Авторизация

Гъенеколоса МахIал Давуд халкъиял биценазулъ ва кочIолъ

Гуржиязулгун гIорхъода гIумру гьабулел магIарулазул кидаго щулияб маданияб, магIишатияб бухьен букIана гьезулгун. ГIорхъода ругел боязул рукIа-рахъиналъул хал гьабурабго бигьаго букIуна гьел цере рукIарал бухьенал ричIчIизе ва церечIезаризе. Гьеб рахъалъ киназулго интерес бугеб бакIлъун ккола АваргIурул байбихьи – Джурмут гIоралда сверухъ ругел ракьал. Гьел ракьазе цIакъго кIвар бугеб хIужалъун ккана ХV-ХVII гIасрабаз гьениб ислам тIибитIи ва гьелда хадур Гуржиялъулгун хисарал гьоркьорлъаби. БатIияб дин бачIарабго, гьоркьорлъабиги батIиял лъугьана. Замана хисигун гьелдаго цадахъ раккана цIиял бахIарзалги. Гьезул цояв – Гъенеколоса МахIал Давудил хIакъалъулъ бицине буго гьаб макъалаялда.


Ислам тIибитIи
Гьесухъе нилъ жеги тIадруссина, тIоцебе къокъго бицина доб заманаялъул хIакъалъул ва цIияб диналъ ЧIурмут гIурул жамагIатазда ва гьезулгун гуржиязул гьоркьорлъабазда гьарурал хиса-басиязул хIакъалъулъ. ХV гIасруялда Аваристаналъул централдаса бакъдал рахъалде ислам тIибитIизе байбихьана. Гьелъие нугIлъи гьабула Анкьракьалда ратарал исламалъул церехъабазул хобазул заназ. Гьезда жанир руго бакIалъулал гъазизаби гурел, къватIиса рачIаралги, гIемерисеб мехалъ Шамалдаса (Сирия), цо-цо мехалъ Мисриялдаса (Египет) ва ХIижазалдаса (СагIудия). Рехсезе бегьула ТIалцухъ (Лъебел бо) вукъарав ХIасанил ИсмагIил 900 соналъ хварав (1494-95 с.); ЛъаратIа росулъ вукъарав СултIан 1480-л саназда хварав. Исламги босун хадур диниял церехъабилъун лъугьаралги руго. Мисалалъе, ЧIорода росулъа (ЧIурмутI бо) Учил Сами хвана гьижраялъул 887 (1482) соналъ, хоб буго росдал рагIалда.
БакIалъулаз бицухъе, Сами вукIана бищунго гъираялда ислам тIибитIизабулев чи. Херазул биценазда рекъон, кIудияб гIел кутакалда дандечIун букIун буго цIияб диналда ва бищунго кIудияб дандечIей гьабулеб букIана гьесул эмен - насранияв Учица. Хваразул хIакъалъулъ гьарурал хъвай-хъвагIаязде балагьарабго бичIчIулеб буго цIияб диналда данде букIараб къеркьеялъул кутак.
ГIажаибаб хъвай-хъвагIай буго гьижриялъул 1071 соналъ (1660-61 с.) хъвараб, ГIулгьеб росдал мажгит цIигьабун свериялъул хIакъалъулъ. Гьелъ бицунеб буго рехсараб заманалда ЧIурмуталда ислам гIезегIан тIибитIун букIанин. Ислам тIибитIулеб букIана Хунзахъа ва Гъумекиса (Кьенсерухъа сверун).
Гьединлъидал, ЧIурмуталъул байбихьуда ислам тIибитIун буго ХV гIасруялъул ахиралда. Анкьракьалъул гъоркьияб мухъалда ислам босун буго жеги цебе - 1475-76 саназда. Нилъеца гьоркьоб лъураб темаялъе кIвар бугеблъун рикIкIине бегьула амир ГIалибегица Анцухъ жамагIаталде хъвараб кагъат. Тарихчи Тимур Айтберовас рикIкIунеб буго гьеб хъван бугин XV гIасруялъ. Гьале кагъат: «Дида ракIалде ккола нужеца дин босизе инкар гьабулел кидероялъулаздаса (Кидеро) лъазабилин гьел ислам къабул гьабизе ва жидеего дибир восизе хIадур ругищан. Ислам босани гьезда ниж хъвазе гьечIо, босичIони – дица дандечIун бажарулареб аскар бакIаризе буго гьезда дандеян лъазабе».
Амир ГIалибегида Кидероялда ислам босизабизе кIвеч1ого батизеги бегьула доб мехалъ. Амма бихьулеб буго гьеб ишалъулъ гьес Анцухъ ва цоги Анкьракьалъул жамагIатазул кумек хIалтIизабулеб букIин.
ЧIурмутIалъул байбихьуда ислам тIибитIиялъул иш гIажаибаб къагIидаялъ унеб букIана. ЧIурмутIалъул жамагIаталъул (ТIомурал) микьго росдал (ЧIорода, Салда, ГIулгьеб, Гъоркьнуб, Белъелда, Гъерел, Гъенеколоб, Къамилухъ) лъабгояб гIуцIана ислам босулаго Болъогьен абураб хъаладухъа гочарал гIадамаз. Болъогьеналъул жамагIаталъул насранияб дин (христиан) букIун буго. Гьенисан рикIкIад гьечIеб бакIалда, гIурумухъ ккун эхебе (Салда росдада цебе, гьабсагIаталда гьениб рагъулазул паж бугеб бакI) буго Гьамал гьатIан абураб бакI. Салда, ГIулгьеб, Гъоркьнуб росабазул (гьеб лъабго росу буго Болъогьеназул жамагIаталъ гIуцIараб) харабаз бицухъе, щибаб соналъ ихдал ЦIоралдаса гIалаялда рекIун вачIунаан Гьама абурав гуржияв ва чанго анкьалъ бакIалъулал гIадамазе насранияб дин малъулаан. Гьесул цIар лъун буго гьатIаналдаги.
Гьамаца киналго насранияб диналъ тIалаб гьарулел ишал гьарулаан. Гьенисан заманалдаса гьев унаан жеги тIадегIан гIурумухъ ккун тIадехун бугеб Гъерел росдада аскIове ва гьенирги гьединалго диниял масъалаби тIуралаан. Хадув унаан Къамилухъе. Гьеб лъабабго бакIалда гьабсагIаталдаги цIунун руго Гьамал гьатIан абурал бакIазда цIарал. ЧIурмутIалда риидалги вукIун, хаслихъе Гьама Кахеталде тIад вуссунаан.
Гьама вачIунеб заман букIун буго гIага-шагарго гьениб ислам тIибитIизе байбихьараб заман. БакIалъулал харабаз бицухъе, гьев вачIунев вукIун вуго халкъалъ ислам босун хадувги, амма заманалдаса хераз гьесда абун буго вачIунгейин тIокIав, гьанир гIолилазулгун питна ккезе бегьулин. Умумуз жидехъе кьурал харбал дие бицана Салдаса ГIалиев ИсмагIилица, ГIулгьеса ГIалиев МухIамадица ва Ражабица ва Гъоркьнуса Хуршилов МухIамадица. Ахирисесул баяназда рекъон, гьесул тухум бачIун буго Болъогьеналдаса ГIартунидаса (Арутюн). Гьес ва гьесул лъималаз исламги босун гIуцIун буго Гъоркьнуб росу. Гьедин, насранияб динги бакIалъулазда малъулеб букIана риидал вачIунев Гьамаца лъабго батIияб гьатIаналда.
ГIажаибаб хIужа буго, бакIалъул харбазда рекъон, цо заманалда ЧIурмутI гIурул кваранаб рахъалда ругел росабазда ислам букIана, квегIаб рахъалда ругел рукIана насраниял. Амма заманалдаса гьезул щулалъабиги щущазарун, гочинарун руго доб цояб рахъалда ругел росабазде. Гьединаб щулалъи букIана Болъогьенги. Гьенисан гочараз гIуцIун руго Салда, ГIулгьеб ва Гъоркьнуб росаби. Гъерел ва Белъелда росабазул щулалъи букIана КьороцIи-гьен абураб бакI ва гьебги букIана гIурул квегIаб рахъалда, Белъелда росда цебе.
Гьебго заманалда ЧIурмутIалда цун бугеб ЦIоралъул ракьалда гIуцIана Гъолодисезул пачалихъияб гIуцIи. Гьенир жанире рачине бегьула киналго ЦIоралъул аварал-бусурбаби. Гьезулгун щулияб бухьен букIана ЧIурмутIалъулазулги. Кахеталъул ханзабазул асар букIана доб заманалда ЦIоралдаги, Кавказалъул кIудияб балада нахъа – ЧIурмутIалдаги. ЦIияб дин босарал магIарулаздагун гьезул кьал ккечIого рес букIинчIо. Зама-заманалдаса иргадал бергьулел рукIана гьеб дандечIеялъулъ.
Кахеталъул хан Леванил заманалда (1504-1574) бакъдасел магIарулазул кIудиялго хIасилал рукIинчIо гьеб къеркьеялъулъ. ТIадеги, гIемерисеб мехалъ гьезие гIакъуба кьолаан гуржиязул ханас. Вахушти Багаратиони абурав тарихчияс хъвалеб буго: «ЛекIи (магIарулал) Левание мукIурлъичIониги, заралги гьездаса кинабгIаги букIинчIо. Абула, цо нухалда цо лекIияс Алазан бахъун цояб рахъалдаса гIака бикъанилан, Леваница аскарги бакIарун, гьев чи кквезеги ккун, хъизамгун ва магIишатгун цадахъ вачун ун вуго. Лъабабилеб къоялъ киналго чIвана, цогидал хъамалчилъи гьабизе хIинкъулеб хIалалъ». Гьаниб абичIого гIоларо, Вахушти Багратионие цIакъ рокьулароан магIарулал, гьеб бихьулеб буго гьаб асаралъулъги. РокьунгутIизе гIиллаги букIиндал.
Леван хун хадуб Кахеталъул ханлъун вахъана гьесул вас Александр КIиабилев (1527-1605). Гьесул заманалда ЦIоралъул магIарулаз гIезегIан рагъ гьабуна гуржияздаса эркенлъизе. Жиндиргун Анкьракьалъул жамагIатазул гьоркьорлъабазул хIакъалъулъ Кахеталъул хан Александрица хъвалеб буго 1594 соналъ ГIурусазул хан Борис Годуновасухъе: «нижее къварилъи гьабулеб буго мугIрузул гIадамаз: балъго нижер ракьалдеги рачIун… ва нижер гIадамал чIвалел руго… Дудаги лъалеб батила: нижер ракьалда аскIоб мугIрузда буго гьитIинабго ракь, Лъебелазул абураб: дун ине вуго аскаргун, гьелгун вагъизе». С.А. Белокуров абурав гIурусазул тарихчияс 1889 соналъ къватIибе бачIараб жиндирго тIехьалда бахъун буго гьеб кагъат: «нам чинитца теснота великая от горских людей: приходят они в нашу землю украдом… и наших людей побивают и в полон емлют… И то ведомо тебе: близ нашие земли в горах есть землица невеликая, Тебельская земля словет: ино можно будет, и яз пойду сам с своею ратью воевати их».
ПалхIасил, Кахеталда аскIор ругел магIарулазул жамагIатаз гьужумал гьарулел рукIана Алазаналде, боцIи бахъун, гIадамал асир гьарулел рукIана. Гьел гIодориччазариялъул мурадалда Александрица къасд тIамун буго кIудияб аскарги бакIарун гьезде гьужум гьабизе. Хадурккунги кIиязулго чабхъенал зама-заманалдаса жеги чанго соназ унел рукIана. Лъалеб буго Александр II-сул ва гьесул вацасул вас Теймуразицица 1630-40 соназ Анкьракьалде, ЦIунтIе ва Кьесерухъе (ЛъаратIа, ЦIунтIа, ЧIарада мухъал) кIудиял аскаралги ракIарун гьужумал гьарун рукIин.

Халкъияб бицен
1664-1675 соназ, Кахеталъул ханлъун Арчил II вугеб заманалдаги гьелго рагъал унел рукIана. Амма доб мехалъ магIарулазул къокъаби тIадеги щулалъулел рукIана. Гьелъ рахIат хун букIана Арчил II-сул. Гуржиязде гьужум гьабулезул бакьулъ бакIлъун букIана ЧIурмутI (ТIомурал), гьеб букIана Гуржиялъе аскIобегIан бугеб бакIги. Кахетиялъул ханасдаги тIоцебе гьужум гьабизе кколеблъун гьеб бакI бихьулеб букIана.
ЧIурмутIазул цевехъан вукIана гьеб мехалъ Гъенеколоса МахIал Давуд. Къамилухъ росулъа тарих лъазабулев вукIарав, мунагьал чураяв ГIумаров МухIамадица ракIарарал баяназда рекъон, гуржиязул рагъулал къокъаби Билканалда кIийидеги рикьун кIанцIун руго кIиго батIияб рахъалдаса. ТIоцебесеб: АхIлъимал – МагIалараса – Гъенеколоб ва кIиабилеб: Гъубалъ – Лъимсвери – Салда. Гуржиязул аскарал халатал читIирал гьарун цIалел рукIана ГIурахъ мугIрулги (КIудияб Кавказалъул бал) рахъун мугIрузде. МагIала-раса ва Лъим-свери абурал бакIазда рукIана риидал гIи хьихьулел ракьал. ГIемерисеб мехалъ гьенир ругел гIухьбуздаса лъалаан гуржиял рачIунел рукIин. Гьез жидерго боцIиги бахчун, кIудияб магIардеги рахъун цIа бакулаан. Гьелъул магIна букIана хIинкъи бугин абураб.
М. ГIумаровасул баяназда рекъон, гьеб гьужумалъул хIасилал цIакъ захIматал рукIана ЧIурмутIазе. Аскарал цIакъ дагьал рукIана магIарулазул. Гьеб гуребги, кIиго батIияб бакIалдаса цого заманалда тIаде кIанцIиялъ гьел цолъизе рес щвечIо. Гьеб гуребги, кумекалъе тушалги (Тушет мухъ) рачун руго гьез. ГIемер чагIи камуниги, гьез квегъана киназдего гIагарун ЧIурмутIалъул росаби. Белъелда росдада аскIоб гьабсагIатги буго Хъузхъузул хоб абураб бакI. (Хъизихъал абула Кахеталъул бакъдал рахъалда бугеб халкъалда, гьениса рукIана рищунго лебалал ва бахIарчиял рагъухъаби. Гьелдаса, магIарулаз киналго гуржиязда хъузхъул абула). РухIана росаби ва кулаби, хвезабуна ракь ва боцIи бахъана.
Гъерелгун Белъелда росабалъ рицунел руго тушаз росаби рухIиялъул хIакъалъулъ харбал. СагIитил ХIава абурай хералъ бицана, жиндир кIудияй эбелалъ ТIомуразде «чIегIер тушал» кIанцIиялъул хIакъалъулъ бицунаанин. Гьеб лъарабго гIадамал ана мугIрузда ва рохьазухъ рахчизе, цадахъ боцIи-магIишатгун. Цадахъ босана босизе бегьулебщинаб. Бихьиназ росаби цIунулел рукIана, рагъал унел рукIана щибаб росулъ цадахъ цого заманалда, амма рикIкIен гIемерал гуржияз нахъе къазаруна мугIрузде.
Бищунго вахIшияб рагъ ккун буго МочIол-лъар абураб бакIалда. Гьениб гуржиязде данде чIун букIана Гъенеколоса МахIал Давудил къокъа. Биценазда рекъон, гьеб рагъулъ цIакъ гIемер гуржиял гъурун руго. Гьесул росуцояс рагъул кор боркьарабго ахIун буго: «МахIал Давуд, цIакъав бахIарчи, яхI бахъе!»,-ян. Гьеб мехалъ гуржиязда бичIчIун буго цIар рагIарав белади (гуржи мацIалъ цевехъан абураб жо) МахIал Давуд гьенив гIахьаллъун вукIин ва жеги тIадеги кIудияб къуват реххун буго. МахIал Давуд гьеб рагъулъ чIван вуго. Гьениса дагьалъ рикIкIад РогьногIоралда аскIов чIвана гьесул вас АмирхIамза.
Гьебго заманалъ ккуна МахIал Давудил ясалги, Дамалда абураб магIарда гIачиязда хадур рукIарал. Дамалда буго кIудияб гуреб мегIер, росдада дандбитIун цебе бугеб. Нахъе цIунун хутIун буго халкъалъ цоцахъе кьун МахIал Давудил ясазул магIу.

МахIал Давудил ясазул магIу
…ЧIегIер берал данде къан, къасда кьижун йикIаго.
Дида макьилъ бихьана зоб рорцIагу цIад банаб.
Радал тIаде яхъана, тIох рагIалде йилъана,
Росу цIунулел гьуби цIед рухIулел ратана.
БагIар ролъил рал балел чIегIер ракьул гьоцIабахъ
ГIолохъабиги хъвехъу бидул хIирал ратана.
ХъахIал маккал рещтIулел дир инсул рукъзал
ХъахIилал цIаял рекIун цIед рухIулел ратана.
Дамалда тIад яхъана, нахъе сверун балана,
Бидул хIирал рихьана бухIараб Гъанаколоб.
Эбелалда бихьичIеб хIан-гIарцулаб дир керен,
Кунта бихъун бихьана тушдил гIолохъабазда
Квешадие кIвекIула чилъи гьечIев кашишас.
ГIолохъбизулъ цIар арав АмирхIамза – дирго вац
РогьногIорул кIалида хвалчад къотIун ватана.
Чакма рет1ун чIухIарал МахIал Давудил ясал
ХIатIал гIицIго йилъана Дамалдаса гIодое.
ПицIигIлу гьоцIо чIамун Гъанаколоб рукIарал
ПурчIинадул чIер швечIо чIарисазул къватIазухъ.
Хер инсулго букIараб аят меседил Къуръан
ИяхI гьечIев кашишас чоди кьонклой чIван буго.
Мажгит цIурал къуръанал къватI-къватIазухъ рехана,
КъватIал цIурал гIолохъби гарбал къотIун тIамуна.

Буго цоги батIияб къагIидаги гьеб кочIол:
…Дида макьилъ бихьана Дамалда тушал рачIун,
Радалалде батана росу сверун сангар къан.
Росого цIурал сиял сардидаго рухIана,
Сиго цIурал бахIарзал гIияхъего хъвехъана.
КIалцIи бандай хьихьана тушманазул гIаларча.
Дун Дамалда яхиндал нахъ юссун балагьана –
БагIараб цIа бихьула дир инсул минаялда,
ХъахIилаб кIкIуй бихьула бухIараб Гъанабколоб.
Эбелалда рихьичIел хIангIарцулал дир курмул,
Копоего кIвекIула намус гьечIев кашишас.
Яц-ваццасда рихьичIел чиллалъул дир гъалал,
Чол цIалае кьабула чилъи гьечIев тушманас.
ЧвархъичIого кьвагьулеб НурмухIамадил хъирим
Кьвагьулаго кьватIана талихI къарал къояца.
Кьабулаго къотIулеб МахIал Давудил хъвалчен,
Бахъулаго бекана рагьде тушман кIанцIигун.
КIикъого рузман балеб НурмухIамадил масжит
Чол бокьалъе ккун буго чилъи гьечIев кашишас.
Дабалде босулеб аят меседил Къуръан
Чол энкалъе лъун буго сан гьечIел капурзабаз.
ПицIий гьоцIо чIамулел МахIал Давудил ясал
ПурчIинадул чIер чIамун чIарисезул къватIазда.
ЧIари цIулакьо кунел Дан гIурухъа мусудул
Болъоназул гьан кванан капуразул къватIазда.
Гьанже аниш, гIандалал, гIорабалъан рагъизе,
ГIунтIун аниш, лъебелал, дун тушахъа яхъине.

МахIал Давудил ясал чIаго тун руго боцIи цебе гъезе кумекалъе. Гьезул цоялъ – гьитIинай ПатIимаца тIил кьабун чIван вуго цо тушав. Жийгоги гьей гьеб бакIалдаго чIван йиго. Гьелъул хоб буго Дамалде унеб нухда. Гьеб гьабсагIатги буго. КIудияй ясалъ боцIи цебе гъун буго тушбабаз абухъе. Свакарал гIачи гьелъухъ гIенеккулел рукIун гьечIо. Гьеб мехалъ гьелъ гIачияздехун, щибалъул цIарги рехсон абурал рагIаби цIунун руго халкъалъ:
Гьули г1ай ва Чари, дур чехь бихъаяб
Гьули гIай ва Къвали, мун къорид хьвеяб
Гьули гIай Дарачу, мун гьирчид чIваяб,
Гьули гIай чари-къвали, къуйла нелъераб талихI

ХIужаби
ТIадехун дица рехсарал баянал руго аслияб къагIидаялъ Къамилухъа ГIумаров МухIамадица ракIарарал. Гьел хIакъикъиял рукIиналда щаклъизе бегьилаан, гуржиязул тарихчи Вахушти Багратионицаги гьединалго баянал кьечIони. Гьесул баяназ кумек гьабулеб буго гьел лъугьа-бахъиназул заман чIезабизеги. ТIоцебе гьес рехсолеб буго 1667 соналъ Кахетиялъул ханлъун вукIарав Арчила Багратионил бертин, хадуб бицунеб буго гьес Телавиялда гьундул раялъул, хадуб магIарухъе букIараб гьужумалъул, ахиралда рехсолеб буго 1674 соналъ букIараб цоги лъугьа-бахъин. Гьедин, абизе бегьула ЧIурмутIалде гуржиял кIанцIун рукIанин 1667-1674 соназ.
Жеги мухIканго гьеб лъугьа-бахъин батизе бегьула М. ГIумаровасда ратарал, доб заманалъ шагьидлъарал рагъухъабазул (Коркендиса ЧIанкIал МухIамад ва Абубакар, НехIдуаса Абубакарил Давуд, Ицбалухъа ГIумарил Рамазан) заназда ругел тарихазухъ балагьун. Гьел хвараб сонлъун хъван буго гьижраялъул 1085 сон, ай 1674 соналъул рии. Хасало гьел рачIине рес гьечIо, щайгурелъул гIазуца къарал мугIруздаса ине рес гьечIо.
Гьеб хIужаялъ рес кьолеб буго МахIал Давудил гIумруялъул заман рехсезе. Холеб мехалъ гьесул рукIун руго кIудиял гIурал лъимал. Гьебмехалъ, гьев вукIине ккола гIага-шагарго 50 сон барав чи, гьавунги вукIун ватула 1620-лел соназ, хвана 1674 соналъ.
Гьеб гьужум гIезегIан гуржиязе хIасил кьураб букIаниги, гьеб букIана ахирисеб. Гьеб 1674 соналъ ккараб рагъ букIана гуржиязул къокъаби Кавказалъул бал бахъун рачIараб ахираб рагъ. ТIадеги, XVII гIасруялъул 70-лел соназ гуржиязул кашишас гIурус хан Федор Алексеевичасухъе хъвалеб буго, цониги къо унеб гьечIин лекIаз щив вугониги викъун вугин ялъун чIван вугин рагIичIеб. ГIасруялъул ахиралде ЦIоралъул магIарулазул ракьал тIубанго эркен гьарун рукIана гуржияздаса.

Автор: ШагIбан ХIапизов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +13
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook