Авторизация

ХIоцоса Нажмудин

Кавказалъул щуабилев имамасул къеркьей

 

Дагъистаналъул XX гIасруялъул тарихалъулъ ХIоцоса НажмудингIан  чIегIерго, тушманго вихьизавурав чи цоги ватиларо. Гьесда абичIеб квешаб рагIиги, бачIеб рогьоги хутIун батиларо: гьереси-имам, бандит, чияр гъийин чи, мискинзабазул би цIурав чи, чIвадарухъан ва гь. ц. Дагъистаниязул чанго гIелалъул пикруялъулъ Нажмудиниде куцана рокьукълъи. Гьеб киналдасаго хадуб кин къабул гьабилеб нилъер гIадамаз гьесул хIакъалъулъ абураб ритIухъаб рагIи, кин кIвелеб пикруялъулъ лъугьараб гьесул чIегIераб сураталъухъ батIайиса ралагъизе.


Имам, гIалимчи, шагIир…


ХIакъикъаталдаги, нужецаго пикру гьабе, гьев вукIана Дагъистаналда бищунго бечедал гIадамазул цояв, букIана живго бетIергьанаб 10–12 азарго гIи, чIегIербоцIи, гъутаби, мугIрул. РукIана гьеб боцIи хьихьизе ккурал гIухьби ва хIалтIухъаби. Пача тIаса рехун хадуб граждан рагъазул соназда Совет власталде, большевиказул партиялде дандечIун цеве вахъана ва жиндаго хадуб магIаруллъи цIана. Гьес абулаан цIияб хIукуматалъ дин гьукъизе, халкъалъул гIадатал хвезаризе, ракьги боцIиги гIаммаллъун гьаризе ругилан ва гьеб кинабго нилъер халкъалъе данде кколарилан. Гьев тIуванго данде чIарав вукIана коммунистияб идеологиялда. Гьесие бокьун букIана Дагъистаналда шаригIаталъул, Шамил имамасул букIараб гIадаб хIукумат гIуцIизе. Байбихьуда гьесул программаялда букIинчIо Дагъистан Росси-ялдаса тIезабизе. Хадуб гьеб пикруги бижана.

Гьебго заманалда гьев вукIана машгьурав гIалимчи ва поэт, кучIдул хъвалаан гIараб мацIалда, жинцаго хъварал тIахьал къватIире риччана Турциялда, машгьу­рав вукIана Бакъбаккул улкабазул Дагъистаналдехун хурхен бугел хIаракатчагIазда ва диниял гIадамазда гьоркьов.

Гьев чIвазегIан гьесул гIумруялъул нухалъул, хIаракатчилъиялъул ва гIадамазулгун букIараб гьоркьоблъиялъул халгьабураб мехалъ, бихьула халкъалда гьор­кьоб гьесул къадру-къимат букIараблъи ва гьесда хадур гIадамал рилълъунел рукIараблъи. Республикаялъул историказ бецIаб халкъ унеб букIанин гьесда хадубин абураб жоялъулъги дагьаб гурони ритIухълъи гьечIо.


Дагъистаналъулги чачаназулги халкъал ракIарараб ГIанди хIорихъ имамлъун лъазавуна гьев ва гьеб ритIухъ гьабуна Темир-Хан-Шураялда 1917 соналъ букIараб данделъиялдаги. ТIадехун рехсараб гьеб киналдасаго бихьула ХIоцоса Нажмудинил хIакъалъулъ нилъеда гьев квешав чи вукIанин абураб башдаб ритIухълъи гурони лъалеб гьечIолъи. Гьединлъидалго батила, гьесул гIумруялъулъ чIегIерал гурел, гвангъарал рахъалги рукIиналъ, гIадамазе бокьараб гьелъул киналъулго, рагIа-ракьанде щвараб гьечIониги, баян щвезе. Гьаб макъала хъвалаго, газета цIалулезул гьеб законияб тIалаб гуребги, хIисабалде босана нилъер обществоялда ккарал гъваридал хиса-басиял. Нилъерго пикруялъулъ щулаго бакI ккурал жалаздаса инкар гьабичIониги, нилъеца гьанже дунял тIад калам гьечIого багIаразде ва хьахIазде бикьуларо ва ракI-ракIалъ гьарурал инсанасул ишазе политикаялде дандеккеялъухъ яги ккунгутIиялъухъ балагьун къимат кьоларо. ХIакъикъаталдаги, гьелъие нугIлъи гьабуларищха Деникинил, Врангелил ва цогидалги революциялде дандечIун рукIарал гIадамазул хIакъалъулъ объективияб къагIидаялъ хъвазе жакъа рес щвеялъ. ХIоцоса Нажмудиница магIарухъ мятеж багъаризабураб заманалъ Тамбо­валда гьединабго мятеж багъаризабурав Антоновасул хIакъалъулъ ритIухъго хъвалеб буго. Гьедин бугеб мехалъ, абун пикру гьабуна дица, щай бегьилареб Нажмудинги гьев вукIарав гIадав вихьизавизе, гьесул гIумруялъул нухалде, пикрабазде ва ишазде цодагьабниги нуцIа рагьизе.

Нажмудин гьавуна ГIанди округалъул ХIоцоб росулъ, Шамил имамасул бищун­го машгьурал наибзабазул цояв, Доногъонол МухIамадил хъизаналда 1858 соналда. Доногъоноласул хIакъалъулъ халкъалда гьоркьоб бицен хутIун буго гьев вацIцIадав чи ва кьварарав рагъухъан вукIанилан, имамасе гьес ритIухълъи цIунана ахирисеб къоялде щвезегIан ва гьев асирлъуде ккун хадубги. Революциялдаса хадуб, Нажмудинил инсуца Шамил имамасул хазина талавур гьабун, халичаби ва бечелъи бикъун букIанин рицунел рукIарал харбал хIакъикъаталда данде кколаро.


Халкъалда гьоркьоб тIоцебесеб машгьурлъи Нажмудиние щвана цIар рагIарав инсул вас хIисабалда. Эмен хун хадубин абуни тIолабго рецц, хIурмат, бечелъи щвана гьесие. Гьесул кIудияв вац ГIабдулатIип-хIажица, машгьурав гIалимчияс, инсул бечелъи бащдаб бикьун жиндиего босизе букIараб ихтияралдаса инкар гьа­буна. Гьев вукIана динияв, шайихлъиялъул махI бугев, дунялалъул боцIиги, мал-мулкги жойиде гьабуларев ва ахираталъул тIалабалда вукIунев чи. Гьесулъ букIинчIо гьитIинав вацасул гIадаб чIухIи, пахрулъи ва тIадлъи бокьулеб хасият. Инсул рокъоб магIарул бищунго лъикIал гIадатазда ва гIурусазул законазул кьучIалда куцарав Нажмудиние щвана кутакалда бечедаб ва гъваридаб гIарабазул лъай. Дагъистаналда гьесул цIар тIибитIана кIудияв гIалимчи хIисабалдаги ва гьесул пикруялъухъ гIенеккулаан, гIицIго Дагъистаналъул гIалимзаби гурелги, гIелмияб рахъалъ гIатIидго машгьурав ва цIакъго диниявлъун рикIкIунев Турциялда вукIарав КIикIуниса Шарапудин шайихцин. Нажмудин машгьурав вукIана, Турциялда гуревги, гIарабазул улкабазда, хасго Египеталдаги. Гьенив лекциялгун, вагIзабигун цевевахъунаан гьев.


Аллагьасукьа гурони хIинкъуларев чи


ТIадехун рехсохъе, Нажмудин вукIана чIухIараб, гIамал кIудияб хасияталъул, амма лъай бугев, цIодорав, гIакъилав чи ва политик. Вагъа-вашари бакIаб бугониги, иш гьабизе, хьвадизе, къваригIаралъуве ине гьев вукIана гIедерав. Живго чIаго таралъухъ, хъулухъал кьун кIодо гьавуралъухъ пачаясул хIукуматалдехун инсул букIараб баркалаялъул асар, Нажмудинилъа бихьулагун тIагIун букIана ва цо-цо мехалъ гьеб хIукуматалдехун адаб гьечIолъи биччалеб букIана. ТIадежоялъеги, эмен хун хадуб Нажмудинил асар цIакъ цIикIкIана, магIаруллъиялда гуребги, Дагъистаналдаго. Гьаниб ракIалдещвезабизе ккола гьесул эбел Гъоркьа Жунгуталдаса лъарагIай йикIарайлъи ва лъарагIазда гьоркьобги гьесул гIагарлъи ва машгьурлъи букIинги. ТIадежоялъеги бечелъиялъги машгьурлъиялъги рес кьуна гьесие чияда бачIеб гIумру гьабизе. Рехсарал ва цо-цо цогидалги гIиллабазе гIоло пачаясул хIукуматалъ къасд гьабуна, гьесул асар дагьлъизабизелъун, Нажмудин магIарул округаздаса тIезавизе. 


Участкаялъул начальниклъун витIула гьев Самур округалде, амма гIемер мехалъ хутIуларо гьенив. ГIурус мацI къадарго лъалеб букIиналъе ва хасго жиндирго лъиениги мутIигIлъизе бокьулареб, пахруяб, данде къотIи бегьулареб хасияталъе гIоло, гьениса нахъе ватIа гьавула. Гьеб квеш букIарав Нажмудиница гьелдаса нахъе пачаясул хIукуматалъул вакилзабаздехун дандечIей ва рокьукълъи бихьизабулаан.  Гьесие киса-кибего, рес ккарабщинаб бакIалда бокьулаан губернаторасулгун ккарал тунка-гIусиязул ва живго гьесие мутIигIлъунгутIиялъул бицине. Ва дагь-дагьккун гьесул хIакъалъулъ хабар тIибитIана Аллагьасукьа гурони лъикьаниги хIинкъуларев чи хIисабалда. ТIецебесеб гIурусазул революциялъул ва хадусеб заманалда гIурус империялда букIараб тамахаб, халкъ багъариялдаса хIинкъун гIемераб жо хIехьолеб букIараб ахIвал-хIал ракIалде щвезабуни, бичIчIула Нажмудинил букIараб политикияб бегIерлъи. Ахирисеб хIасилалда гьев кколаан пачаясул хIукуматалда данде чIарав чиги.


ГIияхъан


РакIалде ккола битIахъего гьеб заманалда бищунго цIикIкIун батилин гьесул бечелъиги. Нахъе ругел баяназда рекъон, цо-цо соназда гьесул гIицIго къинлъулеб гIиял къадар 12 азарго бетIералдеги бахунеб букIун буго. Амма доб заманалда гIи букIана цIакъ кьучI гьечIеб жо. Гьелъие хасалоялде рагIи-хер хIадур гьабулароан ва кьиндалил заманалда, лъарагIлъиялда хьихьулеб бугониги, нилъерго хIалбихьиялдаса нилъеда лъала, авлахъалда цо-цо соназ рукIунел кьварарал квачалги, рицатал гIазабиги, кваназе базе жо бугонигицин гIи-боцIи тIаса унеб куцги. Цебе чIезабе щибго рагIи-херги гьечIого, тIуцалго бокьахъе квачараб хасало гъурал гIиял рехъаби. Анкьазги хутIулаан ракъун, хIалакълъулаан, хун нус-нус тIаса унаан. Икъбал ккарал соназ квасухъ ва куйдузухъ щвараб гIарац гьес рукъалъул хIажалъабазе ва гъутаби росизе харж гьабулаан, амма дагьго гурони хайир щвечIел соналги рукIунаан. ГIи гIемер букIаниги, гьелдаса кIудиял гIарцал щун, гьел бечелъи-ялде сверизаризе регIичIо гьев. Гьесул цониги фабрик-завод, кIалгIаби, рекьулел ракьал рукIинчIо. Жиндирго ватIаналда ХIоцобцин цIакъаб мина бачIо ва букIарабги чIвадназде сверун буго.


Гьесул ишал лъикI лъалел гIадамаз бицуна гьесул гIи-боцIиялда нусгогIанав чи вукIун ватилин, гьездаса 40 – 50 вехь. ГIухьбузе чIезабураб мухь букIана чIобого квен, партал-хьит, лъагIалие анцIила кIиго гIиялъажо ва хважаинасул рехъалъ жиндирго гIиял хьихьизе изну. ГIухьбуздехунги хIалтIухъабаздехунги гьесул букIа­раб гьоркьоблъиялъул хIакъалъулъ батIи-батIиял пикраби руго: лъикIав вукIанинги абула, квешав вукIанинги абула, ракIалде ккола, кIиябго букIун батилин.


Амма жиндирго бечелъи унго-унголъунги цIунулаан. ХIакъикъаталдаги гьабизе лъачIони магIишатги, цIунизе лъачIони бечелъиги букIунаро. ГIи къинлъулеб ме­халъ, ихдал тIубараб моцI балаан лъарагIлъиялда, фаэтоналдаги рекIун цояб гъутаналдаса цогидалде щолаго, ахIвал-хIал лъазабулаго, гIи къинлъун лъугIизегIан сверулаан. Гьединго тIубараб моцI балаан цIунтIадерил мугIрузде гIи гочунел нухазда. ГIи къунцIулеб заманалда ХIоцоб росдал гIадамазеги къунцIарухъабазеги щибаб къойил гIиял хъолаан. ГIи магIарде гочунеб, бахъараб тIинчIгун цадахъ тIубан гIиял къадар мухIкан гьабураб мехалъ, бикьулаан закагIат. Гьелъие гIиял рехъаби аскIосан унел росабазе кьолаанила куйдул. ГIезегIан хъантIарав чи вукIаниги, мискин-пакъиразе садакъа кьезе квешав вукIинчIила. ГIи-боцIул, буголъиялъул къадру гьабулаан, сундулъго чамгIаллъи биччалароан. ЧамгIаллъи биччани, абулаан – нилъедаго гьабизе кIолареб жо хвезе тогеян. МагIаруллъи цIакъ бокьулаан


1917 сон. Узун-ХIажил хIаракат


1917 соналъ, пача тIаса рехарав ва февралалъул буржуазияб революция байбихьараб мехалъ, Нажмудин вукIана гIатIидго машгьурав, Дагъистаналда кколел ишазде асар гьабизе кIолев чилъун. Пача тIаса рехиялъул хабаралда рохалида дандчIвай гьабуна магIарул халкъалъ. Пачаясул хIукуматалде бугеб рокьукълъи Кавказалъул рагъазул заманалдасаго букIана гьезул ракIазулъ. Жибго жиндасанго гIадин халкъалъ революциялъулаб эркенлъи къабул гьабуна Шамил имамасул букIараб гIадаб шаригIаталъул низамалде тIадруссине бегьиялъе гъоркьелъеллъун. Социалистиялги коммунистиялги идеяби гьенир гIицIго гьанжего гьанже тIиритIизе байбихьун рукIана ва халкъалде гьез гьабулеб асар жеги мукъсанаб букIана.


Гьединаб ахIвал-хIалалда Нажмудиниде гIемерисеб халкъалъул кIвар буссана. Узун-ХIажица гьев имамлъун вищизе кколин абиги ккана гIемерал гIадамазул пикру загьир гьабилъун.


Гьединал шартIазда вищана ХIоцоса Нажмудин имамлъун. ТIадехунги рехсохъе, гьениб бищунго кIудияб хIаракатчилъи бихьизабуна Узун- ХIажица. Имам ви­щизе халкъ бакIариялъул, вищулеб бакI тIаса бищиялъул, гьенире чачаназул, кабардиназулгун балкаразул гIадамал рачIинариялъул иш аслияб къагIидаялъ гьа­буна гьес. ГIанди магIарде, риидалил заманалда, цо-цо баяназда рекъон, щуазаргогIанав чи вакIарана. ХIоцоса Нажмудинил гуребги, жеги чанго чиясулги, гьездаго гьоркьор чачаназулги цIарал рихьизарун рукIана имамлъиялде. Амма лъаялъул, машгьурлъиялъул, гьунаралъул рахъалъ Нажмудинилъе вахунев чи вукIинчIо, гIемерисеб халкъ разилъун, гьев вищана имамлъун.


Нажмудинилал ва махIачилал


Нажмудин цIодорго валагьулаан МахIач ДахIадаевасги Жалалудин Къоркъмасовасги нухмалъи гьабулеб социалистияб группаялъухъ. Гьез гьабизе бегьулеб дандечIейги хIисабалде босун, ва гьезул ишазда рекъезабун хIалтIизе жигар бахъулаан. Гьезда гъорлъ гьесда рихьулел рукIана дандечIей гьабизе бажари бугел ва жидеда кодоб хIакъикъияб къуват бугел рекъел гьечIел тушбаби. БитIахъего гьеб заманалда байбихьула Нажмудинилги социалистияб группаялъулги, гIезегIан заманалъ халат бахъараб ва МахIач чIваялдалъун гьоркьоб къотIараб, хвалилаб къеркьей.


Гьеб къеркьей хасго бегIерго загьирлъарал ишазул цояблъун букIана 1917 соналъ Дагъистаналъул Учредительнияб ракIариялде рищиял тIоритIиялде хIадурлъи гьа­булеб заман. Гьелда гIахьаллъана аслияб къагIидаялъ цоцазда данде чIараб кIиго къокъа - шаригIаталъул блок ва Дагъистаналъул социалистияб группа, ай «махIачилалги» «нажмудинилалги». Къеркьеялъул бегIерлъи нилъеда бихьула гьел лъугьа-бахъиназул нугIлъун вукIарав машгьурав революционер ТI. Тахо-Годил хъвай-хъвагIаяздасан: «Рищиязда гIахьаллъулел политикиял дандияз, – ан хъвалеб буго гьес, – избирателал жидерго рахъалде цIазе гIоло рес бугеб кинабго жоялдаса пайда босулеб букIана». «Дагъистаналъул мискинзабазде» абураб жиндирго ахIиялда МахIач ДахIадаевас хъвана: «ТIолабго дунялалда социалистаз кидаго жидерго гIумру къурбан гьабуна мискинзабазе гIоло. Гьединлъидал Дагъистаналъул мискинзабаз социалистазе гурони гьаркьал кьезе бегьуларо... Нижеца кидаго мискинзаби цIунула ва, нижер каранда жаниб ракI кIетIолеб бугебгIан заманалда, гьезул мурадал цIунизеги руго».


 ШаригIаталъулаз биччараб рищиязда цебесеб «Нижер вацал Дагъистаналъул бусурбаби» абураб ахIиялда хъван букIана: «Гьал социалистазе бокьун гьечIо нильер халкъалъе бокьараб жо, гьединлъидал жидерго депутатал ритIизелъун гьез жидерго № 11 сияхI хIадур гьабуна. Нужее бусурбанлъи, нужерго миллат бокьулеб батани, нужеца ниж рище Учредительнияб собраниялде». Рищиял гьарулеб къоялъ «шаригIаталъулазул» вакилзаби рукIана урнабазда аскIор чIун ва гьаракь кьезе рачIаразда абулаан: «Гьаб буго алжаналде нух, гьаб цояб – жужахIал-де, бокьараб тIаса бище», – ян. Нажмудинил къуват гIицIго гьел рехсарал тадбиразулъ гуребги загьирлъана, гьесул рахъкколез тIолалго дибирзаби, къадизаби рахъинаруна жидеего гIоло агитация гьабизе. Учредительнияб собраниялда тIоритIарал рищиязда, лъабго бутIа гьабун кIиго бутIа гьаркьазулги щун, бергьенлъи босана Нажмудинил рахъкколез.


Имам - Темир-Хан-Шура шагьаралда


ЦIакь хIалуцарал рукIана Дагъистаналда 1918 соналъул январь – февраль моцIал. Гьеб заманалда Учредительнияб собраниялде гьарурал рищиязда Нажмудиницаги Узун-ХIажицаги къасд гьабуна, босараб бергьенлъиялъ гъира базабурал, Дагъистаналда шаригIаталъул пачалихъ гIуцIизе.


Гьединал хIалбихьиязул цояблъун букIана 1918 соналъул январь моцIалда, Учредительнияб собрание рагьулеб заманалде дандеги ккезабун, аскаразул кIудияб къокъагун, Нажмудин Темир-Хан-Шураялде вачIин. Квачан холеб хасалил гIужалъ, тIад ретIине хинаб партал ва кодоб сахаб ярагъ гьечIеб Нажмудинил аскаралъ, шагьаралъул гIадамал гурелги, революциялъул къуваталги хIинкъиялда гъоркье ккезаруна. Аскаралъ областалъул съезд данделъараб мина сверун ккуна. Амма, анцIазаргогIанаб аскар бакIараниги, доб заманалъул гIадамазул ракIалдещвеязда рекъон, шагьаралда гъалмагъир, хъамалчилъи, хIакъир гьари букIинчIо, гIадлу цIу-низе кIвана. Гьелдаго цадахъ Нажмудинидаги Узун-ХIажидаги мурадалде щвезе, ай исполкомги бачахъун, шаригIаталъул монархия гIуцIизе кIвечIо. Унго-унгояб политикияб къеркьей унеб букIана большевиказдагун  социалистияб группаялдаги Нажмудинил рахъкколел шаригIаталъулаздагун  бечедазда гьоркьобги. Щибаб къойил тIоритIулел данделъабазда кIалъазе рахъунаан М. ДахIадаев, Ж. Къоркъмасов, Узун- ХIажи, Нажмудин. Гьединал данделъабазул цоялда Нажму­дин, такрар гьабун, нахъеги имамлъун лъазавуна. Социалистияб группаялъул членаз, хасго МахIачица, нухал ралагьулел рукIана Нажмудинил аскар дагьлъизабизе. Жин­дирго цо кIалъаялда гьес абизецин ккана: «ТIолабго Дагъистаналъул халкъалъ абулеб буго – биччанте шаригIат букIине, нижецаги гьебго абулеб буго. Амма ниже­ца абулеб буго - биччанте шаригIаталъулаз, шаригIаталъул цIаралдалъун халкъалъе гIакъуба кьечIого, зулму гьабичIого тезе. Ниж гьелда данде къеркьезе руго».


Гьеб ахIвал-хIалалда, социалистияб группаялъул пикру ккана, Дагъистаналъул диниял къокъабазда гьоркьоб рикьи ккезаби ва, Нажмудинидаса халкъалъул ракI буссинаби мурадалда, Дагъистаналъул ва Северияб Кавказалъул шайихул исламлъун доб заманалда маш­гьурав динияв гIалимчи ГIахъушиса ГIали-ХIажи вищизавизе. ГIали-ХIажи машгьурав вукIана даргиязул ва гIодоблъиялъул цо-цо округазда. ХIакъикъаталдаги, гьев вищизавизеги кIвана. Нажмудиние гьеб ишалъ кIудияб асар гьабун гьечIин ккола, гьелъул хIакъалъулъ бицараб бакI кибниги батичIо.


ЛъикIги квешги, хIакъикъаталдаги бусурбабазул рухIаниязда гьоркьоб рикьи ккола, лъарагIлъиялъул ва даргиязул  диниял чагIазул цо бутIа Нажмудинидаса нахъе кIанцIана, амма гьесул хIаракатчилъиялъе гьеб лъугьа-бахъиналъ кIудияб зарал гьабичIо, щайгурелъул, диналъул бетIерлъун гуревги, Дагъистаналда гьев общественнияв ва политикияв хIаракатчиги вукIана. Гьесул къуватги къадруги жеги щулаго рукIана.

Гьеб пикру ритIухъ гьабулеб лъугьа-бахъин ккана гьебго соналъул ихдал, маялда, Дагъистан областалъул исполкомалъул хIаракатчилъиялдалъун, гьелде дандечIун, Порт-Петровскиялда гIуцIараб Советияб власть хвезабизе гьенибе гьужум гьабиялда гьоркьоб кIудияб бутIа Нажмудинил аскаралъ лъун букIиналъ. Гьеб тIаде кIанцIиялда гIахьаллъи гьабуна, ХIоцоса Нажмудинил аскаралъ гуребги, князь НухIбег Тарковскиясул, Хъайтмаз ГIалихановасул отрядазги.


Порт-Петровск Шамилхъалаялде сверана


Гьаниб чанго рагIи абизе ккола ГIалихановасулги Нажмудинилги – революциялде данде чIараб къуваталъе бетIерлъи гьабулел рукIарал бищунго бажари бугел ва рагIи билълъарал магIарулазул гьоркьоблъиялъул хIакъалъулъ. Гьезул рагIи данде кколароан, кIиясего къваригIун букIана Авар округалда тIадлъи гьабизе, кIиявго гIи гIемерал чагIи рукIиналъ, дагIба букIунаан гIи кваналел мугIрузда тIасан. КIиявго вукIана чIухIарав ва пахруяв, гьединлъидал рес рекъон рагIи данде ккезабизе жигар бахъулароан. Амма цо-цо къо ккараб, кIиясего хIинкъи лъугьараб мехалъ, гьел цолъулаан ва рекъон хIалтIизе жигар бахъулаан. БитIахъего кIиязего ккараб гьединаб хIинкъиялъ тIамуна гьел цадахъ Порт-Петровскиялде тIаде кIанцIизе. Гьеб сапаралда революциялда данде чIарал къуватазда кIвана Порт-Петров­скиялда Совет власть хвезабизе. Щущахъ биххизабуна Уллубий Буйнакскияс бе-тIерлъи гьабулеб букIараб шагьаралъул ва районалъул Рагъулаб революционнияб комитет ва гьев живго Астраханалде лъутизе ккана. ХIоцоса Нажмудинил ва ГIали­хановасул аскараз, Порт-Петровскги бахъун, гьелда Шамилхъала абун цIар лъуна.


Гьенисанго гьел, генерал Халиловасул аскаралгун цолъун, ана Бакуялде тIаде кIанцIизе. Гьенир гьел 1 – 4 апрелалда щущахъ риххизаруна. Порт-Петровскги гIемер мехалъ кквезе кIвечIо гьезда. Бакуялдаса ва Астраханалдаса рачIарал революциялъул аскараз, бакIалъулал багIарал гвардейцаз эркен гьабуна Порт-Петров­скги Темир-Хан-Шураги ва Совет власть рукIалиде ккезабуна. Нажмудинги гье­сул аскаралги мугIрузде лъутана.


Гьелдаса хадуб,  XX гIасруялъул 20 абилеб соналде щвезегIан, Дагъистаналда унел рукIана захIматал граждан рагъал. Власть цинцияз бахъулеб букIана. ЗахIматаб букIана Дени­кин Дагъистаналде вачIараб заман. Гьениб гьоркьоблъиялда чIвана Дагъистаналъул бищунго цIар рагIарал революционерал – МахIач ДахIадаевги Уллубий Буйнакскийги. Гьезул цонигиязул хвалда гьоркьоб Нажмудинил гIахьаллъи букIинчIо.


КъватIисел улкабазде лъутичIо


XX гIасруялъул  20 -абилеб соналъ тIадмагIаруллъиялда Совет хIукуматалда данде, Нажмудинил бетIерлъиялда гъоркь, нахъеги багъарана мятеж. ГьанжелъизегIан нилъер историказ киб бакIалда халкъалъул багъа-башари кканиги абулаан гьеб яги капиталистаз гьусун, яги жанисел тушбабаз багъаризабун лъугьараб питна бугилан ва киданиги мукIурлъулароан къварилъи, зулму-хIал хIехьезе кIвечIого халкъ тIаде бахъанилан. Гьебго жо абула магIарухъ букIараб мятежалъул рахъалъги – турказги англичаназги гьусун, жиндирго бечелъи тIадбуссинабизе Нажмудиница багъаризабунин. Гьедин абизе, гьайгьай, бигьа буго, гьениб дагьаб бугониги ритIухълъиги буго, амма ки­набго гьечIо. Халкъ багъариялъе ва гьеб Нажмудинида хадуб иналъе цоги рахъалъулаб гIилла букIана гьеб захIматаб хIалалде ккун букIин, ракъи, ресукълъи байбихьи, магIаруласул ругьунаб гIумру гьабиялъул къагIида хвезабизе байбихьи. Тамбовалда Антоновасул нухмалъиялда гъоркь багъарараб мятежалъе гIилла букIана рекьарухъабазухъа тIощел нахъе боси. ГIицIго гьанже абулеб буго гьелъул хIакъалъулъ битIараб рагIи, нилъееги заман щвана букIараб къагIидаялъ хIал-хIукму бихьизабизе.


МагIарухъ байбихьараб восстаниялъул хабар хехго тIибитIана Москвалде щвезегIанги. 1920 соналъул сентябралда Лениница Орджоникидзехъе кьураб телеграммаялда тIалаб гьабулеб буго гьеб хехго ва тIубанго чIинтIизабизе. Гьесго Сталинихъе кьураб телеграммаялда гьикъулеб буго бандитазда данде рагъизе гIурал аскарал ругищилан. Микьго моцIалъ халат бахъараб мятежалъ рикIкIен тун гIемераб зарал гьабуна мискинхалкъалъе, гIемерав чи чIвана, гьездаго гьоркьоб гъурана Да­гъистаналъул ЧКялъул председатель Сафар Дударовасул отряд, чIвана живго гьевги. Жиндиего ритIухъал муридзабигун цадахъ Нажмудин НахъбакIазде ва Чачаналъе ун вахчана. Восстаниялда гIахьаллъи гьабурал гIадамазе амнистия лъазабуна.


Жеги ункъгогIан лъагIелалъ, 1925 соналде щвезегIан, къеркьана Нажмудин, квердеги инчIого. ГIемерал бечедал чагIи гIадин, къватIисел пачалихъазде лъутунги инчIо, гьеб киналъго бихьизабула гьесул хасияталъул къвакIиги ва, лъица щибин абуниги, бахIарчилъиги. Жиндирго боцIуе, бечелъиялъе гIоло, хъизан-рукъалъе гIоло чIанин гьев Дагъистаналдаги Чачаналдагиян абуниги битIун букIинаро. Бечелъиги лъугIизабун букIана.


Амма гьесда сверун тIамураб чекистазулги аскаразулги гор данде къалеб букIана. ДандечIей гьабизе къуват ахиралде щвана. Нажмудиницаги чанго къасд гьабуна кверде ине. Чачаназул мятежниказул бетIер ТI. Матаев кверде ана.


1925 соналъул августалъул ахиралда Дагъистаналъул, Чачанлъиялъул, Владикавказалъул, Терекалъул, Кабардино-Балкариялъул ОГПУязул отделазул рагъухъабаз, БагIараб Армиялъул частазгун цадахъ, Северияб Кавказалъул рагъулаб округа­лъул командующий И. П. Уборевичасул нухмалъиялда гъоркь, гьужум гьабуна Наж­мудин вахчарал бакIазде.


1925 соналъул щуабилеб  сентябралда Чачаназул Ведучи абулеб кIкIалахъ, ункъо къоялъ халат рахъарал рагъаздаса хадуб Нажмудинил аскарал щущахъ риххизаруна ва живго гьев ккуна. Гьебго соналъул 15 октябралда судалъ хIукму гьабуна гьев чIвазе къотIизе.


Гьединаб къисмат ккана Дагъистаналъул щуабилев имамасул.


Автор: МухIамад ТIагьиров

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +64
  • Нравится
Оставить комментарий
Нажмуддин г1адав,халкъалда лъаларев,лъаниги г1иц1го квешаб рахъалда лъалев цониги цевехъан гьеч1о.Дагъистаналъул ва хас гьабун маг1арулазул тарихалда жаниб,нилъеда т1адаб буго,гьесул ишалги,20 соназда гьабулеб х1аракатги халкъалда лъазабизе,кьог1аб бук1аниги,лъик1аб бук1аниги х1акъикъат лъазе!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook