Авторизация

Хасалихълъи бачIингун

  • 20.05.2017 15:05
  • ---
  • 4 912
  • 1

Дие кинго бокьуларо кватIараб хасалихъе гIуж. Гьеб заманалда ккарал руго дир гIажаибаб гIумруялда бищунго захIматал ва пашманал лъугьа-бахъинал. 25 сон аниги жеги ракIалдещвеяз сири бала черхалда, ссудула ракI.

Дун гьаюна ва гIуна магIарул росулъ, гъункараб ва кIудияб хъизамалда. Лъималазда гьоркьой дун йикIана бищун цIикIкIарай, хадув вукIана кIиго соналъ дидаса гьитIинав вац, цинги кIиго цадахъ гьарурал чанкIкIарал васал ва бищун гьитIинай, киназего йокьулей яцако. КъватIиве унелъул инсуца дида гьитIиназул жавабчилъиги тIадкъан абулаан: «Гьале Асият, нужеда гьоркьой бищун цIикIкIарай, толей йиго старшиналъун. ГIенекке алъухъ»-ян. Жеги бихьунги рагIунги букIинчIо дида нижер гIадаб берцинаб хъизам. Хъулухъаздаса эбел-эменги, ясли-ахгун школалдаса

лъималги руссиндал, байбихьулаан унго-унгояб байрам, кванил нигIматаз бечедаб столалда нахъа гIаммаб аваданлъи, ихтилат-кеп. Инсуца щивасе рачIунаан сайгъатал, гьесул рукIунаан гIемерал гьалбал... Вай дада, дада, кигIан къокъабха дур гьайбатаб гIумру букIараб. Эмен къадаралде щвараб мехалъ дир букIана гIицIго I2 сон. РакIалда буго чIичIидилаго кавудахъа жанире лъугьун рачIарал ункъгIалзаби,

рахьхъахIлъунги лъугьун гIакълу-лъаялдаса рехун арай эбел, къвал нижедаги бан «ТIокIалъ дада гьечIилан» гIодулев имгIал.

Дида чанги ракIалде ккола, доб, киналго дидаса руссараб заманаялъ, эмен аскIов вукIарабани, кумек щвелаанилан.. Кинабго тартибалда бицинин.

Школалда цIализе лъикIайги йикIиндал, дие цIакъ бокьун букIана лъикIаб вузалде цIализе лъугьине, хIурмат гьабулеб хIалтIи щвезе, гIисинал яц-вацазда квер чIвазе дирго рес букIине. Гьединлъидал, я эбелалъул магIил гIоралъ, я гIагарлъиялъул насихIатаз сангар лъечIо дир цIализе ине бугеб къасдалъе.

Дагъистаналъул медицинаяпъул академиялда цIалулел тIоцересел къоязго дир гьудуллъи ккана кIиго цадахъ гьарурал шагьаралъулал-Мурадгун ва Маратгун. Гьединаб асар дир гьездехун бижана дирго росулъ хутIарал вацал ХIасанги ХIусенги цере рачIун. Занятиязда ниж лъабалго кидаго цадахъ гIодор чIолаан, дарсаздаса хадубги-кафеялда кваназеги цадахъ, рокъореги цадахъ, данделъабаздеги цадахъ, «гьудуллъи» бихьун курсцояз махсараби гьарулаан «гьале аб лъабгIин бачIине бугилан». Дида ракIалъ бицунеб букIана гьезие кIиязего дун рекIее гIолей йикIиналъул, амма гьезул цояв тIаса вищизе кинго таваккал гIолеб букIинчIо.

Цо къоялъ Мурадица дун течIого ячана жидерго чIухIараб кIалгIа-рукъзал рихьизе. Гьениб бихьараб бечелъиялъ дун битIахъе абуни ахцазаюна. Дида лъалаан гIолилазул эбел-инсул рес букIиналъул, амма жалго рукъзабазги, жаниб лъураб къайи-цIаялъги дие ханзабазул хIакъалъулъ маргьудалъе ккараб гIадаб асар лъугьинабулеб букIана. Чаялъул чашкаялда нахъа Мурадица дие баян гьабуна хадуселъул: «Асият, дуда бихьулеб батила нилъер лъабазулго иш бацIцIадаб гьудуллъиялда хутIизехъин гьечIеблъи. Маратиеги, диеги-кIиязего рекIее гIола мун. Гьарула, нижер вацлъиялда гьоркьоб рагIи ккунгутIизе, тIаса вище нижер цояв».

Дир рекIел цIайийин абуни, битIараб бицани, кидаго Мурадидехун букIунаан. Щайгурелъул гьев вукIана хочI-хабаралъул, ургъел гьечIеб гIумруялъул, аваданлъиялъ къвал барав гIолилав. Маратилан абуни, гьелъул гIаксалда-кидаго вуцIцIун чIарав, гIодове виччарав, рухIияб рахъалъ цIакъ яхI бугев, дол дир гьудулзаби ясаз абухъе «чIамучIав» чи. Узухъда, дица тIаса вищана Мурад. Унго, гьес I8 сон барай дир бетIер сверизабулеб букIараб куц! ЦIалицин рехун тезе бахъана халатал дандчIваязда, агъаз гьечIел гьоркьорлъабазда...! Маратилан абуни, пакъир, живго нахъегIан къан чIана. ХисичIо гьесул дидехун бербалагьи, йохъ. Амма цебе букIараб кунчIи гьесул бадиб свана, бихьулеб букIана гIицIго рескъотIи ва пашманлъи...

Огь, ахIмакъай дун, ах!макъай дун... Чан мунагь баччараб гIакълу гьечIеб бетIер сабаблъун! «Жинца мун ячинехъин йигеблъидал, бегьулилан» Мурадица дун мукIур гьаюна цадахъаб гIумруялъе, жинсиял

гьоркьорлъабазе. «Рокьи ккарал беццал рукIунин» абураб аби уябги букIун буго. Дун беццлъун йикIана Мурадиде букIараб гIишкъуялъ. Бицун букIана киналъулго (нижер гьоркьорлъабазул хутIизегIан) эбелалдаги. «Щибха гьабилеб, нужер рокьи бугелъул, кьела мун.  Циндаго дида бичIчIана дунго лъимаде йикIин. Сабру хун балагьун йикIана дун вокьулев рокъове вуссиналъухъ. Дица рикIкIадасан байбихьарабго бичIчIана гьесда кинабго:

-Мун гIадаллъунииц?! Кинаб лъимер?! ГIисинлъималазул... Дица жеги карьера гьабизе ккола, дун регIун гьечIо хъизан гIуцIизе.

-Кинха гьедин?..-ян гIодизе ячIана дун.

-Кингоха! Мун йикIинесей тохтур йиго, лъалеб батила хIажат гьечIеб лъимер кире ун, щиб гьабун хвезабулебали. Ма гIарацги, гIечIони нечечIого гьаре-ян бегьун бачIана гьес дихъе «гIурччиназул» пачка.

Кверал рухIизарулел рукIана дир гьеб гIарцуца, ракI бецIцIулеб букIана гIадалаб гIолохъанлъиялда, гIантаб рокьуда... Байбихьана дир гIумрудул чIегIераб гIуж... «Рокъое ячIани, чIвазе йиго, хъахIба!»-ян гIинда багъана эбелалъул ццидалаб гьаракь, «Лъидасан ккарабали лъалареб лъимер нижер Мурадида баччизабуге»-ян рекIана Мурадил гIагарлъиялъул дихъе хьвади. Гьеб лахIзаталда дир анищ букIана гIицIго хвезе, биххана кинабго: рокьиги, гIумруги, ракIги. ГьечIо дун.

Гьеб кьалул майданалда лебалав бахIарчи кинниги кодор тIугьдулгун ваккун вачIана Марат.

-Асият дида кинабго лъала. Гьеб букIина нилъер лъимер. Гьарула инкар гьабуге, ячIа дие росасе.

-ГIадаллъуге, Марат. Мун гIадав инсан мустахIикъав вуго жеги лъикIаб-тIокIалъе.

-Дур тIокIаб нух гьечIо, хирияй. Аборт гьабунани мун хутIизе бегьула гIумруялъго лъимер щвечIого. Гьелъул лъазе рес буго институталда, бахъина ахIи-хIур, мун нахъе рехила. Гьебищ лъикI? Гуро, дица абухъе гьабе. КIочонге дие мун жеги йокьулеблъи.

Мурадилги, гьесул эбел-инсулги, гIагарлъиялъулги нагIана кьеялда гъоркь дица хIукму гьабуна Маратие росасе ине.

ТечIо нижее Дагъистаналда рахIат, перевод гьабизе ккана Москваялъул сах гьариялъул цо ВУЗалде, рахъана тахшагьаралде. Кутакаб къварилъи-захIмалъи баччана дие гIоло Маратица: къад цIалулеб бакIалда, къаси рабочиясул хIалтIуда свакан радакье рокъове вуссиндалги цIалдолев, ургъалида вортанхъилев... Маратихъ балагьун бичIчIана дида унго-унгояб рокьи кинаб букIунебали. ЦIехечIо ниж цо къоялъ я дир, я гьесул гIагарлъиялъ-гьезие ниж рукIана хварал чагIалъ. Июлалъ дие, гуро, нижее гьаруна кIиго цадахъ лъимал-Дианаги Жамалги. Унго, Маратил букIараб рохел гьездаса, гьес баччун бачIарабщинаб расанкIо, тIегь-хер. Кин букIаниги хIукму гьабуна лъималазул хIакъикъияв инсуда телефоналъ ахIун лъазабизе:

-Кьоге дир фамилия-цIар гьезие. Гьел дир лъимал гуро-ян чIванкъотIана Мурадица. ГьитIичазул хъвай-хъвагIай гьабуна Маратил цIаралда. Гьев иман цIикIкIарав бихьинчиясул хIакъикъияй лъадилъун абуни дун яхъана гIицIго лъималаз бащдаб лъагIел бараб къоялъ, тIокIалъ цебе гьес дида квер хъвачIо.

Гьеб къоялдаса нахъе, гьале 25 соналъ свакачIого такрар гьабулеб буго дица: «Марат, дие мун вокьула!»-ян. БачIинчIо цониги талихIаб гуреб къо нижер хъизамалдеги: гьаруна цадахъал лъимал Рашидги ПатIиматги, рекъана гIагарлъигун.

Лъайги махщелги бугев тохтур хIисабалда, Маратие лъикIаб клиникаялда кьуна хIалтIи, кватIичIого тIамуна бетIерав врачлъун. Дир эбелалъул бугеб рескъотIи бичIчIун, дир хирияс щибаб моцIалъ битIулеб букIун буго гьезие гIезегIан гIарац. Гьединаб бербалагьиялъ риана дир ганчIилал гIагарал чагIиги. Маратил эбел-эмен жалго рачIа­на Москваялде тIаса лъугьаян гьарун. Якьадалъ гIодилаго бицунеб букIана Мурад чIужу ячаниги, гьекъолдулев, сверулев-тирулев вугилан, лъималги гьезие Аллагьас кьечIилан. ГурхIана ракI, лъугьана тIаса...

Цо рииялъ нижер талихIаб хъизан хIухьбахъи гьабизе щвана МахIачхъалаялде, ана Мурадихъе гьоболлъухъ. Гьекъезеги гьекъон гьев лъугьана тохал жал рицине: -гьал хIанчIияли дацилха ругел-ян гьалбадерида цебе Жамалидаги Дианадаги къвалал разе, «жив нужер дадаян» ахIдезе. Дун хIинкъун йикIана Маратида-бихьулеб букIана гьесие гьеб хабар рекIее гIолеб гьечIеб куц. Йохъ, гьев сахав инсан мустахIикъав вукIинчIо гьедин инжит гьавиялъе. Цояб рокъорехун рачана дица цIикIкIарал лъимал ва бицана, щибго бахчичIого, дирго гIумруялъул кьогIаб хIакъикъат. Кьерги тIун гьалбадерил рокъорехун гьел унелъул, бихъулеб букIана дир ракI «щибдай-кинилан».

-Батанищ дица абухъе?-ян ахIдезе жувана Мурад, киназдаго цеве.

Эмен, дир хирияв ян Маратиде аскIое ана, гьесухъги гIин тIамичIого, Диана-рилълъа рокъоре, чIалгIана Мурад-дацил «гьоболлъи».

-Дир инсул вац вукIинчIевани, гьаб бакIалдаго чIвалаан дица мун,-ян хучун вачIана Жамалги.

«Дихъа вацги вахъана, гважи, дуца, лъималги рахъулел руго!»-ян хадуб ахIи балев Мурадги тун, ниж нахъе рилълъана гьеб рокъоса. ТIокIал гьеб суалалде дир гIакъилал лъимал нахъруссинчIо, гIумру кьеги гьезие.

Гьале гьанжеги щвана хасалихъе гIуж, рортулел руго тIанхал, балеб буго цIад, бачIун буго квачай. Дун гордухъа къватIиеги яккун гьимулей йиго. Кинабго буго лъикI: дун йиго йокьулей ва талихIай лъади, хIурмат гьабулей эбел ва кватIичIого, иншааллагь, яхъине йиго талихIай кIодоэбеллъун. ГIицIго кватIараб хасалихъе гIуж бокьуларо дие щаялиго: рекIелъе бачIуна цо кинабалиго рахIатхвей, гIакъуба кьола ракIалдещвеяз...

Фатима МУХIАМАДОВА.


оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Вабабай унго,расал хуччизарулел г1адал асарал рук1уна,гьай Камилилалъул.Лъаларо ,амма киналго проза маг1арулалъ хъвалел руччабазул ,асаразул сюжет цо бук1уна,"Яч1ана росулъа ,шагьаралде,бет1ер сверана,лъана рокьи,хадуб бук1инесеб нужеда лъала"...


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook