Авторизация

Жиссин росу

Шамалда бугеб магIарул Жиссин (جصين) росдал цIаралъул магIна лъазе кIвечIо.

Росу буго гохIккелал ругеб мухъалда, кIудиял берцинал оазисаз цIураб бакIалда, ХIама шагьаралдаса 30 километралъ бакъбаккудехун, Саламия шагьаралда аскIоб (Димашкъалдаса 270 км).

Росдал кьучI лъун букIун буго 1909 соналда. Архивалъул баяназда рекъон, 1907-б соналда Акнада росулъа чанго магIарулав – Мустапа, МухIамад, ГIабдулатIип, МахIмуд ва гь.ц. росу тун ун руго  ГIусманиязул империялде, хIаж борхине мурадалда. Гьелде тIаде Шамалда Багьавудин ГIалиевас ракIарана цогидал баянал, гьезул наслялъул чагIигун дандчIван. МухIамад Абубакар Авари абурав чияс бицухъе, гьеб къокъаялъул цевехъанлъун вукIанила ГIалил Мустапа, 1841 с.гь. ва жив Шамалде щвейгун хварав. Гьесда цадахъ къватIире рахъун рукIана Мустапал чIужу – Марзият, бицунесул эмен – Абубакар, гьесул вацал МухIамад (1878 с.гь.), ГIабдурахIман ва СагIид (1880-1941 сс.), яц ПатIимат ва гьелъул яс, жиндир вукIинесев рос ГIабдулатIипгун (1878-1955 сс.), яц БатIина рос ГIалидибиргун ва вас МухIамадгун (1892-1973 сс.). Гьеб къокъа Истанбулалдаса гамида рекIун щола Бейруталде 1907-б соналда. Хадур гьел гочана ХIама шагьаралде, мажгиталъул рагIалда бараб санагIалъи гьечIеб, хъошгIадаб минаялъуре. Гьениб кIиго соналъ гIумру гьабун, вабагIалъул унти тIибитIун, гьел гочине ккана цогидаб бакIалде. ГIусманиязул хIакимзабазда гьарун, гьезие бихьизабуна Шамалда цо чанго бакI. Гьез тIаса бищана жидее данде кколеб гIадаб бакI ва гьениб 1909-б соналда кьучI лъуна цIияб росдае. Гьел Жисин росдал кьучI лъурал акнадисезул наслу – 348 чи руго гьабсагIат (рагъ байбихьелелде) Шамалда гIумру гьабулел.

1935-б соналда парангазул хIакимзабаз (доб заманалъ Шам гьезда кодоб букIана) гьарурал цIех-рехазда рекъон Жиссиналда 30 цIараки букIана, гьелги киналго магIарулал. Шамалда 2004-б соналда тIобитIараб хъвай-хъвагIаялда («перепись») рекъон Жиссин росулъ гIумру гьабулел рукIана 49 хъизан, ялъуни 301 чи (149 бихьинчи ва 152 чIужугIадан).

ТIоцересел Жиссиналъе кьучI лъурал акнадисезде тIаде гочана чанго батIиял магIарул росабалъа чагIи – ТIиндиса, Сивухъа (баклъулазул), Анцухъа ва БахIикриса (Тум мухъалда бугеб, магIарулазул росу, гьанже гьел тумлъана). Мисалалъе, 1932-б соналда Гексун шагьаралдаса (Туркиялъ – Кагьраман-Мараш вилаят) Жисиналде гочана сивухъев МухIамаднур, Акнадаса чIужу ГьатIиматгун ва гьелъул вац Абубакаргун (гьев нахъвуссана). ТIинди росулъа 1918-б соналда Туркиялъе гочана ГIаличул Халил-хIажи. Гьев гочана Сивас вилаяталда бугеб Рашадие (СултIание) росулъе. Амма гьенив гьев хваравго, 1932-б соналда гьесул наслу гочун буго Шамалде ва Кунейтра шагьаралда Голан мугIрузда чIола. ИзрагIилалъул рагъ ккун хадуб, гьениса гочун гьел чIана ахиркъад Жиссин росулъ. Халил-хIажил 3 вас – ГIабдула, ГIаличу ва МухIамад ва гьезул хъизанал гIумру гьабизе хутIана Жиссиналда. Шамалда рагъ байбихьелелде Жиссиналда гIумру гьабулел рукIарал 40 хъизаналдаса гIемерисел рукIана магIарулал. Росдал бетIерлъун ккола ТIиндиса умумул гочарав АхIмад ГIалиасхIаб.1950-л соназдаса хадур Жиссиналъул магIарулал гочине байбихьана ХIама, ХIомс ва Димашкъ шагьаразде. Цо бутIа гочана Америкалъул Цолъарал Штатаздецин. Гьенир 1980-90-л соназда Нью-Джерси штаталъул Патерсон шагьаралда гIумру гьабизе рахъана Жиссиналадса 5 хъизан (ХIасан, АхIмад, МухIамад, Камал ва ЙахIйа Авари). СагIудиязул ГIарабустаналда буго жеги 5 хъизан (ТIарекъ Нажмудин Авари, МахIмуд ГIали Тугъач, Нидал АхIмад ШагIабан, ХIажи АхIмад ШагIабан, ГIиссам МухIамаднур ШагIабан).

Сивухъа ШугIайбил тухум (5 хъизан) гочана Димашкъалде (Акрад авал). Цо чанго хъизан гочана Априкъалъул ва ГIагараб Азиялъул хIукуматазде – Либан (Мажид ГIумар Авари, ГIисам ХIасан Нувейр), Жазаир/Алжир (Иман МухIамаднур ШагIабан), Къувейт (ТIарекъ ХIасан Нувейр), Цолъарал ГIарабазул Амиратал (ГIабдулнасир ХIасан Нувейр), Либия (БадигIат Авари, Манал МухIамад-Рашад Авари). Жисиналъул цо бутIа магIарулазул гочана дагъистаниязул цогидаб росулъеги (ХIомс вилаяталъул Дейр-пул). Цо чанго хъизан гочана ГIурус ракьалдеги (Маскавалде) – ГIайман МухIамад Авари.

Жиссиналъул магIарулазда гьоркьор Шамалда  машгьурлъана: Нажмудин МухIамад Авари (1936 с.гь.). Димашкъалъул университеталъул юридикияб пакултет лъугIизабуна, вахъана хасаб хъулухъалъул полковникасул даражаялде. ВукIана цеве экстремистазде данде къеркьолеб рикьиялъул нухмалъулевлъун, рагъулав прокурорасул хисулевлъун.

ГьабсагIат адвокатлъун хIалтIулев вуго Димашкъалда. Парукъ МухIамад Авари (1940 с.гь.) – Димашкъалда бугеб тамахьодул карханаялъул бетIерасул хисулев. Бадрудин МухIамад Авари (1946 с.гь.) – Димашкъалъул аэропорталъул хIинкъигьечIолъиялъул хулухъалъул бетIерасул хисулев. Гьев вуго Шамалда ругел магIарулазул нухмалъулезул цояв. ГIабдулла МухIамад Авари (1950 с.гь.) Сириялъул  Рагъулал Гьавадул ХIалазул полковник, рагъулаб авиабазалъул бетIер. ГIумру гьабулев вуго Димашкъалда.

Жиссиналда гIадамал хурбекьиялда ва гIи-боцIи хьихьиялда тIад чIун руго. Цо-цо хъизанал кваналеб цIам бахъиялъул ишалдаги рукIана. Цо-цо лъим бахъизе рухъарал гвендаздаса бачIине байбихьун букIана цIамхIалаб лъим. Гьеб гьализабун бахъизе байбихьана цIам. ХХ-б гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда Жиссиналъул гIадамал  хIукуматалъул хъулухъалда, армиялда, диванханаялда, полициялда хIалтIизе байбихьана.


Автор: Маркъо Шунилазул

Баяналъул кьучI: Журнал "МагIарухъ". №1. 2014 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook