Авторизация

ТIасияб Жунгуталдаса Аюб-къади (1783-1856)

ХIХ гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда Дагъистаналъул интеллигенциялда гьоркьов лъикIаланго машгьурав вукIана гIалимчи, жамгIияв хIаракатчи ва шагIир Аюб-къади ал-Жунгути. ГIелмиябгун популярияб  адабияталда батIи-батIияб къагIидаялда кьун батула гьесул цIар: шайих Аюб ал-Жунгути ас-Сугъра, Ал-къади Аюб ал-Жунгути, Аюб Гъази Жунгути, Аюб Дагъистани ва гь. ц.

Аюб-къади гьавураб ва гIураб ТIасияб Жунгут росу сверухълъиялда машгьураб букIана жаниб лъикIаб гIелмияб гьава бугеб, гъваридаб лъаялъул гIалимзабаз гIумру гьабулеб, гIараб гIелмабаздасан камилаб лъай кьолеб мадраса хIалтIулеб бакI хIисабалда. Гьелъие нугIлъи гьабула, масала, гьеб мадрасаялда магIарул адабияталъул классик, шагIир Ругъжаса Элдарилав, машгьурав гIалимчи ва педагог гьидерил жамагIаталъул ТIидиб росулъа Хандиев МухIамад гIадал цIар рагIарал гIадамал гьенир цIалулел рукIиналъ.

Гьеб гуребги жунгутдерил жамагIаталда жаниса раккарал гIалимзабазул ва цIаларал чагIазул цо-цоязул нахъе хутIарал цIаразги гьезул ирсалъги бихьизабулеб буго гьениб букIараб гIелмиябгун динияб гIумруялъул даража. Жеги ХYIII гIасруялдаго гIелмияб агьлуялда гьоркьоб лъалеб букIана Жунгуталдаса ХIажимухIамадил Дайитбегил Сулейманил вас МалламухIамадил цIар (тIокIцIар Баги). Гьесул хIакъалъулъ нахъе хутIарал баянал цIакъго мукъсанал ругониги, амма тарихалда хутIун буго хIужа гьес I742 (II63) соналда машгьурав гIалимчи ал-Гъазалил «Мингьадж ал-ГIабидин» абураб тIехь цIидасан хъван букIараблъи.

ХIХ гIасруялда ТIасияб Жунгут росулъа рахъана гьал хадусел гIалимзабиги цIаларал чагIиги: Аюб-къади, ХIамзат-къади, МухIамадмирзал вас МухIамад-къади, Чичил МухIамал вас КIудияв Алдан-къади, Алданил вас Дада-къади, Щалай МухIамадил вас Албури-къади,  Албурил вас Пайзула-къади, Пайзула-къадил вас Зайнудин-хIажияв.

Гьезул цоцоязул хIакъалъулъ баянал кьун руго Дургелиса Назирил «НузхIат ал-азхан фи тараджим гIуламагI Дагъистана» («Дагъистаналъул гIалимзабазул биографиябазулъ гIакълабазул лазат») ва ГIали Каяевасул «Тараджим-и гIулама-йи Дагъистан» («Дагъистаналъул гIалимзабазул биографияби») абурал машгьурал баянтIахьазда. Гьедин, Щалай МухIамадил вас Албурил-къадил хIакъалъулъ Дургелиса Назирица хъвалеб буго, гьев вукIанила ХIХ гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда гIелмабазулъ махщел бугев, мустахIикъав гIалимчи. Гьесго МухIамадмирзал вас МухIамадил хIакъалъулъ хъвалеб буго, гьев вукIанила лъай бугев, цIарарав гIалимчи. Гьесда кутакалда лъикI лъалаанила исламалъул къануназул гIелму — фикъхIи. Гьев вукIанила жиндир заманалъул цIакъго къиматав гIалимчи ва гьунар бугев инсан. Гьесул хIакъалъулъ шайих ГIали ас-СалтIияс хвалеб букIахъе, гьев вукIун вуго жиндирго хIалтIабиги рукIарав хIакъав гIалимчи.

ХХ гIасруялъул авалалда ва совет хIукуматалъул заманалда жунгутдерил гIелмияб ва рухIияб агьлуялъул вакилзабилъун рукIана ХIажи-МухIамад-къади, ГьитIинав Алдан-къади, Бадрудин-къади, Бунямин-хIажияв, Дибир МухIамад, ГIабдулмуъминил Измудин (ЦIаларав) ва цогидалги.

Жунгутдерил гIалимзабазда гьоркьоса Дагъистаналъул тарихалда жаниб гвангъараб лъалкI тарав, жиндир цIар машгьурлъарав гIалимчилъун ккола Аюб-къади. Гьесул гIумруялъул ва гIелмуялъул хIакъалъулъ мухIканал баянал хутIун гьечIо. Кодоре щварал хIужабазда ва биценазда рекъон, Аюб-къади гьавун вуго ХYIII гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда гъазигъумекдирил Къуркъли росулъа «тукку» абураб тухумалъул ТIасияб Жунгуталде гочарал вакилзабазул хъизамалда. ГьитIинго лъай-цIалиялде гъира букIарав гьесие гIараб гIелмабаздасан байбихьул лъай щун буго жиндирго росулъ рукIарал мугIалимзабаздаса, хадув цIалун вуго батIи-батIиял магIарул росабалъ, доб заманалда машгьурал гIалимзабазда цеве, гьезда гьоркьор ГьаракIуниса СагIидидаги ГIаймакиса МухIамад-Мирзадаги. ЛъикI лъалеб букIун буго гIараб, лъарагI, тюрк мацIал, бичIчIулеб букIун буго гIурусабги. Заманалдасан кьучIаб гIелмияб лъайги бажариги щварав Аюб-къадица, цин жиндирго росулъ, хадуб батIи-батIиял бакIазда гьабун буго дибирлъиги къадилъиги. Чанго соналъ гьев вукIун вуго Гъоркьияб Жунгуталда диванбеглъунги.

Заманалдасан жамагIаталда жанив Аюб-къади машгьурлъула гъваридаб лъай бугев факъихI, гIараб мацIалъул, мантIикъ гIелмуялъул устар, гьунар бугев адабиятчи хIисабалда. Гьесул букIун буго цIакъ берцинаб хатIги хъвай-хъвагIайги. Баянаб буго Аюб-къадица гIелмиял хIалтIаби хъвалел рукIараблъи. Аслияб куцалда гIалимчияс гьезулъ борхулеб суал букIана ислам диналде жанире рачIарал цIиял низамазул (бидгIабазул) тема. Аюб-къадил пикруялда рекъон, гьел бидгIабаз гьесул заманалъул тасавуф сверизабун букIана квешаб ишалдехун, исламалъул къануназде данде кколареб хIалалде. ГIалимчиясул гIелмиял асараздаса жакъа къоялде цохIого цо хIалтIи гурони щвечIо кодобе - «Ас-СавагIикъул илагьиййа ли ихIракъи агьли тIтIарикъатIи аш-шайтIаниййа» («ШайтIаналъул нух босарал рухIазе гIоло Аллагьасул пираби»). Гьениб гьес какулеб буго Шамилил имаматги, гьелъул цевехъанасул хIаракатги, магIарулаз гьабулеб гъазаватги. Гьединго баянаб буго 1845 соналда Аюб-къадица Ибн ал-ХIажарил «МинахI ал-Маккиййа фи шархI ал-ХIамзиййа» абураб тIехьги хъван букIараблъи.

 Хъварал хIалтIабиги гьабураб хIаракатги сабаблъун заманалдасан Аюб-къадил къадру цIикIкIуна гIурусазда цебе ва къимат борхула гьезул рахъ ккуразда жаниб, ва гьев лъугьуна гIурусазул рахъалда ругел дагъистаниязда, гIелмиябгун динияб агьлуялда гьоркьов гIемерго божи бугев чилъун.

 Аюб-къади гIадинал халкъалда жаниб рагIи билълъарал, къимат бугел гIалимзаби жиндирго рахъалде цIалаго, гIурус хIукуматалъул мурад букIана Дагъистаналъул гIадамал, гIалимзаби бакIалда гьабулеб политикаялда божизаризе, гьелъул рахъ кквезе гьел кантIизаризе. ГIурусаз хIаракат бахъулеб букIана жал ислам диналъул тушбаби гурилан абураб пикру гьезда гьоркьоб щула гьабизе, жидеца исламалъул лъайги культураги цIунизе хIаракат гьабулеб букIин, имам Шамилицаги гьесда хадур рилълъаразги абухъе, жал гьелъул тушбаби гурилан бичIчIизабизе.

1815-1816 соназда пачаясул администрациялъ Дербенталда рагьана мадраса (мадраса гIилмия) ва лъазабуна, гьеб букIин гIурусазда хадур рилълъарал Дагъистаналъул бусурбабазул лъимал цIализаризе, гьезда исламалъул культура босизабизе ва гьезда гьоркьоб гIелмаби тIиритIизаризе рагьараб идаралъун. Бицен гьабулеб заманалда Аюб-къадил лъикIаб гьоркьоблъи лъугьуна Дагъистаналъул сардар генерал П.А. Ермоловасулгун. Гьесул гьариялдалъун, Гъоркьияб Жунгуталда диванбеглъиги тун, Аюб-къади разилъула Дербенталъул мадрасаялъе бетIерлъиги гьабизе ва гьенир дарсалги кьезе. Гьеб хъулухъалъухъ гIурус администрациялъ гьесие лъагIалие цо къадар гIарцул харжги чIезабун букIуна.

ЦIияб ишалде лъугьарав Аюб-къадица тIолабго лъайги къуватги кьола бакIалъул халкъалда гьоркьоб лъай, гIелму тIибитIизабиялъе, хасго гIолохъанаб гIел цIализабиялъе. Гьедин, гьес гIурусазда гъоркь рукIаралщинал росабазул бутIрузухъе, старшинабазухъе ва цогидалги гIадамазухъе ритIула кагътал, лъай босизе ва гIелмаби цIализе гьелги гьезул лъималги ахIун. Гьениб гьес бицунеб букIана гIелму-лъаялъул къиматалъул, гьелъул бугеб пайдаялъул, ахIулеб букIана жиндихъе лъимал ритIеян, гьезда ислам дин малъизе, гьелъул асаралда гъоркь гьезие тарбия кьезе, гIараб гIелмаби ва адабият цIализабизе. Жидехъе кагътал ритIаразда гьоркьоса гIемерисез жаваб кьола гьесул ахIиялъе ва гьесухъе ритIула жидерго лъимал. Гьедин заманалдасан Аюб-къадида сверухъ бакIарула гьезул кIудияб къадар. ГIалимчияс кагътал ритIаразда гьоркьов вукIана гъазигъумекдирил Агълар-ханги. Гьесги жаваб кьола гIалимчиясул ахIиялъе ва гьесухъе витIула жиндирго вас ЖахIбар.

Аюб-къадица гIумру гьабулеб букIана Кураласа гIалимчи, шайих МухIаммад-апанди ал-Ярагъияс Дагъистаналда накъшубандияб тIарикъат тIибитIизабизе байбихьараб заманалда.  Гьеб мехалда, ай ХIХ гIасруялъул 20-абилел соназда гьев шайихасги гьесдаса тIарикъат босарав Жамалудин ал-Гъумукъиясги жигар бахъулеб букIана Дагъистаналда цIияб динияб чвахи тIибитIизабизе, гьелде гIадамал ахIизе, тIоцебесеб иргаялда заманалъул гIалимзабазда гьоркьоб гьеб тIибитIизабизе. Жунгуталдаса Аюб-къадиги вукIана Жамалудин ал-Гъумукъияс жидехъе кагътал хъварал машгьурал гIалимзабаздаса цояв. Амма гьес гьеб ахIиги къабул гьабуларо ва тIарикъатги босуларо.

Гьелдаса хадуб, ай ХIХ гIасруялъул 30-абилел соназда Дагъистаналда байбихьана гъазаватги загьирлъана гьелъул церехъабиги: Генуса ГъазимухIамад, ГьоцIалъа ХIамзат ва Генуса Шамил. Гьез абулеб букIана жал ругила шаригIаталъул имамзабийилан (ал-имам аш-шаргIиййа) ва  байбихьула гIадамал ахIизе шаргIалъул тIалабазда рекъон гIумру гьабизе ва гIурусазде данде гъазаваталде рахъине. «Жидер ахIиялъе жаваб кьечIел гьез рикIкIунаан капурзабилъун ва гьелгун рагъулаан мунапикъзабигун гIадин, гьезул гIумруялдаги, мал-мулкалдаги ва руччабаздаги тIад жидер ихтияр бугеб гIадин» (Дургелиса Назир).

Доб захIматаб, хIабургъараб заманалда Дагъистаналъул динияб агьлуялда жаниб гъазаваталъулги, гьелъул идеологиялъулги ва гьел гурел цогидалги суалазда тIасан ккола рекьел. МагIарулаз байбихьараб гъазаваталъул рахъ ккурал гIадин, гьелде данде чIаралги рукIана машгьурал гIалимзабиги диниял церехъабиги. Гьезда гьоркьор рукIана пачаясе хъулухъ гьабулел рукIаралги гьединго, пачаясул Россия бокьуларелги, амма Россиялде данде магIарулал рахъин гIакълу гьечIеб жолъун рикIкIунелги. Динияб агьлуялъул гьеб бутIаялъул бетIерал идеологаллъун церерахъана ГьаракIуниса СагIид, Яхсаялдаса Юсуп, Индиралдаса Мама-Киши, Ахтиялдаса Мирза-Гали, Дербенталдаса Мирза-ТIагьи. Гьезда гьоркьов вукIана ТIасияб Жунгуталдаса Аюб-къади.

Аюб-къади цевевахъана, имамзабазги гьезул устарзабазги, магIарул халкъалъул цIикIкIарасеб бутIаялъги жиндир рахъ ккураб, жал гIахьаллъараб гъазаваталде данде. Гьезул нухдасаги гьабулеб гъазаваталдасаги инкар гьабулаго, гьес гьеб кинабго нахъчIвалаан. Гъазаваталъул идеологалги церехъабиги гIалимчияс рикIкIунел рукIана дунялалда жалго кIодо гьаризе нигатгун церерахъарал, питна бекьулел мунапикъал гIадамаллъун. Гьес кутакалда бадибчIваял гьарулел рукIана гьезда, какулаан гьезул хIаракат: хIасил кколареб рагъ гьаби, бусурбаби чIвай, гьезул мал-мулкалда тIад кверлъей ва гьеб сабаблъун ццидахун гаргадулаан, хIинкъаби кьолаан гьезие.

Динияб гIелмуялъул, философиялъул, мантIикъалъул, балагъаталъул рагIи билълъарав устарлъун гуревги гьунар бугев шагIирлъунги вукIана Аюб-къади. Гьес шигIраби хъвалаан гIараб мацIалда. Жакъа къоялде баянаб буго гьесул лъабго асар: «Нилъер БетIергьанасул рахIматазе лъугIелищ бугеб, я ахIмакъ...» абураб къасидаги, «Аллагьасе рецц гьабун, лъугIизе тана...» абураб ГIаймакиса Абубакар-хIажиясул «Ал-Гьамзия» абураб къасидаялъе шигIрияб рецензия хIисабалда хъвараб назмуги, «Гьал чурхдузде жив балагьидал...» абураб философияб назмуги.

ТIасияб Жунгуталдаса Аюб-къади вукIана ХIХ гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда Дагъистаналъул тарихалда, жамг1ияб гIумруялда ва гIелмияб агьлуялда жанив загьирлъарав, жиндирго хасал пикрабигун, хIаракатгун ва гIелмиябгун динияб ирсгун  машгьурав гIалимчи ва инсан.


Автор: АхIмад МуртазагIалиев

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook