Авторизация

Силди росу: тухумал, бакIазул цIарал

Силди росу: тухумал, бакIазул цIарал Гьаб гьитIинаб макъала хъваялъе гIилла букIана дихъе кодоре щварал цо-цо баяналги гIадамазда рихьизаризе ва гьединго аслияблъун букIана, гьаб масъалаялда тIасан цогидаз жидерго баянал, макъалаби кьезе. Гьединлъидал дие бокьилаан, силдисез гьал баянал роцIц1инаризе ва тIадежураял гьаризе, гъалатIал ратани – гьелги рехсезе, ритIизаризе.

Силди росу буго Гьакъо-гIорул (ГIанди-гIоралъе квагIаб рахъалдаса жубала) квегIаб рахъалда, некIсияб заманалда борхатаб кьурул балъалда бан букIараб росу. XIX-б гIасруялде щвезегIан гьеб Ункъракь бодулъе гъорлъе унаан, гьанже гьеб ккола ЦIумада мухъалъул росу. Силди руго исламалде рачIинагIанго рукIарал росдал хабал. Гьел ккола кIкIалалъул рагIалда, росдал бакъдал рахъалда бугеб рагIаллъуда. Росдадаса 1 км бакъбаккуда руго жеги хобал. ТIадежоялъе Силди аскIоб бугеб ГьатIан-гохI абулеб бакIалда цIунун руго килисадул (гьатIаналъул) хутIелал[1]. Гьел хIужабаз бихьизабулеб буго Силди росу бищун дагьаб азарго соналъ цебе кьучI лъураб росу букIин. Архитектурияб рахъалъан рехсезе регьула росулъ жанир ругел XVII-XVIII гIасрабазда рарал сиялги (лъабго си).

Силди росдал жамагIат 1870 соназда рукIарал гIурус аскариязде данде рукIарал рагъа-рачиязда гIахьаллъун, чанго соналъ росу тун къватIире – гIурус ракьазде сибир гьарун рукIана. Гьебго балагь бачIана Силди росда тIаде ХХ-б гIасруялдаги. 1944-б соналда силдисел тIуранго гочинарун рукIана Чачаналъе Тавзан росулъе, ва 10.03.1945 с. Дагъистаналъул ТIадегIанаб Шураялъул хIукмуялда рекъон, Силди росу документазда рекъон тIагIинабун букIана. Гьебго идараялъ 8.02.1947 с. силдисезул ракь хIукуматалъул вакъупалде (Госфонд) кьуна. Чачанал Гьоркьохъеб Азиялдаса нахъе руссун, силдисезул цо бутIа гIагараб росулъе рачIана. Гьединлъидал ТIадегIанаб Шураялъ 18.12.1957 с. Силди росу цIидасан лъугьараблъи тасдикъ гьабуна. Добго заманалъ гIемерисел силдисел гочана Сулахъ гIорул квегIаб рахъалда, бана гьениб Кироваул абураб росу.

1886 с. Силди гIумру гьабулеб букIана 122 цIаракиялъ (437 чи); 1903 с. – 146 цIараки (488 чи); 1915 с. -160 цIараки (473 чи). Инкъилаб бергьун хадую, 1926 с. Силди гIумру гьабулеб букIана 380 чияс ва жеги 20 силдисев бетIербахъиялъе къватIиве вахъине ккун вукIана. 1959 с. – 521 чи, 1970 с. – 493 чи, 1979 – 539 чи, 1989 – 530 чи, 1991 с. – 524 чи (144 цIараки), 2002 с. – 263 чи. Добго соналда Гелбахъ/Гъизилюрт мухъалъул Кироваул росулъ вукIана – 2801 чи. Гьезул 90% ккола силдисел. Жеги гьелда аскIоб бугеб Гьакъуб/Гоксув росулъги силдисезул 30 цIараки буго (жеги Гоксувалда гьакъосел, ичIкIаял ва хубарал руго).

М. ХIусеновас жиндир «Ункъракь» тIехьалда хъвалеб буго Силди росулъ 4 тухум бугин абун: Ханкьал, Кванхисел, Хъазиял (Нуцаби), ЧIавукIилал[2]. Дида цогидал баяналги хIисабалде росун, гьеб сияхI роцIинабизе кIвана.

  1. ЧIавукIиял. Гьаб ккола кьолболаб, бищунго цебе росу ккураб тухум. НекIо заманаялъ, Силди насранияб дин букIиндал, ЧIавукIиял гьелда божулел рукIарал. Гьеб сабаблъун цо-цо чагIаз гьел гуржиял ругинги абула, амма хIакъикъаталда гьел ккола унгоял магIарулал, гуржиялин абуни гьезда дин сабаблъун абулеб букIараб.
  2. Хъазиял (Нуцаби). Гьаб тухум лъугьун буго Къедиса нуцабазул тухумалдаса Силдиве Хъази абурав чи (хъизан-гIагарлъигун?) гочун. Гьезул цо гIаркьелалъул силсила буго гьаб – АхIмадхан – Ашахан – Хизри – БацIилав – АмирхIамза – БацIилав – МухIамад – гьанже гIумру гьабулев АмирхIамза.
  3. Ханкьал – бищун кIудияб кьибил, жал Хонокь (чачан. – Хуландой) росулъа гочарал. Биценазда рекъон, Хонокьа Силдиве вачIун вуго эмен Гьайта ва кIиго вас – Итаман ва ГIали. Гьездаса лъугьун буго Силдиб Ханкьал абураб тухумги[3]. Доб заманалда гьеб Хонокь магIарул росу букIун буго, нахъайин абуни гьел чачан мацIалде русун, чачаналлъун лъугьун руго.
  4. Кванхисел. Гьаб тухум лъугьана Кванхиса гочарал чагIаздаса. Гьел бид риххун рачIанин абураб биценги буго. Къедиб буго Кванхи-авал абураб росдал роххен, бицен буго цо заманаялъ бид виххун вачIарав кванхисес кьучI лъунила гьелъул, амма кванхисезул тухум гьечIо. Дир хIисабалда Къедивги чIун, нахъа гьев хъизангун Силдиве гочун ватизе бегьула ва гьесдасан лъугьараблъун букIине бегьула Силдиб кванхисезул тухумги.
  5. Гъазибиял. Гьезул рачIин, бицухъе, Балахьуни росулъан бугин абула.
  6. Хъураби. Гьаб кьибил лъугьун буго Силдиве Ангъидаса гочарав Хъури-ГIали абурав чиясдаса.
  7. КIичIаби. Гьаб абула тушаздаса лъугьараб тухумилан, ай гьазул кIудаэмен Гуржистаналъул Тушети абураб мухъалдаса вукIанин.
  8. АчукIиял. Гьазул баян роцIинабизе кIвечIо.

 

Силди росдал бакIазул ва сверхълъабазул цIарал[4]:

Рекьаби: ЧIужуялъул хур (гьаниса щвараб тIощел диниял гIидкъоязда жамагIаталъе квен гьабизе хIалтIизабулеб букIана), КъвачIил хур (къвачIа – цIанил цIокодул таргьа; рагъулаб сапаралде росдал бо бахъулеб мехалъ гьаб хуриса бачIараб ролъалдаса бежараб чед босулеб букIун буго цадахъ), Чупанил хур, Чамасдагил хур, Къулчал хур, Чамакулал хур.

Рациял: Росдахъ бакI, Гьунали магъилъ, КIандул бокьахъ, Ахилчил хурзабахъ, Бакъда кулаби, ХIажиясул хурзабахъ, Микалъ, ГIатIидаб кIкалахъ мегъ.

Рохьал: Беда рохь, БIагIараб кьурул рохь, Хьунда рохь, ЧIикIул рохь, Нохъол раса, ЛъаргIуда майдан, Чвахул майдан, ГьатIаналъул раса, Хъарсараб хIарахъи, БагIараб кьурухъ.

Гьабал: ТIагIашил гьобо, Хадижаласул гьобо, ИзимухIамадил гьоо.

ГIорал, лъарал: Гьабил лъар, БецIикIал лъар, Гьунали лъар, КIудияб лъар.

Иццал: Магъилъ ицц, Гъазичил ицц, Лъобанахъа ицц, ТIибитIараб лъим.

Нухал: Бол шагьра, Чангъил нух, МухIамадрасулил регьада, АхIмадил нухда.

Кьоял: БагIараб кьурул кьо, ЧIикIул кьо, Бедарохьалъул кьо.

ГохIал: ГьатIаналъул гохI, МацI борцулеб гохI, ЛъималчIолеб гохI, ТIогьолкъалил гохI, Гьунали гохI, Росо букIараб гохI.

КIкIалал: ХIанчIи нохъо, Гьорол ганчIил нохъо, ПартIи нохъо (циял рукIунеб нохъо-йилан абула гьелда).

Кьураби: БагIараб кьуру, Лъимчвахулеб кьуру.

ГIиязул мугIрул рукIана Хонокь кIкIалахъ ва жибго Хонокь росуги Силди гIадинго магIарулазул букIана.

 

 

[1] Гусейнов М. Союз сельских обществ Ункратль в ХIХ – начале ХХ в. М., 2006. С. 14.

[2] Гусейнов М. Союз сельских обществ Ункратль в XIX – начале ХХ вв. (историко-этнографическое исследование). М., 2006. С. 132.

[3] МикагIилов К. ЦIумада мухъалъул Ункъракьалъул росабазул ономастика. 1977 с. // МацI, адабият ва махщалил Институталъул квералъхъвараб понд. П. 10. Хъ. 1. Иш. 148 (6328).

[4] МикагIилов К.Ш. ЦIумада мухъалъул Ункъракьалъул росабазул ономастика. 1977 с. // МацI, адабият ва махщалил Институталъул квералъхъвараб понд. П. 10. Хъ. 1. Иш. 148 (6328).


Автор: ШагIбан ХIапизов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +5
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook