Авторизация

Нуж богIолабазукьа хIинкъулищ?

Нуж богIолабазукьа хIинкъулищ?Араб гIасруялъул 70-лел соназ гIагараб БуцIра росдал тарихалде, фольклоралде рокьи дилъ «Бакъбаккул литература» изданиялда къватIире риччарал тIахьаз бижизабуна. Росдал тарихалъул баянал дие кьуна гьеб бокьулел, лъалел ИсмагIилил Ибрагьимицаги (хвана 94 сонги бан), Ибрагьимил МухIамадицаги (хвана 96 сонги бан).

Дол соназ БуцIра школалъул директорлъунги вукIун, фольклор бакIаризе дие кумек гьабуна чIахIиял классазул лъималаз. БакIарараб фольклоралъул асаразда гъоркь гIемер такрарлъун руго ЗулхIижатил, СагIадатил, Хамизил, Зубайдал (ГIумарил), Маржанатил, Хажал, СултIанзадал, ГIалил ПатIиматил, цевехун рехсарав Ибрагьимил МухIамадил, Халатов ГIалил, гьесул яс ПатIиматил (гьанже чIаго йиго) ва гь. цогидазулги.

Дица гьезул цIарал гьанир рехсана гьал мухъал цIалараз Аллагьас гьезул мунагьал чурагиян гьариялде хьулалда.

БакIарараб материалалдаса цо гьитIинаб бутIаялъул бицине бокьун буго дие.

Сапаралда гIанкIица нух къотIани, «цер, цер»,-ан ахIула, Борохь бихьани, «Аллагьасул тушманан»-абун, хIаракат бахъула чIвазе. Божула чIегIераб катица нух къотIани, нуж битIунгутIиялда. Гьединаб божи жидеда гьабулел жал гIемерал руго магIарулазул.

Масала, цогидал магIарулазго гIадин, цIакъго цебеялдаса буцIулдерицаги иман лъун, сужда гьабун, Аллагьлъун рикIкIуна «Бечедги». Цебего гIадин кIудияб божилъи-хьулгун гьесда гьарула, мурад тIубай «Бучедасда» (Бичасда) хурхинабула. «Баги, Бечед, чвахун цIад», «Бичас биччани», (Бичас хъван батаниян абуларо), «Бичасул авараг» ва гь.ц. нугIлъи гьабула цересел умумуз Бечед Аллагьасул даражаялде вахинавулев вукIин.

Бакъ-моцIалъе сужда гьабизеги буго цIакъго цебеялдаса дунялалъул цересел къавмазда гьоркьоб гIатIидго тIибитIун букIараб гIадат. Гьанжеги нилъ гьедула «БакъалхIа», «ЗобалхIа», абун. Берцинлъиялъулги бищун тIадегIанаб даражалъун рикIкIуна бакъ-моцI, хIасил нилъер некIсиял умумул бакъалъе, моцIалъе хIелулел рукIун руго. «БагIар бакъ гIадай», «Бакъул нур гIадай», «ЦIураб моцI гIадай» ва гь.ц. калимаби нилъеда дандчIвала кучIдузулъ гуреб, гара-чIвариялъулъги. Квешав чияс лъикIаб жо гьабуни абулеб «Бакъ щолареб бакIалда гIуж гьабе». Амма гьеб калима кин бижарабали лъазе кIвечIо. Их, рии, хасел чIей гIадал замана хисидал гьарулел рукIарал рохалил тадбиралги бакъ-моцIалда хурхинарулел рукIун ругин абун тола.

Бакъги щун, цIад балеб бугони, царай чIужу ячуней йигилан абула. ЦIадаса ХIамзатил цо баснялъулги руго гьадинал мухъал:

БухIараб бакъул къоялъ,

ХIеренго балеб цIадакь,

Царай чIужу ячунеб

Вечералда рукIана.

Гор-цIер балеб мехалъ зодобе туманкI кьвагьулеб гIадат кин ва кида бижарабали лъазе кIвечIо. ХIакъаб жо гьеб тIабигIияб балагь бачун бачIунеб квешаб къуват хIинкъизабизе гьабулеб букIин. Горо-цIер балаго, как ахIулеб букIана, дида лъалеб мехалъги.

Горо-цIер баялдаса хIинкъун, чIахIияз нижее, гIисинлъималазе, эхеде торгIо, тIаргъал ва цогидаб рехизе гьукъулаан. ЧIахIиял гурел гIисиналги божулаан, эхеде щиб бугониги рехани, горо баялда.

Божулаан «ЦIадалхIама» гьабуни, гъветI-херго гIадин, гIадамалги гIащикъаб цIад баялда. ГIурччинаб «ратIлилъ» тIерхьинабураб «ЦIадалхIамида» росу сверизабулаан. Щибаб минаялъул бетIергьабаз «ЦIадалхIамида» тIаде лъим тIолаан ва мугь базе хIалухъен кьолаан. «ЦIадалхIамагун» хьвадулез ахIулаан:

Баги Бечед, чвахун цIад,

Чвахуда хер бижизе.

Чвахаги, Аллагь, гонгал,

БагIаргьоло тIегьазе.

Гьел мухъазги бихьизабулеб буго жагьил заманалъул (гIемерлагъзабазул заманалъул) Бечед гьанжеги иман лъолеб, хIажатаб жо жинда гьарулеб къуватлъун хутIун букIин.

ЦIадал разе кватIараб мехалъ тIад гордеги ретIун, хIорилъе къверкъ биччани, цIад балин рикIкIунеб букIана буцIулдерица. Цо-цо росулъ мохрода чIетI бухьани, балин цIадан рикIкIуна. Кьерхен халалъани, дунял роцIцIине иццухъе лъим чвахулеб рогIороялда нацI-чIетI бухьунел росабиги рукIун руго.

Горо-цIералдаса хур-хер цIунизе, щагIил хъаба гъурарал кескал магъилъ ракьулъ рукъулел, чIегIераб гIиялъажоялда мегъ сверизабулеб букIун буго. ЦIадаса ХIамзатица гьеб гIадаталда рагIабазул чIорал речIчIун руго:

Нагагьал балагьал тIаде щвелалде,

ШагIил хъаба бекун кин букъулареб?

ТIощалил гороялъ габур чIвалелде

ЧIегIераб жо сверун садакъаде кье.

БуцIулдерица бацIил кIал бухьине бажариялда божулел ругониги, къасиялде гIи-боцIи рукъалде буссинабизе гIамал гьабула. Гьвел кIал бухьине лъалезеги гьведе тIаде ине бокьуларо. Цо буцIрасес рахсида бугеб гьведегицин гамачI речIчIулеб букIун буго, борчIун бачIани, жинда гьвел кIал бухьине лъаларинги абун.

Рекьабазе болъоница цIакъ зарал гьабулел дагьал церегIан саназ цо дагьа-макъабго цIайи бугев буцIрасес лъазабун буго нуж рокъор кьижун рукIине бегьулин, жинца болъоназул кIалал рухьун ругилан. Лъаларо, чан чи хур цIунизе инчIого, рокъорго чIаралали. Амма лъала гьесул жиндирго картошкадул хур болъоназ гьеб сордоялъ гьобогьун бан бати.

Къверкъ къварид гьабуни, хьандон, гьелъ нилъее зарал гьабулин рикIкIуна. Гьединго зарал гьабизе бегьулареблъун рикIкIуна кетоги. Борохь картIиниса бахъунги чIвачIого тезе бегьулареб тушманлъун рикIкIунеб бугониги, ригьни букIунин рикIкIунеб кьочIоборхьие зарал гьабуни, рукъалдаса баракат бахъулин, хъизан биххулин, балагьал рачIунилан рикIкIуна. ХIасил, кьочIоборохь хъизан квешлъабаздаса цIунулеб, зарал гьабизе бегьулареб рухIчIаголъилъун рикIкIуна.

КьочIоборохьго гIадин ригьни букIунеб рухIачIаголъилъун рикIкIуна хъегIелоги. Амма гьеб чиясе заралалъе бижун буго. Кьижарав чи хъегIелоялъ, тIад бегун, вагъаризе виччаларин, хIохьел къотIизабун, гъанкъизе вахъинавулин рикIкIуна.

ХъегIелоялда 99 квер букIунила, I00 букIарабани хъегIелоялда гъоркьа рорчIизе кIолароанила. МагIарзухъе I гурого каратIги букIунарила, кIиябго букIарабани, хъегIелоялъ нилъ гъанкъизарулаанила. ХъегIелоялъ жибго бихьизе толареб тIагъур къанил картIиниб бахчулила. (Къанил каратI-рукъ рахазе умумуз ургъун букIараб санагIалъи). Гьелъул тIагъур бикъизе щвани, мажгиталде лъутизе кколила. Гьеб тIоргъол бетIергьанлъун вахъаравги вихьуларевлъун лъугьунила.

БуцIра вукIун вуго хъегIелоялъ толарев Сулейман абулев чи. ХъегIелоялъул лъугIи гьечIел махсараби чIалгIарав Сулейманица хIукму гьабун буго хъегIело гуккизе. КолотIа Сулейман вегулев вукIун вуго гьогьмуда рукъалда цебе бугеб тIокъодул тIохда. Гьеб сордоялъ Сулейманица жиндирго босноб михир бегизабун буго. «Сулеймандай, михирдаян» бачунаго, бачIун буго хъегIело. Хадуб ккаралъул бицен рагIичIо. Живго Сулейман хIакъикъияв чи вукIаниги, мохролги хъегIелоялъул ккараб-тараб хIакъикъиябин абун дун къацандизе лъугьинаро, щай гурелъул мохролги хъегIелоялъулги гьелго лъугьа-бахъинал БуцIра гурелги кканилан бицунеб рагIидал.

ХъегIелоялдаго гIадин магIарулал божулеб жо буго богIологи. «Кьижа, эбелхвад, кьижа, нилъго богIолоялъ хъамулин»,- ян абула эбелалъ лъимералда. Щибха кколеб богIоло? Лъалев чи ватичIо. БогIолоялъ хъамурал лъималги чIахIиялги рагIичIо БуцIра. Щиб лъалеб, тIадчагIаз нилъ гуккизе ургъараб гьезего гьечIеб демократия гIадаб гIисинлъимал гуккизе ургъараб жо батизе бегьула гурищ богIологи.

БогIоло гIадин гуреб щайтIаби рихьарал, гьелгун гьоркьорлъабазда рукIарал гIадамал гIемер дандчIвала. ГIадамазулазда релъарал гIемерал хасиятал руго гьезул: гIумру гьабула жамагIатазда, букIуна гIумру гьабулеб бакI (гIемерисеб кIкIал-хъитI), лъади ячуна, лъимал гьарула. Дида гьитIинго лъана щайтIабазул гурулъе ккун, гьезул сухIмат-кепалъулъ рогьинегIан кьурдизеги гьавун, радакь хъахIаб чодаги рекIинавурав нижер гьобол. ГIадамазулалда релъараб гIемераб жо бугониги, гьеб гьезул гIаксалда букIуна: нилъер хасел-дозие рии, нилъер гIарац-месед-дозул хIамикIучIал, дозул кIал тIаса гъоркье ва гь.ц. ЩайтIабазулги борхьилги биценазе Азаралда цо сордоялдаса маргьабазегIанги ахир букIунарелъул гьезул бицен гьаб бакIалда къокъ гьабилин.

Жидер бицен гIемерал, амма рихьарав чи дандчIвачIел жал руго будалаалги. Гьезул чIей букIунеб рагIула мугIрузда, чундул рукIунеб бакIалда. Чундузул тIалаб-агъазалдаги рукIунила гьел будалаалги, нилъго гIадин, квана-гьекъолелги рагIула. Амма гьез хъунин абун, чундузе ками кколарила. Будалааз гьан тIаса квараб ракьа камизе течIого, хъураб чанидаса бахъараб цIакида жанибе балеб буго, чан чIаголъун, жиндирго рехъалъе унеб буго. Нух къотIун мугIрузда хутIарал нухлулазе, чанахъабазе будалаал кумекалъе рачIунила. Гьез гьоболлъухъ вачарав цо чанахъанас жинцаго квараб цIцIел махIу бахчарабила. ЦIцIе чIаголъун буго, амма махIу камураб букIун буго.

БуцIулдерил ГIалъада буго «Будалаазул бакIан» цIар бугеб цо кинабалиго тIабигIияб балагьалъ цоцаздаса батIа гьабураб кIиго кьуру. Гьениве вахарав чи будалааз кьурса гъоркье рехулила. Бицен буго цо буцIрасес, цIулал кьо гIадаб тIасан рилълъине санагIалъиги гьабун, кьуртIе кваназе рахинарурал буртIал, хьуризарун гъоркьеги ран, чIваралилан.

*** *** ***

Дандерижиялъул ахIиялъе жаваб кьун, «Ия!»-ян ахIарав чи холила, «ЖужахIалъул цIа!»-ян ахIизе кколила.

БацIида цадахъ къинлъи ккарай чIужуялъ анкьго соналъ лъимер гьабуларебила.

Рокъоса къватIиве унев чиясда хадуб рукъ лъухьизе бегьуларебила-нух битIуларила.

Бичараб хIайваналда, гIала-хьваниялда цадахъ гьеб бухьун букIараб квар, чIолохъжо, кьили кьезе бегьуларо-баракат бахъула.

Кьунсрул рукарани, вокьулев чи вихьула.

Огъохъат букарани, гIарац щолила.

Бертадул къоялъ бахIаралда хадуб рохъдол хъаба чIехьани, ригьин хехго биххулебила.

ЧIобогояб кини кIибикIани, лъимадул бетIер унтулебила.

Хабалъе цIад тIинкIани, кьерхен халалъулебила.

Рокъобехун балагьун хIелеко гIегIедани, гьобол вачIунила.

ТIад ретIухъе гордида маргъал балеб бугони, кIалдиб кун кквезе кколила.

Мадугьалалъухъе кьолеб цIалкIуялда жанибе тIорччол гIерекъ рехизе лъикIаб бугила, рокъоса цIалкIугун цадахъ баракатги инчIого букIине.

Сапаралде унев чиясда данде чIобогояб гIеретIгун чIужугIадан дандеккани, нух битIуларила, цIураб гIеретIгун ккани, нух битIулила.

Сапаралде унев чиясда кивеян абизе бегьуларила Бичас биччаниян абизе кколила.

ГIиса ГIисаев. 


оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook