Авторизация

КIиго гIабурикIасул кечI (Кьанада Колоса ГIолав ва Бакъазул ГIабдулмажид)

ХХ абилеб гIасруялъул байбихьуда Бакъдалаб МагIарухъ цIакъго тIибитIун букIана гIабурикIазул хIаракат. Цо-цо гьелъул церехъабазе гьарун рукIана кучIдул. Гьезда гьоркьоса рукIана гьанжесеб ЛъаратIа районалъул Кьанада мухъалъул Колоб росулъа ГIолав абурав чиги, Закатала мухъалъул Лъебел-уба росулъа Бакъаязул ГIабдулмажидги. Колоса ГIолав абулев чи рехсолев вуго машгьурав шагIир ТIелекьа Этил ГIалица Анцухъа МахIад абурав бахIарчиясде гьабураб кочIолъги:

«…ГIурухъ чундул тIурулеб,

Чараб гъалбацI гIадинав.

Анцухъа МахIад чIвайдал

ЧIвараб Анкьаракьалъул сси.

Унго вахъулевани,

Хунзахъа ХIажимурад,

Анцухъдерил МахIадгун,

Гьесул гьудул ГIолавгун,

ГIурусалгун вагъизе…»

Гьеб халатаб Этил ГIалица МахIадиде гьабураб кочIолъ дандчIвалеб буго Колоса ГIоласул цIарги. Нилъеца жакъа бицине буго гьесул къисматалдаса щварал баяназул ва дол гьалдолел къоязул цо-цо лахIзатазул.

Къокъаб ШаригIаталъул заманалда гъазаваталъул нухда ахиралда борхараб хвалчен бортун хадуб ЦIоралъул ва Анкьаракьалъул рохьазда хутIана жеги цIияб пачалихъалъеги мутIигIлъичIел, цере бацIцIадаб нияталда Аллагьасул нухда рагъулел рукIарал, рагъ тун щибниги батIияб иш гьабизе ругьунлъичIел лебалал рагъухъаби, гIужилал кьвагьдохъаби, бахIарзал. Гьезда абула «гIабурикIал» - инги, «хъачагъал» -инги. «ГIабурикIал» руго къадру цIунарал, гIаданлъиялъул гIурхъи бахунарел, загIипазда зулму гьабуларел, бечедал, халкъалъул гъийн кунездаса бахъун рес гьечIезе кьолел чагIи, амма гьезул ишги гъачагъазулго гIадин законалда данде кколаро. Хъачагъ вуго бечелъи мискинлъиялъухъ балагьичIого бокьараб хIалихьалъи гьабун жиндиего санагIалъи гьабулев чи. Абизе бегьула Кавказалъул рагъул заманалдаса нахъе гьеб сверанин лъабго батIияб къагIидаялдеян: гъазават, гIабурикIлъи ва гъачагълъи. Гьаниб бицине буго тIадехун рехсарав ГIоласул ва ГIабдулмажидил ишазул. Гьел киназда гъорлъе кколел абураб суалалъе жаваб балагьулеб гьечIо гьаниб. Гьелда хурхун щивасул букIине рес буго жиндирго пикру. ХХ абилеб гIасруялъул байбихьуда ЦIоралъул рохьазда цIакъ тIибитIун букIана гьеб гIабурикIлъи ва гъачагълъи. Бищунго кIудияб къокъа букIанин абизе бегьула Закатала мухъалъул Лъебелубануса Бакъаязул ГIабдулмажидил. Гьев ГIабдулмажид цевехун, 1918-20 абилел соназда вукIун вуго Закаталаялъул лъелазул полкалъул офицерлъун. 1922 абилеб соналъ гьесул къокъаялъ гьабун буго чанго вахIшияб такъсир – чIвай-хъвеял ва тIадекIанцIиял. Ках мухъалъул Халилбегил рохь абураб бакIалда гьесул къокъаялъ чIвала кIиго багIарармиялъулал, Мухах росулъ бухIула цо коммунистасул мина, аскIоб бугеб Загамалда чIвала росдал советалъул председатель. ГIабдулмажидил къокъаялъ битIахъе сири базабула цIияб тIалъиялъул чагIазда ва сверухъ ругел росабазда. Гьесул къокъа бахчун букIана КIатIихъ жаниблъиялда ругел рохьазда.

ТIалъиялъул чагIаз чанго хIалбихьи гьабула гьеб къокъа гъуризеян хIасил кьоларо. Цо багIаразе кумек гьабурав Гуммет абурав чиясул рукъ бухIизеян хъачагъал лъугьарабго хIалбихьула гьел кквезе. Кинабго Къабахъчоли росу сверун ккола милициялъ ва ЧКялъ. Цоявги ккун, къокъаялдаса кIиго чиги чIван лъутун рорчIула рохьазде ГIабдулмажидил къокъа. Гьел рохьазда ругел цIияб властгун рагъулел къокъабазул гIемерисез квербакъула хадур 1930 абилеб соналъул восстаниялъе. Гьезул 7 къокъаялъул магIарулазул рукIана лъабгоял: Бакъал ГIабдулмажидгун вукIана 3 чи, чекистазул баяналда рекъон, Къабахъчолиялдаса Рамазанил МухIамадил нухмалъиялда гъоркь 5 чи, Талануса ГIуманил ХIасанил нухмалъиялда вукIана 3 чи.

Рохьоре унезул кьерал кколел рукIана аслияб къагIидаялъ пачалихъалъул репрессиязде гъоркье ккарал чагIаз. Гьел репрессиязда гъоркье ккараздаса цояллъун рукIана Лъебеубануса Бакъаязул тухумги, гьел машгьурал лъугьа-бахъинал ккезагIан цереги, хадурги. ЦохIо 1937 абилеб соналъул 1 сентябралда чIван рукIана гьезул лъабго чи: Бакъаязул ГIали (76 сон барав хIажичи), Бакъаязул МухIамадил Нажмудин (24 сон барав гIолохъанчи) ва Бакъаязул Билалил ГIумахан (25 сон, хIажичи).

Гьевго Бакъаязул ГIабдулмажидил заманалда рохьазда терелев чи вукIун вуго Колоса ГIолавги. Гьесулгун пачалихъалъул щиб дандеккунгутIи букIарабали мухIканго лъаларо. Лъала ГIолавгун ГIабдулмажидил бухьен букIинги туснахъалда цадахъ рукIинги. Гьеб гьоркьоблъи ва заман бихьизабулеб кечI буго гъоркьехун бахъулеб:


Кьондол кIкIалахъа ГIоласулин абулел рагIаби

… АхIулев рагIула ЛъаратIа щваян.

Унца вахъун ана вехе ЛъаратIе,

Данди чIван вегьана, чIваяв началникI.

- Ассаламу гIалайкум ЛъаратIа наиб!

Гьале дун дов ГIолав, щиб дуй хIажатаб?

- ВагIалайкум салам, ГIолав – бахIарчи!

Диени, ГIолав, мун къваригIун гьечIо,

ЧIарахъ началникIас кагътал регьана,

Улкаби кваналев квешав чийилан.

Унца вахъун ана ЧIарахъ хъаладухъ

Ассалам гIалайкум, ЧIарлъул началникI!

ВагIалайкум салам, ГIолав – багьадур!

- Мун цIогьор ватила, рештIа чодаса,

Мун хъумур ватила, бахъе гьаб ярагъ.

- РештIине рекIараб чуги дир гьечIо,

Бичизе тIад бараб ярагъги гьечIо.

Дунги, беле, вуго магIарул ГIолав,

Нухаялде ине сапар бухьарав.

Шагьра къварилъана, къоринив ккана,

Гьезул чи гIемерлъун, чу бахъун ана,

Гьезул кумек цIикIун ярагъ хIулана.

-Ассаламу гIалайкум, Бакъазул Мажид,

-ВагIалайкум салам, тIинав бахIарчи,

ГIенекке, ле Мажид, диргу бицизе:

Дие къотIун буго абади симир [1].

Ине хутIун буго цохIо анлъго къо.

-ГIенеккеха, ГIолав, дирги бицине,

Дийги къотIун буго абади симир.

Инзе хутIун буго цохIо щуго къо.

Бехе Даначидул чIахIаял рохьдил.

Дица чу бухьичIеб гъветIгу бугудай?

Эхеди Къабагъчол, гъаб ГIалиабад.

Дилъа бохгу чIечIаб хергу бугудай?

Къаси ургъун руго эниса лъутзи:

Гъарсалъул гъапуял малид гъурана.

РохIатал жабурал махъи тIамуна.

Аллагьги кьоровккун бахъараб къотIи,

Нилъ кIияв хваниги, хвезе бегьлару…


Гьаб кочIолъ рехсолеб лъугьа-бахъиналъул буго халатаб къиса. «Мажидги ГIолавги ЧIар хъаладухъа лъутула, къедалдаса кIанцIарав Бакъазул Мажидил хIетIе бекула, ГIолас гьев гьениса рохьове хъамула, живго теян гIемер Мажидица гьараниги. Гьел кквезе абун хадур лъугьарал милициялъ гъотIода бахъараб цийилан ккун, мадугьаласул гъотIодаги вахъун цIибил кваналев Чомо ГIумар абурав чи чIван рехула, - ян абуна Марияница. Гьел Чомоял руго МацIихъ росулъ ругел «НодочI» тухумалъул гIадамал»- ин хъвалеб буго мунагьал чураяв Къамилухъа ГIумаров МухIамадица. Гьел баянал кьурай Мариянида гьал кескал гурони, тIокIаб лъалеб батичIо. Гьевго ГIумаровас Бакъазул ГIабдулмажидиде рухьинарула гьал рагIабиги:

ЧIалгIараб чIалгIиналъ чIелареб лугъат,

ЛавхIалъул хъоршода хъвайги зикралъул.

Расуласул кодоб къалам гIадинаб

ГIемер кодоб ккураб цебе берданка

ЧIухIал таватазул чуялги рекIун

ЧамцIулги чункараб гьаб КIатIихъ улка.

Цо дагьалъ цеве ДГУ-ялъул студентаз бакIарараб полклоралъул пондалде ваккидал дида талихIалъ батана 1971-б соналъул июл моцIалъ Закатала мухъалда ракIарал кучIдул. Гьебги гьабун букIун буго нилъеда киназдаго гьабсагIат Миллатазул ишазул назирасул хисулев хIисабалда лъалев Зикрула Илясовас. Щиб росулъ лъаларо, гьесда ватун вуго лъикIаланго кучIдул ва халкъияб полклор лъалев ГIисаев ЙахIйал МаллагIиса, 1929 соналъ гьавурав, ва гьесул кIалдисан хъван буго «ГIоласул кечI». Гьесие ракI-ракIалъ баркалаги кьолаго, дица гьаб кечI «Миллат» газета цIалулезда цебе лъолеб буго.


ГIоласул кечI

ГIенекке гIадамал, хабар гьабизин,

Дида бихьанщинаб нужей бицинин.

РекIел гъварилъиялъ бицунеб гуро,

Агъдасгинав ГIарас [2], чIухIрал шагьарал!

Дун жанив сверичIеб шагьар киб бугеб?

Дица чу бичичIеб базар бугебдай?

Элдарил рохьазда [3] дун свердарана

Самалъул улкаби [4] дица чункана.

Эниб Къурелил [5] кинго ракI гъечIо.

Бакъул гурхIел цIакъаб ЦIоралъул тIино.

ЧIухIал таватазул [6] ракIал чурулеб.

Нухаялде [7] инзе сапарги бухьун,

Элдарил чолонив дун щвараб мехалъ,

Данде вачIун щвана Къахлъул [8] бегавул:

- Ассалам гIалайкум, тIинав чодулав,

- ВагIалайкум салам, Къахлъул бегавул.

- Нухаялде унеб, нух кисан бугеб?

- Нухаялде унеб, нухги гьаб гуро,

ВитIарав чи унеб доб сапархана [9].

Мун квешав чи ватла, рещтIа чодаса.

Мун цIогьор ватила, биче гьеб ярагъ.

- ГIенекке, янгилав [10], дица бицизин:

Чу дуца бахъизе рекIараб гуро.

Ярагъ дуц бичизе борчараб гуро.

Бисмиллагьги цIалун, ханжар бахъана,

Салаватги битIун, цоясда бана.

Дагьаб нахъеги цIан, нухги биччана.

Цо верстул манзилалъ дун щвараб мехалъ,

Цо гьаракь борхана, эл ингилазул.

Кисан щварав лъачIо, лъеберго гIелав [11].

 Эзул чи гIемерлъун, чуги бахъана,

Эзул кумак цIикIкIун, ярагъ бахъана.

Бахъулареяб махх бохдуздаги лъун,

Гамбадул [12] кварица квералги рухьун,

Лъабго хъаравулал цадахъги гьарун,

ВитIун виччан тана ЧIар-хъалаялде [13]

Вачумун тIамуна, туснахъ рукъове.

Къваридаб бакIалда кIиго моцI байдал,

Горда гIодов чIана, чIваяв началникI:

- ГIенеккея, ГIолав, дица бицинин

Дуе къотIун буго окружной Сибир.

ГIаладул рахь къолеб, къоркъол гьан кунеб,

Дуе хутIун буго щуго къол вагIза.

Дур вихьизе карав гIаданищ вугев?

Дур ритIизе карал кагъталищ ругел?

- ГIенекке, началникI, дица бицинин:

Дир вихьизе карав гIаданги гьечIо,

Дир ритIизе карал кагъталги гьечIо.

Дуца Сибир гьавун, ГIолав иневдай?

Бичас хъван батани инеги ккела.

ГIодор малал тункун тIаде вахъана,

КIулачияв [14] вачIун нуцIа рагьана.

Вачун дун тIамуна хъарсалда жанив,

Гьенивги ватана Гулухсав Мажит [15].

- Ассалам гIалайкум, Гулухса Мажит,

- ВагIалайкум салам, багьадур ГIолав.

- ГIенеккея, Мажит, дица бицинин,

Гьабизе ккун буго кIиясго гIакълу.

Рахъизе ккун руго туснахъ рокъоса.

- ГIенеккея, ГIолав, дица бицинин,

ГIакълу кин гьабилеб кIиго гъаримас?

ЛахIтугIадин къараб, хобгIадин бецIаб

Хъарсалъул рокъор нилъ ругеб мехалда?

Квердаса канарча [16] сунца къотIилеб?

Бохдуздаса маххал сунца ричIилел?

Хъарсалъул нуцIабал сунца рагьилел?

КIудаб жабурихъан нух кин бахъилеб?

- ГIенеккея, Мажит, дица бицинин:

Квердаса канарч кьурумун тIуна,

Бохдуздаса маххал ресалъ [17] ричIана,

Маххулал нуцIабал заруд тункана.

КIудаб жабурихъан [18] нух кIанцIун бахъна.

- ВачIая ле, Мажит, щай вачIунарев?

Хъарсалъулго рукъоб бахъараб къотIи,

Гьаниб хвезин бицун, бахъун букIинчIо.

ВачIая ле, Мажит, щай вачIунарев?

- ХIетIе бекун буго, хIал дагьлъун буго.

Хварав дихъ балагьун, мун хвезе чIоге!

 Нухги битIайги дуй, цIакъав багьадур.

- Хъарсалъулго рокъоб бахъараб къотIи,

Гьанир хвезе бицун, бахъун букIинчIин,

ВачIая ле, Мажит, дирго мугъалде.

Низамул зурма пун дастабил ахIун,

Езил къали кIатIун, чабхъен гьабуна.

Дов Чопос-ГIумарил [19] чинал малъидал,

Чапарханаялде дунугъ [20] цIикIкIана,

БуцIа, кечI ва жергъен, тIокIаб ахIларо.


БАЯНАЛ:

1. Абадиялъ, ай даим Сибиралде витIулев вугин.

2. Гьал рагIабазул магIна бичIчIизе кIвечIо.

3. Элдарил рохьал – Кор, Къарби ва Алазан журалеб бакIалда кIкIалабахъ бижулеб букIараб ризаб рохь.

4. Гьебго Элдар абараб бакIалда аскIоб букIараб гьитIинабго улка-ракь – Самухъ жинда абулеб ва падаразул цо чанго росдал жамагIатаздасан жиб гIуцIараб.

5. Къурелиб (гIурус. – Кварели) – гуржиязул кIудияб росу, гьанже шагьар.

6. Таватал – гуржиязул бечедал рагIибилъунел чагIи.

7. Нуха – Азарбижаналда бугеб шагьар, гьанже Шеки-йилан абун лъалеб.

8. Къах – Анкьракьалда КахIиб росдада ва мухъалда абулеб букIараб цIаралъул къагIида. Гьанже гьеб ккола Азарбижан хIукуматалъул КахIиб мухъалъул (Кахский район) тахбакI.

9. Гьаказул нух.

10. Янгилал (гIурус. – «ингоилойцы») – Закатала, Билкуан ва КахIиб мухъазда гIумру гьабулел бакIалъул хъузхъул (гуржиял). Гьел гIемерисел бусурбаби ккола.

11. ГIелав – гIадлу цIунизе тарав чи, «полицейский» магIнаялда хIалтIизабулеб букIана цебехун гьеб рагIи магIарулаца.

12. Габанидул.

13. ЧIар-хъала – Закатала шагьаралда тIасияб рахъалда бугеб, гIурусаз 1830-б соналда бараб хъала ва гьениб жаниб букIараб туснахъ.

14. КIулал жиндихъ цIунулев чи.

15. Гулух (Чинихъ) – магIарулал цере жанир рукIараб росу (гьанже гьел киналго падарлъана), гьев Мажитги магIарулав вугевлъи бихьулеб буго нилъеда. Гьеб гьабсагIат буго КахIиб мухъалъул бакътIерхьуда, Закатала мухъалъулгун гIорхъода.

16. Кверда ралел маххал (гIурус. – «наручники»).

17. Рес – гамачI, гьецIо.

18. Жабур – ганчIил къед, жиб хъалаялда, гьиналда ва цогидал минабазда сверухъ балеб.

19. КъабахчIолиб росулъ буго кIудияб тухум Чопосал абулеб. Гьезул кьибилалъул чи ватизе вуго гьевги.

20. ГIарац.


Автор: ШагIбан ХIапизов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook