Авторизация

БацIцIадабго гIарцул ГьиракIлил байрахъ чол малакь мерхьана магIарулаца

Миллатцоял

БацIцIадабго гIарцул ГьиракIлил байрахъ

Чол малакь мерхьана магIарулаца


Аваразул халкъиял кьалул кучIдузулъ ЦIоралъул тема


Грузиялдаса сапаралъулал очерказул цикл лъугIизабизе бокьун буго лекIиязул темаялда. Цо-цояз кигIан хIаракат бахъаниги, тарих хъвагIан бажаруларо. МагIарулазулги гуржиязулги гьоркьорлъабазул тарихги, гьанже «бацIцIад гьабизе» лъугьунилан, хисуларо. Цебе заманаялъул магIарулазул бичIчIиялда рекъон, гуржиял рукIана капурзаби. Гьезда тIаде гьарулел чабхъеналги халкъиял кучIдузулъ гъазават хIисабалда рихьизарун руго. Имам Шамилил тарих хъварав Гиничукьа ХIайдарбегил тIехьалда бергьараб рецц-бакъ гьабулеб буго Балахьуниса Мусал ГIадаласе ва цогидалги ЦIоралде хьвадулел бодул церехъабазе. 1856 соналда имам Шамилил вас ГъазимухIамадицаги гьабуна Грузиялде чабхъен. Гьеб рагъул хIасилалда асир гьаруна княгиняби Чавчавадзе. Россиялъул империялъе хехго накуги чIван, Кавказалъул бусурбабазда данде рагъана гуржиял. Гьединго гIедегIана гьел гьанже СШАялъул «куркьбазда гъоркье» лъугьинеги. Тарих буго тарих. Щибаб миллаталъ жинцаго тIаса бищула жиндирго нух. Маданият, культура цебетIураб халкъ буго гуржиязул. Гьедин гIасрабаз жидеда данде рагъулел рукIарал лекIиязул (магIарулазул) мацI жакъаги Тблисиялда малъулеб букIиналъги гIемераб жоялъул бицуна. Амма аваразда жидерго тарих кIочене бегьуларо. Францияги Германияги чан рагъарал цоцазулъ, жакъа гьел парахат Евросоюзалда гъорлъ руго.


«Хваниги щиб досий гулбузул цIадакь»


Нана Гвенипадзее сайгъат гьабураб кочIолъ Расул ХIамзатовас хъвалеб буго: «Жакъа дун урхъула азарго нухалъ Недегьлъи лъаларев Ражбадинида, - НекIо Гуржиялъе гьужум гьабурав, Гьалагал боязул цевехъанасда. Кинаб гIайиб досул? ГIассияв Рекъав, - Паракъат тахида вегун чIелищ дов, - Дур гIадаб берцинлъи бихьун хадуса, Хваниги щиб досий гулбузул цIадакь…», - абун. ХIамзатовасул  «Алазан» абураб кочIолъ руго гьадинал мухъал: «Умумузул къецгин дагIба кIочарал, КIалъана цоцазда, вацал гIадин, ниж». Кин батаниги, гьаб макъалаялда аваразул кьалул асаразул «куркьбазда» цересел гIасрабазде сапар бухьинчIого нилъее рес гьечIо. МагIарулазул тушман Багировасе ва гьесулго пикруялъул чагIазе бокьухъе ккезе бегьуларо аваразул къисмат. Гьединал «хIаракатчагIаз» къватIибе бахъизе течIо 1971 соналда басмаялда кьабизе къачIан букIараб, Ахлакъовас данде гьабураб авар эпосалъул тIехьги.


Дуниялалъул щибаб халкъалъ реццула жидерго бодул церехъабиги кьалулал ишалги. Наполеоние цIар гьабун, кIалдиб хIацIу ккун букIуна парангазул. ГIенеккизинха магIарул халкъияб назмуялъухъ.


«БутIрул меседилаб килиса бухIун…»


Цевехъан Ражбадинил кечI: - Нугъаязда рищун чуялги рекIун, Чергесалда рищун тIад кьалалги чIван, Гъабарти буртаби нахъаги рухьун, ЦIан рихьун хвалчаби чархидаги ккун, Кьвагьун рихьун хъирмал хъатикьеги ккун, Цо магIарулазул гьитIинаб къукъа КъачIана ЦIоралде – Гуржистаналде, Гуржиязул боцIул давла гьабизе, Таватил мусудул асир гьаризе. Къокъадул бетIарги – Рекъав Ражбадин, Рохьазда хьвадулеб гъалбацI гIадинав. Жаниб ЦIоралде щун щуго къоялде, ЦIор бакьулъе кIанцIун, давлаги босун, БутIрул меседилаб килиса бухIун, Капур гуржиязул рукъзалги тIутIун, Лълъурдузда натI бугел оцалги рачун, Гъалал меседилал ясалги рачун, Михъида хIур чIварал васалги чIва-чIван, Камилаб давлагун, дагьаб къукъагун, Къваридал нухазде нахъруссун щведал, Нухал ккун ратана хъаравулзаби…


Рекъав Ражбадинил хIакъалъулъ чанго батIияб халкъияб кечI нахъе цIунун хутIун буго. Гьелъги нугIлъи гьабула гьев цевехъанасул цIаралъул ва бахIарчилъиялъул таватур магIаруллъиялдаго ва сверухъ ругел пачалихъазда тIибитIун букIиналъе: -… Дагьав цевегIан къай, чIваяв ГьиракIли, ЧIалгIаде гуллил хIал лъазе бокьани. Чанги къо хIехьараб Ражбадиница, Жакъаги хIехьелеб, Бичас биччани……Жакъайин мун лъалев, лъикIав бахIарчи, Жакъа хварасулни цIар холаребин. Гьаха, гIолохъаби! Жея, бахIарзал! Хунжруца гIуру ссун, сангаралги къай, Сангар гIечIелъуре хъвехъун чуял рай. Ракъун хIал бергьарас чол гьанги кванай, Къечон хIал бергьарас чол биги гьекъей. Ругънал хIал бергьарав сонгроеги лъе, Гъоркь буртаби тIаме,  тIаде херги бай, ГIемерги кьвагьуге, ишан ккун речIчIе! Жакъа чучарасда чурун къаз байги, Чучун кьабурасул йокьулей хвайги! Кьвагье, гIолохъаби, халатал хъирмал, Хъирмазул кIалалда кIкIуй бетизегIан. Кьабе, гьудулзаби, чаран хвалчаби, Хвалчабиги рекуун, гIоркь хутIизегIан! Кьвагьа-кьвагьаралъул речIчIиги лъайдал, Кьабу-кьабуралъул кьаби бихьидал, АхIдезе лъугьана хIама ГьиракIли: -ВачIа, ле Ражбадин, рекъел гьабизин, ГIарац бокьанани – сахIица кьела, Месед бокьанани – хъатица кьела, Ясал рокьанани – мусудул кьела, Васал рокьанани – нуцаби кьела. -Дуца дие кьолеб гIарацгун месед  – Хведал дие кьолеб Пирдавус алжан! Дуца дие кьолел ясалгин васал  – Хведал дие кьолел хIурулгIинзаби! Нужерги нижерги цоцазулъ рекъел  – Цоцазда кьабулел халатал хулчби! Умумулъ батараб цоцалъ гьуинлъи  – Цоцазе хисулел тIохьидул гулби!… ГьиракIли ханасул байрахъ бихьидал, Куркьби данде къараб къвекIаб цIум гIадин, Къавукъун кIанцIана КIатIихъа ШагIбан. ХIамул гуржиязул гури бихьидал, ГIиял къавабазде бацIал гIадинан, Гъорлъе рортун ана гьал гъолодисел. Хасалихъе тIамах гьороца гьадин, Хъамуна гуржихълъи тIаса гIодобе. БацIцIадабго гIарцул ГьиракIлил байрахъ Чол малакь мерхьана магIарулаца.… Туплисалде гIунтIун хвалченги кьабун, ХъахIилаб Алазан багIарги гьабун, ЦIоралъул мусудул гIарцухъги хисун, Нахъруссун рачIана гьел гIолохъаби. Гьединал гьареги эбелалъ васал!


«Суждаялде ккана Туплисалъул хан»


Исана 15 сентябралда Дагъистаналъ кIодо гьабизе буго Надир-шагь щущахъ виххизавуралдаса 270 сон тIубай. Азия квегъарав гьев парччахIасда данде рагъун гьечIо нилъер мадугьалзаби. Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицунеб буго аваразул эпосалда: -Гьебщинаб улка-ракь квердеги босун, Босанщинаб улка цадахъги бачун, Багъарана гъажар доб Туплисалде, Туплисалъул ханги теларин абун. Туплис рагIалалде жал щвараб мехалъ, Суждаялде ккана Туплисалъул хан. Азнавурзабазул бутIрулги къотIун, ТIад харжги хъван тана даб Типлисалда.


«Дун ракIалде щвечIищ, зобалъул нухъа?»


Школалъул программаялда гIурус адабият малъи байбихьула халкъияб «Игорил аскаралъул хIакъалъулъ рагIи» асар лъазабиялдалъун. Половцазда тIаде чабхъен гьабурав Игорь гIурусазул багьадур ватани, дин батIиял гуржиязде чабхъад унел рукIарал магIарулал щал кколел?  «Игорил лъади Ярославнаялъул магIу» абураб бутIа цIакъго тIадчIун цIализе ва ракIалда чIезабизе кколин абула гIурус адабияталъул преподавателаз. Гьелъул магIуялдаса къуралищ ругел ЦIоралда росалги абуралги тIагIарал магIарул ясазул жугьаби : ЦIоралда чIварав росасде гьабураб магIу: - Вай, дунги цIумлъаги, цIобалъул Бечед, ЦIоробе гIебеде гьава гьабизе. ЦIудулги тIинчIлъаги, мун ТIадегIанав, Закаталанибе руссен гьабизе. Цо дир гьудуласул чакаралъул гьан Чан-чан гъветIалдедай гъадид басараб? Дир лага чергесил магьидул рукьби Чан-чан кIкIалахъедай иххид чучарал? ГIазу тирун байги доб Типлисалде, Дур магьидул рукьги кьагIуца кварал. ЦIадал чабах байги доб Ширакалде, Гъазизабазул би бехе чучазе.  Абурав ЦIоралда чIварай ясалъул назму: …Меседил гъуждузде гъалал халаго, Хабар бачIанила Нахъа ЦIороса. ГIарцул керемалда каржин хъвалаго, Кагъат бачIанила нахъа ЦIороса, Цо дур абурав вас гъоркь хутIанилан .…Ярагъ чарамазул чорхол гьанги кун, Каптарал рагIула ЦIороб рохьазда. Чуял гьалагазул бералги гьекъон, Нухъаги хъвагIдула хъахIил зодихъе. Накалда квачIал чIван, керен кунелъул, Дун ракIалде щвечIищ, зобалъул нухъа!


ГIизудинил ХIамзат,

Типлис – МахIачхъала

2011 сон



Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +152
  • Нравится
Оставить комментарий
Тарихалдаса ,инкар гьабизе бегьуларо,тарих буго тарих киг1ан кьог1аб бук1аниги!
Аралда таманча речIчIани, бачIунеселъ гIарада речIчIула.

ХIамзатил Расул
Hamzatavari,Кидаго к1очон тезе бегьуларел раг1аби!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook