щвей цIакъ захIматаб суал бугилан, щибдай гьабилаян. Мусаца абун буго ХIусенида жив хварав къоялъ мун хвайин. «БичIчIана, аци!»,- ян абун буго ХIусеница. Ва кигIанги квал-квалал кканиги ХIусенил лебаллъиялъ ва хIаракаталъ Муса дол хабзалалъ вукъизе виччан вуго. Гьебго къоялъ Мусал хъизамалъеги бакI ккун букIун буго аскIобго. Амма лъималаз гьарун долъ росулъ юкъеян абун буго. Доб бухъун букIараб хабалъ ХIусен вукъун вуго Мусада аскIов.


Гьадинаб гIажаибаб ва лъугьа-бахъиназул цIураб гIумру букIун баго бищунго нилъер халкъазе захIматал соназда гIумру гьабурав, Аллагь жиндаса разилъаяв, нилъее баракат щваяв камилав мурид ИчичIалиса Мусал.


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook