Авторизация

Анищазул хурзал, хиялазул ах…

Берал къанщунилан, къадру холаро


Анищазул хурзал, хиялазул ах…   

            

ГIабасил МухIамадил хIакъалъулъ цо-цо пикраби ва ракIалдещвеял

МагIарул адабияталъе захIматаб сон бачIана исана. БитIун завалалда нилъедаса ватIалъана гIажаибаб гьунаралъул ва такрарлъи гьечIеб литературияб хаслъиялъул хъвадарухъан, магIарулазул Эдгар По ва Франц Кафка ГъазимухIамад ГъалбацIов. Гьасдаго хадуб абадияб рокъове къокъана бергьун пасихIал, щибаб мухъ ахIизе бегьулел, гъваридал, Машрикъалъул литератураялъе жиб цIакъго хасиятаб пикру жаниб лъурал, бице-киценазул къагIида хIалаб, унго-унгояб адабияб ирс нахъе тарав ЖабрагIил ХIасанов. Гьале 19 октябралда ккана цоги кIудияб ками – Барзахалде вахъун ана халкъияв шагIир, драматург, хъвадарухъан ГIабасил МухIамад.


Анищазул хурзал, хиялазул ах…Гьаб колонкаялда «Миллат» цIалулезе гьурщила ГIабасил МухIамадил хIакъалъулъ цо-цо  ракIалдещвеял ва пикраби. ГIабасиласул творчествоялда тIасан абизеги хъвазеги жо гIемер буго. Аллагьас хъван батани, гьеб рахъалъги хIалкIварабщинаб гьабила.

ГIабасил МухIамадилгун дир лъай-хъвай ккана, тIоцебесеб классалда цIалулелъул, «Букварь» тIехьалдасан. «БукIанила бисил тIинчI», - абун байбихьулеб букIана ГIабасиласул кечI. Гьаб асаралдаго, лъикIлъи бергьинабун, квешлъи къезабулеб буго ГIабасилас, бисил тIинчI хвасарлъулеб буго: «Бортун араб бацIил тIинчI, БетIерги бекун, хвана», - абун лъугIулеб буго кечI.


Хадуб, школалда цIалулел соназ, кодобе щварабщинаб тIехьги казиятазул номералги «къулчIулеб» заманалда, цо хасаб рокьигун ва рекIел цIайгун цIида-цIидасан тIадвуссунаан ГIабасиласул асаразде. ЧIахIиял классазде рахарал гIолилаз кодоса борчIизе биччалароан ГIабасиласул «Рокьул таватурал» абураб трагедиязул тIехь. ХъахIабросулъа МахIмудил мажмугIги ГIабасиласул гьеб тIехьги, цоцахъе кьун, цIалулаан цоги дарсал ва тIахьал квер хьвагIун таразги. Сунца асар гьабичIониги, кIудияб рокьиялъ, гIащкъудул къисабаз бакънал рачунарел рекIел чIваби лъилниги рукIунел ратиларо….


Анищазул хурзал, хиялазул ах… ГIабасиласулгун унго-унгояб лъай-хъвай дир ккана, ДГУялде цIализе лъугьиндал, МахIачхъалаялда. Гьесул поэтикияб, литературияб даражаялъги, редакторасул макъамалъги, умумузул тIабгI кквеялъги, аза-азар тIехьалъ цIураб кабинеталъги кидаго кIочонареб лъалкI тана рекIелъ.  ЧанцIул ГIабасиласухъе щваниги, гьесул рахъалдасан кантIизариялги, гIакълу кьейги, мисалияб гIамалги камичIо. Ахирал соназда батIи-батIиял темаби рорхарал тIахьал кьолаан гьес тIаде рачIаразе. Масала, дие кьолел рукIана «ХIикматал гIадамазул гIумру» ( «ЖЗЛ») сериялъул тIахьал. ГIабасиласухъе ваккизе  нагагь кватIани, харчI гIун батулаан гьел тIахьазул.


Тарихияб прозаялъулъги лъалкI тана ГIабасилас. 2013 соналда къватIибе бачIана ГIабасил МухIамадил «Ахъбердил МухIамад» абураб тарихияб къиса. Гьеб асарги, тарихияб кьучI бугел цоги асаралго гIадин, «заманаялъул гьокоялъ» гьениб бицунеб гIасруялде цIалдолел рачунеб къиса ккола. МагIарулазул тарих цIакъ мухIканго лъалаан ГIабасиласда. Гьес хъварал трагедиязулги буго тарихияб аслу. Къокъалго биценаздасан ва халкъиял кучIдуздасан гурони нилъеда лъаларел лъугьа-бахъинал жанире рачараб, щвалде щвараб асар хъвазе ккани, камилаб гьунар хIажалъула. Гьединаб къанагIатаб гьунаралъ кьуна литератураялъе «Камалил Башир», «ХъахIабросулъа МахIмуд», «Саба-Меседо» трагедиял ва цогидал ГIабасиласул асарал.


Дунялалъул адабияталда гIемер дандчIвала цого заман ва цого героял батIи-батIиял автораз батIа-батIаго рихьизариялъул хIужа. Масала, Жанна д Аркил хIакъалъулъ гIемер хъвана, Вольтерицаги, Марк Твеницаги, цогидазги. Щивав классикас жиндирго бичIчIиги, пикруги, магIнаги лъола асаразулъ.


ГIабасиласул трагедиял ккола, тарихияб кьучIалда гIуцIарал, тIадегIанаб художественнияб даражаялъул асарал. Гьел пьесабазул цо-цо героязул сипатал гIуцIиялъул хIакъалъулъ суалал кьун рукIана дица ГIабасиласе. Масала, хIакъикъаталда Саба-Меседол рокьи ккарав рагьдател художник вукIун гьечIо. ГIабасиласул къалмил гьунаралъ Баланурил махщел камилав суратчи лъугьинавуна.

Гьеб лъабабго трагедия рикIкIине бегьула дунялалъул драматургиялъул классикияб нух чIван унел асараллъун. Гьеб классикияб драматургиялъул аваралда руго Эсхилил, Расинил, Корнелил ва цогидазулги цIарал. Гьел асаразда жаниб буго гIемераб къеркьей. Амма аслиял тунка-гIусиязул цоял ккола «Чи – пачалихъ», «Чи – халкъ».


 Пачалихъалъул низамалъ рокьи чIинтIана, нуцабазул къуватаб гIуцIиялда инсанасе талихI кьезе кIвечIо. Гьединаб дандеккунгутIи ва къеркьей ккола трагедиязул кьучI. Инсан жанисан вацIцIад гьавула гьеб тайпаялъул асараз. Гьединаб ракIал рацIцIад гьарулеб «субботникалда» некIсиял греказ «катарсисилан» абулаан. Инсан рухIияб рацIцIалъиялде вачин ккола художественниял асаразул магIнаги. Амма, гьеб гуребги, гIемерал масъалаби руго литератураялда цере. Гьезда гьоркьор аслиязул цояб ккола художественниял сипатаздалъун гIумру, хIакъаб жо бихьизаби.


Даку Асадулаевас хIайранго ахIула ГIабасиласул рагIабазда гьадин байбихьулеб кечI: «Анищазул хурзал, хиялазул ах, Унго, кида телев нужеца дун сах. Дир квер гIунтIулареб гIищкъуялъул тах, Щиб къоялъ бачинеб дуца дие ахх!».

МугIрулги магIарулалги рухIгIан хириял рукIана ГIабасиласе. «Дур росулъа вас вуго», -абун хъвана гьес. Гьесул мунагьал чураги, чIагого хвеялдаса нилъги цIунаги. Амин.

 

Октябрь, 2014 сон

 


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +136
  • Нравится
Оставить комментарий
Амин Аллагь!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook