Авторизация

Ункъракьалъул тарихалдаса

ГIага-шагарго 13-го соналъ цебе силдисев АмирхIамзаца босун бачIана дие (Т. Айтберовасе) гьанжесеб магIарул алипалда (кириллица) магIарулалъ хъвараб тарих, жинда жаниб 1871 соналъ Ункъракьалда (ЦIумада районалъул тIасияб мухъ) ккарал лъугьа-бахъиназул бицунеб. Гьев Камилов абун памилия бугев бергьарав гIалимчияс бицана дида гъоб мехалъ: росулъила гьеб тарих цо чанго тIанчида гIажамалда хъвараб бугила, амма гьеб гIажам лъулъан басралъун, тIаде жоялъеги квешаб хатIалъ хъвараб бугелъулила жинцайила дуе гьаб кириллицалде сверизабун бачIанилан. Гьаб тIехь хъвазе нигат ккедал, нижеца – автораз – силдал рагъаризарун, гьезги АмирхIамза вагъаризавун гIемераб чIаголъи гьабуна гъоркьехун басма бахъулеб силдадерил тарихалъул гIажам кодобе бачIинабизе. Амма щиб гьабунги гьеб балагьун батизе кIвечIо, силдал гIемерго хIалтIаниги.

Тарих хъварав чи рагIула АсхIаб абун Шамил-имамасул нусил бетIерасул васасул вас. Гьев АсхIаб вукIанила 20-30-л соназда (XX гIасру) магIарулалъ хъвадарулев вукIарав чи. Росулъгоги жиндирго тухумалда жанибги гъол кьогIал, 1871 соналъ ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ рицунел харбалги ракIарун, кагътиде гьел лъунила силдисев АсхIабица. Гьелго лъугьа-бахъиназул, ай 1871 соналъ Ункъракьалда ккараб чIвай-хъвеялъулги силдадерица бараб рагъулги хIакъалъулъ, хъвана гIурус парчахIасул офицеразги. Гьез хъвараб тексталдаги АсхIабица хъвараб тексталдаги гьоркьоб гIемераб пархен буго, амма къимат лъей батIа-батIаго буго. 

 

Гьанжеялдаса лъабнусго соналъ цебе [ай XVI гIасруялда. БакътIерхьул] Дагъистан капураб букIун буго. Нилъер гьаб Дагъистаналда тIоцре ккурал росабиги гьал ругила: МелъелтIа рахъ-мухъалъул – Аргъваниб, Болъихъ рахъ-мухъалъул – Кванхидалъ, ЦIумада рахъ-мухъалъул – ТIинди. Гьелги гъоб заманалъ капурал рукIун руго. Дагъистан гьелдаса хадуб бусурбан гьабуна, Шамалъул рахъалдаса Хайдакъ-Тапасаралъул рахъалдасан аскаргун вачIун, ХIасан-Абулмуслим абулев чияс. Гьев ХIасан-Абулмуслим гьенивехун вачIунеб мехалъ, гьенир капурзабаздаги бусурбабазул аскаралдаги гьоркьор ккун руго рагъал. ТIубараб ункъо-щуго соналъниги халат рахъарал, кIуди-кIудиял рагъал рукIун руго гьезул. Ахир-къадги, гьеб капурлъи хIалалъ бахъизе кIолареблъи лъан, ХIасан-Абулмуслимица, загьруги жубан, чед гьабун буго. Хадуб живги жиндир бодулалги рукIараб бакIалдаса нахъе лъутун руго гьел, мугIрузул капурзаби тIаде кIанцIизе риччан. Цинги тIаде щвараб гьеб бакъараб капураб халкъалъ кванан тола гьеб загьру жубараб чед, гьелдалъунги гьезул киналго хун, тIагIуна. Гьединаб хIилла гьабун гурого, ХIасан-Абулмуслимида нилъер Дагъистан бахъизе кIун гьечIо.

Гьелдаса хадуб – Дагъистан бусурбанлъун хадуб заманалъ – тушманлъи ккола Дагъистаналъулги ЦIоралъулги халкъазда гьоркьоб. Гьеб тушманлъиги кинаб букIараб? Цояз-цоязул боцIи хъамулеб, гIадамал рикъулеб заман букIана доб. Гьаз дозул боцIул давла гьабун, доз гьазул давла гьабун, гьелдаса гурони квана-гьекъей букIун гьечIо.

ГIадлу гьечIого, гIадлу гьабизе хан гьечIого, бергьарас къурасухъа жиндие бокьараб жо бахъулеб букIун буго гъоб заманалъ. Цо лъикIаб хур бихьани, кодоса бахъула, гьелъул бетIергьан цодагьав рухIдакъав ватани. ТIадеги вачIун, кутак бугес, гъежги ккун, гьединав рухIдакъ довехун рехун, гьагъаб хур жиндиего босулеб букIун буго. Гъоб заманалъ гIадамазда гьоркьор цо-цоял батIаго цIакъ бечелъун, ханлъи гьабизе лъугьунел рукIун руго. Мискинал чагIазе ракьалго течIого, жиб-жиб мугIрузул ратулел шагьаралда, жиб-жиб росулъ ратулел бечелъарал чагIаца дора-гьанир ругел киналго ракьал кодор кколел рукIун руго. Гьел ракьал ккуралги гIечIого, тIад магъалоги лъун, гьеб бахъулеб букIун буго. ГIадамал рукIун руго жидее чIорого хIалтIизарулел. Гьедин гьабун бечелъараб мехалъ, гьединал чагIи унел рукIун руго Маскавалде парччахIасде тIаде, жидеего хъулухъ тIалаб гьабизе. Бечедал чагIазул хIукуматги букIун, парччахIасги гъозие бокьараб хъулухъ кьолеб букIун буго. Гьедин цинги Дагъистаналда жанирго ханзабиги рахъун, халкъ язихъ гьабулеб букIун буго гьез. Цинги, гьел бечедал чагIаца мискинзабазе гьабулеб зулмуги букIун, вахъуна Шамил, гьеб ахIвал-хIалалде ккараб халкъ жинца эркен гьабилин абураб къасдалда.

Ханзаби абун, мискинал чагIазухъа магъало бахъулел рукIарал гьел чагIи, цоял чIван, цоял туснахъ гьарун, жиндир квер щвараб бакIалдаса гIебеде лъугIизаруна шаргIияв имамас. Жиде-жидер ихтияралда мискинзабиги ккезаруна гьес. Амма гьанир, мугIрузда къараб халкъалда гьоркьор, хутIун рукIана чагIи, Ункъракьалдаго магъалоги лъун, гьелъул гIадамаздаса магъало бахъулел, жал ханзабигин нуцалзабазул чагIи ругиланги абун.

Къедив чIарав анцIила лъабго нуцал чи вукIана. Гьез бахъулеб букIана Ункъракьалдасаго магъало.

Ункъракьал абулел чагIиги ккола ЦIумади гIурухъ бакI тун, тIадехун чIараб халкъ. Цо кIкIал буго къеди-сасикьазул, кIиабилеб кIкIал буго Хъваршиб кIкIал, лъабабилеб кIкIал буго Силдиб-Гьакъоб кIкIал, ункъабилеб кIкIал буго Хваршини-митаразул  Хушатибе щвезегIан кIкIал.

Гьебщинаб халкъалдаса щибаб соналъ бахъулеб букIараб магъалоги: гьитIинаб росдадаса – лъеберго хIоржо, кIудияб росдадаса – кIикъого хIоржо. Цинги Шамил имамлъун лъугьун хадубги гьединго хIоржал рахъизе абун вачIарав Силдиве гьелго нуцалчагIазул лъабгояв. Силдиса ДенгамухIаммадица, гьесулго гьалмагъ СагIитмухIаммадица, гьезулго гьалмагъ АсхIабил Гунаш абулев чиясги Къедиса рачIарал нуцаби нахъчIвала: нужее гьанжелъизегIан магъало гIемераб кьунилан, гьанже нижеца нужее тIокIаб магъало кьезе гьечIила, нижги гьанже Шамил-имамасда кодор ругила. Гьал нуцабаз абун буго: гурила, жидеда Шамил лъаларила, гьаб нужерги – силдал – нуж гурезулги ракь гьанжелъизегIан, цебеккун букIараб гIадин, ниж маликаб бугила гьанжеги. Силдиса ДенгамухIаммадица абун буго, нужеца бахъедила гьеб кIикъого хIоржо нижехъа, нижеца кьеларилан.

Цинги гъол ханзабигин нуцабазул зулму цебеккунги хIехьон ругьунаб, нахъияб росдал жамагIаталъ абун буго ДенгамухIаммадидаги гъол гьалмагъзабаздаги гьев Шамил-имамасул низамги, гьесул гIадлуги нилъеда тIаде, Ункъракьалде, гIунтIун гьечIила. Кинниги нижеца гьабураб маслихIаталда чIадила нужги гьел къедиселги. Пуланав ГIисал МуртазагIали абулев чиясул бугила тIад месед бекьун къачIараб истамбул хъирим. Нижеца гьезие гьеб кьелила, гьеб магъалоялда цебеса. Гьеб хъиримги босун, гьел нуцабиги чIадила, нужги чIадила.

Цинги Силдиса ДенгамухIаммадица абун буго росуцоязда гьеб хъирим кьедила нужеца гьезие. Гьебги босун, гьаб Силдиб росулъа къватIире гьел чагIиги унарилаха. Гьанже, гьагъаб истамбул хъиримги босун, ине къватIире вахъарав гьал нуцабазул лъабгояв. Росдал рагIалде гьел щвараб мехалъ, хадурги рачIун, ДенгамухIаммадицаги СагитмухIаммадицаги, кьурун гьеб хъирим гъозухъаги бахъун, ганчIилъги кьабун, гъуризе хъундагъги гьабун, хьвагIун, эхебе рехун буго.

Цинги нуцабазе кьварараб жаваб гьабиялъул гьеб хабар рагIун буго Шамил-имамасда. Гьав лъабавго силдисев тIаде ахIун вуго Шамилица. ГIашилтIа абулеб росулъе тIадеги ахIун, Шамилица гьазул цIакъ адаб-хIурматги гьабун, баркалаги кьун, ДенгамухIаммад байрахъчилъун вукIине хъван вуго – жиндир рагъ киб кканиги, гьенив цевехъанлъун вукIине. СагитмухIаммад гьанив, Ункъракьалда наиблъун тун вуго имамас, АсхIабил Гунаш Силдиб росдал нусил бетIерлъун тун вуго. Амма  гьев Гунашил эмен нахъа вукIиндал, Гунашица, мунги нахъа вукIун, нусибетIерлъун дун рекъарав гьечIилан абун, жиндирго эмен  АсхIаб тун вуго.

Цинги Шамил-имамас гьадал Къедир рукIарал нуцабийилан абулел чагIи чIван руго. Гьеб ишалъе жиндирго муридзабиги Силдиса ДенгамухIаммадги, Гъадариса ХIавалавги рихьизарун, гьелги тIаде ритIун руго имамас. Гьел нуцаби доре Къедирго гъурун руго.

Гьебго заманалъ, тушдерил лъореги ун, наиблъун тарав СагитмухIаммадицаги байрахъулавлъун тарав ДенгамухIаммадицаги ракълил къотIи-къай гьабун буго, гъоб цебе букIараб рикьи гьечIого рукIине, тушдерил халкъги гьаб Ункъракьалъул халкъги разилъун. Амма чIамалазулгун кьал хутIун букIун буго. ЧIамалазулгун рекъел гьечIоян абураб рагIиялъе лъабнусго чи гъорлъ вугеб рекIараб тушдерил къокъа бачIун буго силдадерил Игъадахъ магIарде боцIуда рукIарал нижер гIухьбузда аскIоре. Доб Игъадахъ мегIералъулги чIамалазул – гьакварисезул – ХIамикь абулеб мегIералъулги гIурхъи жубараб букIун, дол нижер гIухьбуз росулъе,  Силдиве  чи витIун вуго лъазабизе: гьакварисезул боцIул давла гьабизе тушдерил къокъа ана абун. Цинги силдадерида наиб ДенгамухIаммадицаги байрахъчи СагитмухIаммадицаги абун буго: «Гьеб хабар Гьакварибги лъан, гьакварисел тушдерида хадур гъелалде доз боцIи эхеде, Тушалъе, хъамула. Же, бугеб ярагъги босун, силдадерил балугъавщинав чи тушдерие нух кквезе къватIиве вахъа»,- йилан.

Силдал рахъун руго къватIире ва тушал рачIунеб нухда гьез гъоркьчIелги гьабун буго. Гьел тIаде рачIаралго, силдадерица гьеб тушдерил рекIаразул къокъа гъуранила, цо чи гурони нахъе течIого. Гьевги цогидазда гьоркьоса вищулев вукIун гьечIо, лъол, жидерго гIадамазда гьес хабар лъазабизеян гурого.

Гьелдаса нахъе лъун буго доб нижер мегIералда Игъадахъ мегIер абураб цIарги.

Цебе доб силдадерил мегIералда цIар букIун буго Нахъа мегIер. Гьелдаса  хадуб кинабго боцIи гьакварисезухъе нахъе щун буго. Гьез силдадерие цинги ракI-ракIалъ кIудияб баркалаги кьун буго. Гьеб заманалъ, Гьаквариб мажгит балеб мехалда, къадал гамачI лъун буго мажгиталъул рагьуда битIун тIад, жидер ункърижиялдаги васигат гьабураб: силдадерил чи лъикIлъиялда Гьаквариве вачIани, гьев нахъчIвагеян абураб рагIиги хъван. Гьеб хъвай-хъвагIай тIад гьабураб гамачI гьабсагIатги гьеб росулъ буго.

Гьелдаса хадув Шамил-имам къачIан вуго ЦIоралде ине, боги бачун. Жиндир ихтияр тIад лъугьараб кинабниги бакIалдаса халкъ бакIарун буго. ЦIоралде ине лъеберазарго рекIаравги вачун вуго Шамилица, гьеб ЦIоралъул халкъги жинца бусурман гьабила абураб къасдалда.

Цинги Шамил-имамги боги кинабго ЦIоралъул ракь бихьулеб мегIералда гIодор чIола. ГIодор чIараб заманалъ Шамилида бихьулеб буго бакътIерхьул рахъалдехун цо роцIцIараб гIадаб хъахIаб бакI. Наиб ДенгамухIаммадида Шамилица абулеб буго, доб нилъеда бихьулеб хъахIаб бакI щиб бакIдила бугеб? ДенгамухIаммадица жаваб кьолеб буго доб бугила Алабир-гьатIан. Шамилица абулеб буго, гIайдила, гъов квешав вас гьанив вукIаравани, добасан кIкIуйни баккилаанила жакъа.

Наиб ДенгамухIаммадица абулеб буго, мун гIадинав кIудияв имам гIадамазул мацIалда божуларев ватаравани, квешав васги нилъеда гьоркьов вукIинаан жакъайилан. Гьев вуго цинги Хунзахъа ХIажимурад-наиб.

Цинги Шамил имам щвезе вукIана ШилтIа-Кьурали абулеб бакIалде. Гьеб шилтIа-къуралисезул халкъ, Шамилги боги бачIинеб бугилан рагIун, гьезукьа хIинкъун, рокъо-рокъоса къватIиреги рахъун, Алазаналъул рагIалда цо рихьулареб бакIалда рахчун рукIун руго.

Цинги Шамил имамги боги ЦIоралъул росабалъе щвараб мехалъ, гIадамалго ратичIого, рортанхъилел рукIарал гьал киналго гьезда хадур, гьел цIехезе абун. Цинги Шамилил байрахъулал тIаде ккун руго Алазаналъул рагIаллъабазда рахчун рукIарал гьагъал гIадамазде. Гьал байрахъулал тIад раккаралго, гьагъаб ЦIоралъул халкъ, гьаздаса хIинкъун, кодорго гIисинал хъизан-лъималгун Алазаналда жанире кIанцIун руго. Шамил-имам гьезде щвараб гьеб балагьалда ракI пашманлъун, нилъее нух битIичIилан, хехго нахъвуссун вуго. Гьеб боги нахъе цIан буго имамас, гьелги рокъо-рокъоре ритIун руго.

Шамил-имамасул хабар бицине ккани, гIемераб буго. Дица гьаниб къокъ гьабун тана. Шамил цинги парчахIасул салдаталъ кодове восула. Хадуб гьев парччахIасде аскIове уна. Шамил тIаде вачIараб мехалъ, парччахIас гьесул цIакъ адаб-хъулухъ гьабула.

ПарччахIас Шамил толев вукIун вуго, харжги кьун, жиндаго кодоб букIараб халкъалъул гIадлуги гьабун, гьезда гъорлъ шаргIги хьвадизабизе. ПарччахIасул гьеб рагIи Шамилие къабуллъичIила. Кинниги Шамилица парччахIасда гьарун буго: дуца жиндие лъикIлъи гьабулеб батани, жив ГIарабалъиялъе витIедила. ПарччахIас, гъосул гьари къабул гьабун, ГIарабиялде витIула. Гьелдаса хадуб парччахIас Дагъистаналда тIад жиндирго гIадлу лъун буго.

Шамилида кодоб букIараб халкъалда тIад парччахIасул кверщел лъугьараблъи лъараб мехалъ, гъоба, ЦIоралда Шамилие лъугьараб жоги захIмалъун вукIарав цо къуралисес – ЧарчIавуз-гиназ абулев чияс жив Дагъистаналде хъулухъалъе витIейилан тIалаб гьабун Типлисалда вукIарав сардарасухъе гIарза кьун буго. Сардарас гьав гиназасул гIарзаги къабул гьабун, Болъихъе началникIлъун витIун вуго. Гьав гиназас, тарал рукIана ГIанди-УгрукIалда киналго наибзаби, гьелги,росабалъ бечедалщинал чагIи цIехон. Гьеб заманаялъ тарав вукIун вуго гьев КIаратIаса ХIажияв абулев наибги.

Гьеб заманалда магIарул гIадамазе ретIел-партал гьабизе ххам щолеб букIинчIила. ГIадан хвани, мусруялъе руччабаца, квасги дургъун, гьабураб сугъур букIунаанила. Жиб-жиб рокъоб, хIадурун, нахъеги лъун тIад ретIунеб партал, бихьиназулги руччабазулги, къохьол букIунаанила.

Гьеб заманаялъ арав нижер силдерил цо анлъго чи ЦIоралде: сугърал рачизе абун. Сугъразухъ гъоба багьа щолила. Сугъралги ричун, ххам босани, ххам гIемераб бачIунила.

Тилавур абулеб ЦIоралъул шагьаралдеги ун, гьел сугъралги ричун, нахъруссун Дагъистаналдехун рачIунел гьел силдадерида батун буго Алазаналъул рагIалда хIаридалъ хIатIалги къан, тIерхьун хваваб цо гамущ. КIанцIарал гьал силдал. ХIаридалъа къватIиб баккараб бакIалдаса ганщил къаркъала чукIизеги-чукIун, жидеего тIукъби рукъун руго гьез, кIи-кIи, лъаб-лъаб тIикъва гьабун.

Гьеб заманалъ вукIун вуго гьев КIаратIаса ХIажияв абулев чи Гьакварив наиблъун. Росабалъги мацI гьабулел гIадамал камуларелъул, гьев ХIажияв-наибасде хабар щвезабун буго: пуланав гьавги гьавги чияс, ЦIоралда гамущги хъун, тIукъбиги гьанги бачIун бугила. Гьанже ахIарал гьел силдал гьав ХIажияв-наибас Гьакварире. ГIакIаги къотIун, бахъараб гьев наибас гьездаса къоло щу-щу гъурущ. Гьеб къоло щуго гъурщил багьаги букIун буго  заманалъ  кIиго гIала.

ГIарац бахъарабги гIечIого, тIамурал ХIажияв-наибас гьел силдал кIиго-лъабго моцIалъе Болъихъ туснахъалда. Гьенисаги ритIарал гьес гьел, ЧарчIавуз-гиназасул амруялдалъун, Хунзахъе. Гьенибги бараб гьел силдадерица анлъго моцI, щибниги диванго гьабичIого.

Гьанже битIун буго гьадав Хунзахъ вугев огруг-началникIас гьав ЧарчIавуз абулев гиназасухъе ругьел: гьал силдадерил туснахъазда щибдила гьабилеб? Гьазул диван гьабулеб заманги тIаса анилан. Гьанже гиназасги битIун буго дов началникIасухъе: дагьаб заманалдасан, чи хвезабулеб загьруги кьун, гьел силдал рокъо-рокъоре риччайдилан. Дос цинги, гьав ЧарчIавуз-гиназас абухъе, загьруги кьун, рокъоре ритIун руго силдал. Гьазул цояв цинги, Харахьиве щведал, хун вуго. Цоги, Кьохъе щведал, лъабабилев, Болъихъе щведал, хун вуго.

Гьанже балъхъадерил бегавулас гьикъун буго гьав гиназасда: гъол гьаниса Хунзахъе ун рукIарал силдадерил туснахъазул кIигояв киндай вугевила, нолъ цо гьанив хванилан. Гьебмехалъ абун буго гиназас, гъозул нахъахутIарав лъабавгоги, рокъоре щвелалде, хвезе вугила. Цинги, рокъове щвелалде, гьав лъабавгоги хун вуго. Рокъоре щвелалде, гьев лъабавго силдесев хвезе вугилан ЧарчIавуз-гиназас абурал рагIабаздалъун лъан буго гьезие загьру кьей.

 Гьел хварал силдисезда гъорлъ  ДенгамухIаммад абулев Шамилил байрахъчиясул инсул вац КъурамухIаммад абулев чиги вукIанила. Гьевго СагитмухIаммад абулев Шамилил наибасул вацгIал Жамалудинги вукIанила. Цинги гъол загьруд хварал цогидазулги вацалги гIагарлъиги рукIинарищха.

Гьанже ДенгамухIаммадицаги СагитмухIаммадицаги абун буго: «ГьанжелъизегIан нилъер силдадерил чиясул дида лъаралдаса нич рагIун гьечIо. Гьеб нилъер гIагарлъи хвеялъе сабабги гьев КIаратIаса ХIажияв вуго». БецIун гьев чIвачIони, нилъер халкъалда ничги рагIулаян.

Цинги гьел силдал хвезари гуребги, цоги гIилла букIана гьаниб. КIаратIаса ХIажияв, жив наиблъун толаго, боцIи гIемерав чи вукIун вуго. Гьес силдадерил Игъадахъ абулеб магIарде боцIиги бачун, мегIер кваназабулеб букIун буго. Гьенир рукъзал ран, жиндирго боцIуе гIухьби жанир рукIине, силдадерил боцIи кваназе мегIер толеб букIун гьечIо. Гьесул гIухьбуца, гьаб наибасул боцIи букIин лъаларищ нужедайилан, силдадерил гIухьбузе хIинкъи кьолеб букIун буго.

Гьединго, силдадерил Беда-рохьо абулеб бакIалда кули бан буго ХIажияс, хасало жиндир боцIуе лъикIаб бакI буго абун. Гьеб колода, щибго ужра-мухь гьечIого силдадерил балугъав чи хIалтIизе ине ирга биччан буго. ГьабсагIатги гьеб бакIалда ХIажиясул чIвадихъилан абула. Гьелдаго гIагардаго буго Митаразул талихI гьечIеб бакъдайилан абулеб бакI, гьенибги гьебго хIалтIи гьабун буго. Гьединал хIалтIабаца силдадерие рихарав вукIун вуго ЧарчIавуз-гиназас тарав гьев наиб.

Шамил имамасул байрахъчилъун вукIарав ДенгамухIаммадица, тIоцеве живгоги гъорлъе ун, гьагъав хварав анлъавго Силдаса чиясул тIоцересел гIагаразулъа анцIила кIиго чи гьедизавун вуго, руччабазул цIаралги тIамун: жидеца гьев ХIажияв-наиб чIвачIого теларилан. Гьеб гьедиги гьеб хабарги, гьав анцIила кIиявго силдадерил чиясда гурони халкъалда лъачIеб, балъгояб букIун буго.

Цинги гьеб заманалда, гIемер мехго гьоркьоб инчIого, вахъарав Хваршинивехун ХIажияв-наиб, росабалъ сверизе абун. Гьанже арал гьал силдал,  анцIила кIиявго гьедарав чи, Хваршинире гьав гиназас тIад тарав наибасдехун. Гьединго рачIарал доре митаралги, хушатги. Гьел рачIиналъе гIиллаги букIун буго гьел росабалъги гъолго, силдадерие гIадинал, зулмабиги къадарал жалги гьарун рукIин. Цинги ДенгамухIаммадица абун буго, гьев наиб жанив вугеб рукъ сверун кквейила. Гьаб Ункъракьалъул агьлуялъ радалисалаялде рукъ сверун ккун буго. Гьев ХIажияв-наибасда цадахъ рукIанила дора кIиго нукарги Сасикьа ГIисал Дибир абулев цо  писарги.

Рогьарабго, лъан буго гьал рукъалда жанир чIарал чагIазда, жал жанир сверизарураблъи. Гьаз цинги жанисахун нуцIа рахан буго. ХIажияв-наибас абулеб букIун буго гъол цадахъ рукIаразда: «Нужго къватIире а. Дун жанив чIела», – ян. Гьал цадахъ рукIараца абун буго: «Инаро. Мун хваралъув, нижги хвезе руго», – ян.

Цинги доб заманалъ рукъалъул нуцIилда кIулил каратI букIун буго, нуцIаги борлъун бахъараб. Наибасул гьалмагъзаби кинго къватIире раккичIеб мехалъ, ДенгамухIамадица, кIулил картIинисан жанивеги валагьун, ХIажияв-наиб вугеб бакIалъул хIисабги гьабун, гьагъав вугеб бакIалде таманчаги битIизабун, гьагъаб кIулил каратIалда кьвагьун буго.

Кьвагьараб танчил гулла КIаратIаса ХIажиясул буртIин килищалда щун буго. Гьанже кIанцIун вуго къватIиве гьагъав лъабавго – кIиго нукарги Сасикьа Дибир-мирзаги: щивдила гьав наибасда туманкI речIчIулев чи?

Гьагъал лъабгоял къватIире лъугьунелъул, ХIажияв-наибас нуцIа рахан буго. Цинги Шамилил болъ байрахъчи вукIарав ДенгамухIаммадица, «жанибго бухIедила цер» абун, рукъалда гъоркь букIараб бокьобги, рукъ сверунги бан цIулгун, цIа гъола. ЦIаги гъун, цIагун кIкIуй гьалаглъараб мехалъ, сверухъ ругезда лъиданиги вихьичIого, гордухъан къватIивеги кIанцIун, гIадамазда вихьулареб рахъалдехун лъутун, ХIажияв-наиб цо бокьове ворчIун вуго. Гьенив жанив гьесда ватун вуго цо гьитIинавго гIолохъанчи, аскIоб туманкIги эхетизабун, чури бихулев. Гьав гьитIинав чи ватидал, гъов къватIиве инеян абун, КIаратIаса ХIажияс кодоб букIараб таманча гьесде битIизабун буго. Гьев васас кIутIун, кодобеги босун ХIажиясул керен бакьулъе речIчIун буго аскIоб эхетун букIараб туманкI. Гьев васги вукIун вуго Силдаса ХIадисил Шарип абулев. Гьеб бакIалда чIван вуго гьес ХIажияв, округалъул началникIас наиблъун тарав чи.

ЧарчIавуз-гиназас хъулухъ кьурав чи чIван хадуб, ДенгамухIаммадги СагитмухIаммадги, гьезул гIагарал чагIиги, хъизаналги рокъо-рокъоре руссинчIо,  гьанже жал гиназас чIвачIого толарилан. Жал  Тушалъе ине ругила. Тушалъ жидер божарал гьалбалги ругила, лъоз жидее кумекги гьабизе бугила. Гьенире ине абун, къватIиреги рахъун, хъачагълъуда рукIун руго гьал силдал.

Гьелдаса хадуб, Алазаналда Шамил имамасдалъун тIагIараб жидер гъоб халкъги силдадерица Игъадахъ гъурараб тушдерил къокъаги бихьун, гьебги захIмалъун вукIарав ЧарчIавуз-гиназас, парчахIасде гIарзги гьабун, бакIарун буго Москваялдаса салдат.

Ункъракь бахъизе гIодовегIан 15000 салдат вачIун ватила. Гьездаги тIадеги кинабго ГIанди-округалъул гIадамал рукIанила.

 Ункъракьалде бачIараб салдаталъ гьел, КIаратIаса ХIажияв чIваялъулъ гIахьаллъарал росабиги рухIана. Гьел росабазул гIадамалги, бихьинав-цIуяв, гьитIинав-кIудиявин течIого, къватIире рахъинарунила. Гьезул боцIиги хъун, гьебги тIагIинабунила.

Силдадерие цIакъго зулму гьабун буго. Силдив вукIуна НикIалайил аписар, АхIмадхан абун. Гьевги гьесул гIагарлъиялъул анцIила щуго рукъги хутIун, нахъияб силдадерил халкъ къватIибе бахъинабула. Гьединго митарал къватIире рахъинарула салдаталъ. Хваршинисезул чи рокъов течIо Хушатибе щун. ГIисинал, рилълъине кIоларел ункъракьазул лъимал мугъалда раччун руго. Рилълъанхъизе кIолел, квер ккун, хIалалъ рилълъинарун, силдалги митаралги, цогидалги Болъихъе щун руго. Кванан тIагIинчIеб гьезул боцIиги, гьеб ГIанди-округалъул халкъалъ жидеда цебе хъвехъун хъамун буго, жидеего давла гьабун.

Ункъракьалъул халкъ Болъихъе бачIун бихьараб мехалъ, ГIандисев ГIараш абулев наибас гьев ЧарчIавуз-гиназасда абун буго: «Я, гиназ! Гьев КIаратIаса ХIажиявни чIван ватила. Гьаб кинабго халкъалда щиб гIайиб букIараб, гьал къватIире рачахъизе кканани?» Гиназас абун буго, гьелги Алазаналъ арал жидералги кидадила ращалъулел? ГIарашица абунила: «ГIай, цинандарисев. Гьединищ вукIарав мун – кIалдиб цаги, цабикь гIанкI ккун, гьал мискинзаби тIагIинарулев?»-ян.

Гьеб Ункъракьалъул халкъ, рекIунеб я машина гьечIого яги цогидаб, гIадан рекIунеб жо гьечIого, хIатIазда билълъинабун, Ставрапол рахъаде щвезабун буго. Гьезул нахъе чиги вачIинчIо, нусгоясда гьоркьоса анцIгогIанав чи гурони.

Гьанже ЧарчIавуз-гиназас хехаб заманалдаго пирказ гьабула тушдерил халкъалда Силдиса ДенгамухIаммадилги гьесул гьалмагъзабазулги хIакъалъулъ. Гьадин, наиб чIварал чагIи лъутун ругин. Нужер ракьалда гьел кквезе щванани, кквезеги ккун, жинда тIаде щвезарейилан. Жинде тIаде щвезаризе кIолеб гьечIони, чIвай абун.

Гьанже бахъараб Дагалдехун (балагье гьаниб лъураб гьеб росдал сурат) шанакIусезул ахIи гьал силдадерида хадуб. ЦIехарал гьал ЧIеру-гIор бахъун доб рахъалда ругел гьал ШанакIоса тушдерица. Силдадерида тIаде ккун руго гъозда жал рихьулареб, жидеда гъол рихьулеб бакIалда.

Гьанже гьал тушдерица пикру гьабун буго: «Нилъ жал кквезелъун тIаде рачIараллъи лъанани, гъол силдадерица нилъее зарал гьабизе буго. Нилъеца ритIила гъозухъе гъол силдадерил гьалбал, цереккун ракълие нилъер гьанире рачIун рукIараб мехалъ, гъол тIад рещтIун рукIарал. РитIила жидее кумек гьабизе рачIараллъун, гъозухъа ярагъги гьез нахъе босизе. Цинги, ярагъ нахъе босун хадуб, гьабила нилъеца гъол силдадерие гьабулеб жо»,-ян.

ВитIанила гьал тушдерица гьав ДенгамухIаммад жиндир гъасда рещтIарав гьесулго гьобол. Цоги витIанила гьаз гъосдаги лъалев гъовги лъалев кIигоявги. Цоги чагIи ритIанила гъол силдадерида тIаде, батIияб нухдасан сверун. ДенгамухIаммад, гъол ШанакIоса тушдерил чагIи жидеда тIаде рачIиндал, цIакъ воханила, жидее лъикIлъиялъе рачIарал чагIиян ракIалдеги ккун. Цинги гьав тIаде вачIарав лъабасго абунила: «Нужеца гьанже щибниги жоялъул ургъел гьабуге. Гьаб ярагъги нижеца босила. Нужер къайи-матахIги нужецаго босе, гьал хъизаналги раче. Нилъ къаси бигьаго Дагалде щвезе руго», - ян.

Шамилил болъ байрахъчилъун вукIарав ДенгамухIаммадица ги, Шамилил наиблъун вукIарав СагитмухIаммадицаги, босун, гъол ШанакIоса тушдадерихъе ярагъги кьунила. Киналго хъизамалги рачча-къан, гьагъал силдал тIаде рахъаралго, рохьор жанир рукIарал ШанакIусезул гIадамаз, рохьоса къватIиреги рачIун, ДенгамухIаммадги СагитмухIаммадги, цадахъ рукIарал киналго чагIиги, щибго жоялда балагьичIого, чIва-чIван ран руго.

Цо лъабго-ункъо сон барав васги гъоркье ккун, гьитIинав вас чIваге абун, тIадги егун чIарай эбелалда, мугъалда хвалченги кьабун, кIудияб ругъун лъунила.

Гьеб тушдерил бакIалда гьитIинав-кIудияв силдадерил щуго чи чIван вуго шанакIусез. ЧIварал гIечIого, бутIрулги къотIун руго.

Силдадерил руччабазул квералги рухьун руго шанакIусез, чIварал ДенгамухIаммадилги СагитмухIаммадилги кверал къотIун руго. Цинги къотIарал бутIрул гьагъал руччабазда раччизарун руго. Мугъалда раччизе риччачIого, жидерго чIинчIо-кIазазда жанирги рухьун, карандаса эхере дализарун руго. Гьеб хIалалъ силдадерил руччаби Болъихъеги рачун, ЧарчIавуз-гиназасда цере рахъун чIезарун руго. Гиназас гьал руччабиги рачун рачIарал тушдерил гIадамазе кIудияб баркалаги кьун, щивасе анцI-анцI гъурущ гIарацги кьун, рокъоре ритIун руго. Гьанже гиназас силдадерил чагIи къачIалел рукIун руго, гьал руччабиги рачун, Ставропол рахъалде ритIизе. Цинги балъхъадерил жамагIаталъги цоги-цогидал гIадамацаги, гъол руччабазда ракI гурхIун, гьарун буго гиназасда: гьел силдадерил руччаби гьенире ритIугейин, цоги бакIалде ритIейилан. ЧарчIавуз гиназас, гьезул гьариги къабул гьабун, Гьакварире ритIун руго руччаби, жидерго росулъе ритIичIого. Гьаквариб щуго-анлъго сонги бан, хадур рачIана гьел Силдиб росулъе.


Автор: Тимур Айтберов

Баяналъул кьучI: Журнал "МагIарухъ". №1. 2014 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook