Авторизация

Аргъваниса Къурбан ГIали (Гьущули) (хв. 1931с.)

  • 05.11.2016 12:11
  • Дин
  • 1 537
  • 1
Аргъваниса Къурбан ГIали (Гьущули) (хв. 1931с.) Аргъвани росдал тарихалда ва исламияб лъай цебетIеялъулъ кIвар бугеб бакI ккола КъурамухIаммадил Къурбан ГIалица. Гьев жиндир заманаялда машгьурлъана Гьущули абулеб тIокIцIаралдалъун 1.

КъурамухIаммад лъикIав гIалим вукIана ва лъабабилеб нухалъ хIежалде арав нахъвуссинчIо. Гьеб мехалъ васасе букIана гIицIго щуго сон. ГьитIинаб къоялъго эмен гIадав пагьму бугев цIалиялде рокьи бугевлъун гIуна Къурбан ГIалиги. Гьес гIелму цIалун буго Сугъралъ, ЧIохъ ва СалтIа росабалъ. Гьелдаса хадув гьев цIалана доб мехалъ бищунго цебетIураб ва машгьураблъун рикIкIунеб букIараб ХIоцоса ГIабдулатIипил мадрасаялда ТIаса Жунгуталда. Гъоркьа Инхоса Дарбиш МухIаммад ХIажиячсм хъвалеб буго гьеб заманаялъул хIакъалъулъ: «…доб мадрасаялда цIалулев кIиго соналъ дие щвана хадуб тIубараб гIумруялъ щвечIеб гIадаб лъай. Гьенир цIалулел мутагIилзабазул къадар киданиги лъеберидаса гIодобе кколароан, ва гьел цIалдохъаби рукIана цIубараб гIелму-лъай бугел гIалимзаби. Доб заманаялъ дора цIалулел рукIана: Ших ГIали –хIажи Сугъуриясул васасул вас, Унсоколоса ХIажи ГIабдуразакъил вас Къади, ГIашилтIаса Къурбан ГIалил вас ГIабдуллагь, Къарахъа Нуруллагь, Гъолодаса БатIрикъил МухIаммад, Куралиса МухIаммад, Ахтиялдаса Ибрагьим, ТIелекьа Ибрагьим –хIажи, Геничукьа ГIабдусалам –хIажи, КIаратIаса Хирияв ХIажи, Анцухъа Шагьасул вас ХIафиз МухIаммад Наби, Аргъваниса Къурбан ГIали Гьущали, Аргъваниса ГIабдулхIалим Челеби, ГIашалиса Ибрагьим, Жунгуталдаса Ибачи, Жунгуталдаса Хъазахъ, МехелтIаса ХIажияв, Яхсаялдаса ГIабдулгIазим, ЧIикIаса ГIабдулатIип, Яхсаялдаса Юсуп, Сугъралъа ХIамзат ва цогидалги…. Нижеда кидаго мугIалимас абулеб букIана Гьаваялъ гIакълу гьалаг гьабизеги биччаге, напсалъ рухI гьалаг гьабизеги биччаге. ГIадан ракьа-гьаналъ гурев гIакълу-лъаялъ кIодо гьавула... »». Гьаб хабар гьаниб рехсеялъе гIилла буго гьал киналго гIалимзаби нахъа хIуригаталъул ва хадусел соназ Дагъистаналъул рухIияб ва жамгIияб гIумруялда хасаб бакI кколел чагIи рахъун рукIин бицине.

Къурбан ГIали гIелму цIалун хадуса росулъе вуссуна ва кинаб бугониги шаргIалда данде кколареб иш-пишаялда данде вахъун ислам цIуниялде кIвар кьун амру-нагьюялда тIад чIун хIалтIула. Бицен буго гьес росулъ сухIамат бахъарал гIадамал вачIун жулица рухулаго рачахъиялъул ва халкъалде гьеб жо хIарамаб, гьукъараб пиша букIин бичIчIизабулеб букIанилан вагIза гьабун. ЖамагIаталъ гьесда дибирлъи тIаде босеян гьари балеб букIун буго, амма гьес инкар гьабунила, «…90 хIукмуги битIун къотIун цохIо хIукму мекъи ккани - гьеб къаркъалаялъе жужахIалъул цIа насиблъулин»- абун. Къурбан ГIалида камилго гIараб мацI лъалеб букана ва гьеб гьес бахчизеги бахчулароан, щай абуни гьеб МухIаммад авараг (гIалайгь салату ва ссалам) кIалъараб мацI лъаялдаса вохун вукIунаан гьев. 1917 абилдеб соналъ ГIанди хIорихъ ХIоцоса Нажмудиница ахIараб мугIрузул гIадамазул съездалда гIахьалъана Гьущули. Нажмудинида рагIун букIараб къагIидаха гьасул хIакъалъулъ ва ахIун лъазабула Аргъваниса Къурбан ГIали Гьущули ватани цеве вахъаян. Цеве вачIуна гIадатго ретIа къарав магIарул кьагIрил тахтаялъул хъахIаб тагъурги лъурав, чIегIераб гужгатги ретIарав , масхIаби хьиталги ретIун, галифеги гуреб биччантарабги гуреб, ахадаса гIагал рухьунеб тIажуги ретIарав чи. РекIунеб хьваниги гьесул гIала букIана. Гьесухъги балагьун, гьесул ретIелги рекIараб гIалаги берзукьги чIечIого Нажмудиница абула: „Мунишха Къурбан ГIали хIажи?" КъурбангIалида бичIчIана жив берзукь чIечIевлъи ва абула: „Дун Къурбан ГIалийищ щивали лъазе бокьани, авараг (ст. гI.в.) кIалъалев вукIарав мац!алда гаргаде"» абун. ХIоцоса Нажмудин абуни киса-кивего мацI лъаялъул рахъалъ цIар арав пасихI вукIана. 1919-1920 соназ Гьущули вукIана Узун-хIажиясда аскIор Веденов. Гьесда цадахъго росуцояв Хъазамил ХIажиги вукIана. Гьущулилги Узун-хIажилги гьудуллъи букIун буго мутагIиллъиялъул заманалдасаго нахъе. Гьел ТIаса Жунгуталда мадрасалда рукIанин цадахъ цIалулел абун буго бицен.Гьендинаб божилъи букIун Узун-хIажияс гьарун укн вукIун вуго Веденовеги. Доваги гIелмиял бахIсазда Къурбан ГIали киназдасаго бергьун вуго. Гьеб бмехалъ Узун-хIажияс абун буго : «Гьев Гьущули гуро, гьев вуго жаниб пицIцI тIураб хоно. Гьеб бекизе кIоларо»- абун.

Дарс кьеялъе бергьараб гьунар букIана Къурбан ГIалил. ТIолго магIаруллъиялдаго цIар арав мугIалим вукIана гьев. Хасго гьесул гьунар букIана грамматика малъиялъе. Гьес жинцаго хасаб къагIида бахъун букIана нахIви лъазабиялъул. МутагIилзабацаги цIакъ гъираялда хIалтIизабулаан гьеб. Гьебги букIана ГIабдуррахIман Джамил «ХIашият гIалал Джами» абураб тIехьалда тIаб гьабураб баян. ГIараб гIелму лъаялъул аслуялда кидаго букIана грамматика лъай, ай кинабго мацI лъикI лъай. Гьелъ Гьущули батIи-батIиял росабаз жидехъего гьарун вачунаан дарс малъизе букIине. Гьущули хIалтIун вуго ЦIобокь, ЧIикIав, ЛъаратIа (Гумбет мухъ?). Гьев ара-аралъуве хадурго мутагIилзабиги рачIунаанила.

ХIуригат бергьун хадуса гIараб гIелмуялъул гIалимзаби хIукуматалъ дагьаб заманаялъ жидеего хIажатаб хIалалъ хIалтIизаруна. Жидерго цIирагьарал школазда гIараб алифалъул кьучIалда дарсал кьезе рачана ва жал диналда данде гьечIин абураб агитация гьабуна. Амма, дагь-дагь ккун байбихьана (хIукумат къуваталде бачIине лъугьиндал) диналъул ихтиярал хвезаризе, ва гьелъул буголъи жидедего сверизабизе. Гьедин тIоцебесеб иргаялда (Самурскиясул ва Дагъ. ЦК РКП(б) ялъул бихьизабиялда рекъон) мажгит мадрасабим хьихьулеб букIараб вакъпуялъул ракь-мулк школаби гIуцIиялде буссинабуна, гьединго закагIатги мутагIилзабазе щвезе гьукъана. 1923 соналде щвезегIан исламиял гIалимзаби тун рукIана школалда (байбихьул классазда ) дарсал кьезе. 1925 соналъул ахиралде Дагъобкам ВКП(б) бахъана Постановление рухIиял хIалтIухъаби ришиязул ихтияраздаса махIрум гьаризе тIалаб гьабураб. Рищиязде гIахьаллъи гьабизе риччалаан къадилъун имамлъун яги цогидаб шаригIаталда хурхараб хIалтIи тун лъабго сон бан бугонани. Гьединго Пачаясул шапакъатал щваралги риччалароан рищиязде. Кинниги Къурбан ГIали хIалтIулев вукIана Аргъваниб школалда 1929 соналъ гIараб хатIалдаса латинхатIалде школалъул цIали бачинегIан. Гьелдаго цадахъ гIелму малъизе рокъоре рачIунаан Къурбан ГIалихъе анцIила щуго мутагIил. Къурбан ГIалил букIана Дагъистаналдаго машгьураб китабхана, цIакъ гIемерал къанагIатал тIахьалги ругеб. Чангши тIехь гIагарлъиялъ росде сверухъ ругел нахъазда рахчун цIунана. Гьанжени гьел  тIахьазул къисмат лъаларо.

Къурбан ГIали Аллагьасул къадаралде щвана 1931 соналъ. Гьесул зиярат буго росдал хобалалъ.



1. Къурбан ГIалида жамагIаталъ росдае дибирлъи гьабеян гьарулеб букIун буго. Гьес хIакъикье ккеялдаса хIинкъун тIаде босун гьечIо гьеб хIалтIи ва абун буго жинца гъелму гьурщизе бугилан. Гьелдса нахъе бачIанила гьесда Гьущули абун тIокIцIар. Ай, пихъ гIадин гIелму гьущулев абураб магIнаялда.


Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Гъалат1алги рит1изарун бегьуларищ гьал макъалаби гьанир лъезе? Гьал нилъеца гурелги, чанго г1елалъ ц1алулел рук1изе ругелъул.



  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook