Авторизация

Кьохъа Салман – машгьурав гIалим

Машгьурав Дагъистаналъул гIалим Доргъелиса Назирил хъвай-хъвагIаязда рекъон «Салман ат-Кьухъи ал-Авари» вукIун вуго ХVII абилеб гIасруялъул ахиралда гIумру гьабурав машгьурав гIалимлъун. «Гьесул рукIана гIемерал хIалтIаби ва хъвай-хъвагIаял, фикъгьиялъул ва цогидал гIелмабазул – Аллагь гурхIайги гьесда».

Имам Шамилил дурц Гъумекиса ГIабдурахIманил хъвай-хъвагIаязда рекъон Кьохъа Салман вукIана фикъгьиялъул ва риторикаялъул (гIилму фусхI) лъикIав гIалим. Нилъер заманалде щвезегIан гIемер хIалтIаби цIунун хутIичIо Кьохъа Салманил. Гьезда гьоркьоб рехсезе бегьула «Хашиййа хашат ан ал-хилал халат ан ал-милал» абураб суфизмаялда хурхараб хIалтIи. Гьениб шархI гьабун баян кьолеб буго тассавуфалда хурхарал гIемерал терминазе. Аслияб къагIидаялда руго грамматикаялъул ва стилистикаялъул баянал. Тарихалъул ва археологиялъул интитуталда цIунун буго 1854 абилеб соналъул 22 абилеб ноябралда хъварал гьел хIалтIабазул копия. Гьел руго цогидал тIахьаздаса хъван цIунарал. ГIемерго машгьураб буго Кьохъа Салманил мугIалимлъиялъул хIаракатчилъи. Гьеб тасдикъ гьабулеб хъвавул материалаз. Цо тIехьалда тIад гьабун буго хъвай-хъвагIай даргиязул Урцаки росулъа ИсмагIилил вас МухIамадица гIелму цIализе байбихьана «Кьохъа Салман устарасда цебе»-ян 1694-95 соналда. Гьелъ нугIлъи гьабула Кьохъ росулъ ХVII-XVIII гIасрабазда гIемерисел МагIарухъ церетIурал гIадамазе лъай кьураб лъикIаб мадраса букIиналъе.

Живго Кьохъа Салман хвараб заманалда хурхун  руго батIи-батIиял хъвай-хъвагIаял. ГIемерисел руго цоцада данде кколарелги. Цо хъвай-хъвагIаязулъ бихьизабун буго 1147 с. (1734-35с), цогидалъуб – 1144/1731-32 с, цогидалъуб тIубанго нахъегIан 1167/1753-54 с. Ахирисеб хъвай-хъвагIай щун буго ХХ гIасруялъ данде гьабураб ТIелекь росдал мажгиталда цIунараб хъвай-хъвагIаялдаса, гьениб буго «Салман хвана 1167/1753-54 соналъ» абун. Амма гIемерисел исламияб гIелмуялъул гIалимзабаз Салман хвараб заманалхун бихьизабулеб буго 1144/1731 с. Гьанжесел гIалимзабазул гIемерисезги гьеб къо-моцI чIезабула, гIицIго А. ШихсагIидов гьетIулев вуго 1734-35 соназде. Кинабго рахъ хIисабалде босун битIараблъун рикIкIине цIикIкIун рес буго Мансур ХIайдарбеговас рачунел хIужабазул ва хъвай-хъвагIаязулги. Гьезул цоялда буго Аргъваниса Фахрица гьабураб «Хвана машгьурав гIараб гIелмуялъул гIалим Кьохъа КIудияв Салманил вас ГIалил вас Салман, гьижрияб тарихалъул 1144/1731-31 абилеб сон.


Кьохъ росу чIвай ва гIалимзабазул тухум

Кьохъа СултIанмухIмадихъе батараб гIараб грамматикаялъул «Унмузадж» тIехьалда тIад хъван буго гьеб квералъ хъванин 977/1569 с. Кьохъа Салманица абун. Цогидаб тIехьалъул ахиралда хъван буго гьеб библиотекаялда тIехь хъванин Кьохъа КIудияв Салманица 1576 соналъ абун. Гьел ва цогидал хъвай-хъвагIаязда мугъчIвай гьабун Мансур ХIайдарбеговас хъвалеб буго Кьохъа Къасимил вас Салман абурав чи вукIанин гIумру гьабун 984 соналъ абун.

XVI и XVII-XVIII гIасрабазда гIумру гьабун рукIарал гIалимзабазул ва хъварал хIалтIабазда ва хъвай-хъвагIаязда балагьун лъалеб буго кIиго гIалим Салман вукIаравлъи ва цоясул кIудияв эмен цогидав вукIаравлъиги. Гьединлъидал кIинусгогIан соналъ Кьохъ росулъ букIана фикъгьиялъул ва грамматикаялъул гIалимзабазул тухум. Жакъасеб Кьохъ росу гIуцIун букIана сверухълъуда букIараб 7 гьитIинаб росдадаса. Гьел руго: Бакъдаб, ЩулалъулгохI, Халъалагъоркь, РосогохI, Росолъ, Беччата и Ишукь. ГIортIаколо росуги буго БеччатIа ва Ишукь росдада цадахъ букIараб росу.

ГIага-шагарго ХVI гIасруялда гьел росабиги реххун тун лъугьун букIана Кьохъ ва ГIортIаколо росаби. Биценазда рекъон Кьохъ букIун буго 9-10 тухум. Щибаб тухумалда рукIун руго жидерго цIаралги, цоял умумузул цIараздаса, цогидал иш-пишаялдаса лъугьарал: Тархъанчулал, Дибирчулал, Нурилал, Идирисилал, Салманилал, ГІумаханилал, КъебедгІалилал, ГІалимчилал, ЛатІипилал.

XVI гIасруялде щвезегIан БеччатIа, Ишукь росабазда ва хутIарал ГIанди-гIоралъул цояб рахъалда ругел росабазда гьоркьоб кьо букIун гьечIо. Гьеб заманалда бан буго гIуруда тIад цIулал кьо. Гьеб букIун буго гьабсагIат кьо бугеб бакIалдаса 200 метраялъ тIадегIан бакIалда. Гьеб кьо бан хадуб кьун буго росдае цIияб цIар Кьохъ (Кьодухъ абураб рагIиялдаса бачIараб). Гьеб кьо баралдаса нахъе цебе тIуна росу дармица, Кьохъ лъугьана Аваристаналъул нуцабазул тазбакI Хунзахъ – Болъихъ ва гьенисан сверун Жаниб Буртиялъ (Ичкерия) ва ТIад Бурти (Чаберлой) гьелги аваразул нуцаллъиялда гъорлъе унаан, гьел бакIазе дармил ва экономикаялъул центрлъун. Гьеб кьо базегIан цIакъ хIинкъи цIикIкIараб ва квешаб сухъмахънух букIун буго ГIанди-гIурул рагIал ккун.


Наслу

ХХ гIасруялда бищунго машгьурав ва рагIи билъарав чилъун Кьохъ росдал гIалим СултIан–МухIамад вукIанин абизе бегьула. Гьес кIудияб асар гьабуна росдал рукIа-рахъиналъе. Бицуна гьес аслияб хIаракатчилъи байбихьанин 1970 абилел соназдаян. Аслияб масъалалъун гьес цебе лъуна доб заманалда ссиялда букIараб ва тIибитIараб гьекъолдиялда данде рагъ. Жиндирго динияб хIаракат

бащдаб балъго гьабуниги гьеб рахъалъ кIудияб иш гьабун буго СултIан-МухIамадица. Росдал гIадамаца бицанихъе цебе, 1970 абилеб соналъ КIал биччан къоялъ 40 ящик гIаркъил гьекъолеб букIун батани, 10 соналда жаниб 1980 абилеб соналъ росулъ гIаракъи гьукъун букIана. Гьединго гьукъун букIун буго хъалиян бухIиги. Амма аслияб гIакъиллъи ва баракат СултIан-МухIамадил абун кьахъадерица рикIкIуна 1990 абилел соназда гьес кьураб гIакълу. Кинабго росдал ваучеразухъ росдае пихъил завод босеян лъазабун буго гьес гIадамазда. Кьохъ буго ГIанди ва Авар гIурул рагIалда ругел киналго росаби гIадин пихъидалъун гьарзаяб росу. Масала Болъихъ ва цогидал бакIазда пихъил заводал къарабго Кьохъ гьаб сагIаталдаги буго гIолохъанав Москваялда цIалун вахъарав гIолохъанчияс нухмалъи гьабулеб пихъил завод. Гьелъ росу хьихьулебги буго. Заводалъ нухазе, лъим бачине ва цогидаб хIажаталъуб росдаеги кумек гьабула.


МугIалим ва вакьад ГIободаса ШагIбан-къади ва гьесул яс

МагIарулазул тарихалда руччабаз гьарурал бахIарчиялги цIар рагIаралги ишал гIемер руго, гьездаго гьоркьор руго Надиршагьасулгун, хадуб гIурусазулгун рагъазда АхIул-гохIда ва цогидал бакIаздаги руччабаз бихьизабураб гьунаралъул биценал. Амма гьезул гIемерисезул цIарал лъаларо. Лъалезулги нагагьги бицунаро. Гьединал биценал жеги дагь руго гIараб цIали гьабурал ва гьезда жаниб бихьиназулгун бох бухьун гьунар бихьизабурал руччабазул хIакъалъулъ. Гьединалги рукIана ва гьезул цояй йикIана цIар рагIарав ГIободаса ШагIбанил хъизаналда гьоркьой гьаюрай ва гIурай, хадуса Кьохъа Салмание росасе кьурай ва гьение яхъун чIарай, ПатIиматин абурай гIалимчIужу.

Гьелъул эмен вукIана XVII гIасруялда МагIарухъ гIелмуялда, пачалихъияб гIуцIарухъанлъиялда гIемерал машгьурал ишал гьарурав цIар рагIарав гIалимчи – ГIободаса ШагIбанкъади. Доб заманаялъул гIелмуялда кIудияб бакI ккуна гьесул лъималазги. Гьесул рукIана МухIамад, МалламухIамад, НурмухIамад абурав лъабго васги, ПатIимат абурай нилъеца бицен гьабизехъин бугей ясги. Гьелда букIана ГIарифат абураб тIокIцIарги. Жиндирго лъималазе киназего инсуца кьуна цин рокъоб лъикIаб лъай ва хадур цIализе ритIана Дагъистаналъул машгьурал гIалимзабазухъе. Гьезул цояс хадуб Хунзахъ ханзабазул кIалгIаялда инсул бакI ккуна ва киналго гьесул лъималазда рекIана Къадиязул абураб тIокIцIар. ШагIбанкъадида цеве цIалулев вукIана гIалимчи Къудукьа Мусалавги. ГIага-шагарго вацазулалда релълъараб букIана яцалъулги къисмат. Инсуда ва росдал машгьурал гIалимзабазда цебе лъай щварай гьелъ кватIичIого бихьизабуна жийго жиндаго чIун цIалдезе, гIелмуяльул захIматал суалал ричIчIизе, гьезул гъварилъуде яккизе кIолей чIужу жийго йикIин.

Гьанже заманалъул гIорхъодасан гьелъул заманаялъухъ балагьани бихьула лъай босизе къасд ккарай, гьунар бугей чIужугIаданалъе щибниги квалквал букIинчIолъи. Гьеб букIана Дагъистаналда, хасго магIаруллъиялда, гIараб гIелму гIатIидго лъазабизе ва хIалтIизабизе лъугьараб цIияб заман. Къудукьа Мусалав гIадав ва цогидалги гIалимзабаз Дагьистаналъул бусурбан гIелмуялда гIараб мацI лъазабиялда ва тIибитIизабиялда, академик Ю. Крачковскияс абухъе, ренессанс байбихьараб заман.

Гьелде тIадеги жеги шаригIат тIибитIун букIинчIолъиялъ аваразул ханлъиялда чIужугIаданалъ тIадегIанаб бакI кколеб букIиналъ, бихьулаго чIужугIаданалъул къадруги эркенлъиги тIадегIанаб даражаялда букIун буго, гьеб нилъеда хадубги бихьила. Биценалда рекъон ПатIимат йикIун йиго чорхода йорхатай узданай, берцинаб гIамал-хасияталъул гIадан. Нахъе хутIун нилъехъе щвечIониги, гьарулел рукIун руго шигIраби ва назмаби. Жиндирго квералъ цIакъ берцинго хъвараб гьелъул кIудияб Къуръан буго жеги нахъе хутIун. ГIелмуялда гьарурал ишазул бицани гьелъ цIалун руго бишунго захIматал гIелмаби – логика (мантIикъ), грамматика, хIисаб гIелму ва цогидалги. Рехсарал гIелмабазда тIасан лъилгунги бахIсал гьарулеб, жиндирго пикру цIунулеб букIун буго. Гьелъул гьеб рахъ бихьизабулеб чанго бицен хутIун буго нахъе.

XVIII гIасруялда Хунзахъ гIадатлъун лъугьун букIун буго (Хунзахъги ГIободаги росабазда гьоркьоб 6 км буго), анкьида жаниб щибаб базар къоялъ тIалъиялъул гIалимзабиги ракIарун батIи-батIиял гIелмуяльул суалазда тIасан бахIсал тIоритIулеб. Щибаб анкьида жаниб рекIун чодагун жеги гIолохъанго йикIаниги, IIатIиматги унаанила гьение ва бихьиназда гьоркьой бахIсазулъ гIахьаллъулаанила, ккараб мехалъ, кIалъазеги яхъунаанила. Цо нухалъ кIалъазеги яхъун, жаваб кьолаго гьелъул щаклъи кканила жийгоги данделъаралги ритIун рукIиналда. Бакъанида чодаги рекIун росолъе тIад юссунаго гьей росдал мажгиталде анила ва горда цебе чуги чIезабун цIалагIоркьалъ цIулал гордоялда кIутIанила дибир къватIиве ваккизавизе. Гордоги рагьун, дибир къватIиве ваккарабго, гьелъ абунила: - МахIали бегьани щибан дихъе цо щаклъи ккараб суал бугин.

Дибирас бегьун бачIараб тIехьги кодобе босун, чодаги рекIахъего, беганила гьеб ва къваригIараб бакIги цIалун абунила: - ЙитIарай йикIун йиго дун, - илан. МахIалиги дибирасухъе бегьун рокъое анила. Лъаялдеги гIелмуялдеги гьелъул букIараб рокьиялъул бицуна гьей Салмание росасе иналъул хIакъалъулъ нахъе хутIун бугеб хабаралъги.

Салман вукIун вуго Кьохъ росулъа ГIободе мадрасалда цIализе вачIарав куц-жинс бугев гьайбатав гIалохъанчи. Гьесие йокьун йиго ПатIимат. Ва чияр росулъа вачIарав мутагIиласе цIар арав гIалимчиясул яс абизе захIмат букIаниги Салманил тавакал гIун буго гьей гьаризе, ШагIбаницаги гьелъул вацазги рагIи кьун буго. Ва гьале тIаде щванила бертин гьабулеб ва гьей рокъое кьолеб къо. Бертин лъугIун хадуб къаси бахIаравги бахIарайги аскIор хутIаралго Патиматица росасухъе цо кагъатги бегьун абунила: — Гьелда ругел суалазе жаваб кьечIого дида аскIове мун къаларевха, - ян.

Кагъатги босун балагьанила Салман суалазухъ. Ругилаха вачIинахъего тIахьал цере росун хъирщадичIого жаваб кьезе кIоларел суалал. Щиб гьабилеб, мутIигIлъизе кканила. Сордоялъ хъирщанила гьес тIахьал ва бакъбаккараб гIужалда лъадухъе кагъат бегьанила: -Ма, ясай босе жаваб- анги абун.

Хадусеб заманалда росгун цадахъ Кьохъе ун гьениб ун буго гьелъул гIумру. ГIезегIан лъималги рукIун руго гьезул ва гьабсагIатги Кьохъ руго гьезул наслуялъул гIадамал ва гьездаго гьоркьов машгьурав гIалимчи СултIанмухIамад-хIажиги. Салманги ПатIиматги гIумру халатал чагIи рукIун ратизе руго, нахъе ругел баяназда рекъон Салман хун вуго Дагьистаналде ираназул Надир-шагъ тIаде кIанцIилелде кIигогIан соналъ цеве, 1739-1740 соназ. Гьелде щвезегIан чIаго йикIун йиго ПатIимат - ГIарифатги. ПатIиматил машгьурлъиялъул хIакъалъулъ цоги бицен хутIун буго нахъе, гьеб бухьараб буго XVIII гIасруялда Дагьистаналда машгьурав Багъдад ГIали абурав гIалимчиясда.

Багъдад ГIали вукIун вуго, гIарабазул букIараб гIадаталда рекъон, Багъдадалдаса нилъер Дагъистаналде гIараб мацI, дин малъи, гIелму тIибитIизаби мурадалда мадрасаги рагьун хIалтIизе витIарав чи. Гьев витIун вукIун вуго ГIиракъалъул лъай кьеялъул министрас (Низамул мулк) дунялалъул цогидал бусурбабаз гIумру гьабулел улкабаздего гIадин. Багъдад ГIали чIун вуго Таргъуялда, рагьун буго хадуб цIакъ машгьурлъараб мадраса. Ва кисанго рачIарал Дагъистаналъул гIолилазда къуръан-хIадис, динияб гIелму малъизе байбихьун буго, цогидал бакIазда мадрасазул хIалтIуда хадуб халкколеб, гIалимзабазулгун лъайхъвай гьабулеб букIун буго, живгоги унев вукIун вуго росабалъе хал-шал гьабизе. Гьедин ккун буго гьесул лъай-хъвай ШагIбан-къадиясулгун, гьесул ясалъулгун ва цинги хадуб живго хвезегIан гьел гьайбатал гIадамазулгун гьудуллъиялда вукIун вуго. 

ГIарабазул гIалимчиясе цIакъ рекIее гIун йиго ПатIимат – ГIафифат (гьесцин гуребдай гьеб кIиабилеб цIар лъун букIараб?). Гьес гьелде кучIдулцин гьарун рукIун руго. Гьес гIажаиблъи гьабулеб букIун буго гIарабаздаса рикIкIадаб улкаялъул чIужугIаданалда бацIцIадаб гIараб мацI ва гIараб гIелму лъалеб батиялда. Диналдеги гIелмуялдеги мугIрузул улкаялда цIакъго кIудияб къасдги щавкъги бихьараб мехалъ, гьев гIемер щолев вукIун вуго Хунзахъеги ГIободеги. Ва ахиралдаги гьениве вахъун вуго, хобги гьесул ГIобода рагIула. ПатIиматиде гьабураб Багъдадиясул кечI нахъе буго, буссинабун печаталда бахъизе бегьила гьеб. Киназго рикIкIунеб буго ШагIбан-къадиясул, гьесул лъималазул ва гьездаго гьоркьоб ПатIиматилги ва цогидал гIабадерил гIалимзабазулги таманабго гIелмияб ирс букIанилан. Профессор С. ХIайбулаевас бихьизабулеб букIахъе, гьез киназго хъварал цIиялги басриялги тIахьал ва асарал, гьездаго цадахъ мажгиталда букIараб бечедаб библиотекаги, кинабго хIарп нахъе течIого большевиказ диналде гьужум гьабизе байбихьараб 30 абилел соназ тIагIинарун руго. Гьединлъидал кIудияб Къуръан гурони ПатIиматица квералъ хъвараб батIияб тIехь жакъа нилъехъ гьечIо.


Автор: ШагIбан ХIапизов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook