Авторизация

Шамилил заманалъул хIаракатчагIи – Лачинилав

Гьаб соналъул 6 апрелалда «БагIараб байрахъалда бахъун  букIана Лондоналда Оксфордалъул университеталда, 1991 соналъул картаялъул бакьулъ Шамилил къеркьеялъул тарих лъазабиялда тIасан халкъазда гьоркьосеб симпозиумалъул хIакъалъулъ интересаб макъала. Гьеб симпозиумалъул гIахьалчи, В.И. Ленинил цIаралда бугеб ДГУялъул  профессор Д. МухIамадовас бицунеб букIана симпозиумалъ рижизарурал жиндирго пикрабазул. Хасаб тIадчIей гьабуна гьес  Оксфордалъул университеталъул профессор Саймон Крипсица цIалараб докладалда ва гьеб рехсана бищунго интересал докладазда гьоркьоб.  «Лачинилав ва Шамил» абураб темаялда гьесул докладалъ дие интерес гьабичIого тезе рес букIинчIо, жиндир хIакъалъулъ гIемер чиясда Дагъистаналда лъаларев гьев гьайбатав нилъер ракьцоясул гIумруялъул ва хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ дицаги материал бакIарулеб букIиндалха.

Рохизарураб жо, СССРалъул ГIелмабазул  Академиялъул Дагъистаналъул централъул нухмалъулез гьоболлъухъ ахIун Шамилил нухмалъиялда гъоркь Дагъистаналъул ва Чачаналъул магIарулаз халкъиябгун эркен гьариялъул багъа-бачариялъул хIакъалъулъ тIадеги материал бакIаризе Дагъистаналде вачIана профессор Саймон Крипс. Саймон Крипсие ва гьединго гьесулгун иш цояв Цюрихалъул университеталъул  (Щвейцария) профессор Марнан Моорие рес кьуна Дагъистаналъулгун лъай-хъвай гьабизе.

РакIалдаго гьечIеб жоялъун ккана нилъер республикаялъулгун рикIкIадаб Англиялдасаги Швейцариялдасаги гьалбадерил лъай-хъвай гьабиялъул иш дидаги профессор А. Агъларовасдаги тIадкъай. Гьезул гьариялда рекъон ниж щвана Гъунире, Хунзахъе, Унсоколоре, гьединго Шамилил ватIан Генуре. Заман цIакъго дагьаб гурони букIинчIониги, гьел сапарал рукIана пайда…….

гIадамаз дандчIвай гьабуна хинлъи-рохелгун, рокьигун. ГIалимзабазул рукIана интересал дандчIваял ва бакIарана гьезул жидерго рагIабазда рекъон, жидерго цIех-рехазе цIакъго къиматаб материал.

Прфессор Саймон Крипсил гьариялда рекъон, Хунзахъ рукIаго ниж щвана Лачинасул ватIан ХIариколореги. ХIариколосез лъикIаб дандчIвай гьабуна гьалбадерида. ГIалимзабаз лъай-хъвай гьабуна росдалгун, щвана Лачинасул хабаде. Цинги букIана Лачинасул тухумалъул гIадамазулгун, гIагараб ракьалъул тарих лъазабулезулгун дандчIвай. Гьалбадерица кIудияб интерес гьабуна гьебго росулъа Наби ХIусеновас цIунун ругел Лачинасул кверца хъварал кагътаздехун. ГIалимзабазда гьениб тIоцебе лъана вас ГIумар хведал зигара бан Шамилица Лачинасухъе бачIараб кагътил хIакъалъулъ.

Край лъазабулезул рагIабазда рекъон гьеб кагъатги цогидал цIакъго къиматал документалги кIудияб хIурматгун цIунун руго Лачиниласул  тухумалъул чи ХIажи ГIумаровасул хъизаналда.

КIудияб асар гьабуна гьалбадерие школалъул музеялъ. Ункъо рокъоб лъун руго гьенир росдал бечедаб тарихалъул, гьайбатал ракьцоязул, гIажаибаб тIабигIаталъул бицунел экспонатал.

Дагъистаналъулгун къо-лъикI гьабулеб мехалда профессор Саймон Крипесица дие сайгъат гьабуна Лондоналъул симпозиумалда цIалараб жиндирго доклад. Докладалъе аслияб къагIидаялда кьучълъун лъугьун руго лингсвист-кавказовед П.К. Усларица ва машгьурав кавказовед, академик П. Бержеца жиндир заманаалда басмаялда рахъарал материалал. Бокьун буго, рехсарал гIурус гIалимзабиги живго Саймон Крипсицаги ракIарал материалазде мугъчIвайги гьабун, нилъер машгьурав ракьцояв, гIалимчи Лачиниласул гIумруялъул ва хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ къокъго бицине.

Лачинилав гьавуна гьанжесеб Хунзахъ районалъул ХIариколо росулъ гIага-шагарго 1970 яги 1791 соналда. Цин гьев цIалун вуго гIагараб росулъ цинги – Хунзахъ магIарухъ гIатIидго машгьурав гIалимчи НурмухIамад къадида цеве. Хадув гьев цIалун вуго Харахьив ва цинги ГьаракIунив, машгьурав гIалимчи…….?

Гьесдаго цеве цIалулев вукIун вуго хадув Дагъистаналъул тIоцевесев имамлъун вахъарав ГъазимухIамадги.

Лъалеб жо буго ГьаракIуни цIалулеб мехалдаго гIалимчи хIисабалда Лачинасул цIар машгьурлъун букIин. Гьединлъидал кватIичIого гьев тIамула Балахьуни росдал къадилъун. Гьенир гьес цIализарулел рукIун руго мутагIилзабиги. МутагIилзабазда гьоркьор дагьал рукIун гьечIо гьунар бугел гIадамал, гьезда гьоркьов вукIун вуго гьитIинав Шамилги.

Лачиниласул гIумруялъул ва хIаракатчилъиялъул тIоцебесеб бутIаялъул бицунаго хадубги абизе ккола, жиндирго мугIалимзаби НурмухIамад кIадица, ГьаракIуниса СагIидицаго гIадин гьес рахъ кколеб букIинчIо шаригIат хисизабизе лъугьиналъул ва гьединлъидал ГъазимухIамадицаги, ХIамзатицаги, Шамилицаги жидерго тушбабилъун лъазарун рукIана гьел гIалимзаби, гьезул гIелмуйин абуни – диналда данде кколареблъун. Гьеле гьеб гIиллаялъин Лачинилав хIажатавлъун ккарав Балахьуниве къадилъун ине, цинги хундерил хан АхIмадханица гьев тIамуна Хунзахъ къадилъун.  Хунзахъ вукIаго Лачинилас таваккалаб къеркьей гьабулеб букIана мюридизмалде данде. Гьединлъидал Хунзахъа НурмухIамад къадица, ГьаракIуниса СагIидица, Гъазигъумухъалдаса Жамалудиница ва цо-цо цогидазго гIадин гьесги гIахьаллъи гьабичIо Дагъистаналъул ва Чачаназул магIарулазул халкъиябгун эркен гьариялъул къеркьеялъулъ.

Амма гьелъул магIна кколаро Кавказалда пачаяс билълъанхъизабулеб букIараб политикаялъул гьел гIалимзабаз рахъ кколеб букIанилан абураб. – Гьез рикIкIунеб букIана Россиялде данде гьабулеб къеркьеялъулъ магIарулал ахир-къадги бергьине гьечIилан. Гьез хIаракат бахъулеб букIана ГIазимухIамадица, ХIамзатица, Шамили ца, гьезда хадур рилълъараз тIибитIизабулеб гIелму унго-унгояб гурилан, цо-цо мехалдайин абуни гьеб  Къуръаналдеги шаригIаталдеги битIахъего данде чIараб бугилан бихьизабизе. Ай гьез магIапулал ахIулел рукIана магIарулазул ракь, гьезул гIадатал, мацI, дин гьабизе ва цогидал……. ??

Бугониги пачаясе  мутIигIлъизе. Гьединал кьучIал цIунизе рукIиналъейин абуни рагIи кьун букIана Россиялде гъорлъе бачIине бокьараб ханлъиялъе.

Шамилицаги гьесда нахърилълъаразги, бичIчIулеб жо. Рехсарал гIалимзабазул хIаракатчилъиялъул рахъ кколеб букIинчIо. 1835 соналъул апрелалда Лачиниласухъеги Мехты Огълыхъеги хъвараб жиндирго кагътида Шамилица абулеб буго:

«Дида рагIана ансадерил Мехти кIадигун цадахъ лъугьун нужеца Ибрагьим Огълидасан, Ражабил МухIамадидасан ва Игьалиса СагIидидасан ккарал ишазда тIасан дагIба гьабулеб бугилан,  нужецайин абуни гьелъул гIаксалда гьезие квербакъи гьабизе кколаан… Гьел хIикмалъи гьабун ралагьулел руго данде чIун гьарулел ишазухъ… Божуге нуж  къабул гьарилилан бицунеб рагIиялда, щай гурелъул гьезие бокьун буго шаригIат тIекъаблъун чIезабизе. Нужер пикруялда данде кколареб, амма унго-унгояб хIакъикъат лъазе бокьун батани, нуж рачIине бегьула дихъе. Дица гьаниб, гIалимзабазда ва гIолилазда цебе, бичIчIизабула нужеда нужер дагIба кьучI гьечIеб букIин. Гьезги ритIухъ гьабизе буго дун ва нужергун  пикру данде кколарел ритIарал рукIин, гурони нуж рачIинчIоялъ ахир лъола  нужер гIададисеб дагIбаялъе. Гьелъул хIасиллъун букIине бегьула жиб тIалъиялде ккеялъе квербакъи гьабуразе хадубккун тамихI гьабизе ккезе бугеб власталъухъе тIалъи щвей, нужеда ракIалде ккоге шаригIаталъул бакъул чIорал тIерхьанилан – тIерхьинчIо. Гьел тIерхьинчIо ва  тIерхьинчIого гьел тIиритIизе руго киналго росабалъ, киналго къавмазда гьоркьор – гьеб бичIчIана нужеда» («Кавказалъул археологиялъулаб комиссиялъ ракIарарал актал», Тифлис, 1888 сон. Т. VIII, гьум.598).

1843 соналъ, Шамилие бергьенлъаби щолеб мехалда, Лачинилав вачIана гьесухъе жиндаго гIайиб ккеялъеги мукIурлъун. Шамил гьесда тIаса лъугьана ва абун буго: «Мун дида кодов вуго, гьале  чIалтIачи – дур бетIер тIаса бортизабизе ккола. Амма  дир мугIалимлъун вукIана мун ва дуца гIемераб лъикIаб жо малъана дида. ЛъикIабщинаб дида кIочон течIо, амма гьелдаса хадуб дуца гьабураб квешабщинаб дида кIочон тезе буго». Гьединаб каламги гьабун, абун бихьизабулеб буго К.П. Усларица – Шамилица рекIелъ хинлъигун гьитIинаб мех ракIалде щвезабизе байбихьана. Хадуб гьес лъикIал рагIаби абуна жиндирго цевегосев мугIалимасда, гьесие сайгъат гьабуна тIимугъ ва гьев тIамуна Чачаналда наиблъун. Амма бичIчIулареб жо букIана Шамилица гьев Чачаназул росабазул цоялъул наиблъун тIами – гьесда лъалароан чачан мацI ва гьединлъидал гьесул рес букIинчIо бакIа…….??

Шамилие хъулухъ гьабулелъул Лачинилас гIемераб хIалтIи гьабуна гIагараб халкъалъул лъай, культура борхизабиялъе. Масала, цо-цо баяназда рекъон, гьес байбихьун букIун буго Къуръан авар мацIалде буссинабизе. Шамилил бихьизабиялда рекъон, гьес гIахьаллъи гьабун буго Хунзахъа Дибиркъадицаго бахъун букIараб гIажамалъул кьучIалда гIуцIараб авар графикаялъул алфавит камиллъизабиялъулъ. Шамилил  амруялдалъун гIуцIараб гьеб комиссиялъ гьарурал хиса-басиялгун алфавит магIарулаз хIалтIизабун буго 1928 соналде щвезегIан.

Дагъистаналъул ва Чачаналъул магIарулаз къеркьей лъугIун хадуб ва Шамил кверде ун хадуса Лачинилав вачIана Хунзахъе. ГIадамаз гьев тIамуна росдал къадилъун.

1865-67 соналда гьесул лъай-хъвай ккана доб мехалда Хунзахъе вачIун вукIарав П.К. Усларилгун – хадув академиклъун вахъарав гьев гIурусазул машгьурав гIалимчияс бакIарулеб букIана аваразул ва гьезул мацIазул хIакъалъулъ материал. П.К. Усларилги Лачинасулги лъугьана лъикIаб гьудуллъи ва гьез гьеб хIалтIи гьабулеб букIана цадахъ лъугьун.

П.К. Усларил хIаракаталъ ва тавакалалъ бажарана мугIрузулаб Дагъистаналда чанго школа рагьун. Хунзахъ рагьараб гьединаб школалда хIалтIулев вукIана П.К. Усларица гIелмуялъе ругьун гьавурав ЧIикIаса Айдемир, цинги гьесул иш жиндаго тIаде босана Лачинилас. Байбихьуда школалде хьвадулев вукIана 16 цIалдохъан Лъимал гьенир цIализарулел рукIана  Лачинасул битIахъегояб гIахьаллъигун П.К. Усларица гIурус графикалъул кьучIалда бахъараб авар мацIалъул цIияб алфавиталда рекъон.

П. К. Усларицаги Лачиниласги рикIкIунеб букIана гIемерал миллатал ругеб Дагъистаналда миллатазда гьоркьосеб мацI хIажат бугилан, гьединаблъунги гьезда бихьулеб букIана гIурус мацI.

Школалда цIалулел рукIаразул гIемерисезда чанго моцIалда жаниб лъана рахьдал мацIалда эркенго хъвазе-цIализе. Гьединго лъималазда малъулеб букIана гIурус хъвай-хъвагIай ва хIисаб, гьел ругьун гьарулел рукIана тилмачилъиялъе ва гьединаб къагIидаялда хIадур гьарулел рукIана гIурусазул колониалияб администрациялъе хъулухъ гьабизе гIадамал. Гьеб школа лъугIарал гIадамаз ишалъулаб хъвай-хъвагIай гьабулаан цебе  гIадин гIараб мацъалда гуреь – авар мацIалда.

Ахиралдаги бицине бокьун буго Саймон Крипсгун цадахъ ХIариколоре щведал нижехъе щварал цIиял баяназул хIакъалъулъ. Лачинасул зонода гьарурал хъвай-хъвагIаяздасан чIезабизе кIвана гьев…..???

Лъаледухъ цIунун хутIун гьечIо, амма гIагараб заманалда гьелги цIализе бажариларин ккола.

Росдал гIадамазулбаяназда рекъон, Лачиниласул буго  лъабго лъимер.; кIиго вас ва яс.  Цояв васас тIаса бищун буго инсул нух ва гьев вахъун вуго ГIалимчилъун. Лачиниласул цебесеб гIагарлъиялъул гIемерал гIадамал руго росулъ, вуго гьесул цIар лъурав чиги.

Росдал гIадамаз бицуна Лачинилав чIухIа-къули гьечIев, гьобол хирияв, росдал гIадамазул къварилъи-гIатIилъи гIахьал гьабулев чи вукIанилан.

Лачинилав вукIун вуго гIумру халатав чи. Гьес бан буго 80 сон. Ахирал соназда гьев тIуванго беццлъун вукIун вуго, гьесул тIалаб-агъаз гьабун буго лъималаз.

Дир  щулияб божилъи букIана тIадехун бицен гьабураб ХIариколо  школалъул музеялда Лачинасул хIакъалъулъ бицунел материалазги мустахIикъаб бакI кквезе букIаналда божула гьединго Лачинилав гьавуралдаса 200 сон тIубай кIодо гьабулеб мехалда  гьесул хабада бугеб зани  къачIан букIиналдаги.


Автор: МухIамад Элдарилав

Баяналъул кьучI: БагIараб байрахъ. 1992 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьев Лачинилав,ва гьесда релъарал доб заманалда церет1урал пикруялъул г1адамазул ,М.Хандиев,Ч1ик1аса Айдемир,к1ванаг1ан ц1ик1ун к1вар кьезе ккола!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook