Авторизация

ЕГЭялъ щиб бихьизабураб?

ЕГЭялъ щиб бихьизабураб?


Пачалихъияб кверщел кодосез ургъана ришватчилъиялъ ва «баба-дада» гьабиялъ унтараб обществалъе цоги дару ва цIарги тана гьелда къадруяб, дагьабго хIинкъиялъул сири черхалда базабулеб-Цогояб Пачалихъияб Экзаменилан (къокъго - ЕГЭ). Исана II5 хасгьабун гьеб кьеялъе рагьараб пункталда, Дагъистаналъул II00 школалъул 35 азарго выпускникас хIал бихьана гьеб даруялъул «кьогIлъиялъул». Кинаб лъимадулаб гуреб гIажаиблъиха букIун батилеб, цебеккунго «дурго ботIрониб бугеб лъаялъул гурони кIвар букIине гьечIо, лъилниги кумек щвезе гьечIо, хъинтIизе щвезе гьеч!о...» ва гьел гурел цойгидалги «гьечIо» яз хIинкъизарурал гьезул, кьурул гIусал гIадин умумулги учительзабиги сверун чIун, «axlyлaгo кечIгунин» абухъе, бигьаго доб «кьварараб» ЕГЭ кьезе жидеего рес щведал?! Гьаниб нужеда бичIчIун букIине баян гьабила хадусебги: гьаб журналисткаялъулаб халкквеялда гьоркьоса дица дунго нахъе яхъулей гьечIо-дол рахIат хварал умумузда гьоркьой йикIана нужер мутIигIай чукъа-дунгоги. БукIун батизе бегьула нилъер гIаммаб paxIатхвеялъе бичIчIизе бегьулеб гIиллаги. Кин бугониги, ЕГЭ тIобитIулеб букIана тIоцебесеб нухалъ, букIинчIо гьеб тIобитIиялъул кинаб букIаниги хIалбихьи, экзаменационияб материал киназего халлъулеб букIана «таргьиниб тIамураб кетолъун». Умумуздаги, тIаде рачIараздаги, жалго экзамен кьолездаги бихьана кин нилъеца гьеб хIалбихьи «хIехьарабали». ЕГЭялъ бихьизабуна унго- унголъунги, нилъер лъимал жалго жидедаго чIараб гIумруялде хIадурун гьечIолъи ва экзаменалъе «лъабилаб» къиматалъегIаги мустахIикълъулеб лъай гьезул гIемерисезул гьечIеблъи. Гьайгьай, рукIун ратила гьезда гьоркьор жидерго лъаялдалъун ва къуваталдалъун экзамен кьолелги, амма лъималазул жидеего щвараб лъаялда ракIчIейги гIакълуги биххизабуна чIегIерал гъудул гIадин тIад сверулел рукIарал руччабаз-улбуз. Агъаз гIемераб къурущалъ гIадин, жиндирго кваркьабазда гъоркьа рорчIизе риччачIо лъимал нилъеда гьоркьоса щиялъ. ЦIикIкIун чIаголъи бугезул тIанчIазе щвана цIикIкIун кIварги, гIинтIамиги, кумекги; дагьал нечаразги, гьездасан мисал босун, гьабуна жидеего гIураб бетIербахъи. Гьаниб, узухъда, баркала кьезе ккола гьединаб бичIчIиялъулаб бербалагьи нилъер лъималаздехун гьабурал учительзабазеги комиссиялъул гIахьалчагIазеги. Амма нилъго нилъецаго гуккунилан, нилъер лъималазул лъай борхиларо. Гьезиеги гьединаб тIалаб- агъазалде ругьунлъун ккедал, захIмалъизе буго гIумруялда къо хIехьолеллъунги, бажарараллъунги рукIине.

Дирго каламалъул ахиралда жаваб кьезе бокьун буго доб макъалаялъул бетIерлъунги жиб тараб, гьаб гIагараб заманалда жаниб аслияблъунги хутIулеб бугеб «Щиб бихьизабураб ЕГЭялъ?» ян абураб суалалъе.

Дир пикруялда, ЕГЭялъ бихьизабуна нилъер общество ришватаздасаги бацIцIалъараб, гIакълу-лъай бугел специалисталги хIажалъараб гIумруялде жеги хIадурун гьечIолъи. Нилъеего бигьаяблъун, лъикIаблъун ва ракIалъ къабул гьабулеблъун хутIулеб буго сайгъат- саламаздалъун, лъай-хъваялдалъун, гьудуллъи-гlаданлъиялдалъун киналго масъалаби тIуразари. Гьаб бакIалда дирги дида релълъаразулги рекIелъе балъгояб хIинкъиги бачIунеб буго: доб цIар paгIараб «Черновик» газеталда филологиял гIелмабазул кандидатас хъвавухъе,

ЕГЭйилан цIарги лъун, цощина росабалъги, школаздаги ришватчилъи тIибитIиялъе лъолеб тIоцебесеб галилъунцин лъугьинадай нилъер гьаб багъа-бачари?

Аллагьас лъикIаб гьабизе, квешаб тезе ки­назего тавпикъ кьеги.

№№ 42-43, 7 июнь 2007 сон.


Автор: Ф.МухIамадова

Баяналъул кьучI: Казият "Росдал захIматчи". Хунзахъ мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Дица егэ кьолеб 2008 соналъ,кинабгиги ,учительзабаз кьолеб бук1араб х1инкъи,ай камераби,т1ут боржулебцин бихьулел хъаравулзаби,к1алъазе риччаларел заглушкаби гьенир ратич1о ва рук1инч1о,гьелъул г1аксалда эркенго к1алъалел рук1ана лъимал жидерго школалъул учительзабахъе,лъицаниги гьезда щибго абулебги бук1инч1о,къвариг1аз шпаргалкаби росулаан,гьединго бук1анилан хадусел саназги,гьанжеги гьедин буго,бат1алъи буго цох1о ,г1оларел балал щвезе ц1ик1ун улбуца г1арац бахъула.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook