Авторизация

Кинавго чи разилъуледухъ асар хъван лъихъаниги бажарунаро

Испаниялъул машгьурав хъвадарухъан Сааведра Мигель Сервантесица абурал гьал рагIаби росана дица жакъасеб колонкаялъул бетIерлъун. Росана лъикI ургъун, газетал цIалулезда, хасго гьезда рахъулел материалаздаса жидерго разилъи гьечIолъи загьир гьабун редакциялде хъвадарулел «критиканазда» бичIчIизелъун.


АнцIила щуго сон бана дир Хунзахъ районалъул газеталде хIалтIизе ячIаралдаса. Гьеб заманалда жаниб дида бихьана чанги батIи-батIияб гIамал-хасият, чанги кьучI гьечIеб, рекIкIаб материал газеталдасан кьезе къваригIаразул хIалихьалъи, газета гьоркьоб ккун нахъасан речIчIизе макруяб таваккал тIами, жаниса автораз цониги гIуцIи ялъуни нухмалъулев веццун хъвараб макъалаялда сверухъ хIелхIелчилъиялъулаб рохел, журналистазе гьабулеб учузаб рецц-кап… хIатта, дир мегIералда цере паркъана «дуца хъвалеб жого щибан» хьвагIарал цо лъабго «бихьинчиясул» заралги. Щибго бихьана! Амма бихьичIо кинавго чи разилъуледухъ лъихъаниги асар хъван бажари. Узухъда, «Дон Кихот» хъварав Сервантесгицин мукIурлъараб гьеб хIужжа гьитIинабго газеталъул хъвадарулезеги рогьо гуро. Журналистикаялда хIалтIулаго дир бидулъе ана цо аксиома-газета цIалулесе данде кколеб буго жив тун батIияв бокьарасе гьабулеб критика. Критикалъунги рикIкIунеб буго дандияв инжит гьавун цIогьорилан, гIабдалилан хъварал къабихIал рагIаби. РитIухъаб (конструктивная) критикаялъейин абуни, словаралда кьун буго гьадинаб магIна:


(Паранг мацIалъул «critigue» рагIи - «искусство разбирать, суждение») сундул букIаниги мисалалъе босани, лъугьа-бахъиназул, ишазул анализ гьабизе, къимат кьезе кIвей. Гьединаб битIараб къимат лъугьунеб-толелъе кьурал материалалги газеталда гIемерго рукIуна, амма инсанасул загIипаб напсалъ къабул гьабуларо живго каки ва лъицаниги гьелъул хIасилалги гьаруларо. Мисалалъе, хIурматияв газета цIалулев, цонигияс мун веццулев вугони, дуда ракIалде бачIуна пахруяб «Вай, дун вугев цIакъав!» абураб пикру. Нагагьлъун гьевго чияс мун какани, дуда ккола «Бихьуларищ цо, гьав вукIун вугев жо?!» -ян. ЦIикIкIунисезе рекъезабун хьвадизе кигIан газетчагIаз хIаракат бахъаниги, нижер нухги доб кициялда борхьилго гIадаб, кIичI-кIичIараб батула. Мисалал. Газеталъул гьурмаздасан къватIибе ун букIана цIа ккараб бакIалда пожарниялъул хIалтIухъаби дагьал рихха-хочичIого, ракIа-рахарун рукIани киназего лъикI букIинаанилан критикаялъул махI чIвараб, газета цIалулелъ баркалаялда цадахъго кьолеб пайдаяб гьари-рахьи. ГIакълуялда къабулги гьабун, хадубккунисеб хIалтIулъ хIисабалдеги босун таниги бегьулеб гьеб тексталда жаниб букIараб цо предложениялда сверухъ чIухIарав хIакимас бахъинабуна квешаб ахIи-хIур, бадирчIваял гьаризелъун дун ахIизаюна администрациялъул данделъиялде, тIокIалъ газета хъваларилан кьуна хIинкъаби. «Дур разилъунгутIиялъул ццидал карачел диде щвечIого букIине ккани, дун щибниги гьабуларейлъун, щибниги абуларейлъун ва щийниги гурейлъун йикIине кколаанин» абураб къолденги тIад ххун, жибго тана дица гьеб рекIелбакъвайги.ГIицIго хIалтIи гьабуларесул кколарелъул гъалатIал.


Гьал гIагарал къоязда цо тарихияб макъалаялда сверухъги ккана редакциялда бахIс. Киназдаго лъала тарих буго чан батIияв инсан ватаниги, гьебщинаб батIияб пикруги жиндасан бугеб, бокьарас жиндиего данде кковухъеги бицунеб гIумрудул къиса. Аралъе, гьелда жанир рукIарал гIадамазе къимат кьезе ккани, редакциялда букIине ккола «машина времени», тарихияб хIакъикъат цIехезе доб заманалде ине. Гьединлъидал, нижеца ихтияр кьола жалго авторазе, тарихчагIазе, гьеб бокьулезе газеталъул гьурмаздасан батIи-батIиял версиялгун цере рахъине. ТIадехун рехсараб бахIсги бижана газеталдасан цо авторас жиндирго макъалаялда имам ХIамзатбегиде рагIад рехун бугин абуралдасан. Райсобраниялъул цо пуланав депутатас абухъе «имамал инжит, хIакъир гьаризе» даражаялде яхарай гIадан дун гуро. Аставфируллагь. «Росдал захIматчи» газеталда чанго соналъ цебе исламияб дин лъалев, муъминчи ва бахIарчи ХIамзатие тIадегIанаб къимат кьурал материалалги кIицIулго рахъун рукIана. Доб мехалъ дихъе кIанцIун рукIана хунз «Нилъер ханзаби гъурарав ХIамзатил хIакъалъулъ материал щайин дуца газеталда бахъарабан». Вай, хирияв Аллагь, кие кIанцIилей, лъие рекъовухъе къалам кодоб кквелеб?!


«Редакциялъул пикру кидаго гуро рахъарал макъалабазул авторазул пикругун данде кколеб. Макъалабазда рихьизарурал хIужжабазул, цIаразул, тарихазул ва цойгидалги баяназул жаваб кьола гьезул автораз». СМИялъул хIакъалъулъ Законги кьочIое босун, газеталъул щибаб номералда къватIибе унеб баян. Газета цIалулез ва дол дица макъалаялъул байбихьуда рехсарал сундасаго разилъи букIунарел «критиканаз» сан гьабулареб информация.


Амма кин букIаниги, дун йохарай йиго газеталъул хIалтIи квешниги, лъикIниги, бихьулеб букIиналдаса. Дун, редактор хIисабалда, йохарай йиго ниж цIалулел рукIиналдаса. Пихъ кьолареб гъотIода ганчIал речIчIулеб дида киданиги бихьичIо. Гьел рехула гIицIго пихъ бижулеб, хIалтIулеб гъотIоде. Газеталъул хIалтIудаса абадияб разилъунгутIи загьир гьабулездехунги дица расги нечечIого, бетIер гIодобе къуличIого машгьурав классикас гIадин бичIчIиялде хьулгун гьадин абила: «Кинавго чи разилъиледухъ асар хъван лъихъаниги бажарунаро».


Автор: ФатIимат МухIамадова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook