Авторизация

Рекъав Ражбадинил гIумру халкъияб полклоралда ва документазда рекъон

МагIарул халкъияб кIалзул хазинадул бищун къиматазда гьоркьоса цояблъун ккола машгьурав бодул цевехъан Рекъав Ражбадинил хIакъалъулъ гьабураб кечI, гьебги чанго батIияб къагIида бугеб. Гьеб кечI ккола магIарул поэзиялда жаниб жидеца хасаб бакI кколел, «церехъабазул кучIдул» абураб цIаралда гъоркь халкъалда гьоркьор машгьурлъарал шигIриял асаразул бищун машгьураблъун. Церехъабазул кучIдузул аслияб темалъун ккола ХVI гIасруялдаса байбихьун XIX гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялде щвезегIан магIарулаз батIи-батIиял ракьазде, хасго ЦIоралде, гьарулел рукIарал рагъулал сапаралги чабхъеналги. Гьел кучIдул сокIкIараб заманги гьезул авторалги тарихалъ цIуничIо. Гьединлъидал гьел лъугьун руго халкъияллъун. Церехъабазул кучIдулин гьезда абиялъе гIилла буго гьезул гIемерисел сайигъат гьарурал рукIин халкъалда жанир жидер цIаралги ишалги машгьурлъарал пуланал бодул бутIрузе.

Жеги XIX-б гIасруялдаго мацIал лъазабулев гIалимчи ва генерал Петр Усларица Ражбаданил хIакъалъулъ кечI гIурус таржамагун басмаялда бахъана, жиндир «МагIарул мацI» абураб тIехьалда. Гьелъги батила гьеб кечIги живго Рекъав Ражбадинги машгьуралъизавун. Амма гьелдаго цадахъ гьанжелъизегIан магIарулазда щибго жо лъалеб букIинчIо гьев Ражбадинил хIакъалъулъ, гьев ХарайчIи росуъа вукIин гурони. Живго Усларицаги хъвалеб буго, гьеб хIужа гурони гьесда тIасан цониги баян жиндихъе щвечIин абун. Гьеб суалалда тIаса чанго соналъ хIалтIана дунги, гуржиязул тарихиял иццалгун, асаралги цIалун ва гьелдаго цадахъ гьаниб, Дагъистаналда цIех-рех гьабун. Гьеб масъала дида бихьулаан цIакъ кIвар бугеб, гьев чи берцин вихьун гурев, яги гьесул гIумру нилъее мисалияблъун чIезабизе гуреб, цогиги магIарул тарихалда жаниб бугеб «хъахIаб тIанкI» бацIине мурадалда. Гьелда хадуб, дие бокьилаан, дихъе кодоре щварал баянал цIалулезда цере лъезе, гьез жидецаго гьелъие къимат кьезе.

ТIоцебе абизе ккола, нилъеда лъаларого букIараб гьесул гIумруялъул сонал, хIатта гьев чанабилеб гIасруялда вукIарав чи цинги лъалеб букIинчIин ракI чIчIун, щай гурелъул цояз XVII цогидаз XVIII-б гIасруялда гьев вукIанин абун чIезабулеб букIараблъидал. 

Рекъав Ражбадин асир гьави

Нижехъе щварал баяназда рекъон Рекъав Ражбадин тарихиял документазда рехсон вуго цохIого цо нухалъ. Гьебги ккола гьев асир гьавиялъул баян. Гьеб ккун буго 1774-б соналъул певрал моцIалда. ГIурус аскаралда цадахъ Гуржистаналде щварав капитан Львовас хъвалеб буго граф Панинихъе 1774-б соналъул 28 певралалъ кагаъат. Гьелда жаниб гъос лъазабулеб буго Ахискаялъул (Ахалцихе) пашаяс Имарат (Имерети) улкаялъул парчахI Соломоние, гьев ГьерекIли  II-вгун (1744-1798 соназда Гуржистаналъул ханлъун вукIарав) жинда тIад кIанцIаралъухъ бецIизе бокьун ритIун руго гьесда данде 2700 магIарулав («лезгияв») ва 1000 туркав. Гьеб аскаралъулгун Соломонил 6 певралалда ккун буго рагъ. ГIурус баяназда рекъон, Соломоница жинда данде битIараб аскаралъул 1000 чи чIван ва 600 чи асир гьавун вуго. Хвасарлъун Ахискаялде руссун руго 700 чи. Гьелдаго цадахъ Имарати улкаялъул аскаралъул бодулъ чIван ругила 50 чи ва лъукъанила 100 чи. Гьел рехсолел къадаразда божизе захIматаб бугониги, якъинаблъун бихьула гьениб Соломоница бергьенлъи боси. Хасго рехсолеб буго Львовас Соломоница чIаго асир гьавунила машгьурав магIарул цевехъан Ражбадин. Гьес чанго соналъ жиндир чабхъеназ талавур гьабулеб букIараб Гуржистан ва гьеб сабаблъун ГьерекIли II-с чанго нухалъ гьев чIвазе хIаракат бахъулеб букIун буго («знаменитого лезгинского предводителя Раджабу, который много лет Грузию разорял, Соломон послал живого в подарок Ираклию “как такого злодея, которого его светлость (Ираклий) многократно истребить домогался”» [Грамоты и другие исторические документы XVIII века, относящиеся к Грузии / под ред. А.А. Цагарели. Том 1, с 1768 по 1774 года. СПБ. 1891. С. XXX]).

Гьеб кагътида рекъон магIарулазулгун турказул бо унеб букIун буго Вахани хъаладухъе (гьеб 1785-б соналда КIудияв ГIуммаханица биххизабуна). Гьеб хъаладул бетIергьаби гиназал ГIабашидзаби (гьезул яс Дарижа ячуна хадуй ГIуммаханица) лъугьун руго Ахискаялъул пашабазул рахъалде ва ахIун буго гьесул аскар Соломонида данде рахъизе. Гьезул хьул букIун буго Мегралазул гиназалги Имаратиялде данде рахъилин, амма гьел ГьерекIлица чIезарун руго ва гьесухъе кумекалъе аскар битIун буго кIи азарго чиясдасан гIуцIараб. Амма гьеб щун буго Соломонихъе рагъ лъугIун лъабабилеб къоялде.

Жибго рагъилан абуни, лъугьун буго къваридаб кIкIалахъ. 5-б певралалъул сардилъ магIарулазулгун турказухъ асирлъуд рукIарал чанго Имаратиялдаса гуржиязе рес щун буго лъутизе ва гьез лъазабун буго магIарулазул аскар нахъе буссинехъин бугин абун. Гьеб лъазабиялъ Соломоние кумек гьабуна магIарул аскаралъе гъоркьчIел гьабизе къваридаб кIкIалахъ. Соломонил аскаралъ ккуна биххараб хъаладул чIвадназда. МагIарул аскар ине кколеб нух гьеб хъалада гъоркьисан унеб букIун буго. Гьениб 6-б певралалда рогьалил гIужалда Ахискаялде нахъе буссунеб магIарул аскаралда туманкIаздаса цадахъго речIчIун буго гуржияз. Гьелдаго цадахъ живго Соломон нахъисан рекIаразул аскаргун магIарулазда тIад речIчIун вуго. Гьеб рагъ лъугьун буго гьабсагIат бугеб Вахани росулъа тIадегIан, гьебго (Вахани) цIаралда гъоркь бугеб гIор ккун чанго километралъ тIадегIан бугеб кIкIалахъ. Гьелъул хIасилал тIадегIан рехсон руго. Гьебго рагъулъ Соломоние 1800-гIан чу, туманкIал, хвалчаби ва гь.ц. ЧIваразда гьоркьо чанго машгьурал бодул церехъаби ратанин ва асир гьаруразда гьоркьо живго магIарул цевехъан Ражбадинги («Раджаба») ватанин хъвалеб буго капитан Львовас. Соломоница кьварараб буюрухъ кьун буго киналго асир гьарурал магIарулал чIвайилан абун ва гIицIго Ражбадин чIагого ГьерекIли ханасухъе сайгъат хIисабалда витIанила [Грамоты и другие исторические документы XVIII века, относящиеся к Грузии / под ред. А.А. Цагарели. Том 1, с 1768 по 1774 года. СПБ. 1891. С. 402-403].

Ражбадинил нахъисеб къисматалъул кагътилъ бицунеб гьечIо, амма щаклъи гьечIин абизе бегьула ГьерекIлица гьев добго 1774-б соналъул певрал моцIалда чIваялда. Гьединан лъугьана кочIолъ машгьуралъарав магIарул цевехъанасул къисмат. Гьелдаса нилъеца хIасиллъун босизе бегьула, Ражбадани гIага-шагарго 1730-л соназда гьавун вукIин ва 1774 соналда хваравлъи.

Ражбадин гуржиязул кочIолъ

ТIолабго магIаруллъиялда гьоркьор машгьурлъун руго Рекъав Ражбадинил хIакъалъулъ гьарурал кучIдул, яги цо кечIалъул батIи-батIиял къагIидаби. Амма нилъеда лъаларогон букIараб гуржиязул халкъияб шигIруги букIин гьесие гьабураб ва Туплисалда халкъияб поэзиялъул кIиабилеб томалда бахъараб. Гьаниб дица кьолеб буго гьелъул магIарул мацIалде таржама:

ГьерекIли-хан ва Ражаба

Ражабица абунила

Рахсазул гьаркьица:

«Шагьарги сверун ккун

Нуж ракъуца хвезарила дица»

Гьеб рагIарав ГьерекIли велъанила:

«Дур ГьерекIли хвайгийила

Мун лъутизавун, кьвагьизавичIони,

ТIолабго Дагъистаналдасаго

Векерун ина мун гIодулаго».

Абухъего, рагъулъ къинавун, лъутана гьев

Пуч тIад бахарав гIадин хекко.

«Лъалхъе Ражаба, чедгIаги кванай,

Вакъуца хвезеги гурин мун!»

- «Чед кваназе бокьун гьечIо,

Чехь унтана, гIемер векерун».

Ражбадин кин рекълъарав

Гьал гъоркьехун кьолел ругел баянал, дихъе кодоре щвана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул пилологияб пакултеталъул архивалда. Гьениб батараб цо-чанго даптар 1972-б соналда магIарул хъвадарухъан ХIажиев Багъатарица, жив студентлъун вукIадго, бакIарараб полклор жаниб бугеб. Гьездаго хъван батана Рекъав Ражбадинил хIакъалъул гьесие Къорода росулъа жинда 72 сон барав Мусаев ХIажилас, рицарал харбалги [НИФЛИ ДГУ. Иш. 315].

Гьес бакIарараб материалалда рекъон, чабхъеназул бетIерлъун вукIун вуго XVIII-б гIасруялда гьанжесеб Унсоколо районалъул ХарачIи абулеб росулъа Рекъав Ражбадин абулев бодул цевехъан. Гьев вукIун вуго цIакъ бахIарчияв, хIинкъи-къай лъаларев, тушманасе рагIи кьезегIан жив хвезе хIадурав багьадур. Ражбадинида кIолеб буго кигIан квешаб хIалалде ккараб мехалъцин тушманасдасан бергьине, ворчIизе.

Гьаб лъугьа-бахъин ккун буго цебе заманалда ХVIII гIасруялъул байбихьуда. Ражбадинида цадахъ магIарулазул гьитIинаб къукъа ун букIуна ЦIоралде (Гуржиялъе) чабхъад. Гьениб чабхъад аралъуб дагьа-макъабго гурого давлаги щвеIого тIад руссуни рукIуна Ражбадинги гьудул-гьалмагъзабиги. Цо магъилъан унаго гьезда ратула хурир чIарадулел гIадамал – гуржиял ва хурул ракьанда рагIдукь бихьула 4-5 сон бараб гIадаб гьитIинаб лъимер, агъаз гьечIого рехун тараб эбелалъ. Ражбадинил гьалмагъзабаз хIаракат бахъула гьеб лъимер хъамизе жидеего.

Ва хъамизеги хъамула чода нахъаги лъун. Гьей ясги хъамун Ражбадинги гьалмагъзабиги щола жидерго гIагараб Дагъистаналъул ракьалде, гIагараб росулъе. Ражбадиница яс ячуна жиндирго росулъе хьихьизе ва гьелъие инсуца гIадинаб адаб хъулухъ гьабула . Росулъ ясги тун Ражбадин чанги нухалъ уна чабхъад , ясалдаги Р ажбадиница ГIайшат абун цIар лъола. Яс кIудияй гIун ячIуней йикIуна заман анагIан . Амма гьей ясалда лъаларо жиндир эбел-эмен щал чагIи ругелали , кир ругелали, жийго гуржияй йикIаниги гьелда лъикIго лъала магIарул мацI.

 Яс гIолохъан чIужу гIола. Гьелъул букIуна 16-17 сон, амма гьелда лъала магIарул ракь, гьезул гIадатал жиндир гIадатал гьечIолъи, жиндир ракь гьечIолъи ва эбел-эменги жиндир гьанир гьанир Дагъистаналда гьечIолъи. ГIадамаз бицун лъала гьелда жий хъамун ячарай яс йикIин эбел-эмсудаса махIрумги гьарун. Гьеб мехалъ гьелъул ракI цIала гIагараб Гуржиялъе, эбел- имсухъе, гIагарлъиялъухъе ва гь.ц.

 Цо пуланаб къоялъ Ражбадинги рузман базе мажгиталде ун ГIайшатица хивал гьабула тIуризе. ТIурилелде цебе гьелъ Ражбадинида гьарун букIуна жий эбел-имсухъе йиччаян абун, амма гьес гьей йиччан йикIунаро гьелъул гьариги нахъ чIван , гьединлъидал гьелъ тIуризе къасдги гьабураб гIагараб ракьалде эбел- имсухъе

 Ражбадин рузман базе инаго ГIайшатица гьесул азбаралда букIураб чода кьилиги лъун, гьесул рокъоб къеда бан букIараб ретIел-ярагъ босун гьей тIурула рокъосан къватIие. Гьей рокъосан тIурун уней йикIин цохIо мадугьалалда гурого йихьуларо, амма гьелъги гьей Ражбадин ватилилан тола чабхъад унев.

 Гуржияй тIурула Ражбадинил рокъосан. Ражбадин рузманалдасан рукъове вачIуна, гьесда азбаралъуб жиндирго чу батуларо, рокъоб къеда бараб ретIел батуларо. Ражбадин дове вортула, гьаниве вортула, мадугьалалда гьикъидал гурого гьесда лъаларо гуржияй тIурарай рокъосан къватIие. Ражбадин хеханавго росдал бегавуласухъе кIанцIула, гьес гьесда гьарула жиндие кьоло-гъолораб чуги ярагъги кьеян абун. Гьесухъа чуги, ярагъги босун жиндиего гIезе квен-тIехги босун Ражбадиница нухда хIетIе лъола гуржиялда хадуб. Гуржияй Ражбадинидаса гIезегIан рикIкIад йикIуна, амма Ражбадиница хIаракат бахъула кин бугониги гьелда хадув гъезе. Ражбадинида гуржияй йихьула Алазан гIорги бахун добаб рагIалда. Ражбадин жиндаго хадув вачIунев вугев лъараб мехалъ ГIайишатица Ражбадиниде абула: "ВачIунге Ражбадин дида хадув мунилан" абун. ГIайшатица Ражбадиниде лъабго нухалъ абула вачIунге жинда хадувилан абун. Ражбадиница гьелъие жаваб кьола вачIинчIого чIолевищ Ражбадин дуда хадувилан абун, амма гьев гIенеккичIев мехалъ гьелъ гьесда речIула туманкI. Ражбадин чодаса гъоркье вортула, чуги чIвала гьесул.

Ражбадинил мачIчI бекула ва гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб Ражбадин рекълъула. Гуржияйги гьениса тIурун уна гIурул рагIалде лъукъарав Ражбадинги рехун тун, гьелъ гьев чIваравлъун тун вукIуна. Ражбадин таманабго заманаялъ гьенив нухда хутIула тIаде чиги ккечIогон, ахирги гьесде тIаде ккола гьокоги бачун вачIунев гуржияв. Гуржияс гьев жиндирго рокъове вачуна, цинги Ражбадиница гьесда бицуна тIолабго ккараб щинаб жоялъул хIакъалъулъ. Ражбадин сах гьавизе тIаделъула гуржияв, гуржияй абуни гьеб заманаялъ парахат, жиндирго эбел-инсудаги гIагарлъиялдаги аскIой рахIаталда йикIуна.

Цо-кIиго моцIидасан Ражбадин сахлъула. Гьев гуржияв ватула гьей ясалъул росдада аскIоб бугеб росулъа чи. Ражбадиница тIадкъала гуржиясда гьеб росулъе цIех-рехалъ ине, гьей яс ячIун йигищ росулъе. Гуржияв гьенисан хабарги босун вачIуна росулъе, гьес Ражбадинида бицуна гуржияй росасе ине хIадурулей йикIиналъул хIакъалъулъ. Ражбадиница хIаракат бахъула гьей хъамизе жиндирго росулъе.

 Гуржиясулгун жиндирго гIакълуги дандбан, Ражбадин гьевгун цадахъ вахъуна къватIиве. Кьологъолон чуялги рачун, хулжалги ран. БитIун бертин бугеб мехалъ щола гьел ясалъул росулъе. Чуял гьез тола росу рагIалда рухьун, жалгойин абуни берталъе рилълъуна, гьел щал чагIи ругелали гьезухъ валагьулев чиго вахъунаро, берталъ киналго мехтун рукIуна. Гьебги хIисабалде босун, Ражбадиница нух бахъула бахIаравги бахIарайги регизе ругеб рокъобе. Гуржияв абуни гордухъ чIола гьесул иб кколебали.

ХIурмат-кепги биххун, бахIаравги бахIарайги регизе рачIуна рокъоре. Ражбадин ригъарал жалазда нахъа вахчун вукIуна гьел рачIинегIан чIун. Ахирги жанире рачIуна бахIаравги бахIарайги, гьел кIиялго бусадул рагIалдаги гIодор рукIун дагIбадула цин регилалде цере. БахIарав лъугьуна гьелде мун хъамун, йикъун арай гIадан йикIанилан. Эбел-инсуцацин, вацазцин рикIкIинчIин мунилан абун. БахIарав лъугьуна гьелде жиндихъе вукIарав анищан Ражбадин, жинца гьев хIама гIадин чIваланин абун. ГIайшатица абула гьесде, мун гIадинав хIалихьатица чIвалев чи вукIинчIин Ражбадинилан. Гьелда гьев хванилан ккун букIуна, гьелъ гьесда гьеб рагIидал, Ражбадин бахъун ханжаргун чIун вукIуна шаршавуйалда нахъа, цойги гьесул хIалихьатаб жо рагIанани кIанцIун тIадего, гьев чIвазе. Гьесги гьев хIакъир гьавизе лъугьиндал Ражбадин харцIан бахъун ханжаргун гьесда тIаде кIанцIула, ва гьесул бетIер къотIула, гьес ГIайшатги чIвале йикIуна, гьелъ Аллагьасул цIар бахъиялдалъун тола. Ражбадиницаги гуржиясги хулжал цIезе гьарула гьезул рокъосан сахабщинаб жоялъул. Гуржиясги Ражбадиницаги гьесул къотIараб бетIерги босула нахъе, цадахъ ГIайшатги ячун гьез рогьиналде росу тола: цояб чода гуржияв, цояб чода ГIайшатгун Ражбадинги рекIун гьел щола гуржиясул росуги тун нилъер магIарулазул гIорхъолъе. Гуржияс Ражбадинги ГIайшатги кIудияб хIурматгун нухда регIула гIагараб Дагъистаналде. Гуржиявги Ражбадинги лъикIал гьудулзабиги лъугьуна. Ражбадиница Гайшатги ячуна росулъе щведал, ва гьелъ гьесие кватIичIого васги гьавулев вуго.

Халкъияб шигIрудул жавгьарал

Гьанир нижеца кьолел руго Рекъав Ражбадинил хIакъалъул гьабураб кочIолъ лъабго батIияб къагIида. Гьел цебесеб, 2014-б соналда гIалимчи АхIмад МуртазагIалиевас данде гьабураб ва МагIарул миллиябгун маданияб автономиялъ басмаялда бахъараб «Церехъабазул кучIдул» абураб тIехьалдаса росана. Гьеб лъабабго къагIида жеги 1929-б соналдаго Аргъваниса Шамхалил ГIабдулатIипица гIажам алипбаялда басмаялде рахъун рукIана.

ХАРАЧIИСА РЕКЪАВ РАЖБАДИН

ГодикIанир рукIун, ЦIоралъул бицун,

ЦIороре щвечIого, давлаги бикьун,

ЧIалгIун руго дида гьал гIолохъаби,

Рихун руго дида росдал бахIарзал!

КIалцIуца цулъарал багIарал чуял,

ЦIоралде балагьун, хIихIилел руго.

Азнавурзабада ругьунал хулчби,

Лъалинирго хутIун, пашманго руго.

Рахъа, гIолохъаби, доре Гъолоде,

ХъахIилаб Алазан багIар гьабизе.

КъачIай, гьудулзаби, Нахъа ЦIоралде,

Капураб Гуржистан бида белъине,

ЦIоралъул мусудул гIарцухъ хисизе!

Хъван кагъат анила доб НахъбакIалде,

Рузманалда нахъа рахъайин абун.

Чи витIун анила гъове Хьиндаде,

ЦIараб болжалалде камугейинан.

Жал лъикIал бахIарзал дол нахъбакIаца,

Хъат кьабун, кьолона бидаял чуял.

РекIелъ чаран бугел гъол хьиндалаца,

Чергесаб логода ярагъ борчана.

Мажгиталда цебе къотIиги гьабун,

Къебелъухъе лъугьун, гуллабиги тIун,

ТIад салават хъвараб мисриги борчун,

Роц хъахIилаб хъирим хъатикьеги къан,

Я капурлъи гъурун, я гъаза тIубан,

Цояб гьабичIого вуссинарилан,

Ражбадин къокъана Нахъа ЦIоралде.

Бисмиллагьи абун, чоде вахиндал,

ХIурулгIинзабаца хIотIочIел ккурав,

Салаватги битIун, чода цIал бадал,

Сверухъел росаби хадур рахъарав,

Кьеги дуе талихI, Рекъав багьадур!

Алазанги къотIун, Къарбиги бахун,

Коралъул рагIалде жал щвараб мехалъ,

Цо гьари гьабуна Ражбадиница:

Аварагзабазул заманаялда

Зирарие гIадаб талихI кьейинан!

Беччун жа гьекъолел жал капурзаби,

Гуллий хъван ратаги, я Расулаллагь.

Болъонил гьан кунел хIамул гуржиял,

Хвалчай насиблъаги, къудратав Аллагь!

Нижер квер щваралъуб магIу бахъана,

Нижер хIетI чIарарлъуб цIа тIибитIана.

Квер-бер берцин бихьун, ясал рачана,

Кьер-мухъ бацIцIад бихьун, васал ккоккана.

Туплисалда нахъа хъузхъулги гъурун,

ЦIоралда цIар арай эзул меседу,

ЦIор бакьулъе кIанцIун, эйги ячана.

Камилаб давлагун жал рачIинаго,

БагIараб гохIги тун, Ширакги къотIун,

Алазан рагIалде щолел рукIаго,

Аллагь, мун бухIаяб, нух ккун батана!

Нух ккунму ратана хIамул гуржиял,

Цере-цере руго азнавурзаби,

ГьерекIли ханасул байрахъ бихьула,

Байрахъ сверун руго тушгунмо мосок.

– Нижее нух биччай, хIамул гуржиял,

Ниж эбел-инсуе цо-цойин ругел.

Рила нуж цереса, азнавурзаби,

Рачарал лъудбузе ниж хириялин!

– Нуж эбел-инсуе цого ратани,

Хвалчаца кIикъотIун, кIи-кIи гьарила,

Рачарал лъудбузе хирияллъидал,

Лугби гьанир тела, бутIрул ритIила!

АхIдезе лъугьана мацI лъалев хъазахъ:

– Нуж,  цодагьал чагIи, щиб бакIалдаса,

Къокъадул цевехъан щиб мухъалдаса?

– Ниж цодагьал чагIи хьиндгун нахъбакIал,

Къокъадул цевехъан Рекъав Ражбадин.

– Ракьулъе лъугьине нуж гIункIкIал гурин,

Гьанже кир лъугьинел нуж, магIарулал?

Зодихъе роржине хIанчIалги гурин,

Гьанже кив воржинев, бодул цевехъан?

– Ракьулъе лъугьине гIункIкIал гурелдай

Кьабун чучуларел чаран хвалчаби?

Зодихъе роржине хIанчIал гурелдай,

РечIчIун гIуж толарел дурусал хъирмал?

Дагьав цевегIан къай, чIваяв ГьерекIли,

ЧIалгIаде гуллил хIал лъазе бокьани.

Чанги къо хIехьараб Ражбадиница,

Жакъаги хIехьелеб, бичас биччани.

Гьари гьабуниги нилъ риччаларо,

ТIагърал рахъаниги, тIоритIиларо,

Жакъайинмо лъалев, лъияв бахIарчи,

Жакъа хварасулни цIар хвеларибин.

Гьа, гьа, гIолохъаби, жея, бахIарзал,

Хонжроца гIуру ссун, сангаралги къай,

Сангар гIечIелъубе хъвехъун чуял рай,

Вакъун, хIал бергьарас чол гьанги кванай,

Къечон, хIал бергьарас чол биги гьекъей,

Ругънал хIал бергьарав сонгроеги лъе,

Гъоркь буртаби тIаме, тIаде херги бай,

ГIемерги кьвагьуге, ишан ккун речIчIе,

Жакъа чучарасда чурун кIаз къаги,

Чучун кьабурасул йокьулей хваги.

Кьвагье, гIолохъаби, халатал хъирмал,

Хъирмазул кIалада кIкIуй бетизегIан.

Кьабе, гьудулзаби, чаран хвалчаби,

Хвалчаби кIирекун, гIоркь хутIизегIан!

Кьвагь-кьвагьаралъул речIчIиги лъайдал,

Кьабу-кьабуралъул кьаби бихьидал,

АхIдезе лъугьана хIама ГьерекIли:

– ВачIа ле, Ражбадин, рекъел гьабизин,

ГIарац бокьанани, сахIица кьела,

Месед бокьанани, хъатица кьела,

Ясал рокьанани, мусудул кьела,

Васал рокьанани, нуцаби кьела.

– Дуца дие кьолеб гIарацгун месед –

Хведал дие кьолеб пирдавус алжан.

Дуца дие кьолел ясалгун васал –

Хведал дие кьолел хIурулгIинзаби!

Нужерги нижерги цоцазул рекъел –

Цоцада кьабулел халатал хулчби,

Умумулъ батараб цоцалъ гьуинлъи –

Цоцае хисулел тIухьидул гулби.

А мун, гьитIинав вац, дове Гъолоде,

Гьикъариян абе, саламан абе.

Сверун хъузхъуца ккун ниж танин бице,

Метер къадиялде тIаде щвайинан,

Къади нахъеялде камугейинан.

Гулла-хер тIагIанин, хулчби реканин,

ХIал гьабула бугин гьудулзабада.

ГьерекIли ханасул байрахъ бихьидал,

Куркьби данде къараб къвекIаб цIум гIадин,

Гъорлъе вил’ун ана КIатIихъа ШагIман.

ХIамул гуржиязул гури бихьидал,

ГIиял къаябаде бацIал гIадинан,

Гъорлъе рортун ана гьал гъолодисел!

Хасалихъе тIамах гьороца гIадин,

Хъамуна гуржилъи тIаса гIодобе.

БацIцIадабго гIарцул ГьерекIлил байрахъ

Чол малакь мерхьана магIарулаца!

МугIруда тIупулеб накIкIго жо гуро,

ЧIана кIкIуйдул пача тIад Ширакалда.

Ихдаде чваххулеб цIадго гьереси,

Ана бидул лъарал Алазаналде.

Туплисалде гIунтIун хвалченги кьабун,

ХъахIилаб Алазан багIарги гьабун,

ЦIоралъул мусудул гIарцухъги хисун,

Нахъруссун рачIана гьал гIолохъаби.

Гьединал гьареги эбелалъ васал!

 

РАЖБАДИНИЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ КЕЧI

 

РекIелъ чаран бугев чанги нахъбакIав,

Чархида хвалчен ккун, къачIан рагIула.

Чорхолъ ияхI бугев ГIинкъав ХIажияс

Алжаналъе рачел борчун рагIула.

БетIералде тIагърал бахIаралги лъун,

ТIогърода чалмаби гIурччиналги къан,

Кьабун рихьун хунжрул бакьулъги рорчун,

ЦIан рихьун хвалчаби хьолбодаги ран,

Кьвагьун рихьун хъирмал мугъалдаги ран,

Къокъана Ражбадин жаниб ЦIоралде.

ЦIоралъул гIурхъуде жив щвараб мехалъ,

Цо гьари гьабуна Ражбадиница.

Аварагзабазул заманаялда

Зирарие гIадаб талихI кьегиян.

Хадубго гьарана гIолохъабаца

Гьадал нахъа ругел гуржи мусудул,

Гьелги насиблъаги, гьардарав Аллагь.

Лълъарада натI бугел хъвезехъил оцал,

Гьелги хъун ратаги ТIадегIанасе.

Гуржи ЦIорой кIанцIун, давлаги гьабун,

Доб ТIурисиналда мусудулги ккун,

Лълъарада натI бугел Хъизихъил оцал

ЦIалаца кьабгIана гIолохъабаца.

Гьединаб хIалалда, лъикIаб куцалда,

Камилаб давлагун жал рачIинагун,

Макьилъ бихьанила цевехъанасда

Жидер чараб хвалчен бидул хIориниб.

Хадубги бихьана гIолохъабада

Хунжрул гунгинисан биял гьекъолел.

Щибдай, киндайилан тIуркIун ворчIана,

Аллагь, мун бухIаяб, нух ккун батана.

– Нижее нух биччай, хIамул гуржиял,

Ниж эбел-инсуе цо-цо ругелъул.

Рачарал лъудбузе ниж хириял жал!

– Нуж эбел-инсуе цо-цо ратани,

Бакьулъа къотIила, кIи-кIи гьарила.

Рачарал лъудбузе хирал ратании,

Лугби гьанир тела, бутIрул ритIила.

Зобалде роржине куркьбиги гурел,

Жакъа лъалагури лъияв цевехъан.

Ракьулъе лъугьине гузбиги гурин,

Гьат, бихьилагури гьитIинаб къокъа.

– Зодоре роржине куркьби гурелдай,

КьабгIун чучуларел чарал хвалчаби.

Ракьулъе лъугьине гузби гурелдай,

Кьвагьун алхунарел роц хъахIал хъирмал.

Гьая, гIолохъаби, рахъая тIаде,

ГохI борхатаб бихьун къая сангарал!

Хунжруца гIуру ссун, сангарал къана,

Сангарал гIечIелъуб хъвехъун оцал ран,

Къвал базе рачарал гуржи мусудул,

КъотI-къотIун рехана сонгрол къададе.

– Кьвагье, гIолохъаби, роц хъахIал хъирмал,

ХьвагIе, гIолохъаби, чарал хвалчаби!

Жакъа чучаравги дир чукъа гуро,

Чучун вагъаравги лъадул цIар ккайги.

Жакъа хваралазул хвелги шагьидаб,

Нахъе хутIаразул цIарги кIудияб.

Кьвагьа-кьвагьаралъул речIчIи бихьидал,

КьабгIараб хвалчадул къотIи бихьидал,

АхIдезе лъугьана чIваяв камандир,

Нуж гьитIинаб къокъа кисаян абун.

Ниж, гьитIинаб къокъа нахъахьиндалал,

Гьаб къокъадул бетIер Рекъав Ражбадин.

– ВачIа, ле, Ражбадин, рекъел гьабизе,

ГIарац бокьанани хъатица кьелин.

Месед бокьанани, рагIица кьелин,

Ясал рокьанани, чергесал кьела,

Васал рокьанани, васалги кьела

Чакмабада жаниб эгъе борхатал.

Дурги дирги инсул рекъел батичIо,

Рекъела нилъеда пирхи хвалчадул.

КIиязулго инсул хиси батичIо,

Хис-хисун тIамила мазгарул гулла.

Нижей дуца кьолел ясаладаса

Нижей бичас кьела хIурулгIинзаби.

Дуца нижей кьолел васаладаса

Бичас нижей кьела пирдавус алжан.

Дуца нижей кьолеб гIарацгун месед

Бичас нижей кьела хIалалаб давла.

КIал гьикъараб рагIи данде бициндал,

Хъван кагъат битIана Гумур ханасде.

ВачIа, ле, Гумур-хан, Кор къварилъухъе,

ТуманкI речIчIунилан, би баккуларо,

Хвалчен кьабунилан, гьан къотIуларо,

Цо гIаламат буго Кор къварилъухъе,

Квер базе кIоларо магIарулазда.

Хъатица гIарац кьун, гIурусги бачун,

ГIурдаде хер гIадин, салдат бакIарун,

ВачIана Гумур-хан гор къварилъухъе.

ГIодов вукIанани, ракь багъарулев,

ТIаде вахъанани, зоб гьебегьулев.

– Вахъа, ле, мун тIаде, дир гьитIинав вац,

РекIа мун дир чода, а мун Гъолоде!

Гьениса Гъолоде щуго къойил нух,

Къалъилалде щвела щанкIлал хъахIаб чу.

Гьикъариял абе, саламал абе,

Сверун гуржияз ккун, къанилан абе!

Вацасул чу рекIун Гъолоде щвана:

– Ассалам гIалайкум, гъолодисисел!

– Ва гIалайкум салам, цо магIарулав!

Гуллайищ абхараб, херищ регьараб,

Хвалченищ чучараб, чуйищ свакараб?

Гулла алхинаро, хер регьиларо,

Хвалчен чучиларо, чу свакаларо,

Сверун гIурусаз ккун тана багьадур.

Рохали кьвагьулеб румаб гIарада

ГIурдаде кьвагьана, бо бакIарана.

Радал-къалъизегIан тикъва-магI чIвана,

Къалъудаса нахъе чуял лълъулълъана.

Гьакълица мехтарал гьал гIолохъаби,

Гуржиял рихьидал, кIоларо чIезе.

КIалцIуца ццулъарал гванзал бартаби,

Ругъун тIун рахъана гор къварилъухъе.

Миндарулъ хъат кьабун, чуялги кьолон,

Къалъудаса нахъе чабхъен гьабуна.

ГIодор накаби чIван дун вагъулелъул,

Цо гъугъай бахъана гъалил ракьанда.

Щибдай-киндайилан тIаде ворхидал,

ТIаде щолев вуго дир гьитIинав вац,

Гьороца хъамураб тIамах гIадинан.

– Асалам гIалайкум, нуж магIарулал!

– Ва гIалайкум салам, нуж гъолодисел!

ХвашкIалди хъизанан гьикъардилаго,

Чодул къалал къана гIолохъабаца.

Эрмени ханасул халгIадул чадир,

Чол малакь мерхьана гьитIинав вацас.

Чадиралда жанир хIамул гуржиял

Хунжруца хъвехъана гIолохъабаца.

ГIалибегиласул чол бох бекана,

ГIалихIажиясул ччукIел бахъана.

Рекъав Ражбадинил наку гъурана,

Гьаб жо гьересиян лъачIез абуна.

Гьанал махIу чIвачIищ Бидияралда,

Бидул гIор бетичIищ Кор къварилъухъе

БутIрузул си бачIищ доб Баждабада,

Эмен, вас хутIичIищ ал гъаримазул!

ЦЕВЕХЪАН РАЖБАДИНИЛ КЕЧI

Нугъаялда рищун, чуялги рекIун,

Чергесалда рищун, тIад кьалалги лъун,

Гъабарти буртаби нахъаги рухьун,

ЦIан рихьун хвалчаби чархидаги ккун,

Кьвагьун рихьун хъирмал хъатикьеги ккун,

Кьабун рихьун хунжрул рачлихъги рорчун,

Цо магIарулазул гьитIинаб къокъа

КъачIана ЦIоралде, Гуржистаналде.

Гуржиязул боцIул давла гьабизе,

Тавати мусудул асир гьаризе.

Къокъадул бетIерги Рекъав Ражбадин,

Рохьазда хьвадулеб гъалбацI гIадинав.

Жаниб ЦIоралде щун щуго къоялде

ЦIор бакьулъе кIанцIун, давлаги босун,

БутIрул меседилаб килиса бухIун,

Капур гуржиязул рукъзалги тIутIун,

Лълъурдузда натI бугел оцалги рачун,

Гъалал меседилал ясалги хъамун,

Михъазда хIур чIварал васалги чIвачIван,

Камилаб давлагин, дагьаб къокъагун,

Къваридал нухазде нахъруссун щведал,

Нухал ккун ратана хъаравулзаби.

– Ниж эбел-инсуе цо-цойин ругел,

Сухъмахъал рехун те, азнавурзаби!

Рачарал лъудбузе цоги гьечIилан.

……………………………………….

– Нуж эбел-инсуе цо-цо ратани,

Бакьулъаги къотIун, кIи-кIи гьарила.

Рачарал лъудбузе цоги ратчIони,

БутIрул тIаса къотIун, къаркъала битIла.

Гьеб кIиябго рагIи кIалалъги абун,

Кьвагьедезе рекIана хIамул гуржиял.

Хунжруца гIуру ссун, сангарал гьарун,

Рагъда байбихьана магIарулаца.

Хайбар хъалаялда ГIали  киниги,

Ражбадинги чIана сангаралда нахъ.

ГъалбацIида цадахъ рузил тIинчI гIадав

Жиндирго вацасде амру гьабуна,

РекIаян дир чода, а мун Гъолоде.

ЧIахIиял щиназда гьикъари гьабе,

ГIисинал щиназда дир салам бице,

Дунги танин абе агьаб хIалалда,

ХIалае нуж щвани, щукру бугилан.

Лъабго къойил нухалъ жаниб ЦIоралде,

Къалъилалде щвана щинкIил хъахIаб чу.

– Ассалам гIалайкум, жан гьолодисел!

– Ва гIалайкум салам, Ражбадиил вац!

Гулла абхунарев, хер регьаларев,

Хвалчен чучуларев, чу свакаларев,

Гуллайищ абхараб, херищ регьараб,

Хвалченищ чучараб, чуйищ свакараб,

Хехаб ахIуд щвезе щиб нужей ккараб?

Гуллаги абхинчIо, херги регьачIо,

Хвалченги чучичIо, чуги свакачIо,

Сверухъ хъазахъ лъугьун тана Ражбадин,

Метер къалъилалде къокъа щвайилан,

Щварав дун нужехъе, жан гъолодисел.

Мажгит тIохде вахун чавуш ахIдана,

АхIи бан росулъе васал тирана.

Чу-ярагъ лъикIал чи, лъудби цIакъал чи

Гьеб къоялъ къалъуда къватIир рахъана.

Метер радалиса бакъ-цIа боркьизе

Рагъда щвелин абун, ниятги гьабун.

ГIурда керенги ццун, квералъ хъирим ккун,

ТуманкIул кIалазда кIкIуй-цIаги бетун,

Рагъулел рукIана Ражбадин къокъа.

Киндай, щибдайилан ворхун балагьдай,

БачIула бихьула щинкIил хъахIаб чу,

Гьороца хъамураб тIамах киниги,

ТIад рекIарав вуго дирго тIинав вац.

Гьалакаб цIад байдал щвараб гIор гIадин,

ТIаде щолеб буго бачIунеб ахIи!

– Ассалам гIалайкум, Рекъав Ражбадин,

Къваридищ гьарурал гьал гуржияз нуж?

РештIин гьабичIого, свак чучичIого,

Чарамал хвалчаби къватIире цIана.

Къокъал туманкIазул кьвагьи бахъана,

ГIиялъе кIанцIулел бацIал киниги,

Гъорлъе журан ана гьел гъолодисел.

ГьерекIли ханасул хъахIилаб чадир

Чол малакь мерхьана гьитIинав вацас.

Чадиралда жанир гуржи хъазахъал

Хвалчаца гъурана гъолодисеца.

ТIаде щвараб ахIул кутак бихьидал,

Гьел гъолодисезул гьунар бихьидал,

Ярагъ гIодоб рехун, ретIел гIодоб бан,

Лъутизе рекIана тушазул къокъа,

ГIодизе рекIана гуржиязул бо.

Гьел азнавурзабаз аман гьарана,

Тавати ханзабаз хвалчаби кьуна,

Хвасар теян абун гьаб нухалда ниж.

Давла гIечIелъубе тIаде рехизе

ТIаса бахъун ретIел цадахъ босана.

Кумек къварегIани, хIалае чIезе

ХIама гуржиялги цере къотIана.

Берцинаб цIар босун, лъикIаб давла щун,

Дол гъолодиселги нахъ руссун ана.

Бичасул талихIалъ тушбабиги къун,

Бер гIорцIараб давла цадахъги босун,

МагIарул къокъаги рокъоб буссана,

Рекъав Ражбадинги ракI бохун щвана!

Гьеди-гьединалги тIагIиндал гурищ

ТIагIаяб гьаб гIурус гIемерлъун ккараб.

КIуди-кIудиялги хун индал гурищ

Гьаб Дагъистаналда кверщел батараб.

КIал гьикъун рагъулел лъугIидал гурищ

Гъуниб мегIералда хъала сокIкIараб?


Автор: ШагIбан ХIапизов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook